Практикиял х1алт1аби. Цебераг1и «Авар мац1алъул диалектология»



Дата11.06.2016
өлшемі224.42 Kb.
#128082




Практикиял х1алт1аби.

Цебераг1и

«Авар мац1алъул диалектология» ккола мац1алъул бицунеб г1елмуялъул к1вар бугел бут1абазул цояб. Гьеб курсалъ бицуна маг1арул мац1алда ругел наречиязул, диалектазул ва сверелазул.

Студентазда лъазе ккола маг1арул литературияб мац1 гуребги, жеги г1андадерил ва ц1унт1адерил группаялъул жалго жидедаго ч1арал мац1ал рук1инги.

Бищунго к1вар бугеб суаллъун ккола щибаб диалекталъе хасиятал фонетикиял, морфологиял, лексикиял ва цогидалги бат1алъабазул бицин. Киналниги ц1алдохъаби к1алъала жиде-жидер диалекталда яги сверелалда. Цониги росу яги къавм гьеч1о бац1адаб литературияб мац1алда к1алъалеб. Гьединлъидал маг1арул мац1алъул учителасда лъазе ккола ц1алдохъабаз жидерго диалекталда хурхарал кинал гъалат1ал риччазе бегьулелали.

Гьеб кинабго х1исабалдеги босун, маг1арул мац1алъул дарсал кьезе х1адурулел студентазда диалектология малъизе бихьизабун буго ц1алул планалда рекъон.

Программаялда диалектал ва сверелал малъизе рихьизарун руго Ш.И. Микаиловас бихьизабураб тартибалда рекъон. Гьелда т1адеги, х1ажат буго жеги мух1канаб г1елмияб ц1ех-рех гьабизе киналниги маг1арул мац1алда ругел диалектазул ва сверелазул.

Студентазе авар мац1алда ругел киналниги диалектазул х1акъалъулъ баян кьеялъул буго к1удияб к1вар. Цо бугони, гьелъ авар литературияб мац1 г1ат1идго бич1ч1изе, лъазе кумек гьабула. К1иабизе бугони, авар мац1 кин ва киб т1ибит1ун бугебали бицуна. Гьелда т1адеги, рук1инесел авар мац1алъул учительзабазе баян гьабула кинал диалектазда хурхарал гъалат1ал риччалел жидерго диалекталда к1алъазе ругьунлъарал ц1алдохъабазали.

Северияб наречиялъул диалектал.
Северияб наречиялде гъорлъе уна хундерил, бакъбаккул ва бакът1ерхьул (салатавиялъул) диалектал.

Бакъбаккул диалекталда к1алъала: Буйнакск, Хьаргаби ва Леваши районазул г1адамал.

Салатавалъул диалекталда к1алъала: Казбек, Гумбет ва жеги цоги-цоги районазул г1адамал.

Хундерил диалекталда к1алъала: Хунзахъ ва Унсоколо районазул киналго г1адин росаби.

Гьеб лъабабго северияб наречиялъул диалекталда гьоркьоб бугеб аслияб бат1алъи ккола салатавиялъул диалекталда о гьаракь х1алт1изабулеб бак1алда хундерилги бакъбаккулги диалектазда г1емерисеб у гьаракь х1алт1изаби.

Гьедиго хундерил диалекталда п бак1алда гь гьаракь х1алт1изабула: к1ут1бузулаб б гьаракь гьоркьоб биччанги батула салатавалъул диалекталда составияб сказуемоялъул причастиялъул бак1алда жибго глаголалъул форма х1алт1изабун батула.

Киналго г1адин югалъул диалектазда эргативалъул ахир =д= х1алт1изабула =ца= ялъул бак1алда.
Хундерил диалект.

Югалдасан хундерил диалект байбихьула Шамил районалъул Датуна, Къваниб ва Нит1аб росабаздасан. Хадубги гьеб диалекталде гъорлъе уна Хунзахъ районалъул киналниги росаби Гьоц1алъ, Уздалросо, Хъах1ик1к1ал ва Т1агьада хут1изег1ан. Рехсарал росаби Ш.И. Микаиловас бакъбаккул диалекталда гъорлъе рехсон руго.

Дагьа-макъаб хисигун хундерил диалекталда к1алъала гьединал росаби: Гьамишт1а, Жалакьури, Гьамущи, Мушули, Ц1алк1ит1а, Гьарадерихъ, Г1арани, Гиничукь, Ц1ада, Г1ахьалч1и, Бакьайч1и, Буц1ра, Гьонохъ, Баикь, Г1обода, Гъоркьколо, Гозолоколо, Г1орот1а, Г1оч1ло, Т1ануси, Г1ебут1а, Нак1к1икь, Хьини, Гьац1алухъ, Лъаг1илухъ, Харахьи, Х1ариколо, Хунзахъ, Шотода, Заг1иб ва ц.

Хадубги хундерил диалекталда к1алъала Унсоколо районалъул киналго г1адин росаби, Гьарак1уни ва Рихьуни хут1ун. Гьаб к1иябго росу бакъбаккул диалекталда гъорлъе уна. Унсоколо районалъул хундерил диалекталда к1алъала гьадинал росаби: Г1ашилт1а, Балахьуни, Генуб, Хъах1абросу, Мок1сохъ, Унсоколо, Харайч1и, ва гьединго Игьали (гьанже Гумбет районалъул). Сахъадерил ва Кьахъадерил сверелал хундерил диалекталде гъорлъе кколел рук1аниги фонетикиял ва морфологиял хаслъаби ц1ик1к1араллъун рик1к1уна.



Фонетикиял хаслъаби

Хундерил диалекталда рагьукъал ва рагьарал гьаркьал литературияб мац1алдаго г1адинал руго.

Хундерил диалект цогидал диалектаздаса бат1а гьабулеб хаслъи ккола к1ут1бузул кумекалдалъун рахъунел гьаркьал къанаг1ат гурони х1алт1изе гьарунгут1и. Гьелъул х1акъалъулъ П.К.Усларица хъвалеб буго б, м хундерица х1алт1изего гьаруларилан.

Бакъбаккул ва бакът1ерхьул диалектазда к1ут1бузулаб б гьаракьалъул бак1алда цо-цо югалъул диалектазда п1 гьаракь х1алт1изабун батула. Амма кьабизе → кьап1изе г1адал раг1абазулъ х1алхундерил диалекталда б, п1 гьаркьазул бак1алда г1 х1алт1изабула: кьабизе → кьап1изе - кьаг1изи.

Авар литературияб мац1алда ва киналго г1адин севериял диалектазда бугеб к1ут1бузул гъунки ккун бахъунеб гъугъаб п гьаракь хундерил диалекталда гьеч1о. Гьелъул бак1алда кидаго гь х1алт1изабула: полоп – гьологь, пер –гьер.

Цогидал диалектазда дандеккун, раг1улебщинаб бак1алда лълъ гьаракь хундерил диалекталда ц1акъго мух1канго х1алт1изабула: лълъар, лълъут1.





  1. бом гьаркьал г1емер х1алт1изе гьаруларо: гье ехалъ, диир, эел, эен, цее зааналъ.

Гьелда бан г1емер рагьарал гьаркьазул диортонгалги лъугьуна гьацла, г1олохъааца.

  1. цо-цо росабалъ б бак1алда м х1алт1изабула: бече – мече, баг1ли – маг1ли.

  2. Г1орот1а т1 бак1алда ъ х1алт1изабунги батула: х1алт1улел руго – х1алт1улел луго.

  3. ассимиляция ккун р гьаракьалъ л сверунги батула: х1алт1улел руго – х1алт1улел луго.

  4. и, у г1емер х1алт1изабула е-о дагьго.

  5. Игьали, Хьиндахъ, Гьарадерихъ о х1алт1изе гьабуларо.


Морфологиял хаслъаби:

  1. Бак1алъул падежазул 1 сериялда т1 (т1а) х1алт1изаби: кьот1а, къадат1а, балат1а.

  2. Бак1алъул падежазул 5-аб сериялъул ахиралда класс бихьизабулел г1аламатал х1алт1изаруларо: рокъо, рохьо, зодо.

  3. раг1ул падежалъул 5-б сериялъул й х1алт1изабула рокъой, рохьой, зодой.


Бакъбаккул диалект.

Бакъбаккул диалект бакът1ерхьул диалектгун рик1к1ине бегьула бищунго литературияб мац1алде г1агарблъун.

Бакъбаккул диалекталъул росаби ккола Шамил районалъул Т1елекь, Гъогъолъ, Гъуниб р-л Гьонода, Хунзахъ р-л Гьоц1алъ, Уздал-росу, Т1агьада, Къах1ик1к1ал, Ч1алда. Хьаргаби р-л Хьаргаби, К1ик1уни, Г1аймаки; Лаваша р-л Ч1уг1ли, Ух1ли, Урма, Хвахит1а, Гуни, Унсоколо р-л Гьарак1уни, Рихьуни; ва Буйнакск р-л Х1апши, Т1.-жунгутай, Дурангъи, Т1.-Гъараниб, Гъ.-Гъараниб.

Фонетикияб рахъ босани бакъбаккул диалект бикьизе бегьула к1иго группаялде: 1. Т1елкьедерил (Т1елекь, Зиури, Гьонода, Гъогъолъ, Гьоц1алъ, Уздалросу, Къах1ик1к1ал, Т1агьада; 2. Хьергебдерил: (Хьаргаби, К1ик1уни, Гьарак1уни, Рихьуни, Жунгутай, Ух1ли, Г1аймаки, Кутиша, Хахит1а, Ч1уг1ли, Гуни, Урма, Къулиц1ма, Х1абши, Дурангъи, Гъараниб, Ахакь). Фонетикияб рахъ босани, хундерил диалекталда х1алт1изарулел и, у ва бакът1ерхьул диалекталда х1алт1изарулел о, е гьенир бащадго г1адин х1алт1изарула.

Лексика босани, даргиязул г1орхъода ругел мац1азулъ даргин мац1алъул раг1аби, лъараг1азул г1орхъода ругел росабазулъ лъараг1 раг1аби г1емер х1алт1изарула.

Бакът1ерхьул (салатавиялъул) диалект.

Салатавиялъул диалектазда гъорлъе уна:



Буйнакск р-л:

Ч1ик1аб, Ахъайтала; Гъизилюрт р-л: Бавтугъай, Т1.-чирюрт, Гъ.-чирюрт, Къакъаюрт:



Казбек р-л: Алмахъ, Буртунай, Гертма, Дилим, Гуни, Ц1обокь, Инчхе, Гъозтала, Калинаул, Ленинаул, Миякьу, Хубар, Дубки;

Гумбет р-л: Аргъвани, Гъоркь Инхо, Т1.-Инхо, Ингишо, Мегъелт1а, Килалъ, Лъарат1а, Ц1иликь, Ц1ундищабдухъ, Ч1иркъат1а, Данух, Ч1икь.

Салатавиялъул диалекталда г1емерисеб у бак1алда о х1алт1изабула: хъомор, агьло, гъабо, маг1о ва и бак1алда е х1алт1изабула: кело, келесо, эрга.

Цо-цо лабиализация т1аг1ун батула: ч1азе, ссеризе.

Морфологияб аслияб бат1алъи ккола гьанже заманалъул глаголал причастие босун гуреб глагол босун лъугьинаби: гьабула вуго, х1алт1ула вуго, кванала вуго.

Салатавиялъул диалекталда цойгидаздаса ц1ик1к1ун руго лъараг1 мац1алдаса росарал раг1аби яшавизе –г1умру гьабизе, гучаргъач – х1ос, тарлав – бекьулеб ракь, гъуруще – г1уц1изе.

Бак1алда ц1аралги г1емерисел лъараг1алдаса росарал руго: Бавтугъай – бав «ах» - тогъай «г1одолъи (долина), Гертма – гертме «г1алхул гени», Гъозтала «ц1улакьодул тала».

Гумбет р-да г1емерисел бак1азул ц1арал г1андадерил мац1алдаса рач1арал руго: Мегъелт1а – Милъилъа – милъи – «бакъ», Данухъ – дан «куй», Ичич1али – иц1ич1ол «милъиршо», Аргъвани аргъван Х1абургъин «муть».

Гунбет (лъараг1алдасан) «бакъул гьумер» «бакълъул рахъ».



Лекция.

Г1андалазул диалект т1ибит1араб буго Гъуниб районалда. Гьеб диалекталда к1алъала 19-аб г1асруялда Буйнакский районалде гочинарурал Гьарак1униса ва Манасаул росабалъги.

Г1андалазул диалект бикьула 10 говоралде:


  1. бухтисезул (Бухтиб, Шангъвада росаби);

  2. ругъжасезул (Ругъжа, Мугула, Унк1ит1а, Ботлониб, Сала, Букадиб, Хабада, Хопор, Камиб);

  3. к1огьорисезул (К1огьори росулъ);

  4. к1к1уядисезул (Агъада, Г1уруда, Мурада, Балуниб);

  5. сугъулдерил (Сугъралъ, Нак1к1азухъ, Шитлиб росаби);

  6. г1обохъезул (Г1обохъ росу);

  7. гъамсукьезул (Гъамсакь росу);

  8. х1от1оч1-хьиндалазул (Х1от1оч1и, Хьиндахъ росаби);

  9. салт1асезул (Салт1а, Кудалиб, Дарада, Мурада, Хъварт1ихьуни, Маг1ли, Гьарк1асуни, Манасаул росаби);

  10. ч1ахъадерил (Ч1охъ росу).

Г1андалазул диалекталъул руго гьадинал фонетикиял хаслъаби:

а) мац1алъулхьолбохъан бахъунеб аффриката =л1= гьеч1олъи, гьелъул бак1алда лълъ бук1ин: вил1а – вилълъа.

б) мац1алъул хьолбохъан рич1и ккун бахъунеб =лъ= гьеч1олъи, гьелъул бак1алда =гь= яги =л= х1алт1изаби: лъала – гьала.

в) литературияб =т1= ялъул бак1алда =ъ= х1алт1изаби: т1аде – ъаде;

7. =п1= гьаракь бук1ин = кьап1де;

8. литературияб =х= ялъул бак1алда =х1= х1алт1изаби: хур – х1ур.

9. падежазул =лда= ахиралъул бак1алда =лълъ(д)а ахир бач1ин: гьобоялда – гьобоялълъа;

10. цо-цо литературияб мац1алда гьеч1еб бак1алда лабиализация ц1уни: г1езе – ч1веде.

Г1андалазул диалекталъул руго гьадинал фонетикиял хаслъаби:

а) мац1алъул диалекталъул руго гьадинал фонетикиял хаслъаби: гьелъул бак1алда лълъ бук1ин: вил1а – вилълъа.

б) мац1алъул хьолбохъан рич1и ккун бахъунеб =лъ= гьеч1онлъи, гьелъул бак1алда =гь= яги =л= х1алт1изаби: лъала – гьала.

в) литературияб =т1= ялъул бак1алда =ъ= х1алт1изаби: т1аде – ъаде.

7. =п1= гьаракь бук1ин =кьап1де;

8. литературияб =х= ялъул бак1алда =х1= х1алт1изаби: хур-х1ур.

9. падежазул =лда= ахиралъул бак1алда =лълъ(д)а ахир бач1ин: гьобоялда – гьобоялълъа;

10. цо-цо литературияб мац1алда гьеч1еб бак1алда лабиализация ц1уни: г1езе – г1везе.

Г1андалазул диалекталъул руго гьадинал морфологиял хаслъаби:


  1. ах1ул форма бук1ин: вас-ав!, яс-ай!

  2. эргативияб падежалъул ахир =д= бук1ин: г1ощъод-ца.

  3. инфинитивалъул ахир –де =бук1ин= инее –енде.

  4. деепричастиялъул суффиксал: =амо=, =умо=, =омо=, рук1ин гьабун – гьабумо, ун вуго –омо вуго.

Г1андалазул диалекталъул лексикияб хаслъи кола: г1охъода бугеб лак мац1алдаса рач1арал раг1аби г1емер рук1ин.
Анцухъезул диалект.
Гьеб т1ибит1араб буго Лъарат1а районалда.

Анцухъезул диалекталда гъорлъе уна гьадинал говорал:

1. Ч1адаколосезул, ташазул, анц1росунхадиязул, бугьнадасезул (Гьиндиб, Кадриб, Хадиял, Т1адиял росаби).

2. Томуразул ва кьанадисезул.

Анцухъезул диалекталъул руго гьадинал фонетикиял бат1алъаби:

1. мац1алъул хьолбохъан абруптив =кь/ бук1ин (ташазулги ч1адаколосезулги говоразда хут1изег1ан: бет1ер – бекь1.

2. зирарал аффрикатал =дз=, =дж= рук1ин: свердизе – севердзи.

3. аффриката =у= ялъул бак1алда =с= х1алт1изаби: цер – сер.

4. литературияб мац1алда бугеб =х= гьаракьалъул бак1алда =х1= х1алт1изаби: х1ур = хур.

5.инфинитивалъул ахиралда ассимиляция ккей: бац1зи>бац1ц1и; босзи>босси.

Анцухъдерил диалекталъул руго гьадинал морфологиял бат1алъаби:


  1. кьовул падежалда класс бихьизабулел г1аламатал рук1ин: вехьаси-в-е – вехьаси-б-е;

  2. г1емер кумекалъул глаголал рук1ин: бачан(а), бох1ан(а) ва цогидал;

  3. раг1ул падежалъул ахирал =ах= (ух)= ошколалдаху, ошкаалдах;

  4. бак1алъул падежазул 5-аб сериялда класс бихьизабулел г1аламатал гьеч1олъи: рокъов, рокъой, рокъоб – рукъи;

  5. иргадул рик1к1ен лъугьине бисси «говорить» глаголалъул причастие х1алт1изаби: к1ибиссанаб;

  6. эргативалъул суффикс =л1(а)= яги =лъ(а)= х1алт1изари: дил1(а) – дица;

  7. араб заманалъул суффикс =а= бук1ин: х1ва – хвана, яги =ри= бук1ин: бекь-ри – бекьана.

  8. деепричастиязул араб заманалъул суффиксал =у= ва цогидалги рук1ин: бос//босу//босун//босул//бослу – босун (лит.);

  9. инфинитив =ензи= бугел глаголазул т1алабияб наклонениялъул суффикс =ун= бук1ин: бич-ун «продай»;

  10. шарт1ияб наклонениялъул суффикс =лълъи= бук1ин: ц1аларилълъи – ц1алани.

Бакълъухъезул диалект.

Гьеб диалекталда к1алъала: Т1аса Бакълъухъ, Гъоркьа Бакълъухъ, Гьолокь, Занат1а, Могьохъ (Шамильский район), Къорода (Гъуниб р-он).

Бакълъухъезул диалекталъул руго гьадинал фонетикиял хаслъаби:

1. Цо-цо ц1ирун абулел аффрикатазул ва рич1и ккун рахъулел =ц, с, ц1, з= г1адал гьаркьазул бак1алда щурун абулел х1алт1изари: бицине – бичине, анц1го – анч1го, росу – рошо, абизе –абиже.

2. Цо-цо щурун абулел х1алт1изарунгут1и: баччизе – баццище, щуго – суго, ч1ужу – ц1ужу.

3. =лъ= гьаракь х1алт1изабунгут1и: лъар = гьар, болъо молгьо.

4. Кк бак1алда =хь= х1алт1изаби: ккезе=хьеже.

5. х бак1алда =гь= х1алт1изаби: хоно=гьоно.

6. =у= ялъул бак1алда =о= х1алт1изаби: т1ину = т1ино.

Бакълъухъезул диалекталъул морфологиял хаслъаби:



  1. класс бихьизабулел г1аламатал гьоркьоса ин: дагьа(б) заман;

  2. транслятивалъул форма гьеч1олъи: росулъа(н).


Гьидерил диалекталда к1алъала Шамил р-л Мач1ада, Т1идиб, Г1нуда росаби ва Ч1арада районалъул Г1урухъ – Сот1а абураб росу.

Гьидерил диалекталъул фонетикиял хаслъаби кола:

  1. аффрикатал ц, цц, чч, л1, хъ гьеч1олъи:

г1арац – г1арас

боццизе – бессле

беччизе – бешшле

л1угьине - лъугьле



  1. х гьаракьалъул бак1алда х1 гьаракь х1алт1изаби: хвезе – х1везе;

  2. кк гьаркьалъул бак1алда хь х1алт1изабт: ккезе – хьеле;

  3. дж аффрикат бук1ин: жужах1 – джужах1;

  4. аффрикаталда кь1 бук1ин –т1ад - кь1ад;

Гьидерил диалекталъул морфологиял хаслъаби:

1. бак1алъул падежазул 5 еб. сериялъул ахиралда жинсияб г1аламат х1алт1изабунгут1и: рукъи-, къут1и-.

2. инфинитивалъул суффикс ле/не бук1ин: бехьле;

3. араб заманалъул глаголазул ахиралдаса н гьоркьоса т1аг1ин: тана – тан, сорона – сорон, туна – тун;

4. деепричастиязул ахиралда –мо/му суффиксал х1алт1изари: кьуму - кьун.

Закаталалъул диалекталда к1алъала Азербайджаналда ругел Белакан ва Закатала р-л г1адамал.

Гьелъул фонетикиял хаслъаби ккола:


  1. тамахал рагьукъал гьаркьал рук1ин: бет1ер –бик1’ер

квине - к’инзи

кьуна - кк’ури

лъабго - хь’абгу

бертин - бет’ин

нух - н’ух1

2. мац1алъул хьолбохъан рахъунел ва к1ут1бузул рагьукъал гьаркьал гьеч1олъи: щвана – щана, ч1вазе –ч1азе.



Закаталалъул диалекталъул морфологиял хаслъаби:

  1. 1 сериялъул ахир - а’ бук1ин: бот1рода – бик1а’да;

  2. бач1унеб заманалъулги г1ахьалаб замалъулго цого форма бук1ин:

  3. гьанже заман лъугьин деепричастиялда т1аде бишина кумекалъул глагол жубан:


Къаралазул диалект.
Къаралазул диалекталда к1алъала Ч1арада р-л г1адамал. Гьеб диалекталда гъорлъе уна гьадинал говорал:

1. Т1асакъаралазул (Гочоб, Сачада, Сумат1а, Ц1улт1а, Гьолъоб, Улъухъ, Мокъсоб росаби).

2. Гъоркьакъаралазул (Ч1арада, Мощоб, Ц1уриб, Кьорош, Лъалухъ, Мурухъ, Гъунухъ, Гьачада, Онлъохъ, Онлъоб росаби).

3. Кьесеразул. Гьеб говоралда к1алъалел г1адамал руго Кьессер г1урул раг1ал ч1ван. (Къарануб, К1ут1их, Г1ириб, Нукъуш, Хьинуб, Цимер, Рулда, Лъарабазулъ).

4. Мукракьазул. (Магъариб, Мукукь, Сода, Кучраб, Мугурухъ, Чуниб, Ц1еноб, Хъецуб, Багинуб, Х1урухъ росаби).

5. Риссиб. Риссиб говралда к1алъала Рисг1урул раг1аллъаби ккун г1умру гьабун руцгел г1адамал. (Риссиб (Дусрахъ), Читтиб, Кьосрода росаби .

Гьеб районалда руго бат1ияб мац1алъул к1алъалел росаби. Масала, Ариса (Арчиб) – маг1арулаз абула гьезда Рочиб абун. Гьезда гъорлъе уна г1исинал росабиги: Алчуни, Хилих, Хитаб. Гьенирго руго лак мац1алда к1алъалел Хъилиб (Шали) росуги, гьидерил Урух-Сот1а говралда к1алъалеб 7 росуги.

Къаралазул диалекталъул фонетикиял хаслъаби:

1. Гъоркьакъаралазул говоралда гьеч1о цойги къаралазул диалекталда бугеб аффриката – хъ: хъваазе – хвазе.

2. Риссисезул говоралда буго мукъулукъулда гъункиккун бахъулеб –кь1: бикь1ер – бет1ер, гьакь1ан – гьат1ан.

3. Къаралазул диалекталъул киналго говразда гьеч1о мац1алъул хьолбохъан бахъулеб аффриката л1: л1ут1изе - лъутизе>лълъуцци.

4. риссиб говоралда т1 – ъ: т1ад – ъад, т1ил – ъил.

5. Киналго говоразда х бак1алда х1 х1алт1изабула: нах – нах1, хоно – х1оно, нух – нух1.

6. Риссиб говоралда дандч1вала аффриката –дж: жаваб – джаваб, Жамилат – Джамилат.

7. Ж гьаракьалъул бак1алда й х1алт1изабунгги батула: жакъа – йакъа, жаниб – йаниб.

8. Ассимиляция: къот1изе – (къат1изе) > къоцци; к1ут1изе – (к1ут1зи) > к1уцци.

9. Гъугъал гьаркьал зираразде свери: ккезе – гези, пихъ – бихъ.

10. Аффрикатизация: щаг1ил – чиг1ил.

11. Лабиализация: доба – дваба, гъоба – гъваба (кьаралазул гъ,т1) дав, гъаб – хут1арал говоразул.

Къаралазул диалекталъул морфологиял хаслъаби:

1. Эргатив падежалъул ахиралда –д бач1ин: Шамилид, варанид, зород.



Практикиял х1алт1аби
Предметияб ц1ар авармац1алда говоразда ва диалектазда
Авар мац1алда предметияб ц1аралъе г1ахьалаблъун ккола г1емерлъул форма. Г1емерисеб дандч1вала суффиксалдалъун г1емерлъул форма лъугьунел раг1аби. Къанаг1атго дандч1вала цо-цо диалектазда г1емерлъул форма лъугьунел суффиксалдалъун гуребги префиксаздалъунги ( класс бихьизабулеб г1аламат). Шул рассг1алзаби двоюродный братья или сестры ( вацг1ал двоюродный брат или йацг1ал двоюродного сестры). Северияб наречие лит.вацг1алзаби двоюродные братья, яацг1алзаби – двоюродные сестры. Анц. рехьаби «пастухи» (ухьби, вехьби) Шул. Ра-к1-ал «места» (от ба-к1 «место») авар лит.бак1ал.

Авар мац1алда предмтияб ц1ар лъугьуна бат1и-бат1иял суффиксаздалъун:

-ал, -ул, дул, би, аби, об, заби, зал, и, -ни.

Суффикс –заби т1ад жубала г1аданлъи, дунголъи ва г1аданлъи бихьизабулеб х1алт1и: устар- устарзаби- мастера

х1аким – х1акимзаби – начальство

гьалмагъ – гьалмагъзаби – таварищ

тушман – тушманзаби – враги

къоролав – къоролзаби- вдовцы (вдови)

гьудул – гьудулзаби – друзья

кассир – кассирзаби – кассиры

бухкалтер – бухкалтерзаби – бухкалтеры

Г1агарлъиязул бицунагоги х1алт1изабула –заби суффикс.

Ваццаг1ал ваццал заби – двоюродный брат

Цинаг1ал цинг1ал заби – троюродный брат


Ункъг1ал ункъг1ал заби – тетя
Имг1ал – имг1ал заби – дядя

Северияб наречиялда – заби абураб суффиксалъул бицизе кколеб хиса баси кколеб гьеч1о. Югалъул диалектазда суффикс –заби –ялъул бак1алда –зби, ва заби х1алт1изабула.

Лит.мац1алда диалекталда

Гьалмагъзаби – гьалмагъзиби – гьалмагъзби


Нукарзаби – нукарзиби – нукарзби
Х1акимзаби – х1акимзиби – х1акимзби
Гьудулзаби – гьудулзиби – гьудулзби в.гь.ц.

Гьаниб рехсич1ого рес гьеч1еб жо буго суффикс –заби эпокъа къоялдеги бищунго т1ибит1араб бук1ин жанисеб авар мац1алда.

Гьединго дандч1вала г1емерго х1алт1изарулареб цо-цо раг1абигун х1алт1изабун суффикс –зал.

Хур хур –зал

Рукъ рукъ – зал
Лагъ лагъ –зал

Югалъул диалектазда гьаб суффиксалъ бат1ияб хиси кколаро, амма дандч1вала цо-цо диалектазда гьебго г1адин х1алт1изабула суффикс –зал


Лагъзал – лагъзаб
Нуг1зал – нуг1заб

Суфф. –зал –зоб = го г1адин х1алт1изабула суффикс -об –ги ,


Росс – россаб
Дурц – дурцаб

Авар мац1алда ва диалектазда цоги т1ибит1араб суффикс ккола –ал

А Шифнерица жиндир х1алт1улъ бихьизабун буго суффикс -ал х1алт1изабулилан раг1ул ахиралдла рагьараб гьаракь бугеб бак1алъ «Гьеб къот1иялда т1убан бицинч1о рук1инеги рес буго, щай гурелъул руго раг1аби гьеб къот1иялда данде кколарел т1ажу т1ажрал , г1ащт1и г1ащт1ал ва гь.ц.

Гьеб къот1иялда т1аде жубазе бегьула : предметияб ц1аралъул лъабабилеб класс бихьизабулеб мехалъ ударение бортула ахирисеб раг1ул слогалде : тажал, гордал, г1ащт1ал в.гь.ц.

Гьединго бицизе т1адаблъун ккола раг1ул ахиралда рагьараб гьаракь бугони т1ад (ф) суффикс –ал жубалеб мехалъ гьезда гьоркьоб -й- гьаракь баккула.

Цолъул ф. г1емерлъул ф.


Гьа гьа – й – ал
Ца ца – й - ал
Ц1инди циндй – и - ал
Чу чу – й - ал
Кьо кьо – й – ал

Авар мац1алъул диалектазда суффикс –ал х1алт1изарула бат1и – бат1иял раг1абигун. Гьединго буго диалект.суффикс –ал бищунго т1ибит1араб.

Гьединаблъун И.И. Церивадзеца бихьизабун буго Анцухъезул диалект.

Анцухъезул диалекталда бищунго т1ибит1араблъун ккола –ал суффикс амма цо-цо мехалъ дандч1вала анцухъезул диалекталда бугеб суффикс -ал хисула цогидал суффиксаз.

Хунзахского диалекталда.
Лит.мац1алда диалектазда
Мат1аби мут1у – й – ал
буххдул боххал
г1уч1рул г1ач1 – рал
чахъ – аби ча – хъал
куй – дул ква – й – ал
дуг1 – би даг – и – ал
г1анкъаби г1анч1ал
т1анч1и т1анч1 – ал
ручч – аби ручаб – ал
гьец1 – аби гьец – ал

Гьидерил диалектазда ва келебазул жубарал говоразда вас , яс восс, Ясс г1емерлъул форма лъугьуна т1аде к1иго суффикс ал жубараб мехалъ

Диалекталда лит. мац1алда
Вас – ал - ал вассал
Яс – ал – ал яс – ал
Васс – ал – ал ваццал
Ясс – ал – ал яццал

Суффикс дул х1алт1изабула цо слогалъул раг1абигун.


куй куйдул
ххер ххурдул
Бер бурдул (берал)
цер цурдул
гъеж гъуждул
гох1 гух1дул (гох1ал)

лълъар лълъурдул (лъарал)


эгъе угъдул (агъал)
чан чундул
г1ин г1ундул
бохх буххдул

Ш.И.Микаиловас бихьизабун буго суффиксал –дал -дал диалектазул хиси бугилан

Бухти говор чахъ говор лит.
Нукьдил нукьдал нукьдул
Буххдил буххдал буххдул
Лълъурдил лъурдал лълъурдал

Суффикс -би- х1алт1изабула авар мац1алда лъабабго классалда. Гьеб суффикс жубани раг1ул кьибилалда хиса – баси ккола:

Нуц1а – нуц1би; нухъа – нухъби ;

Дег1ен – дуг1би; гъванща – гъвунщби;

Баси – бусби; лълъади – лълъудби ;

Г1анса – г1унсби ; ххвалчен – ххвалчби;

Гъвет1 – гъвут1би ; гула – гуллби ;

Т1икъва – т1укъби ; киналго раг1абазул суффикс би жубайдал ударение бортула ахирисеб слогалда.


Югалъул ва северияб наречиялъул бат1алъи

Югалъулаб ва северияб наречиялъул бат1алъи бицунаго рак1алде щвезе ккола гьаб гъоркь рехсараб тартиб :

1.Северияб наречиялде данде ккун югалъул наречиялда ц1иккун руго диалектал ва говорал.

2.Югалъул диалектал цояб цоялдаса бат1аяб буго морфологияб фонетикияб ва лексикияб рахъалъ, гьеб мехалъ северияб наречия бикьула лъабго диалекталда гьезулги дагьаб гурони бат1алъи батуларо.

3.К1иябго наречиялъул бат1алъиялде гъорлъе рачине ккола т1ибит1ич1ел бат1алъаби цо я чаналиго диалекталъе данде кколел. Гьединго рачизе ккола гьезда гъорлъ жиб – жиб говоралъул бат1алъабиги хадур диалекталъул ва группаялъул. Гьезги бат1а бахъула северияб ва югалъулаб наречие.

4.Ахирги руго бат1алъаби цох1о югалъул диалектазе хассал, севериялде гьеч1ел.

Рехсизин дагьалго фонетикиял мисалал к1иялго наречияб цояб цоялда данде кколарел:

1.х ; х1 яги х ; х1, гь яги х ; гь – гьаркьазул дандеккей. Кинабго югалъул рагьаралда -х- гьаракь х1алт1ула цо-цо цоги диалектаздаса рач1арал раг1абигун, гьединго цоял диалектаздаса гьелъ хисула мац1алъул хьолбохъан баккулеб -хъ- гьаракь цоял диалектазда -х- цогидазда -х1- ва гь, цогидазда цого -гь- гьаракь х1алт1изабула.

2. –т1- гьаракь х1алт1изабула киналниги югалъул диалектазда цо-цо мехалъ дандч1вала 1 севериялъул -т1- гьаракь хисула цогидал гьаркьаз (диалектазда балагьун) -ъ-, лъ, ъл, л, лл, кь1, к1.

Амма А.Т ва АЧ говоразул анцухъезул диалекталда гъоркькъарал ва т1адкъарал, хъарахъисезул диалектазда -т1- гьаракь х1алт1изабула севериял наричиялдаго г1адин.

Цо – цо раг1абазул -т1- гьаракьазул хиса-баси ккола северияб наречиялда Хунзахъ районалъул Гьорот1а росулъ.

3.Щекъерккун бач1унеб -к1- гьаракьалъул хиси ккола бищунго т1ибит1араб аваразул глаголалда: бук1ине.

Гьеб хисула г1, ва ъ – гьаркьаз югалъул диалекталда.

Бук1ине – буъде, боъзи: буг1зи, бот1зи, бози.

4. -г1- ва -гь- гьаркьал къват1ир ин : мег1ер , г1адан, гьеб, гьаб, гьедин, гьадин (сев.н.)

Меэр, ъадан, Эб, ъаб, эдин, ъадин (юг.н). Гьединго цо-цо раг1абазда т1аде -г1- гьаракь жубан: масала:

Аздагьо , азарго, ункъого (сев.н.) г1ашдагьа , г1азарго, г1инкъого (юг.н.).

5. гьо, гьи ва гье слог къват1иб ин: гьоркьоб, гьит1инаб, гьекъезе, (сев.н.)

Кьороб, т1инаб, (юг.н.) ( в келебалде ит1инаб, чахъ-никъаб). Къеде (Анцухъ- къелзи. Гьидерил ва Келебазул – къеле.

6.Севериялда гьеч1еб лобиализация бук1ин цо-цо диалектазда . г1езе, г1оркь, гьалще, инс.(сев.н.)

Г1веде Гьидерил ва Келеб –л- г1веле)

Г1веркь, гьвалде, гьвалдзи (Анцухъ), инее – ялъул бак1алда югалъул диалектазда Инзе, энзи, ъвензе, венде, т1венум, к1венум, к1ензи.

7. Ассимиляция –де –зи: бате (сев.н.) ботда, боччо, батч1о, бацци (Батзи) ва гь.ц.

8. Редукция рагьарал гьаркьазул ва слогазда .масала: эбелълъ (эбелалълъ), боссла(бак1алдаса), дилълъ (а) дулълъ (а) ва гь.ц.

9.Маг1азул к1алазухъ бач1унеб –м- югалъул диалектазда ц1унула, севериялда хисулеб мехалъ (юг.н.) дарам (Ас.п.) гьамсил (род.п.) северияб наречиялда: даран гъамсил (гъамасс).

10. е: о: у: х1арпал дандеккей: бехьде (бехьзи, бехьле), ценги (инги, иленги), бохде (бохъзи, бохле), малъ, ракь. Ва гь.ц. Гьел раг1аби северияб наречиялда гьадин рехсола бихьизе, цинги, бухъизе, мугъ, рукъ.

11. Ассимиляция цересел рагьарал гьаркьазул раг1ул аслуялда , ударения к1иабилеб рагьараб гьаркьида бугеб мехалъ: къили, ругьул, рукун.

Гьаб бат1алъи ц1акъго т1ибит1араб буго гьидерил – г1андалазул группаялда, закаталазул , анцухъезул ва къаралазул группаялдаса.

12. с: и ва о: у свери е,0 ялда т1аде ударение гьеч1еб мехалъ : Эб- иссул бекьде – бихьана бак1де бик1ана. Цогидал диалектазда е ва о – ялда ударение бугеб мехалъ гьеб хиси кколаро.

13. ийа – гьаракь ц1ан –е—ялде свери : нуселда – нусийялда, айа - -а –ялда сев.: де дине цо-цо говоразда хиси кколаро.

Морфологиял хаслъаби .югалъул ва северияб наречиял данде ккеч1ого рук1ине г1емерлъул ва цолъул формаялда х1алт1изаби чи – абураб раг1и . Гьеб мехалъ северияб наречиялда рук1уна г1емерлъул форма чаг1и.

15. Югалъул наречиялде эргатив падежалъул ахир лълъа бук1ин (заккаталах. Хъа ) Гьеб мехалъ северияб наречиялда х1алт1изабула цца.

16. Эргативалъул падежалда ахир з бук1ин – северияб – цца –ялъул бак1алда .

Гьедин бук1аниги з авар литературияб мац1алда жаниб бач1ун буго северияб наречиялдаги гьеб з т1ибит1араб бук1иналъ.

Югалъул наречиялда дандч1вала з гуреб –д –ги (Гьолокь ва къарахъ диалектазда).

17. Югалъул диалектазда г1емер х1алт1изарула к1ирекъарал х1арпал падежазда: Ч1ч1ухсса – Ч1ч1оха. Гъвазуд – гъвоз (къаралакъ).

18. Югалъул наречиялда падежазул ахир -лъ,-лълъда,-ъа,-ла бук1ин. Гьеб меалъ Севериялда лда, да бук1ин.

Дандч1вала к1иябго наречиялда цо-цо говоразул падежазда ахир –т1а ккей.

Югалъулалда гьединго дандч1вала литературиял (яда,да).

19. Северияб наречиялда щуабилеб сериялда падежазул: иниб, иниса.

Югалъул диалектазда .инаб (инаб,инуб) инобе (инобе,инубе) иносса (инасса,инуса). Цо-цо говоразда ахир б гьеч1о.

20. Гьанже заманалъул причастиялъул г1аламат –б Югалъулалда –аб ах1иноб- ах1улеб, ох1ч1аб- ах1ич1еб.

21. Югалъул наречиялда прилагательноялъул ахир –доб-аб бук1ин – таб, -ийоб бук1ине кколеб бак1алда :

Кьарияб – кьарадаб, кьарайаб

Халатаб – халадаб, халайаб.

22. Северияб наречиялда араб заманалда глаголалъул ахир –ана -уна-она.

Югалъул наречиялда: ри а (закат.анцухъ.) –ур,ар,а (карахъ.Бац1ада) –ан,он,ун (унтиб щуланиб) ан, он, ун (Гьидерил) –а,о,у. Цо-цо Г1андалазул говоразда литературияб къаг1ида х1алт1изабула.

23. Гьанже заманалъул глаголазул ахир –ла югалъул наречиялда хисула на ялда.

24. Югалъул наречиялда дандч1вала глаголалъул т1оцебесеб х1арп бук1уна класс бихьизабулеб г1аламат . северияб раг1и рещт1ине . Гьаниб т1оцебесеб р югалда хисула класс бихьизабулеб г1аламаталъ.

25. Гьанже заманалъул причастиялда ахир –леб бугеб бак1алъ югалда бук1уна –на (б),-ни (б), -не (б).

26. Югалъул диалекталда хит1аб гьабула ахир класс бихьизабулеб г1аламатгун: вас – васав , йас – йасай севериялда гьеб бук1уна гьадин: ле,вас ! ле, йас!
Падежазул категориял

1.Эргатив падеж.

Авар мац1алда бищунго суалазда гъоркь кколеб ва бищунго рехсолеб падеж ккола эргативияб.

Эргативияб падежалъул ахиразул бицунаго лъазе ккола гьеб суалалъул бат1и-бат1иял пикраби рук1ин . Гьедин А.С. Чикобавоца рихьизарун руго гьал. «–з, -ца,-лълъ, -с, -д ». Жеги А.С. Чикобавул пикруялда рекъон ахир -з буго цого –цо бугеб г1емерлъул формаялъул ахир. Гьидерил Г1андалазул,Анцухъезул ва Ч1аразул диалектазда.

П.К.Усларица абулеб буго эргативалъул ахир г1емерлъул формаялда -з бугилан киналго диалектазда.

Гьолокьисеб говоралда эргативалъул ахир г1емер формаялда хисула г1емерлъул формаялда Актив падежалъул ахиралъ.

Г1адамал г1адамад

Г1ухьби г1ухьбид

Т1ухьдул т1ухьдуз

Цоги гьединаб ахир Гьолокьисезул говоралда ккола –д. Амма –д –ахир киналго падежазда гуро , цох1о эргатив падежалда гурони.

Эрг. Хас. П.

Г1адамад г1адамазул г1адамазе

Г1ухьбид г1ухьбизул г1ухьбизе

Бач1ад бач1азул бач1азе

Г1анк1вад г1анк1вазул г1анк1вазе

Мопирзабид мопирзабизул мопирзабазе
Литературияб -цца, ялъул бак1алда югалъул диалектазда эргатив ахир -д бук1уна. Гьединго г1емерлъул формаялда миллатазул бицунаго . Ц1идех1дуд, ц1едех1дерид, гьидруд, ч1охдод.

Литературияб мац1алда Ц1идехдерицца , гьидерицца, ч1ахъадерицца эргативалъул ахир –с х1алт1изабула прилагательноязул г1адал лъугьин бугел цо-цо г1адамазул ц1аралгун цадаххъ.

Х1ажияв – х1ажияс, Исаяв – Исаевас

Толстой – Толстой – ас, Шолохов – Шолоховас

Анцухъезул диалекталда эргативалъул ахир ккола д-, л1, гьел х1алт1ула 3 классалда ругел г1адамазул ц1аралгун. Гьедин –д г1ахьаллъула А.Чвадаколос, А.Ташад, А.Анцросухадиял, А.Гам,говоразда, амма л1 Бухти говоралда.

Лит.мац1алда Анц.диалект


Оцоцца оцод (осод) (ошод)

Генуцца генуд

Г1уруцца г1уруд

Т1охьоцца т1охьод

Гьойцца гьвед

Бачицца бачид

Бот1роцца бот1родуд (бот1род)
Кинабгоги ц1алун т1аде ва гъоркь рехсарал мисалазуххъги балагьун кьуч1 бугеб жо буго югалъул диалекталда д-ахир ц1ик1к1ун х1алт1изабулеблъи севералда цца- ялдаса.

Рачизин цоги диалектаздаги -цца, ва –д ахир ругел мисалал.

2. Къарахъисезул диалекталда

Лит. къарахъ.

Айгъазидицца Айгъазид

Мух1амадицца Мух1амадид

Шамилицца Шамилид
3. Г1андалазул диалекталда

Лит. г1андал.

Инсуцца инсуд

Васацца васад


4. Гьидерил диалекталда

Лит. гьидер.

Борхьицца борхьид

Бац1ицца бац1ид

Г1алаялъ г1алаяд

5.Бац1адисезул жубараб говоралда литературияб мац1алда бугеб -цца хисула -д ялде ва гь.ц.

6. Ункъиб говоралда з-леб классалъул предметияб ц1аралъул ахир литературияб цц-ялъул бак1алда –д. Къули , в ад, лълъ Ункъибалде
Къули. Ункъиб. Лит.мац1.

Царад царалълъа-царад царацца

Цид цилълъа-цид цицца

Г1анк1ид г1анк1илълъа-г1анк1ид г1анк1ицца


Кьовул падеж
Кьовул падеж А.Тащ. А.Ч1адокол, А.Анцросухадиязул говоразда ц1акъго бат1а бахъула , щайгурелъул гьел говоразда г1ахьаллъула класс бихьизабулел г1аламаталги г1емерлъул формаялда (иве,ийе,ибе,иге) . Кутлабалде -зи, -сси, ивези, ийези, ибези.

Вехьасиве вас вегьри (вехьасе вас гьавун вуго)

Вехьасибе боц1я бегьри (вехьасе боц1и щвана)

Вехьасире квидал регьри (вехьасе куйдул щвана)

Дир х1ам-ибези хер т1аме ( дир х1амде хер т1аме)

Йасалълъ-ирези (ясалъе) ва гь.ц.

Анцухъезул диалекталда кьавул падежазул хисиял ункъго руго, гьеб лъугьуна гьениб класс бихьизабулеб г1аламат бук1иналъ.

Дун – диве, дийе, дибе, дире.



Шамил – Шамиливе, Шамилийе, Шамилибе, Шамилире ва гь.ц.

Достарыңызбен бөлісу:




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет