Авар ва Дагъистан адабияталъул дарсазул кумекалъул алатал х1алт1изари (5-11кл.)



бет1/4
Дата12.06.2016
өлшемі314.5 Kb.
#129151
  1   2   3   4
Авар ва Дагъистан адабияталъул дарсазул кумекалъул алатал х1алт1изари (5-11кл.)

5-11 классазда авар ва Дагъистан адабияталъул дарсазда г1адатал ва техникиял кумекалъулал алатал х1алт1изариялъул методика. Махачкала-2008г.



Цебераг1и.

Школалда авар адабияталъул курс бачунелъул, аслияб къаг1идабазул цояб ккола бицадулаб форма: муг1алимас бицуна,ц1алдохъаби г1енеккула. Малъулеб асралъул х1асил ва анализ гъваридго бич1ч1и бараб бук1уна малъулесул гьунаралдаги гьеб г1адахъ босизе бугеб щивав ц1алдохъанасул пагьмуялдаги. Гьебин абуни муг1алимасулги ц1алдохъабазулги бат1и – бат1ияб бук1уна. Цо – цоязе г1унги т1ок1аб бук1уна цо нухалъ бицунеб раг1араб яги ц1алараб текст рек1елъ кквезе, цогидазе къвариг1уна чанц1улаго ц1ализе ва раг1изе. Бицунеб яги ц1алулеб текст бич1ч1и ва рек1ел боси бараб бук1уна раг1ул устарас цере ч1езарулел лъугьа – бахъиязул суратал якъинго ч1аголъизаризе бажариялда, киноялда г1адин, гьел рихьизе к1веялда.

Г1инзул ц1одорлъиялда цадахъц1алулъ г1ахьаллъула берзул ц1одорлъиги. «Бералда бихьараб бихьараб – бит1араб, г1инда раг1араб – гьереси», -ян аби батана маг1арулазул. Гьелъулги гъваридаб мг1на х1акълъула: бицаралда божуге, бихьаралда гурониян абураб. Гьеб гуребги сверухъ бугеб т1абиг1аталъги г1умруги лъузе инсанасе кьун руго мах1,бцх1а –ц1орой , къвак1и тамахлъи, ц1ек1лъи- гьуинлъи ва гь.ц. лъалел лугби. Гьезги г1ахьаллъи гьабула жамг1ияб ва т1абиг1ияб г1умру лъаялъулъ. Гьединлъидал ц1алдохъабазе лъай кьеялъулъ муг1алимас пайда босулеб берзул, г1инзул ва цогидалги кумекалъул алатаздаса. Гьелин абуни х1алт1изарула т1оцебесеб классалдаго: каламалъул гьаркьал рухьинарула суратазда –«А»- «А»втобус , « Б» - «Б»ече, «В» -«В»ехь ва гь.ц. Гьелъул к1варалъул бицине ккеларо.

Рек1ел ц1одорлъиялда т1аде берзулги г1инзулги жубаялъ рес кьола къкъаб заманалда жаниб малъулеб асаралъул гъварилъуде раккизе, ц1алдохъаби г1амлъиялде рачине, къокъидго х1асил бич1ч1изабизе, пикрияб анализалъе якъинал нухал рагьизе.

Х1алуцун техника цебет1ураб гьаб заманалда, гьелъул ресаздаса пайда босич1олъи – бит1ахъего жагьиллъи ккола.

Цоялъул цебет1еялда хадур ралагьун хут1ун ругин ккола муг1алимзаби ва школал.

Компьютералги, телевизоралги, магнитофоналги г1адамазул жиб-жиб рокъоб бугин абизе бегьула, амма школазда гьездаса пайда босиялъул иш т1убанго ч1ун хут1ун буго.

Бегьулаан макъалт1исалъул чалуялда хъван, дарсида ц1алдлхъабазда раг1изаризе Ц1адаса Х1амзатил, Х1амзатил Расулил, Г1алиева Фазул ва цогидалги школалда малъулел асаразул авторазул ч1агояб гьаракь. Гьединго гьеб чалуялда хъвазе бегьула машгьурал артистаз ах1улеб ва художествияб къаг1идаялъ ц1алулел школалъул прграммаялда ругел долго раг1ул устарзабазул куч1дул ва харбал. Лъик1аб бук1инаан жинца кьолеб дарсги гьебго чалуялда хъвазе, цинги г1енеккизе жиндирго ва ц1алдохъабазул ц1алиялъухъ, кьолел суалазухъ ва жавабазухъ. Гьелъ мат1уялда жанисан г1адин, бихьизабула дарс араб куцги ккарал гъалат1алги, ай жинца кьураб дарсил даража. Гьединго муг1алимасул нух малъиялда гъокь ц1алдахъабаз, цуланав раг1ул устарасул асараздасан данде гьабураб сценариялда рекъон, ц1алдохъабаз кьураб концертги хъвала гьебго чалуялда , хадуб ккун дарсазда гьелдаса пайда босизе ,фонотекаялда ц1унула.

Гьеб рахъалъ гьабулеб х1алт1иги бихьулеб гьеч1о. Школалъул нух малъулезги муг1алимзабазги гьеб х1алт1и лъайкьеялъул министвоялда базабун толеб буго. Советияб заман т1аса ун бук1ин жеги г1емерисез г1адахъ босулеб гьеч1о. Доб мехалъ министерствоялда цебе г1уц1араб цолъараб базаялдаса рач1унаан киналго предметазе х1исаб гьабурал кинофильмабиги, гьел рихьизарулел аппараталги складазде реххун руго. Гьел х1алт1изаризе лъалел муг1алимзабиги гьанже школазда гьеч1о, цох1о физикаялъул муг1алим хут1изег1ан. Цебесебги т1аг1ун, т1аде ц1иябги бач1инч1ого, хут1ун руго маг1арухъ школал.

Шагьаразда цо-цо школазда г1адин, росабалъ компютеразул классалги гьеч1о. Адабияталъул дарсазда гьездасан бахунеб хайирги бихьуларо. Г1ат1идал ишал руго ц1алул ишазе телевидениялдаса пайда босизе. Гьанже руго бокьаралъуре росизе санаг1атал кинокамерал. Лъугьа – рахъиназул суратал рахъиялда цадахъ гьелъ хъвала гьаракь – бакъанги. Гьелъ бахъизе бегьула, малъулел асаразул сценариялда рекъон, жалго ц1алдохъабаз г1уц1араб концерт. Гьел касетал рихьизаризе бегьула класскалда лъураб телевизоралдасан. Х1атта гьанже рек1арал, кисинир лъолел макъратисаялъул телефоназги рахъула, киникамералъ г1адин, суратал, лъугь – бахъинал, хъвала музыка. Гьездаса пайда босулеб буго Салатавиялъул муг1алимаз. Цо мисал: «Ч1анк1ал ва Мах1мудил г1умру ва адабияб х1аракат» абураб темаялда Абусинова Сиянатица (Гуни гимназия) кьураб, гьел шаг1ирзабазул х1акъалъулъ щвараб лъай г1алимзабиялъул х1алт1изаруна мультимедияб прект, компьютер, халкъиял бакъназул дискал. Рехсараб проекталъ ч1ах1аго доскаялда бараб экраналда рихьизаруна Шаг1ирзабазул суратал ва гьезул куч1дузулъа росарал куплетал т1адхъвараль плакатал.

Т1олабго дарсил сценировка бихьизабула жалго ц1алдохъабаз Ч1анк1алги Гулишатилги, Мух1амадилги Муилги ва цогидалги г1ахьалчаг1азулги ролалги х1ан. Гьбеб дарсил киноги бахъун, дискотекаялдаги хъван, школалъул фильмотекалда ц1унун буго. Гьединаб х1алт1и гьабулел школалгимуг1алимзабиги къанаг1атго ратула.

Миллияб мац1азда ТСО х1адурулеб ва гьеб школалде щвезабулеб идараги гьеч1о, гьединлъидал творческиял муг1алимзабазул жигаралдалъун ва гьезул жидерго г1арцул суртаздалъун цо – цо школазда техникиял алатазул кумекалдалъун т1адег1анаб даражаялъул дарсал кьолел руго. Гьеб ккола г1алхул колот1а бакараб токалъул чирахъ г1адаб жо. Жакъа берзул ва г1инзул техника щвараб бак1алъул х1исаб гьабуни, школал рихьула бец1аб классазда дарсал кьолел бак1ал г1адин. Пачалихъалги нилъер дагъистаналда рахъалъ гьабулеб х1алт1ул кинаб бук1аниги тартиб бихьулеб гьеч1о: цо-цо школазе миллионал кьолел руго, техникиял алатаздалъун лъезарулел руго, гьелги лъик1алин рик1к1унел школалха, гьединго ц1акъалилан ц1ар ч1варал муг1алимзабиги. Гьел руго ц1акъго дагьал. Г1емерисел школазул т1алаб «Америкаялъ» гьабеянтолеб буго. Хасго миллиял мац1алги адабиятги маданиятги, гьеч1ого бегьулел жал ругилан, рехунго толел руго: абизе бегьула гьезда т1алъиялъго мугъ рехун бугилан. Х1исаб гьабеха: сордо къоялъ ч1еч1ого х1алт1улел телевизоралдасан ва радиоялдасан миллияб мац1азе 30 минут кьолеб буго, хут1араб щинаб заманалъ передачаби г1урус мац1алъ рук1уна. Щай бегьулареб цо канал бац1ц1адгомиллияб мац1алда х1алт1изабизе. Жакъа гурони, метер гьеб бащдаб саг1атги нахъе бахъун, миллиял газеталги журналалги къан, «роххизаризеги» бегьула т1алъиялъ нилъ. Гьедин кколеб бук1ин цебего бич1ч1арав шаг1ир Мух1амад Гунашеваул раг1абаз кант1изарилародай жеги миллияб мах1ги рух1ги чорхолъ ругел Дагъистаниял:

Иванил г1ощт1оца,

Г1исал кварт1ица

Г1агараб авар мац1 гъурулеб буго.

ТСО

ТСО-гьеб ккола ц1алдахъабазул лъайги бажариги борхизабизе, дарсил заманалдаса ц1ик1к1ун пайда босизе рес кьолел техникиял алатал х1алт1изари. Гьединго гьез муг1алимасе кумек гьабула ц1алдохъабазул лъай ва бажари борцине, малъараб материал г1амлъиялде бачине ва т1ок1к1инабизе. Техникиял алатал гурелги, адабияталъул дарсида г1ат1идго пайда босула малъулел асаразул авторазул ва гьезул героязул суратаздасаги, ц1алдохъабаз жидецаго ц1алараб асаразда т1асан рахъарал сюжеталъул суратаздасаги, фильмабаздасаги, тестаздасаги, карточкабаздасаги,ва гь.ц. Гьел ккола г1адатал, амма муг1алимзабаз г1емер х1алт1изарулел кумекалъул алатал. Гьездаса пайда босулеб къаг1идаги тартибги бараб бук1уна дарси мурадалда: муг1алимас кьолел баянал раг1ула, гьел гвангъун цереч1езаризе бегьула суратаздалъун, кинокадрабаздалъун, диофильмабаздалъун; лирикияб асар бугони, магнитафоналдасан артистаз ах1улеб яги худажествияб къаг1идаялъ ц1алулеб кеч1раг1изабун, ахиралда тестаздалъун, яги цогидаб формаялда ц1алдохъабазул лъай ва лъугьараб бажари борцине техникиял алатаздаса пайда боси. Методистаз кумекалъулал алатал рикьула лъабго тайпаялде: а) жибго х1акъикъияб премет бихьизабун, гьелъул пайдаялъул яги заралалъул бицин. Масала, бихьизабула хъухъадиро, бицуна гьелда ц1ар, цинги гьелъ т1убалеб хъулухъ, гьединго т1абиг1аталда колел лъугьа бахъинал –бакъ баки, нак1к1лъей, г1азу – ц1ад бай, г1адамаз ва рух1ч1аголъабаз гьарулел ишал: лъимер кьижун буго, к1одоца щар ч1валеб буго, х1елеко г1кг1едулеб буго ва гь.ц.

Б) классазде росизе к1оларелш, санаг1ат гьеч1ел предметазул ва лъугьа-бахъиназул суратал, кинокадраби, телевидение.

В) бицадулаб форма (ч1агояб калам, радио, магнитафон ва гь.ц.) Гьездасан аслияб ккола ч1агояб калам, Хут1анщиназ кумек гьабизе ккола бицунеб жо мух1канго бич1ч1изе, х1акъикъат цебе ч1езабизе, К1алъалесул пикру якъинлъизабизе. Гьел х1ажатал руго, г1иц1го дица дарсида берзулгин г1инзул кумекалъулал алатал х1алт1изарунин абизе гуреб, ц1алдохъабазда малъулеб материал бигьаго ва гъваридго бич1ч1изабизе. Гьединаб мурад гьеч1они, гьеб сверизе бегьула рек1елгнъеялъул х1аялде. Гьеб мехалъ гьел техникиял алатал х1алт1изариялъ кьезе г1аксаб зх1асил-пайда гуреб, зарал, ай дарси заман г1адада хвеялде рачине бегьула. Гьединлъидал муг1алимас пайда гьездаса босизе жинца бицунеб жо цадахъго бихьизабизе. Бихьизе ва раг1изабизе ккола г1иц1го муг1алимас бицунеб х1ажатаб бут1а. Гьелъ кумек гьабизе ккола ц1алдохъаби къокъидго г1амлъиялде рачине, г1акълу ц1убазабизе, берцинабги сурукъабги, квешабги лъик1абги дандеккун, жамг1иял г1умруялъул законал рагьиялдалъун г1ун бач1унеб г1елалъе тарбияб кьезе. Дидактиказул эмени Ян АМОс Каменскияс к1удияб квар кьолаан щибаб раг1ул маг1на бич1ч1изабиялде. ГЬес мустах1икъаблъун рик1к1унеб бук1ана жибго предметги гьелъу ц1арги цолъизабулеб сипат-сурат г1уц1и. ГЬедин гьабуни, лъималказ лъай хехго босулилан Гьес рик1к1унаан лъимералда предмет бихьизабизе кколин, гьелъузхъги балагьун, гьелъул сипат-суратги босун, гьелда ц1ар абизе хехго ругьунлъулилан».

Дидактиккаялдла, ай дарсмида берзщул ваг1инзул кумекалъул алатал х1алт1изаризе к1удияб къимат кьолаан г1урусазул к1удияв педагог К.Д, Ушинскияс. Гьез чара гьеч1еблъун рик1к1унаан щивав ц1алдохъанасда лъазе кколеб ц1ияб раг1и гьелъул сипат-сураталда бухьинабизе кколин. Лъимералда маг1на лъалареб кинаб бук1аниги

Ян. Амос Каменский. Избр. пед. сов, М.,Учедгиз ,1955,с,303 -308



Щуго раг1и лъазабулеб бугони. Гьев г1емераб мехалъ г1адада г1акъубаялда вук1уна: к1оларо мух1канго рак1алда ч1ч1езабизе, сураталда рихьуларел гьединал раг1аби лъимада бач1инахъего лъала гьел. Цинги гьел каламалъулъ х1алт1изаризе т1амун, ц1алдохъанасул пикру цебет1езабула. Лъимадул калам цебет1езаби – гьелъул г1акълу ц1убай кколин ч1езабулеб буго К.Д.Ушинскияс. Нилъер заманаялда техникиял кумекалъулал алатал кьуч1дасанго ц1илъана, къойидаса къйиде ц1ия-ц1иял раккулел руго. Гьел квег1енал, х1алт1изаризе бигьаял, пайда ц1ик1к1аралъун лъугьунел ругелъул, ц1алул иш камиллъизабизе гьез г1ат1идал ресал ралагьулел руго, Амма телевидениялъги, киноялъги, магнитафоналъги ва цогидалги берзул ва г1инзулкумекалъулал алатаз жакъа школалда мустах1икъаб бак1 кколеб гьеч1о – гьеб кинабго х1енцго лъугьунеб буго школалъул азбаралде, хасгоТСОялъ рахьда мац1ги адабиятги малъиялъулъ лъолеб бут1а ц1акъго заг1ипаб буго. Гьаб ахира къого соналда жаниб г1иц1го 2008 школазде рач1ун руго фонохрестоматиялъул касетал, гьелги педагог А.А.Шараповасул жигирчилъиялдалъун, гьезда гьоркьоб микьго кассета буго авар адабияталдасан г1уц1араб. Гьеб ккола къечалъ вух1улев чиясул к1албиде т1инк1араб микьго лъел къат1ра г1адаб жо. Рес бугоан компьютераздаса телевизораздаса г1ат1идго пайда босизе, амма миллиял мац1азул ишазе пайда босизе, программабазда рекъон х1адурарал я касетал я дискал гьеч1о. Гьел х1ажатал рук1иналъул пикру гьабулев т1алъиялъул чиги ватуларо. Анкьида жаниб цо-цо к1и-к1и саг1ат рахьдал мац1алъе кьуни г1олин, гьебгт г1емер бугинлан лъайкьеялъул министерство ч1араб мехалъ, техникиял алтал х1алт1изариялде играйищ щолеб ?!

Гьединаб бер балагьиял, лъималазул щайгурин, жалго муг1алимзабазулги х1алт1удаса рак1 бусинабун бук1ин бихьула гьанже. Гьелъги нуг1лъи гьабула миллияб маданияталда ва адабияталда т1ад михир бачине т1амиялъ х1аракат бахъулеб бук1иналъе: к1очон те миллиял г1адаталги. маданиятги ,адабиятги, г1амал - хасиятги, рук1а - рахъиги,азарил соназул тарихги,босе кинабго чиярабги, чарлъизе заман щвана нужоеян, к1ал гьикъулеб г1адин, мац1алда гьоц1о буго, рек1елъ загьру буго. Гьабулеб ишин абуни т1олабго миллияб маданияталда данде багьараб буго: къаялде ккезарун руго миллиял газетал, радиоялъулги рух1 бахъанин абизе бегьула гьелъиеги сордо - къоялда жаниб 30 минут кьун буго, гьебги рогьалилъ какде рахъарал харабазда гурони, раг1улареб мехалъ. Телевидениялъги анкьида жаниб цо саг1ат кьолеб буго миллияб мац1алда к1алъазе, ц1акъго къанаг1ат гурони телевидениялъ маг1арул театр бихьизабулеб гьеч1о. Маг1арулазда цебего к1очана радиоялъусан театр кьолеб бук1араб заман. Гьебго заманаялъ сордо - къоялъ лъахъич1огог1урус мац1алда х1алт1ула телевидениялъул киналниги каналал. Гьел киназулалдасан ралагьаразул бот1роде т1олеб щинаб хъублъиялъул чорклъиялъул х1ал к1оларо. Гьеле гьелъ тарбия кьолеб буго гьанже г1унбач1унеб г1елалъе. «Телевидениялъ ц1алдохъабазе ц1алдезе, рокъобе кьураб х1алт1и т1убазе заман гьеч1ин, гьелъул зарар тун бат1ияб жо жакъа гьеч1инабун «Х1акъикъаталде» бицун буго гьал къояз Шамхал - Терминалъул гьоркьохъеб школалъул директорас. Телепередачаз «г1орц1изарурал» г1олилазги г1елмуялде, адабияталде, хасго маг1арул раг1ул устарзабазул асаразде мугъ рехун буго, хасго шагьаралда ругел маг1арулазул лъималаз. Т1алъиялъ т1ад хъегъезабураб миллияб «талих1» буго гьеб. Цебе, советияб заманалда муг1алимзабазе школазда ч1езарун рук1ана патефоналги, гьезда лъун, дарсида пайда босулел пластинкабиги. Гьезда рук1ана машгьурал кочохъабаз ах1улел маг1арул шаг1ирзабазул куч1дулги. Адабияталъул прграммаялда ругел раг1ул устарзабазул к1уч1дулги, к1алъаялъе, пьесабиги хъварал пластинкабазк1удияб кумек гьабулаан дарсие ч1аголъи кьезе. Рес бук1ана гьел пластинкаби тукадаса ричун росизе. Авар адабияталъул щивав муг1алимасул бук1ана гьедин данде гьабураб фонохрестоматия. Патефоналъул заманги ун, рач1ана маърат1исалъул чалуялда кеч1-бакъан хъваялде. Гьеб данде ккана Улка щущахъ бараб хъамал чаг1азул такъсирияб революциялда. Бечелъиялда хадур лъугьун, школазул ва лъай кьеялъул ургъел бугев чи бет1ерлъуде ккеч1о. Школал хут1ана, цебесебги т1аг1ун. т1аде ц1иябги бач1инч1ого, ч1аголъараб гьодорлъиялда Школазе рахъулел кинофилмаби лъуг1ана, гьел школалде щвезарулел идарабазулги лъак1 т1аг1ана г1адал киноаппараталги школазул складазде рехун хут1ана. Касетазда хъван, куч1дузул дарам гьабулел базаргаби раккана. Гьезги гьегьал «ц1вабзазул» куч1дул ва мавлидал хъварал касетабазул дармил ишги гьулчун анна, амма школазда жидер асарал малъулел устарзабазул асарал абуни, т1ахьазда хъвавухъе, хут1ана. Гьеб иш т1аде босизе лъай кьеялъул министерствоялъеги миллияб адабияталъул ургъелго гьеч1ин ккола. Байбихьана творчвескиял г1алимзабаз жиде-жидер харжалдасан, радиокомпьюторкалъул телевидениялъул фондазда жидее х1ажатал хрестомативиял асаралкасетазда хъвазарун, жидерго фонотека г1уц1изе. ГЬеб рахъалъан жидерго жигарлъи бихьизабуна г1емераб заманаялъ Гъизилюрталъул т1оцебесеб школалъул директолъун х1алт1арав Адал Шараповас. Г1емерал зах1малъабиги х1ехьон, лъайкьеялъул министерствоялъул болъалги мерхьун, ахир къадги гьесда к1вана, к1удияб гьеч1ониги фонохретоматия г1уц1изе. Гьеб школазда щвана 2008 соналъ. Гьеб буго 36 касетаялдаса данде гьабураб фонотека. ГЬезда гьоркьоб буго 8 касета авар мац1алдаги. Г1емерисел школазул муг1алимзаби х1т1ун руго, Г1адатал берзул ва г1инзул алатаздаса пайдаги босун. Адабияталъул кабинетазда, класс берцинлъизе раг1араб г1адин, я квер, я бер щолеб борхалъиялда ран руго Дагъистаналъул раг1ул устарзабазул суратал. Гьадав хъвадарухъанасул асар бугин жакъа нилъеда малъизеян ишара гьабун гурони, гьеб сурат «ц1ализе» ц1алдохъабазда малъулеб гьеч1о.

Раг1ул устарасул кинаб рахъ художникас. Ц1ик1к1ун к1вар кьун, бихьизабизабун бугебали баян гьабизе ккеларищ? Кинаб г1акълу-лъаялъул, г1амал-хасияталъул чи вихьизавун вугевали ц1алдохъабазда лъазе ккеларищ? Сурат /потрет/ художествияб асар кколеблъул. Гьеб «к1алъазабизе» т1адаб гьеч1ебищ? Твоческиял муг1алимзабаз, суратал «ц1али» гуребги. Цо кеъвак1араб кагътида ункъо классалъул сураталги седон, нахъияб рахъалда гьезул малъараб асаразда т1асан текстал г1уц1ун руго, ва г1амлъиялъул дарсазда гьездаса пайдаги босулеб буго, ай къададаса гъокьеги рещт1инарун, дарсазда г1ахьаллъизе т1амулелд руго. Гьединал муг1алимзаби жакъа, дагьгурони, ратулел гьеч1о. Ц1алдохъабазул г1акълу т1убазабизе, пикру бег1еризе г1адатал суратазулги ч агоян предметазулги муг1алимзабазе бицине кколаро – «букваралдаса» байбихьун, ц1алдохъабазда балъулеб жо, гьезда гъваридго маг1на бич1ч1изе, ч1агоял предметазда, суратазда, халипабазда бухьинабула Т.В.Болговалъ хъвавухъе, суратазги, халипабазги, /макетаз/, ч1агоял предметазги кумек гьабула анализ т1обит1изе: предметазул аслиял рахъал ратизе ва дандекквезе. Гьеб ккола бералда бихьулеб ургъизе, пикру гьабизе кьуч1лъун ч1олеб материал». Цох1о берзул ва г1инзул гуребги, инсанасе кьун руго тату-т1аг1ам, бух1и-ц1орой, гьуинлъи-кьог1лъи, кьер-мохъ, квешлъир лъик1лъи-лъик1лъи ва гь.ц. бопцунеб лугби. Г1елмияль кьуч1ал малъулелъул, гьезги жигар г1ахьаллъи гьабула пикрияб рахъ цебет1езабиялъулъ. Цо г1ит1инаб мисалалъ бихьизабула гьезул квар: гьанжего гьанже билълъинабизе лъугьараб, цо-цо раг1и абизе рек1араб лъимер ч1ах1ияз ц1унула гьелъие заралияб щинаб жоялдаса. Хасел, бакараб маххул печь. Лъимер уна гьелда аск1обе. Ч1ах1ияз «Бух1» -ан абун, лъимер печалда хъвазе толаро. Чан нухъалъ нахъе бачаниги. Лъимер ч1оларо гьелда квер хъвач1ого. Хъвала- бух1ула килищ. Цинги бич1ч1ула «Бух1»!-абураб раг1ул маг1на. Цинги гьелъ ц1орараб печалдацин квер хъваларо, ва, гьелда килищ бит1ун, абула «Бух1!»-ан. Гьедин байбихьула лъимералда г1умру бич1ч1изе. Школалде лъимер бач1ч1уна, лъик1аланго г1умруялъул х1албихьиги щун, рахьдал мац1алда к1алъазеги лъан. Лъаларелщина раг1абазул маг1наги бич1ч1ун. Гьелъ муг1алимасе рес кьола гьит1инго ц1алдохъхан ругьун гьавизе квешлъи ва лъик1лъи рат1арахъизе, пикрияб нухалдалъун, гьеб к1иябго бич1ч1иялъул г1орхъаби ч1езаризе, ях1-намусалъул нухалдалъун, лъик1лъиялъул г1охъаби г1уц1изе ц1алдохъабазда малъизе. Т1олабго школалъул адабияталъул курсги ах1араб буго инсаниялъул гьеб к1иябго рахъ гвагъун бихьизабизе, даим гьезда гьоркьоб бугеб тушманлъи якъинго рагшьизе, гьезие бит1араб къимат кьезе ц1алдохъабазда малъун, лъик1лъиялъул т1ок1лъи ва гьеб г1уц1изе ккей г1унбач1унеб г1елалъул рек1елъе дарулъун т1ик1изабизе. «Х1амаги бац1ги» абураб маргьа малъулеб халкъияб дарсида вук1арав методистас муг1алимасда абун буго: «Дур дарсида берзул ва г1инзул кумекалъулал алатал рук1инч1о» - ян. Хадусеб дарсида муг1алимас ч1агояб х1ама бачун бач1ун буго классалде. Бац1 жиндихъе щолеб жо гурилан абун буго. Щибго жоги абич1ого, методист дарсидаса нахъе ун вуго, лъималазул релъихъуялда гъоркь. Дов муг1алим гьеб росулъа нахъе аниги, гьеб «берзул алаталъул» хабар г1емерал соназ къот1ун гьеч1о гьеб росулъ. Г1еч-гени г1адал дарсиде росизе бегьулел санаг1атал предметал, яги гьезул суратал росаниги г1ола дарсиде. Рик1к1ен ккола къадаралъул роцен. Амма гьеб буго сурат сипат гьеч1еб бич1ч1и. Пуланаб къадаралъул маг1на бич1ч1изе ккани, к1иго квер, к1иго бер, ункъо бох, цо бет1ер ва гь.ц. Г1исинал лъималазда ч1ван къот1араб предметазул къадаралъул маг1на лъараб мехалъ, рач1уна жидер сипат-сурат гьеч1ел предметал рик1к1иналде: к1иго сон, к1иго къо. К1иго минут, лъабго раг1и,ункъо пикру, щугол рохел ва гь.ц. Гьеб еухалъ ич1го, лъималазул г1акълуги ц1убаларо, анализалъеги ругьунлъуларо. Сурат яги предмет, халипа ва гьи, бихьизабиялъул бук1ине ккола хассаб мурад: кинаб рахъ гьелъул лъималазда бич1ч1изабизе х1ажат бугебали-тамахлъи-къвак1ийщ, к1одолъи-гьит1инлъийищ, мах1ищ, т1аг1амищ, кьерищ, формайищ, пайдайищ-заралищ ва гь.ц. гьелъул лъазе къвариг1ун бугебила. Гьеб х1ажатаб рахъ батиги бат1алъизабиги ккола г1ураб пикрияб х1алт1и. Гьеб т1адкъай ц1алдохъабаз т1убан хадуб, ц1алдохъаби ругьун гьарула цо х1ал цойгиялда данде кквезе, цо предметалъе хасиятал рахъарал цойгиялде г1унт1изаризе, ай метафорпзул маг1на рахъизе. Гьабулеб къот1уе йокьулей хилиплъараб мехалъ, Мах1мудица х1алт1изарурал метафораз адабият бокьулел х1айран гьарула:

Меседил лъимазул кьерги т1ад гьабун,

Пахьул бикьун буго бицараб раг1и;

Г1арцул хъал т1ад жемун, жаниб т1ухьи лъун, Йижун йик1ун йиго рак1алъул гьудул.



Месед- хирияб маг1дан, пахь-учузаб маг1дан, кьералъул релъенхъвай бугел. Г1арацги меседалда хадуб бач1араб хирияб маг1дан, т1ухьи-г1арцуда пархен бугеб учузаб маг1дан. Т1асан месед-г1арац г1адинаян колей, жаниса ятула пахь-т1ухьи г1адай. Рогьо бач1ого, хьандеч1ого хиянатлъарай гьудул бегуниса яхъарал ц1акъго дурусарал метафорал кьун руго шаг1ирас. Хирияй йик1арай рек1ел гьудул учузлъараб куц т1ок1абги камиларо кинха бихьизабулеб?! Гьанже творческиял муг1алимзабазул х1алт1улъ к1вар ц1ик1к1араб рахълъун лъугьун буго малъулеб асаралъул кьуч1алда диафильмаби г1уц1изе ц1алдохъаби ругьун гьари. Классго т1аделъун аслиял лъугьа-бахъиназул сурат цебеч1езабула. Х1асил бицине т1амизеги, изложение хъвазеги, план х1исабалда, тартибалда гьел кадрабазул х1асил доскаялда хъвала. Гьедин гвангъун цебеч1езарула асаралда рехсарал лъугьа-бахъинал. Гьелда т1ад г1уц1араб анализги бук1уна камилаб, ай квешабги лъик1абги иш, пикраби ц1алдохъабаз бигьаго баян гьабула. Гьеб асаралъ щиб нилъеда малъулеб бугебали бицуна. Гаргар х1алеб асар/хабар, басня, кеч1/ бугони, гьеб сценаялъе къач1ала жалго лъималаз, муг1алимазул кумекалдалъун. Цинги ролазде бикьун жидецаго х1ала. Дагьалго героял /Бац1,Ци. Цер/ гурони,чанго къокъа г1уц1ула,ва х1адурлъун хадуб, ралагьула кинаб командаялъ, героязул г1амал-хасияталда рекъезабун, лъик1 ролал х1аялъухъ. Рагьарал дарсаздаги. Хасго цо-к1иго раг1улш устарасул т1олабго творчествоялда т1асан г1уц1араб г1амлъиялъулаб дарсиде х1адурула сценариял. Ц1алдохъабаз ролалги х1ан. Т1орит1ула гьединал дарсал. Гьениб гьоркьоб ц1акъго х1ажатал жал экраналда рихьизаризе х1ат1изабула мультимедияб проекторги. Машурал артистаз ах1улел, ц1алулел мисалиял куч1дузул касетазухъ г1енеккизарун, пинги гьезул мисалалда пасих1го ц1али бачинеги рес буго жакъа школазда, амма гьеч1о тартибалда дарсазе х1исаб гьабурал гьединал касетал, гьнздаса пайда босиялъул методикаги. Жидедаго бурцин бихьахъе бажарарас бажарухъе гьабулеб буго гьеб х1алт1иги. Х1албихьи бугел муг1алимзабазда ц1акъ лъик1 лъала баянал, ай х1акъикъиял сипатаздалъун ц1алдохъабаз пикру гьабулеблъи. Гьединлъидал гьез жигар бахъула х1акъикъат гвангъун цебеч1езабизе рес кьолеб щинаб жоялдаса пайда босизе. Капиталимазде т1ад русун хадуб, техникиял алатаздалъун школал лъезариялъул иш т1алъиялъ т1убанго реххун тана. Гьездаса хадуб араб 18 соналда жани техникаялда жаниб т1убараб революция ккана. Щибаброкъоб телевизорал лъураб заман бач1ана, амма щибаб классалда телевизор лъеялъулги гьелъие х1ажатал касетал-дискал ч1езариялъул ургъел гьабулеб идара гьеч1олъиялъул ургъел гьабулеб идара гьеч1олъиялъ, школалги ч1орого хут1ун руго росабалъ. Жидерго ресаздасан росарал телевизоралги директорасул кабинеталда лъун руго. Гьеб рахъ хашго хут1ун бук1ин бихьараб т1алъиялъ школалъе компьютерал кьезе байбихьун буго, амма кинаб бугониги г1адлу-низам гьеч1о гьедалъун ц1алул идараби хьезариялъулъ: цо-цо школазе миллионал кьолел руго, гьел росизе, г1емерисел х1ац1арилел тун руго. Х1ажат буго, ц1алдохъабазул къадаралде балагьун, техникиял алатаздалъун школал хьезариялдалъун, ращалъи ц1унараб, тартиб ч1езабизе, ва хасал курсазда компьютеразда х1алт1изе муг1алимзаби ругьун гьаризе. Гьезул г1емерисезда жакъа компьютераздаса пайда босизе лъалеб гьеч1о. Къанаг1атаб школалда батула мультимедияб проекталдаса пайда босулеб /Гуни, Казбек район/ Ц1акъго х1ажатаб буго. Адабияталъул прграммаялда рекъон, берзул ва г1инзул техникиял алатазе х1ажатал касетал ва дискал х1адурлъиялъул иш х1укуматалъ т1аде босизе. Гьелъие хасаб программа г1уц1изе, ва завод-фабриказда х1адурун, гьел къват1ире рич1ч1азе, ва щибаб школалде гьел щвезариялъул низамги ч1езабизе. Х1инкъи буго, гьанжего миллияб мац1азде мугъ реххун буго т1алъиялъ к1вар гьеч1ого гьеб чара гьеч1еб иш теялъул. Гьелдаго цадахъ къвариг1араб буго берзул ва г1инзул кумекалъулал техникиял алатаздаса пайда босулеб къаг1идабазул х1акъалъулълал техникиял алатаздаса пайда босулеб къаг1идабазул х1акъалъулъ гьажесел т1алабазда рекъараб методика муг1алимзабазда кодобе кьезе. Гьеб рахъалъ гьаб сах1ат г1адлу-низам гьеч1о: живас жинда бажарараб куцалъ пайда босулеб буго магнитафоналдасаги, телевизоралдасаги, компьютераздасаги. Цох1о Адал Шариповас х1адурарал касетал мах1иего г1оларо: дагьалго авторазул асарал гурони. Авар мац1алда касеталги гьеч1о. Щибаб классалъе къвариг1уна, гъоркьияб рахъ босани , 8-10 касета.

Цебе, советияб заманалда, букварь малъун бихьизег1ан, 27 грампластикаги 47 таблицаги х1алт1изарулаан г1урус мац1алъул дарсазда, Пакъир авар мац1 бук1ана цо чанго таблицаялда бадибе балагьун. Дицаго байбихьул классазда авар мац1алъул дарсазда х1алт1изарулаан щибаб темаялда т1асан г1урус мац1алъе риччарал суратал. Гьанже гьелги щолел гьеч1о. Мисалалъе босизин т1оцебесеб класс. Гениб бук1ине ккола магниитафонги макъалт1исалъул чулуялда хъвараб расул коч1ол куплеиги.

Шуго клищ - цох1о квер,-

Босе, гьудул, босе гьаб.

Щуго килищ - цох1о зар-

Босе, тушман, босе гьаб

1Г1инт1аме кеч1 ц1ализе кколеб куцалъухъ. Биччала магнитафон.

2.Гьанже ц1але Артистазда / муг1алимасда/цадахъ.

3.Нужецаго цадахъ ц1але.

4.Гьанже кьералккун ц1але.

Муг1алимас ц1алуе баян кьела: т1оцебесеб к1ижугьа разияб, аваданаб гьаракь-бакъаналда ц1ализе ккола; к1иабилеб кьварун, к1ал гьикъулеб г1адин. Щай гьедин ц1ализе колебали бицина. Цинги чанц1улаго магнитафоналда цадахъ хоралда ц1ализаби кеч, рехсараб гьаракь бакъаналде ккезег1ан. Лъималазул ц1алиги хъвазе бегьула макърат1исаялъул чалуялда. Цинги жалго лъимал г1енеккила жидерго ц1алиялъухъ. Гьезда мух1канго раг1ула жидерго ц1алулъ ругел жагъалал бак1ал. Муг1алимасда цадахъ гьел г1унгут1абиги т1аг1инаризе рес бук1ана. Методистаз бищунго пайда ц1ик1к1араллъун рик1к1унел руго берзулги г1инзулги техникиял алатал. Жакъа гьединазда бищунго квег1енаб буго телевизор. Авар мац1алъул ва адабияталъул кабинеталда бук1ине ккола гьеб, цадахъго гьелдаса пайда босизе х1ажатал касетабиги дискабиги ч1езаруни, адабияталъул дарсазда ц1ияб рух1лъей гьеб х1акъаб буго. Гьеб иш жидедаго т1аде босун буго Салаватиялъул муг1алимзабаз. Цох1о г1уни гимназиялда гьанжеялде видиокасетазул лъик1абго нахърате лъугьун буго. Гьезул адабияталъул дарсалги т1адег1анаб даражаялде унеб руго Муг1алимзаби - Абусинрва Сиянат, Айтемирова Сидрат ва цогидалги. Телевизоралъе класс бец1лъизабизеги кколаро бокьараб мехалъ.

Бокьараб мехалъ биччазеги къазеги санаг1ат бук1ана. Дарсида ТСоялдаса пайда босизе къасд бугони, муг1алимас х1исабалде босизе ккола:

а) Техникияб алат х1алт1изабиялъул мух1канаб мурад:

б) малъулеб асаралъул х1асил баян гьабулеб бук1ин.

в) раг1изе/магнитафон/,бихьизе/телевизор/ х1алт1изабулеб заман. муг1алимас бицунеб жо гьезт гвангъун бихьизе ва раг1изе гьабулеб бук1ин;

г) Малъулеб асаралъул х1асил ц1алдохъабазда бич1ч1иялъул даража;

гъ) ТСО гуребги цогидал къаг1идабиги х1исабалде росун рук1ин;

гъ) программалда гьеб асар малъизе бихьизабураб заман;

г) /х1алт1изаризе ругел алатазул тартиб.

Гьел шарт1алги х1исалалде росун, х1адурлъич1ого муг1алимас дарсида ТСО х1лт1изабиялъул пайда бук1унаро. Гьединлъидал цебеккун гьабураб х1алт1изабиялъул пайда бук1унаро. Гьединлъидал цебеккун гьабураб х1адурлъиялда бараб бук1уна дарсил пайдаяб рахъ»,- ан хъван буго жидерго диссертациялда Акимов Къурбаница. Берзул техникиял алатал х1алт1изари.

Гьабсаг1ат г1ат1ид пайда босизе рес кьолел аппаратал ккола телевизор, компьютер, мультимедия проектор. Гьез рес кьола дарсил заман т1ок1лъизабизе, малъулеб материал мух1канго бич1ч1изабизе. Мультимедия проекториялъул кумекалдалъун г1исинал суратал, фотосуратал, гьединго кагътида хъварал жугьаби, кицабиял алфазал, ч1ах1агьарун экраналда рихьизаризе. Мисалалъе: ц1алдлхъабаз цо 4.Акимов Курбан. Диссертация.

4 развитие устной речи учащихся Дагистанской начальной школы сприменением ТСО; с. 123 – 124 гьит1инабго асаралда т1асан, суратал рахъун, г1уц1ула диафильм. Лъик1ал кадраби т1асарищун, гьел ц1унула адабияталъул кабинеталда. Гьелги мультимедияб проекторалъ экраналда рихьизарун, ц1алдохъаби т1амизе бегьула к1алзул изложение т1обит1изе,яги изложениялъул план х1исабалда, иргадал тартибалда сураталги церерач1инарун, изложение хъвазе т1амизе. Цоги мисал: Ц1адаса Х1амзатил «Ц1улал устарги Маймалакги» абураб басня малъулеблъул, г1уц1ула гьадинабдиофильм:

1.Ч1алул хъарщал рахъулев Ах1мад.

2.Хъухъараб бак1алда гьоркьоб лут1 кьабг1и.

3.Ах1мадил х1алт1и бихьун, Маймалак, х1икмат гьабун, балагьун ч1ей.

4.Жиндирго ишалъе Ах1мад ч1алт1аса нахъе ин.

5.Маймалак ч1алт1е бахин.

6.Лут1 бахъи, нахъасан далараб рач1ч1 хъорщода гьоркьобе ккей.

7.Маймалакалъул хашади, ч1ч1ич1ч1иди.

8.Т1аде щварав Ах1мадица Маймалакалъул х1ур к1ут1и.

Щибаб сурат цебе бач1арабго, ц1алдохъабаз гьелда гъоркь хъвазесел шаг1ирасул раг1аби хоралда ц1алула: Цо пуланаб ишалъе унеб Маймалакалда Ах1мадида бер ч1вала чалул хъащал рахъулев. Гьеблъиялда диафильтм лъуг1изег1ан.



Достарыңызбен бөлісу:
  1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет