Х1амзатов А. Гъ. Гьоркьохъеб школалда авар лексика малъи. Цебераг1и



бет1/4
Дата28.06.2016
өлшемі397 Kb.
#163513
  1   2   3   4
Х1амзатов А.Гъ.
Гьоркьохъеб школалда авар лексика малъи.
Цебераг1и.

Мац1алъул гьаркьазда раг1аби лъугьуна, раг1абиги дандран, г1уц1ула калам. Мац1алъул гьаркьал г1емер рук1унаро. Г1араб мац1алъе г1ун буго 28 гьаракь (х1арп), г1урус мац1алъул алфавиталдаги 33 г1аламат (ишара) буго, авар мац1алъул гьаркьалин абуни 23-ялде рахуна, гьелги рихьизарула 46 х1арпалдалъун. Гьел дагьалго гьаркьазул кумекалдалъун лъугьуна бат1и-бат1ияб маг1наялъул аза-азар раг1аби. Авар мац1алъул ругел киналго раг1абазул къадар ч1езабун гьеч1о. М.Саидовасул «Авар - г1урус» словаралда» кьун буго 18 азаргоялде г1агарун раг1и. Гьебги ккола раг1ул т1олабго бечелъиялда т1асан бищараб гьит1инабго бут1а.

Каламалда жаниб щибаб раг1ул жиндиего хасаб маг1наги бук1уна. Мац1алъулъ ругел киналго раг1абаз г1алимзабаз лексикаян абула. Лексикиялъул маг1наги раг1иян абураб буго.

Рукъ базе гьоц1о - кирпич г1адин, калам г1уц1изе х1ажалъула рик1к1ен г1емерал раг1аби. Каламалда гъорлъе рачиналде, ай грамматикаялъул ихтияралде ккелалде, раг1абазул т1абиг1аталъул ва аслиял маг1набазул бицине школалъул программялда кьун буго анц1ила цо саг1ат. Лексикаялъе бихьизабураб гьеб заман ц1акъго дагьаблъун тезе бегьилаан, гьелдалъун раг1ул хасияталъул бицен къот1улебани. Теориялъулал баянал гьеч1ониги, раг1ул маг1наялде к1вар буссинабула байбихьул классаздаги. Гьедин бугелъул щуабилеб классалда кьола лексикаялъул х1акъалъул аслияб б1ич1ч1и ва баян гьабула раг1ул маг1на, бицуна раг1аби цо ва г1емер маг1наялъул рук1иналъул, гьединго т1адч1ей гьабула раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1наялда. Гьединго лъималазда малъула омонимиял, синонимиял раг1аби рат1а гьаризе. Цинги анлъабилеб классалда баян кьола киназго х1алт1изарулел г1аммаб бак1алъул (диолектиял) ва пишачилъиялъул раг1абазе, гьединго малъула бат1иял мац1алда рач1арал раг1абиги фразеологиял г1уц1абиги рат1а гьаризе ва гьел жидерго каламалъулъ х1алт1изаризе. Гьединго бицуна ц1иял ва басралъарал раг1абазул. Гьелдалъун лъуг1ула школалда лексикиял х1акъалъулъ кьолел теориялъулал баянал. Амма раг1абазда т1ад гьабулеб х1алт1и гьоркьоб къот1уларо, школа лъуг1изег1ан. Гьединлъидал, к1иабилеб классалдаса байбихьун, г1акъилаб тартибалда бачине ккола словарияб х1алт1и. Ц1алдохъабазухъ бук1ине ккола бит1унхъваялъулги школазе х1исаб гьабураб «Г1урус-авар словарги» Щуабилеб классалдаса байбихьун, лъимал ругьун гьарула словараздаса пайда босизе. Словарал гьеч1ел яги гьел г1олареб бак1азда ц1алдохъаби т1амула жидецаго словарал г1уц1изе ва гьездаса пайда босизе. Гьеб х1алт1и камилго бачунев учителасда цере раккарал лъималазул раг1ул нахърател, къо бахъанаг1ан, бечелъулеб бук1уна.

Школазда х1акъикъат кинабха бугеб? Гьеб буго г1емерисел учительзабазул х1алт1ул бищунго хашаб рахъ: ратуларо ц1алдохъабазухъ басмаялда рахъарал, я жидедаго хъварал словарал.

Мац1алъул ва адабияталъул дарсазда дандч1варал рич1ч1уларел раг1абазе учителас баян кьола, ва гьелда ишги лъуг1ула. Т1адруссин учительзабаз ц1иял раг1аби лъалел ругищали хал гьабуларо, ц1ехолаго. Сундасанха ц1ехелелги, жидергоги словарь гьеч1они, лъималазги хъвач1они.

Ц1ех-рехалъул х1асилалда баянлъана маг1арул школазда ц1алдохъабазул раг1ул нахърател бечед гьабиялде г1ураб к1вар кьолеб гьеч1олъи. Щибаб ц1алул соналда лъималазда лъазе ккола гьоркьохъеб х1исабалда гьелъие ц1ияблъун кколеб 600-700 раг1и. Школа лъугьунеб соналда гьезул хулжиниб бук1ине ккола 6-7 азарго калима. Х1акъикъаталда гьезул бащалъигицин малъун батуларо. Х1амзатил Расулица абухъе, жибаб « раг1и гьеб буго маг1на, наг1ана, барки, пикру, унти, сурат, берцинлъи, бакъан, гьаракь. Раг1и-гьеб буго т1ехь». Киг1ан бит1унха раг1ул устарас абун бугеб! Киг1ан т1алаб гьабич1ого, раг1уда т1ад х1алт1и гьабич1ого школалда тун бугеб?!

Гьаб методикияб т1ехьалъул мурад буго лексикаялъул темаялда кьолел дарсаздаги школа лъуг1изег1ан хадубккунги раг1ул нахърател бечед гьабиялъе ругел ресал учителасе рагьи, раг1и – гьеб х1икматаб т1ехь бук1ин бихьизабулеб къаг1идабазул бицин.

Авторасул хьул буго учитель разияб, гьесие методикияб кумек щолеб асарлъун гьаб т1ехь лъугьун батиялде. Хириял учительзаби! Нуж руго судиял. Бокьилаан гьелъул х1акъалъулъ нужерго пикру хъван, бит1ани Тахс-Годил ц1аралда бугеб педогогияб институталде гьаб адресалда. Махачкала шагьар, къват1- Лованевская, 4.


Лексикаялъул х1акъалъулъ баян.

Раг1ул маг1на.
Калима (лексима) ккола жиндир киналниги формабиги маг1набиги дандекъан босараб раг1и. Масала, кинаб грамматикияб формаялда босаниги, каламалъул калимаялъул маг1на хисич1ого бук1ина, х1атта жубараб раг1улъги гьеб данде гьабурал калимабазул маг1на ц1унула: квербац1ц1, гьокочи, щурункъверкъ, чаргъеду ва гь. ц. Гьединлъидал гьел раг1аби жал данде гьарулел калимабазде риххизе бегьула: квер+бац1ц1 (ине), гьоко+чи, щурун+къверкъ, чар (аб)+гъеду. Мисалалъе босизин глагол квегъизе. Гьеб каламаялъул маг1на ккола ругьун гьаби, мут1иг1 гьаби. Кинаб грамматикияб формаялда босаниги, аслияб маг1наялдаса бат1алъизе гьеб раг1уда к1оларо: квегъи (масдар), квегъараб (причастие), квегъун (деепричастие), квегъана (араб заман), квегъани (шарт1ияб наклонение), квегъанадай (суалияб наклонение), ва гь.ц. Гьел киналго хурхарал руго квегъизе абураб инфинитивалъул маг1наялда. Суалалин абуни гьел формабазе бат1и-бат1иял лъола: щиб? кинаб? кин? щиб гьабураб? ва гь. ц. Гьединаб къаг1идаялъ х1исаб гьабуни, калималъул маг1на раг1ул формабазда бараб гьеч1олъи бич1ч1ула. Жинда жаниб кинаб бук1аниги маг1на гьеч1еб раг1и бук1унаро. Гьанже гьанже к1алъазе байбихьулеб лъимадул к1алдиса босараб мах1а абураб раг1абазул маг1на ц1ц1ик1к1аразда бич1ч1ула лъим кьеян абулеб бугилан. Гьединаб къаг1идаялъ маг1наго гьеч1ин ккараб калимаги г1енеккаразда бич1ч1ула, жиндилъ бахчарабниги маг1на бук1иналъ.

Цо раг1улъ бук1ине бегьула калималъул аслияб маг1наги т1аде к1алъалес кьолеб къиматги. Масала, чи, чу абурал раг1аби руго г1иц1го предметазда ц1ар ах1и. Гьениб к1алъалес кьолеб къимат бихьуларо. Гьезул бак1алда гогьма, ч1ух1ухъан, г1акъил, хъурзан, ябу, бекерухъан абуни, чиясеги чоеги кьолеб къиматал баянлъула: чи вуго къокъав, ч1ух1арав, г1акъилав. Гьединго чуги буго х1алакъаб, къадараб, бекерулеб.

Цо каламалда гъорлъ цолъун буго ц1арулабги сипатиябги к1иябго маг1на.

Раг1и ккола к1алъалес жиб абулеб, цо яги чанго гьаракьидасан данделъараб, киназдаго бич1ч1улеб маг1наялъул цо калима. Калимаби цоцалъ ран (рихьизарун), г1уц1ула чияс жидерго калам.

Школалъул программаялда рекъон, ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе ккола раг1абазул лексикияб маг1на, гьезул рижи (рач1ин) ва каламалда жанир х1алт1изарулеб куц.
Хъурзан – ччох1от1е ккараб чу (хьвани).
Жидер к1варалде балагьун, раг1аби рикьула бит1араб ва хъвалсараб маг1на бугеб к1иго т1елалде. Гьединго хасал т1елал гьарула цого яги г1агараб маг1на бугел раг1абазул (синонимазул); век, г1асру, къарну: так, нар; барахщарав, къарумав; г1адалав, т1ех1ав, г1антав, лъавукъав, гьагав; квачараб, ц1орораб, бугьараб ва гь. ц. К1иго бат1и-бат1иял раг1и бук1ана абулъги хъвавулъги релълъараб. Аслияб байбихьул формаялда цогиялда релълъун абулеблъи хъвалеб, амма гьелда жиндир маг1на бат1ияб раг1иялда амоним абула омонимазулги лъугьуна цо хасаб т1ел. Гьеб т1елалъул раг1аби абула ва хъвала цого къаг1идаялъ, амма каламалда жаниб гьез кьола бат1и бат1ияб маг1на: нус – лебаллъи ва нус – васасул ч1ужу; т1ехь – чахьдал т1ом, т1ехь – мажмуг1; г1уж – заман, г1уж – ишара ва г1уж – ишан. Инсуца нус чархида куна. Нижер нус х1алимай г1адан йиго. Инсуца, т1ехь биххун, т1агъур гьабуна. Дица ц1алана Расулил ц1ияб т1ехь. Рекьарулеб г1уж бана. Раг1абазул цоги т1ел лъугьуна г1акса маг1на кьолел раг1абазул. Цоцазе г1аксаб маг1на бугел раг1абазда антонимал абула. Мисалал: вач1ана-ана, хъах1аб-ч1ег1ераб, мугъ-чехь, т1алъел-т1ину, хасел-рии, сордо-къо, къварилъи-г1ат1илъи, рагъ-рекъел, х1еренго-хъач1го, лъик1-квеш; бокьизе-рихине, кьарияб-х1алакъаб ва гь.ц.

Т1олабго миллаталъе г1аммал раг1аби ккола киназго абулел ва киназдаго рич1ч1улел калимаби.

Гьел гурелги мац1алда жанир руго бак1алъул (диалектиял) раг1аби, гьел абула ва рич1ч1ула хасал вилаятазда: пурцукъ (г1ужрукъ), баг1ал (баг1ли), г1ахьуч1(гьереси), зоралда (ц1акъ лъик1), кум (кулам), кудари (г1ерет1), г1уц1 (гьец1о), киртал (к1улал), к1анц1 (сурк1а), цул (г1арац), вегьде (вач1ине) ва гь. ц.

Цо хасаб махщалида хурхарал, жалго къеблъиялъул устарзабазда гьоркьор т1ирит1арал раг1абазулги буго цо т1ел, масала: г1емерисезда мух1канго бич1ч1уларо г1ияхъабазе ругьунал гьадинал раг1аби: г1орк1к1ен (лъаг1ел балеб бугеб чахъу), х1оргец (к1илъараб дег1ен), бахьинаб (хъах1аб), бец1аг1аб (канч1т1улакьераб), канаг1аб хъах1аб т1анк1ал ругел т1улакьераб, ччин (лъаг1ел бараб дег1ен). Макъар ккола сундулниги къвак1араб хъал. Макъар (макърал) лъезе ккелин хьитазул устарас абуни, гьелъул маг1на бат1ияб бук1уна. Гьеб ккола къвак1араб хьвац1а, жибго хьитазул угъдул къвак1изе лъолеб. Г1ебсакъот1, миц1ирбахъ, гьет1нус, гьохтиро, кини г1адал раг1аби лъик1 лъала ц1улал устарзабазда, амма гьел т1аг1алаби кинал жал кколелали г1емерисезда лъаларо. Гьел ккола махщалида пишачилъиялда хурхарал раг1аби. Ансадерил устарзабазул х1алт1и бихьич1ел чаг1азда лъаларо ишан кьабиялъул маг1на. Гьедин щибаб махщалида хурхарал __________________________________________________________________Вилаят – округ, область.

г1емерал раг1аби руго. Пишачилъиялъул раг1аби абула ва рич1ч1ула щибаб махщалил вакилзабазда. Ц1ар гьеч1еб гъвет1-хер, т1егь, х1айван, х1инч1, ччуг1а бук1унаро. Ччуг1ихъ ччуг1ихъанасда ччуг1бузул ц1арал рохьихъанасда (ахихъанасда) лъала гъут1бузул ц1арал.

Аслияб къаг1идаялъ хъвалсараб цо-цо раг1абазул раг1ул дандараязул бухьен щулалъула ва гьезул цо ц1ияб маг1на лъугьуна цоцаздаса т1езарун, камизарун гьеч1ел. Гьезде абула риххуларел раг1ул дандраял – фразеологиябиян.

Цо раг1улъ бессун к1иго маг1на бук1унеб г1адин к1иго-лъабго раг1улги лъугьуна цо маг1на. Масала: хъабчил г1арада гьабизе, цилгун гени квине; г1осоца рас баккизе; ц1ц1ани маг1арде рахине (мехтизе), гъалдибералъул г1уч1ал халалъизе (ч1ух1даризе), т1укъби рищизе (нахъаккезе), бадиса заз бахъизе (т1аделъизе), к1ал кквезе мац1 кквезе (к1алъазе к1оларого хут1изе), рак1 бух1изе ва гь. ц.

Жидеца загьир гьабулеб маг1наялде балагьун, раг1аби рикьизе бегьула гьадинал руккалабазде:

а) руккалилъе уна предметазул, ишазул ц1арал, сипат, къадар ва игра бихьизабулел раг1аби, ц1арубак1ал, ах1вал-х1ал загьир гьарулел калимаби;

б) руккалилъе уна т1оцебеселда рехсарал раг1абазул маг1наяб бухьен бихьизабулел калимаби: - ги, ва, т1ад, гъоркь, амма гь. ц.

в) руккалилъе уна бицунеб жоялдехун живго к1алъалев чиясул гьоркьоблъи загьир гьарулел раг1аби: узухъда, гьай-гьай, х1акълъун;

г) руккалилъе уна к1алъалесул бат1и-бат1иял х1алал загьир гьарулел каламаби: огъо-гьой, вах1, вабабай, унго, ро, вай.

Жал раккиялъул рахъалъ хал гьабуни, авар мац1алъул батула к1иго гъат, аслияб гъат: Аслияб гъат - жалго маг1арулазул къолболъанго ратарал раг1аби: лъим, ц1а, зоб, ракь, т1алу, эбел, вац, лъимер, ва гь.ц. К1иабилеб гъат ьуго бат1и-бат1иял бак1аздасаги рач1арал раг1абазул. Масала: Дагъистаналда исламияб дин т1ибит1изе ва г1араб г1елму ц1ализе байбихьаралдаса калам ва раг1аби рач1ана авар мац1алда гъорлъеги: баркала, гъалат1, гьава, г1адлу, г1айиб, х1асрат, х1исаб, питна, саг1ат, г1елму, мискин, г1илла, ва гь.ц.; парс (Иран) мац1алдаса рач1ун руго: багъана, базар, тумен, кумек, кагъат, гамущ; лъараг1лъиялдаса рач1араллъун рик1к1уна: юргъан, гуч, багьа, гама, хъабахъ, хъазан. Цо саламатаб гъат буго г1урус мац1алдаса рач1арал раг1абазулги: станок, стол, печь, ведро, артист, вагон, поезд, картошка, помидор, карта ва гь.ц. Ц1адаса Х1амзатица жиндирго асаразулъ х1алт1изарун руго микьнусидаса ц1ик1к1ун г1урус раг1аби. Лъик1аланго г1елмиял терминал лъугьун руго г1емерал мац1азе г1амаллъун. Масала: грамматика, биология, география, синонимал, антонимал. Гьел руго грек мац1алдаса рач1арал. Спорталъул терминазул рач1ин г1урус мац1алдаса ккола. Гьел терминазе инкар гьабизе ресги г1илаги гьеч1елъул, гьел хисизе рахьдал мац1алда ратич1ого, ургъун рахъизеги бигьаяб иш гурелъул, х1адураралго терминал ругелъул, гьездаса пайда босун буго. Кисан рач1ун ратаниги, чияр раг1аби мут1иг1лъула авар мац1алъул грамматикиял законазе. Предметиял ц1араллъун ругониги, авар раг1аби г1адин, хисула формабазде, сверула падежазде, цо заманалдасан маг1арулал ругьунлъула гьезде ва, кидаго авар мац1алда рук1аралго г1адин, х1алт1изарула. Чанго мац1алда жанир раг1аби басралъулелги ц1илъулелги рук1уна. Масала: космонавт абураб раг1и баккана космосалде инсан воржараб соналъ. Гьебго соналъ х1алт1изаризе байбихьана нилъер маг1арулалъ телевизор, ц1илъиги т1аса ун, гьеб ц1ар г1адатаблъун лъугьун буго.

Басралъарал раг1абазул буго к1иго гъат: цоял тарихиял раг1аби, цогидал - басралъарал. Тарихиял раг1аби ккола нилъер жакъасеб г1умрудулъ гьеч1ел т1аг1алабазул ва лъугьабахъиназда рук1арал ц1арал. Пайда босуларел алатал ва тарихиял лъугьабахъинал ана, к1очана гьезул ц1аралги: къади, гьанга, ч1ух1би, сугъур, такъия, макьу. Ч1агояб мац1алда гьанжесел раг1абаздалъун гьел хисизе рес гьеч1о. Басриял раг1абийин абизе бегьула гьабсаг1атги ругел алатазда, лъугьабахъиназде рук1арал цересел ц1аразда. Гьезул бак1алда гьанже бат1и-бат1иял ц1арал х1алт1изарула: муг1алим (учитель), мактаб (школа), инкъилаб (революция), ашбаз (столовая), аэроплан (самолет), диванбег (судияв), маданият (культура), бегавул, кагъруман (ток), сардар (генерал) ва гь.ц.

13-30 раг1абаздасан хъварал асаралъ дандч1вала басралъарал раг1аби. Гьездаса цо-цоял ц1идасан г1ат1идго х1алт1изаризе лъугьуна. Масала: ахириял соназда басмаялда ва к1алъалез ва гь.ц.

19 – 20 г1асрабазда хъварал асаразулъ дандч1вала басралъарал раг1аби. Гьездасан цо – цоял ц1идасан г1ат1идго х1ат1изаризе лъугьуна. Масала, ахириял соназда басмаялда ва к1алъаязда г1емер дандч1валел руго адабият (литература), маданият (культура). Хасго хъвадарухъабаз пайда босула, цебесеб заманалъул сипат цебеч1езабизе, басралъарал раг1абаздаса. Тарихиял асаразул кинал раг1аби г1емерго ратулелъул, ц1алдохъабаздаги лъазе ккола басралъарал (тарихиял) раг1аби.


Цо маг1наялъул ва г1емер маг1наялъул раг1аби.
Лексика абураб темаялъе 5 классалда кьурал саг1тал г1оларо г1ат1идго ц1алдохъабазе гьелъул х1акъалъулъ бицине. Гьединлъидал г1ей гьабизе ккола авалияб бич1ч1и кьеялда, хадуб дагьдаккун баян гъварид ва г1ат1ид гьабизе бегьула. Гьедин гьабулеб гьеч1они, ц1алдохъабазул бук1унаро, мискинаб гурони, раг1ул нахърател, гьеб бук1уна гвадар г1адаб, щибго кьер т1аг1ам гьеч1еб, ва рук1арахъиналъул даражаялдаса лъималазул каламалъул цебет1ей лъугьинаро. Гьеб буго ц1акъго пашманлъизе т1амулеб жо.

Киназго г1емер х1алт1изарулел г1аммал раг1абаздаса 10-12 азарго калима лъалеб бугони, бокьараб художествияб асар камилго бич1ч1ула. Нусгоялда гьоркьоб, 7-8 гурони, маг1на ц1ехезе кколеб калима батуларо. Т1егь абураб цо раг1иялъ жанире рачуна киналго т1угьдузул ц1арал. Т1абиг1ат г1елмуялда т1адч1варав чиясда лъала гьезул г1емерисезул ц1арал. Нилъеда чан т1огьол ц1ар лъалеб? Дерец, алжант1егь, рогъарик1к1, манарша, жонколо, г1инт1и, гендури, маргъалт1егь, жеги чанго ц1ар. Т1угьдулин абуни, зодихъ ц1вабиг1ан, г1емерал руго. Мац1алъул раг1аби данде гьарун рук1уна калимабазул мажмуг1алде-словаралде. Лексикаялъе баян кьолелъул, учителас ц1алдохъабазда рихьизарула «Г1урус-авар», «Авар-г1урус» словарал, гьединго бит1унхъваялъул, фразеологиязул словаралги. Къокъидго бицуна гьездаса пайда босулеб куцалъул. Маг1арул мац1алъе баян кьураб г1ат1идаб мац1алъул словарь гьеч1олъиги гьеб ц1акъго х1ажатаб бук1инги ц1алдохъабаздаса бахчизе ккеларо. 6 абилев гьезда гьоркьоса вахъине бегьула гьеб х1урматияб иш т1аде1 босулев г1алим. Х1ажатал руго чияр мац1аздаса рач1арал раг1абазул, синонимазул, антонимазул, омонимазул, диолектиял раг1абазул словарал. Жеги квер бан гьеч1о Инхоса Г1алих1ажиясул, Хъах1абросулъа Мах1мудил, Ц1адаса Х1амзатил, Х1амзатил Расулил асаразул мац1алъул словарал г1уц1изе жакъа нилъер рес гьеч1о щиб раг1ул кинал маг1набазда гьеб устарзабаз х1алт1изабун бугебали хал гьабизе. Жеги нилъ руго нилъерго рахьдал мац1алъул ахикь чан гъвет1 бугебали лъаларел гьелъул х1исаб гьабизе рег1ич1еб, рек1еда ратич1ел г1адамал……………………….. продл.

Омонимаздаса г1емер маг1наялъул раг1аби рат1а гьаризе лъазе ккола. Омонимал руго абиялъулъ г1емерлъун карал, душалъго бат1и-бат1иял жидер цоцаздехун кинаб бук1аниги хурхен гьеч1ел раг1аби: некь (хер), некь (нуц1ил свердеро). Цого раг1ул г1емерал маг1наби лъугьуна релъен – хъваялъул кьуч1алда бат1и-бат1иял маг1наялда х1алт1изабиялъул х1асилалда бер – рух1ч1аголъабазул канлъи бихьулеб лага. Г1ердал бер- рукъалъул бер, ай рокъобе канлъи бихьизе лъолеб жо. Гьакил бер берзул гургинлъиялъул формаги, гиргизабизе, хенезабизе гьелъул бугеб бажариги гьакил горалде г1унт1изабун буго. Гьедин 190 раг1и х1алт1изабун буго лъабго бат1ияб маг1наялда. Цох1о ч1вана абураб раг1и авараз х1алт1изабула ц1акъго г1емерал маг1набазда. Х1исаб гьаби гьал хадур кьурал мисалазул к1ал кьабила (хъандада); чиясул бер, гордал (ц1орол) бер, гьакил бер. ГЬел мисалаздасан бихьула цо раг1ул г1емераб баг1на бук1ине бегьулеблъи. Жидерго мисалалги рачун, ц1алдохъабаз х1асил гьабула раг1аби рук1унин цо маг1наялъулги г1емер маг1наялъулги. Цинги ц1ехезе бегьула мина, къват1, г1ор, гъабу, ц1ибил, хъарпуз, саг1ан, мич1ч1, бакъ, сордо, рии абурал раг1абазул чан маг1на бугебилан. Х1асил гьадинаб бук1ина: гьел киналго руго цо каламаби.

Г1емер маг1на кьолел раг1абаздаса росизе бегьула ч1вана, бачана, абурал раг1аби. Дандекквела гьел каламабигун г1уц1арал раг1ул дандраял х1асил жибго цеберехун бач1уна:

Тушман ч1вана (хвезавуна), хинк1 ч1вана (г1оч1оца босана),

Ц1улакъо ч1вана ( гъинабуна), квас ч1вана ( бит1изабуна),

Хеч ч1вана ( тункун къазабуна), ц1ар ч1вана ( лъуна),

Мугьру ч1вана (тункизабуна), хъат ч1вана ( къабана),

Маг1 ч1вана ( бухун къазабуна), анищ ч1вана (къот1изабуна),

Мах1 ч1вана (лъана) квер ч1вана (кумек гьабуна) ва

гь. ц

Бачана (машина), бачана (квер), бачана (бакъан), бачана (михир), бачана (зикру), бачана (лъим), бачана (дарс). Бицунг1аги, гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1изе т1амила. Камал г1уц1изе лъимал ругьун гьаризе санаг1атаб х1алт1и ккола гьебги. Ц1алдохъабаз ургъула т1ирит1ич1ел предложениял. Масала гьадинал: К1одоца квас ч1вана. Дица машина бачана. Мусаца квер бачана. Васас хинк1 ч1вана. Гьезда разилъун ч1езе бегьула 1-2 классазда. 5 классалда гьел предложениял т1ирит1изаризе т1амизе ккола, гурони калам цебет1езабиялъул рахъ хадуб бехъерхъула. Киб? Кида? Кин? Киб? Абурал суалазе жаваблъун рач1унел раг1аби т1аде журазарила, цинги лъугьуна мух1канал т1ирит1арал предложениял:



Нижер хирияй к1одоца буртинаялъе ч1ег1ераб квас ч1вана. Дица ц1ияб машина ц1одорго бачана. Советалъул секретарас кагътида гургинаб мугьру ч1вана. Гьит1инав Мусаца кьабун бачана гьоболасул квер. Гьеблъиялда г1уц1изарила цогидал рехсарал раг1аби гъолъе ккезарурал предложениял. Дарсги бачине ккола жигаралда, ч1алг1ине, ч1амуч1лъизе биччач1ого.

Цалдохъабазе бокьулеб, гьезул раг1ул нахърател бечед гьабулеб х1ай ккола цо раг1ул щибаб х1арпаздаса байбихьулел яги гьеб х1арпалда лъуг1улел аслияб падежалда ругел предметиял ц1арал ургъизе т1ами. Мисалалъе босизин маг1арулав абураб раг1и:

Къец бан, болъабазул къот1алаби ц1езарулаго, ц1алдохъабаз ралагьизе ккола цо, к1иго, лъабго, ункъо ва ц1ик1к1унги слогазул х1ажатал предметиял ц1арал. Кроссвордал пархен бугел т1адкъаял ккола гьел. Бокьараб калималъул кьуч1алда г1уц1изе бегьула гьединал х1алт1аби.

Масала, сурат ва ахбазан абурал раг1абазул кьуч1алда г1уц1ила гьадинал болъалгун къот1алаби: Къот1алабазда лъезе ц1алдохъабазда ратула кьурал х1арпаздасан байбихьулеб бат1и-бат1иял раг1аби. Нок1ого цо раг1и батизе кколеб кроссвордалда дандеккун, гьелъул буго гьаб х1аялъулъ т1ок1лъиги – данде колел г1емерал раг1аби ратизе бегьи. Масала, «Р» х1арпалда лъуг1улел цо слогалъул раг1аби: хур, ц1ар, ц1ер, цер, сур, бер, кар, лъар, нар, нур, т1ор, ц1ор, ч1ар, ч1ер, шар, щар; «А» - ялда лъуг1улел к1иго слогалъул раг1аби: сура, ц1ира, жага, зара, кира, мина, неца, нухъа, ракьа, раса, рат1а, ва гь.ц. Лъарас лъараб хъвала. Цинги щивас жинда-жинда ратарал, цогияз рехсеч1ел раг1аби ц1алула. Гьеблъиялда раг1абазул г1урхъи г1ат1илъула.

Гьеб гуребги, цо х1арп т1аде жубан яги т1аса бахъун, ц1иял раг1аби лъугьинаризе т1амиялъулги пайда к1удияб буго. Т1аде жубазе бегьула кьураб раг1ул ахиралдеги авалалдеги:

А) ра.. ра.. ра..ра..

Ра.. ра.. ра.. ра..
Б) …ал … ал …ал …ал

…. Ал …ал …ал …ал


(бал, гьал, пал, жал, кьал, к1ал, мал, хъал, х1ал, ц1ал, чал, шал).

Учителас, киг1ан рокьаниги, х1адуризе бегьула гьединал т1адкъаял. Цо гьаб гуребги, цо-цо слот т1аде жубани т1аса бахъунги, бегьула ц1иял раг1аби лъугьинаризе, ай ц1ияб лексикияб маг1на кьоледухъ раг1и хисизабизе. Масала, тана, ккана абурал глаголазда цебе цо-цо слоги лъун, лъугьинаризе бегьула гьадинал ц1иял калимаби: ба+тана, бор+тана, гьар+тана, ра+ тана, рор+ тана, т1а+тана, х1е+ккана, ц1+ккана.

Нахъасан яги цебесан цо-цо хх х1арп бортизе биччан, ц1иял раг1аби лъугьинариги лъималазе бокьулеб, рек1елгъеялъулал х1алт1аби ккола. Мисал: эбел-бел, мали- мал, ракъи-ракъ, т1ор – ор, ц1али-ц1ал, рагъи-рагъ ва гь.ц.

Раг1улъ ругел х1арпал хис-хисун лъунги, лъугьуна ц1ияб маг1наялъул каламаби:

Абизе-баизе, багъизе- гьабизе, кьеризе-гьорозе,гьусизе- сук1изе, ратизе-таризе, рикъизе-къиризе, нухъа – хъуна, нуц1а- ц1уна, накъира-къирана, накку- куна, гъира-рагъи, изну- зуни, г1ари-раг1и, г1ери-раг1и, хъиру-рухъи, х1уби-бух1и, цаби-баци, рущи-щури, ц1убараб – буц1араб, сук1араб-к1усараб, бут1араб-т1убараб, бугьараб-гьабураб. Раг1ул кьолболъ цо-цо х1арп хисунги, ц1ияб маг1наялъул раг1аби лъугьинаризе т1амила. Масала: б…жараб, б…жараб, б… жараб, б…жараб, б…гъараб, б…гъараб, б… гъараб, б…гъараб; б…ч1араб, б…ч1араб, б…ч1араб, б…ч1араб.

Гьел раг1абиги гъолъе ккезарун, раг1ул дандраял яги предложениял г1уц1изариялдалъун лъималазда лъала гьезул мух1канаб лексикияб маг1на. Масала:

Вагъарав вас, бигъараб ругъун, вукъарав гьобол,

Бежараб чед, бижараб гъвет1, божараб хабар;

Бекьараб хур,бокьараб чу, бикьараб садакъа;

Беч1ана т1егь, бич1ана ц1ул, бач1ана цер, буч1ана рет1ел.

Гьединал х1алт1абазе кумек гьабула щибаб раг1ул лексикияб маг1на мух1канго бат1абахъизе, ц1алдохъабазул калам цебет1езабизе, раг1ул бугеб щибаб гьаракьалъул к1вар бич1ч1изе.

Цогидалги интересал х1алт1аби т1орит1изе бегьула лексика малъулел дарсазда. Цо-цо дарсида цо-цо, к1и-к1и гьединал х1алт1аби гьариялъ ч1алг1ен гьеч1еб дарсил ч1аголъи лъугьуна, лъималазул гъира бала гьезда бихьула раг1ул балъголъи, х1икматаб хасият. Масала, гьезда бихьула турут, хъабахъ, хъулухъ, заз, дол г1адал раг1аби цересан нахъехун нахъасан церехун ц1ализе бегьулеблъи.


Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на.

Цо предметалъул форма, иш, сипат яги хасият цогидаб предметалъе кьеялдалъун лъугьуна раг1ул хъвалсараб маг1на. Масала, къвакъараб бук1иналъ, чармида маххги къот1ула. Гьеб хасият кьела цогидаб предметалъе, гьелъул т1адег1анаб къвак1и бихьизабизе: чаранкьуру, чармил рак1. Махх- чарамалъул рак1 бук1унаро, х1инкъи лъаларев, къвак1арав чиясда абула гьесул рак1 чармил бугилан. Гьеб ккола раг1ул хъвалсараб маг1на. Хъвалсараб маг1на ц1алдохъабазе баян гьабизе, доскаялда хъвазе бегьула гьединал мисалал:


Бит1араб маг1на: Хъвалсараб маг1на:

Чармил хвалчен, Чармил рак1,

Меседил баргъич, меседил кверал,

Бег1ераб хеч, бег1ераб раг1и,

Оцол бох. Бак1ил бох.

Гьел мисалаздасан гьабила х1асил: месед къиматаб маг1на ккола. Къиматаб махщел бугев устарасул рахъалъ абула гьесул меседил кверал ругилан.

Хеч буго бег1ераб, тункун борлъизе гьабураб ярагъ. Калимаги бук1уна х1унчулеб, рек1еда унтулеб. Гьединаб раг1иялда маг1арулаз хочода релълъинабун, абула бег1ерабинги. Бег1ералъ рик1к1ине бегьула ц1акъго г1акъилаб (ц1одораб) раг1иги.

….. буго к1иго парз: чорх (къаркъала) хьвадиги….,амма т1асиял рахъ кквезе ч1варал х1убаздаги бохдулилан абула: столалъул, бак1ил бохдул.

Меседил гъалин абуни, хъвалсараб маг1на- кьеррелълъараб бук1ин буго. Гьединаб мисалазда хадуб лъималаз х1асил гьабула цо предметалъул иш, хасият, сипат, цогидалде г1унт1изабизе кьолин хъвалсараб маг1найилан. Цинги учителас ц1алдохъабазда т1адкъала рехсарал раг1ул дандраялгун предложениял ургъизе. Гьеб т1адкъай бит1ун т1убазабуни, баянлъула раг1ул бит1арабги хъвалсарабги маг1на бат1абахъизе лъалеб бук1ин. Ц1алун т1ехьалдаса щулалъиялъул х1алт1аби т1урала. Цинги т1амизе бегьула гьадинал раг1ул дандраялгун предложениял ургъизе ва тетрадазда хъвазе: хъач1аб раг1и, роц1араб гьаракь, г1ат1идаб квер, кьижараб росу. Чанго ц1алдохъанасухъ г1енеккила.

Цебеккун абухъе, ц1алдохъабазул гъира- шавкъ ц1ик1к1уна дидактиял х1аял т1орит1ани. Гьеб тема малъулагоги, бегьула г1адатлъун билълъараб «Сордо-къо» х1азе. «Сордо» абигун, лъимал «кьижула», учителас абула раг1ул дандраял. Хъвалсараб маг1наялъул раг1ул г1уц1и абурабго, «рорч1ула», ан т1аде рохула. «Кьижун» хут1арав-итарав.

Гьесда хъвалсараб маг1наялъул раг1и жеги бат1а бахътзе лъалеб гьеч1о. Ирга гьабун, бачина х1ай:

Меседил маг1дан, меседил к1илк1ал, меседил гъутухъ, меседил гъалал, меседил нур.

Къваридаб рукъ, къваридаб карат1, къваридаб рагьу, къваридаб заман, къваридаб рак1.

Ц1орораб хасел, ц1орораб лъим, ц1орораб раг1и, ц1орораб картошка, ц1орораб балагьи.

Хъач1аб хур, хъач1аб калам, хъач1аб ракъ, хъач1аб мегъ, хъач1ав чи, хъач1аб т1ом.

Бакъвараб ц1ул, бакъвараб хер, бакъвараб курак, бакъвараб жаваб.

Хинаб рукъ, хинаб къо, хинаб их, хинаб т1имугъ, хинаб балагьи.

Ц1ек1аб жага, ц1ек1абриди, ц1ек1аб курак, ц1ек1аб рахь, ц1ек1ав чи.

Курак бакъвана, рет1ел бакъвана, г1ери бакъвана, рак1 бакъвана.

Ц1ул бух1ана, кагъат бух1ана, рак1 бух1ана.

Саву ккана, бер ккана. Яс гьимана, бакъ гьимана. Хьарал гьалдана, пикраби гьалдана. К1одо гъапуллъана, рохь гъапуллъана. Лъимер г1одана, муг1рул г1одана. Ц1удул хъач1ал малъал, цил хъач1ал малъал, хасалил хъач1ал малъал. Хъах1аб буртабазда гъорлъ кьижарал г1ухьби. Хъах1аб буртабазда гъорлъ кьижарал авлахъал. Т1ад бугеб рас х1уларал х1алакъал муг1рул- щобал. Бидул рихьал ракъварал чи. Бидул рихьал ракъварал ракь. Х1ажил г1урччинаб халг1ат. Ихдалил г1урччинаб халг1ат. Шумайсатица бессараб халича. Ихдалил халича. Гьениб к1удиял рес буго предложениял г1уц1изе лъимал т1амизе. Хадуб суратазда т1асан г1исинал харбал данде гьаризе т1адкъала. Раг1и лъараб г1оларо, раг1аби дандразе, предложениял г1уц1изе, гьездасан хабар данде гьабизе лъазе ккола, калам цебет1езабизе бокьун батани. Бицунги хъванги бац1адаб литературияб мац1алда калам г1уц1изе ругьун гьари буго адабият каламалъул к1вар ц1ик1к1араб рахъ.

Гьединалги цогидалги дидактиял х1аяз мустах1икъаб бак1 ккола раг1ул лексикияб маг1на якъинго загьир гьабиялъулъ. Гьединлъидал учителас жинцаго х1адурула бат1и-бат1иял х1аязе х1ажатаб материал. Раг1ул маг1на бараб бук1уна жиб данде гьабураб бут1абазда гуребги, жиб-жиб гьаркьидаги, ударениялдаги: раг1и-р1аг1и, рагьана-рагьана, ва гь.ц.

Цо –цо х1арп (гьаракь) нахъа лъун, предметиял ц1арал лъугьинаризе т1ад къайги буго лъималазул раг1ул нахърател бечед гьабиялъул цо къаг1идалъун. Гьединго цо-цо х1арп цебе лъунги, лъугьинаризе т1амула бат1и-бат1иял ц1арал. Цинги рач1ине бегьула нахъ яги цебе цо-цо слог лъунги бат1иял ц1арал. Цинги рач1ине бегьула нахъа яги цебе цо-цо слог лъунгьи ц1иял раг1аби лъугьинариялде. Морфологиялда малъула кьибил жубаялдалъунги суффиксазул кумекалдалъунги, ударение хисиялдалъунги ц1иял раг1аби лъкгьунеб куц. Т1адехун рехарал къаг1идабаз ц1алдохъабазе ралагьула раг1абазул х1икмалъи ва хиса- сверизе гьезул г1емераб рес бук1ин.

А) …ар …ар …ар …ар ..ар …ар (з,н,лъ,лълъ,ц1,ч1,щ).

Б) …ли …ли …ли …ли …ли

…ли …ли ….ли …ли …ли

(Са, ма,къа,ча, хи, ц1а, га,гье,ва,ла)

В) гьу.. гьу.. гьу… гьу…

Гьу.. гьу.. гьу… гьу…

(- мер,- нар,- лул,-ри,- си, -къи, -лак).

Глаголазда цере цо-цо, к1и-к1и слогалги лъун, ц1иял глаголал лъугьинариги интересаб х1алт1и буго. Гьезул маг1набазул г1емерлъиялъги ц1алдохъаби х1икмалъизарула. Цо-к1иго мисал рехсон телин:

Лъана- ма+лъана, ба+лъана, бор+лъана,бизер+лъана, бак1лъана, бече+лъана, ве+лъана, гьоц1о+лъана, гьац1+ лъана, г1ад+лъана, г1еб+лъана, г1акъил+лъана, г1агар+лъана, г1умар+лъана, г1ужил+лъана, г1аси+лъана, г1акъил+лъана, г1исин+лъана, дагь+лъана, жаваб+лъана, дагь+лъана,

Цайдаялъул бицине ккеларо. Цо-цо нухалъ рак1алдегицин ккоге, баян кьовул ц1али гьабич1ого, малъизе бихьизабураб асар художествияб къаг1идаялъ бицун тани, лъик1аб бук1инародаян. Ах1ич1ого лирикиял куч1дузул т1убан лазат лъаларо, х1ач1ого драмаялъул асаразда рух1 лъоларо, художествияб къаг1идаялъ бицинч1ого, маргьа ч1аголъуларо. Адабиятги рахьдал мац1ги лъималазе бокьизе ккани, х1ажалъула, ц1орораб рачида лъун бух1ич1ого, пер-ц1ам рекъезабун, методикияб махщалил корохъ белъа- бежун, щибаб сипатияб калам ц1алдохъабазе кодобе кьезе. Гьеб буго мурадалде щолеб къокъаб нух. Раг1ул гуг1арги балъголъиги, абураб куцалдеги цадахъ къалел калимзабазеги балагьун, загьирлъула бат1и-бат1иял лексикиял маг1наби лъималазе рагьулев учителасул ц1алдохъаби лъайги бажариги т1адег1анаб бук1уна.

Коч1ода гъорлъ ругел хъвалсараб маг1наялъул раг1аби (метофорал) баянлъаралго, рач1ине бегьула гьадинаб х1аялде. Цебеккун доскаялда хъвараб щибго маг1на «гьеч1ел» раг1аби кьола ва т1адкъала гьезул маг1на бугел предметиял ц1арал лъугьиннаризе, гьел тетрадазда хъвазе, цинги гьелгун раг1ул дандраял ва предложениял г1уц1изе. Бергьуна киналго раг1аби хехго ратарал ва т1аде жубарал ц1алдохъаби. Масала, гьал раг1аби: хъухъан(махъухъ), хъизан (чанхъ), хъарич (чирахъ), хъурач (чарухъ), хъах1аб (байрахъ), хъар (рахъ), хъин (пихъ), хъум (мухъ), хъамхъус (сухъмахъ), хъутухъ (гъутухъ), хъалва (авлахъ), хъим (михъ), хъогъ (гъохъ) ва гь.ц.

Гьанир кьун руго ахиралда «ХЪ» гьаракь бач1унел предметиял ц1арал. Гьединаб х1аялъул т1ок1лъилъун ккола х1ажатал раг1абазда т1адч1ей гьабизе, гьел лъималазул каламалда гъорлъе рачина учителасе рес щолеб бук1ин. Т1убангоялде г1унт1ун лексика бачине бегьула гьеб х1аялда гъолъе. Масалая. Глаголал: ( кьела гьелги,) «бегуниса рахъун», ай нахъасан цебехун ц1ализе ккколеб куцалда (акат/тана, анадрукъ/ ах1ана, анарут1/ т1урана, наречиял: кърогъ (гъоркь), бок1са (аск1об), бокъор (рокъоб); причастиял баранхъ (хъвараб), барадек (седараб); деепричастиял: нуц1нак1(к1анц1ун), нодес (седон); рик1к1ен: огбалъ (лъабго), огцус (нусго), огокъбалъ (лъабкъого), белибач1и (ич1абилеб), белибаокъ (къоабилеб); ц1арубак1ал: багь (гьаб), богъ (гъоб), нуд (дун), жин (ниж), нум (мун), бегь (гьеб), ва гь.ц.

Гьединго «г1аксаб» мац1алда кьезе бегьула разборалъе х1ажатал предложениял:

Ладхи лург1ун лелидог1 огур.

(Ихдал муг1рул г1одулел руго)

Луъар лахьирудиб лелудавхь огур.

(Ракьул бидурихьал хьвадулел руго)

Анаси лъахи огнудуц адрог анат1ук1.

Усор асадикьам анач1роб.

Ратабийагь зудгьут1 лареб анагьар.

Ц1алдохъабаз гьел предложениял «бит1униса» рахъула ва хъвала, хъвалсараб маг1наялда х1алт1изарурал раг1аби рватула, метафоразул к1вар рагьула. Предложениял членазде риххизаризе т1адкъала, гьезда гьоркьоб бугеб бухьен суалазул кумекалдалъун баян гьабизе бокьани.

Гьебго формаялде кьезе бегьула предложениял г1уц1изе ругел раг1ул дандраялги:

Барац1ор окъ. Барац1ор кьрагь.

Баражикь ремикь ремилъ. Баражикь усор.

Баравкъаб луц1. Баравкъаб баваж.

Бегунисаги рахъун ругел гьел, бит1униса сверизарила ва, гьелги гъорлъе ккезарун, ц1алдохъабаз предложениял г1уц1ула. Бит1араб ва хъвалсараб маг1наялда х1алт1изарурал раг1абазе баян кьола.

Раг1абазул нахърател бечед гьабула гьадиналги рек1елгъеялъулал х1аяз (х1алт1абаз). Масала: доскаялда хъвала Мах1ачхъала абураб раг1и. Гьеб данде гьабун буго ич1го гьаркьидасан (х1арлеб дарсида т1уразе бугьула гьад щал т1адкъаял): Расул абураб щибаб х1арпалдаса байбихьулел яги гьезда лъуг1улел раг1аби ургъизе ва болъал ц1езаризе.

Мисалиял раг1аби: а) ах, сон, унти, лазат; б) ца, рас, мат1у, хасел.

Къот1алаби кколелъулги, раг1аби т1аса рищизе, ц1алдохъабазе к1удияб эркенлъи буго. Масала, «С»- алда, «У»-алда, «Л»-ялда лъуг1улел раг1аби г1езег1ан рук1ине бегьула, цоясда цо рак1алде бач1ани, цогияс бат1ияб ургъула: рас, сас, ирс, нус, вас, рес, бис, г1ус; сасу, мат1у, макьу, гъеду, гагу, г1ебу, г1азу, г1уру, каву, кару, кьаву, лалу, маг1у, мочу, мач1у, мачу, малу; хасел, т1аг1ел, рогьел, ц1аг1ел, рет1ел, хьитал, ургъел ва гь.ц. К1иго гьаркьил (х1арпаллъун) раг1аби дагьал рук1ина: ца, ц1а, на, жа, амма 3-7 х1арп (гьаракь) бугел раг1аби г1емер ратула. Микьгоялдаса т1адехунги раг1аби къанаг1алъула. Гьеб рахъги х1исабалде босун, кьезе ккола т1адкъаялги. Масала, «Маг1арулал» абура раг1ул болъаби ц1езаризе кьунани, «Л»-ялда лъуг1улеб раг1ул къот1алаби ц1езаризе ц1алдохъабазе зах1малъула. Бигьаго бук1унар «А»-ялда лъуг1уле яги байбихьулеб я гьаркьидасан данде гьабураб калима батизеги. Дарсил мурадалда ва темаялде балагьун, т1адкъала цолъул формаялъул яги г1емерлъул формаялъул аслияб падежалда ругел г1аммал яги хасал ц1арал ургъизе, гьелги болъалабазул къот1алабазда рекъарал х1арпал (гьаркьал) рук1ине ккола. Гьай-гьай, дарсал дидактикиял х1аязде сверизаризе бегьуларо, амма гьоркь-гьоркьор темаялда ракърал х1аял т1орит1иялъ дарсазда бат1ияб творческияб ч1аголъи, ах1вал-х1ал лъугьинабула. Гьебин абуни чара гьеч1еб жо буго лъималазеги учителасеги.

Рехсарал къот1алабазе мисалиял жавабал кьезе учителасе бокьани, (заг1ипаб классалда кьезе кколелъулха) данде колел жидецаго т1аса рищизелъун, «г1аксаб» мац1алда доскаялда хъвазе бегьула. Масала, Расул абураб раг1уе: ац, сар, ут1ам, лесах; ха, нос, итну, тазал.



Достарыңызбен бөлісу:
  1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет