Авар ва Дагъистан адабияталъул дарсазул кумекалъул алатал х1алт1изари (5-11кл.)



бет2/4
Дата12.06.2016
өлшемі314.5 Kb.
#129151
1   2   3   4

Диафильм г1уц1и.

Цин текст (хабар, кеч1, басня ва гь.ц.) ц1алун, ц1алдохъабазда х1асил бич1ч1ун хадуб, муг1алимас г1адатаб анализ гьабила: х1асилалда т1асан суалал кьела, жавабаз муг1алим рази гьавуни, анализалъе суалал лъела: авторас кинаб суал цебе лъолеб бугеб? Гьаб асар хъваялъул мурад щиб бук1араб авторасул? Гьаб? Сунде гьеб асаралъ кант1изарулел ругел. Щиб гьелъ нилъеда малъулеб бугеб? Г1адал суалал рук1ине ккола.

Ахиралда рач1ина гьеб асаралда т1асан суратал рахъиялде (бицун яги хъван), лъугьа – бахъиназул иргаги ц1унун, киноялда г1адиб, суратал цереч1езаризе т1аделъула классго, план х1исабалда гьел суратазул ц1арал доскаялда тартибалда хъвала, гьеб асралъул к1алалде балагьун, тетрадаздаги хъвазарила. Гьебго дарсида ягихадусеб дарсида, диафильмалда рекъон, х1асил бицине рахъинарила. Ахиралда ц1алдохъанас авторасул аслияб пикруги бицуна. Рокъобе кьезе бегьула гьал суратал кадраби кагътида рахъизе. Киназулго х1алт1абазе къиматги кьун, муг1алимас лъик1 лъугьарал суратал т1асарищула, нахъияб рахъалда авторасул ц1арги классги бихьизабун. Ц1унула адабияталъул кабинеталда щибаб классалъул папкаялда жаниб, хасаб альбон г1адин, т1ад хъвала: 5 класса. Диафильм «Ц1улал Устарги Маймалакги». Гьелдаса пайда босула тестазеги, х1асилалъул дарсазда хабар г1уц1узеги (изложение), хадусел соназда ц1ияб классалда х1алт1изабизеги.

Диафильмабаздаса пайда босулеб куц.

Лъималазул зах1маталдалъун г1уц1араб диафильм (кадраби) регун тезе бегьуларо. Гьединлъидал гьелдаса пайда босизе бегьула:

1.Калам цебет1езабиялъе.

2.Тестал х1исабалдаса суратги бихьизабун, асаралъулги авторасулги ц1арал рицинаризе.

3.Адабияталъул сордоялъ, командабазда гьоркьоб къецал т1орит1еялъул, лъугьа – бахъиназул, героязул ц1арал лъаялъул къецал г1уц1изе.

4.Коч1олаб асар бугони, суратазда – кадрабазда гъоркь хъвазе колел коч1ол раг1аби рициналъул х1аял гьаризе.

5.Цо кадраялдасан асаралъул ва авторасул ц1арал лъаялъул къецал т1орит1изе.

6.Рек1ехъе лъазаризе т1адал асаралзда т1асан рахъарал диофильиабазул цо сурат бихьизабун, гьеб асар рек1ехъе ц1алиялъул къецазда.

7.Жинда т1асан суратал рахъараб куплеталда ругел дандекквеял, метафорал, эпитетал, наку, роцен, аллитерация ратиялъул къецал т1орит1изе.

8.Пасих1го ц1алиялъул къецазда. бат1и – бат1иял диафильмабаздаса суратазул можороги т1амун, кинаб командаялъе щиб асаралда сурат кканани, гьелда рекъон, гьеб кеч1 ах1изе, яги махражалда ц1ализе т1амизе.

Г1инзул техникиял алатал х1алт1изари.

Авар мац1алъул бит1ун хъвай г1уц1араб буго аслияб къг1идаялъ раг1ухъе хъваялда т1ад – фонетикияб принципалда. Раг1ул асаралъулъ хиса – баси кколеб флектикияб мац1 бугелъул, раг1ухъе хъвач1ого рес гьеч1о цо – цо г1алимзаби лъугьуна, раг1ул аслуц1унун, хъвазе кколин (Саидов М-С,Дж) Масала, цер абураб раг1и формабазде хисулелъул, лъабго бат1ияб аслуялда цебе ч1ола: цер – царал – цурдул . Гьедин раг1ухъе хъвазеги т1адаб буго. Бук1аниги, аслу ц1унун хъвазе: нуж – нужеца, нужер, нужеда – нужее;

Ниж – нижеца, - нижер – нижеда – ниже;

Жиб – жал – жидеца – жидер, - жидеда – жидее.

Авар мац1алъул сингармонизмалъул законги хъач1го хвезабун, жакъаги хъван батула: рукъ-рукъоб (рокъоб), пун ц1езе – пунц1еро (пенц1еро), пунц1он – (понц1он ва гь. ц. Гьединлъидал авар мац1алда бит1ун ц1алиялъул ц1акъ к1удияб к1вар буго. Графикаялъе г1олон фонетикияб законги сан гьабич1ого, геминатал – халатккун къан) къвак1ун) гьаркьал: кК, к1к1, лълъ, сс, хх, цц, ц1ц1, чч, ч1чс1, раг1ул маг1на хисулеб гьеч1они, гьезул аслу :лъ,с,х.ц,ц1, ч1 хъван тезе х1укму гьабун буго бит1ун хъваялъул комисиялъ. КК - ги, ЧЧ-ги гурони раг1ухъе хъвазе рихьизарун гьеч1о. Гьеб к1удияб заралалъул хъач1аб гъалат1 гьаб жакъаги бит1изабун гьеч1о. Рог1ул ахиразулъ загьирлъулел геминатал: ЦЦ/,цца/,лъ/лълъ/,

с/сс цо х1арпаздалъун хъвазе рихьизарун руго. Гьелъ раг1ухъе хъваялъул фонетикияб законги хъач1го хвезабулеб буго. Бук1аниги, гькебги х1ехьон авар иац1ги ч1ун буго. Гьедин ургъун рехараб квалквалал гьеч1ебани, ц1акъго бигьалъулаан школалда авар мац1алъул бит1унхъвай малъизе. Гьел квалквалал рук1аниги, бит1ун ц1ализе ц1алдохъаби ругьун гьариялъ к1иго мурад т1убала:1.Ц1алулеб, яги ах1улеб кеч1алъул маг1на г1енеккаразда мух1канго раг1изаби, ай бицунеб жо г1енеккарасда якъинго бич1ч1и. 2.Цадахъго бит1унхъваялъул масъала т1убай. Гьеб к1вар бугеб ишалъе к1удияб квербакъи бук1уна магнитофоналъул. Раг1ул устарзабаз ц1алулел жидерго асарал, яги гьунар бугел артистаз ц1алулел, ах1улел асаразухъ г1енеккизе щвей ц1алдохъабазе мисалияб дарслъун ч1ола сахго дарсида малъизе т1адал асарал гьел ругони, пайда к1удияб бук1инарищха. Гьелъул х1акъалъулъ академик Л.В, Щербаца хъван буго: «Бит1ун ц1али ч1ух1дае гьабулеб жо гуро. Бит1унхъвайго г1адин, гьебги чара гьеч1еб жо буго. Бит1ун ц1алиялъулъ кколел гъалат1ал бит1унхъваялда кколездаса лъик1ал гьеч1о, гьелъул г1аксалда дагьалги хъач1ал руго, щайин абуни, гьелъ к1удияб квалквал гьабула цоцазда рич1ч1иялъе» Раг1ухъе хъвалеб къаг1ида бугеблъул нилъер болмац1алъул, бит1ун ц1алиялъул квег1енлъиялъул бицинего ккеларо. Амма 6 – го геминаталъул бит1унхъвай шарт1ияб къаг1идаялде бачун. Нилъер мац1алъул бит1угн ц1алиялъул ва бит1ун хъваялъул кьуч1 щущазабун буго. Геминатал дагьал рук1аниги, гьел гъорлъ ругел раг1аби авар мац1алда ц1акъго г1емерал руго. Цо – цо раг1абазулъ к1и – к1и геминат батула: Ц1ц1илиц1ц1, Ц1ц1унц1ц1ра, ссакъисс, россасс ва гь. ц. Ункъго геминат буго ункъ – ункъ ишаралдалъун жидее х1арп г1уц1араб: к1к1, лълъ, ц1ц1, ч1ч1.Цогидал бат1иял ишарабаздалъун гьел геминатал рихьизарун, къвак1ун рахъизе кколеб гьезул аслу билулеб буго. Гьелъ буго г1урус алфавитвлде рач1аралдаса нахъе, (1938) гьанжелъизег1ан, киг1ан къеркьаниги, к1иго ишаралъул х1арпазде рач1ине к1веч1ел. Цин гьел аслулъун кколел гьаркьзде ургъизе ккола цо ишаралъул х1арпал, цинги геминатазе к1ирекъезе гьаруни, т1убала иш. Аслулъун колел раг1абазда рач1араллъун, лълъурдул гъунги, иш т1убалеб гьеч1о – гьединал х1арпал г1урус алфавиталда гьеч1елъул. Цо «К» - ялъул кьуч1ч1алда г1уц1ун руго жеги 5 – го бат1ияб гьаракьалъе х1арпал: К, КЪ, к1, КК, К1К1. Гьединго гьабич1ого, ресги бук1инч1о: г1урус алфавиталъул 32 х1арпалъул кьуч1алда авар мац1алъул 77 гьаракьалъе

(фонемалъе) хассал х1арпал рахъизе ккараб мехалъ. «Авар мац1алъул бищунго зах1матаб суаллъун хут1улеб буго геминатазул бит1унхъвай ч1езаби» - ян хъван буго Шигьабудин Микаиловас, раг1ухъе хъваялъул закон бекизабизе бокьич1ого. Бук1аниги бит1унхъваялъул гьадинаб къаг1ида:

1.Раг1ул ахиразулъ (падежазул ахиразулъ) геминатал цц,лълъ,сс цо х1арпаздалъун хъван тезеян геминат раг1улеб бугони, гьелъул аслу хъван тезе:

Инсу +цца – инсуца, ди +ца, ракъу +лълъ – ракьулъ, г1ат1 +лълъ – г1ат1а +лъ; Васа + сс – васа + с – бах1ара +с.

2. а) Раг1ул маг1на хисулеб бугони, авалалдаги аслуялъулги геминат (к1ирекъараб х1арп) т1убанго хъвала: баччана – бачана, махх – мах, релълъен – релъен, раххан – рахан, накку – наку, руккел – рукел, беццизе – бецизе, ццин – цин,буххизе – бухизе.



Б) Геминат заг1иплъаниги, раг1ул маг1на хисулеб, холеб гьеч1они, цо х1арп хъван тезе: ц1ц1илиц1ц1 – ц1илиц1, россасс – росас, ц1ц1ум – ц1ум, лълъим – лъим, лълъади – лъади, ххер – хер, хурма – хурма , ххиралъи – хиралъи, ццебебигь – цебебигь, х1анч1ч1и – х1анч1и ,ч1ч1ана – ч1ана, ц1ц1али – ц1али ,ц1ц1абуц1ц1ин – ц1абуц1ин, ц1ц1ад – ц1ад, ц1ц1адиро – ц1адиро,ц1ц1ал – ц1ал, ц1ц1ам – ц1ам, ц1ц1ац1ц1ай – ц1ац1ай, ц1ц1ва – ц1ва, ц1ц1ваки – ц1ваки, ц1цек1лъи – ц1ек1лъи, ц1ц1ер – ц1ер, ц1ц1огь – ц1огь, ц1ц1ук1а – ц1ук1а, ц1ц1умур – ц1умур, ва гь.ц. Гьединго: ццерекъад – церекъад, ццинаг1ал – цинаг1ал, хабар – хабар, ххагай- хагай, ххалалъи – халалъи, хханжар – ханжар, ххарххадизе – хархадизе, ххведер – хведер, ххер – хер,хвенехх –хвенех, ххач1ч1 – хач1, ссабру – сабру, ссаг1ат – саг1ат,ссах1-сах1,ссвак – свак,ссвади – свади, ссвери – свери, север – север, ссих1ру – сих1ру,ссолог1уч1 – солог1уч1, сих1 – сих1, лълъамияб – лъамияб,лълъик1- лъик1, лълъил? –лъил? Лълъим – лъим, лълъади – лъади, лълъугъур – лъугъур, лълъугьине – лъугьине, лълъуг1ел – лъуг1ел, лълъут1изе – лъут1изе, лълъукъе, лълъуг1ел – лъуг1ел, лълъулълъади – лъулъади, лълъутанхъи – лъутанхъи, лълъут1 – лъут1 ва гь. ц. Гьал руго мисалалъе рачарал дагьалго раг1аби. Гьеблъиялда графикалъе г1оло нилъеда ч1валеб буго рахьдал мац1. Болмац1алдаса рик1к1алъарал бак1алъул мац1алда к1алъалел лъималаз, хъван батухъе. Ц1алула гьел геминатал, гьел гьаркьал геминатал рук1инги лъач1ого. Геминатал гъорлъ ругел, амма хъвавулъ рихьизарич1ел алфазал бит1ун ц1ализаризе ккани, щиб г1азаб муг1алимас х1ехьезе кколеб? Хъвавухъе геминатал ц1алиялда гьевги т1ад рекъон ч1ани. Болмац1алъул рух1 бахъуларебищ? Гьединлъидал 6-7 классазул ц1алул т1охьода рихьизаризе ккани щибаб тексталда гъорлъ ругел, цо х1арпалдалъун хъварал гьалги геминатал бит1ун ц1алун. Азаазар раг1и буго цо х1арпалдалъун геминатал рихьизарурал. Гьел бит1ун ц1ализе кколарелдай?!.Кагъатги харжги ц1ик1к1ун унеб бугилан, ч1агояб адабияб мац1 ч1вазе бегьилищ? Лабиалиял абиларин, гьел «В» х1арпалдалъун рихьизарун телин. Гьаб ич1абго геминат алфавиталда жанибе бачине ва киса – кибего хъвавулъги т1убанго рихьизаризе ккола. Геминатал хасал гьаркьал ратании, щай гьел алфавитазде рач1инч1ого толел?! Гьеб рахъги т1ок1к1инабич1ого, нилъер раг1ухъе хъвалеб фонетикияб законги к1ийде рекълъун буго. Гурони, кин лъималазда малъилеб лъелъги лъелъги (хуриб бекьулеб, бижулеб хьодолаб культураги лъадалълъги) бит1ун ц1ализе. Раг1улеб щинаб бак1алда ц1алдохъанас т1убанго геминат хъван батани, гьеб гьесул гъалат1ищ кколеб? Гуро. Гьеб буго гьдинаб х1абургъараб бит1унхъваялъул къаг1ида бахъаразул мунагь. Гьедин малъизеги ккола лъималазда, гьединго мух1канго геминаталги ц1ализаризе ккола гьезда. Г1урусмац1алъул г1адин, авар мац1алъул гьеч1о бит1унц1алиялъул словарь. Г1иц1го 18 азарго раг1и бугеб М-с. Д.Саидовасул «Аварг1урус словаралда» цо х1арп хъван толел геминатазда т1ад мухъ ц1ан, рихьизарун руго гьел. Гьелъухъ нилъ гьелъул рух1алда цере налъулаллъун руго. Цогидал словаразда геминатал рихьизарун гьеч1о, гьабизе т1адаб бук1аниги. К1ирекъараб х1арпалдалъун геминат хъвазе кколеб буго 33 раг1улъ. Цох1о беццизе абуоаб абураб раг1ул буго 70 форма. Кинабниги 2310 раг1ул хъвазе кколеб буго к1ирекъараб х1арп. Гьел киналго словарездеги росун руго. Гьелни раг1ухъе хъвалин ва ц1алилин. Цо х1арпаздалъун хъварал чанго азарго геминат бит1ун ц1ализе кколаребдай?! Раг1улебщинаб бак1алда геминат т1убанго хъвалеб гьеч1они, (гьабсаг1ат г1адин) чара гьеч1ого школалда х1алт1изаризе къвариг1уна «Бит1ун ц1алиялъул словарь». Бак1алъул мац1алъул словарал рахъулел рук1инч1ого. Г1елмияб марказалъги бегьилаан «Бит1ун ц1алиялъул словарь» х1адуризе. Гьеб бугеблъул бег1ерго цебеч1араб суал. Жал артистал гурин абураб жоялда нахъаги рахчун. Муг1алимзабиги т1убалоро: щивасул бук1ине ккела бит1ун ва пасих1го ц1ализе махщел. Дарсида аслияв чи муг1алим кколевлъул. Магнитафоналдасаг1аги пайда босизе т1адаб гьеч1ищ артисталъул гьунар гьеч1ел муг1алимзабазда?! Адабияталъул муг1алимзабазги пайда босула халипабаздаса, таблицаялдаса, имг1малаздаса (плакатаздаса). Гьелги ккола берзул кумекалъул алатал. Цо – цо муг1алимзабаз, к1одо гьабун, районалъул карта бахъула. Гьелда т1ад баг1араб кьералъ рихьизарула цереселги гьанжеселги раг1ул устарзабазул росаби. Картаялъул аххада хъвадарухъабазул сиях1ги бук1уна, гьезул асаразул – т1ахьазул ц1аралги хъвараб. Гьединго бук1уна школалъулаб курсалда жидер асар малъулел дагъистаналъулго раг1ул устарзабазул росабиги рихьизарураб литературияб картаги. Цо – цояз басмаялда бахъараб Дагъистаналъул картаялда т1ад рихьизарун рук1уна шаг1ирзабазул ва хъвадарухъабазул росаби. Дагъистаналъул адабияталъул х1акъалъулъ г1аммаб лекция ц1алулеблъул, яги миллиял адабиятазул бицунелъул, муг1алимас гьелдаса г1ат1идго пайдла босула. Цо пуланав авторасул асар малъулеб мехалъ, цебераг1иялда муг1алимас картаялда гьесул росуги бихьизабула – гьебги г1адатияб иш кколаро: гьав тумазул яги лезгиязул машгьурав шаг1ир вугин абиялда т1аде гьесул ватанги бихьизабиялъ мух1канлъи ц1ик1к1инабула. Масала, Абут1алиб Гъапуровасул асар малъулелъул, Лак районалда гьесул росу – Чуни бихьизабиялъул пайда бук1инарищха, хасго гьуб хъач1аб ракьалда бугеб мискияб росу бук1иналъул бицани, гьесул «Дир г1умру» абураб хабаралъул хинлъи ц1ик1к1ина. Салатавиялъул школазул муг1алимзабазги гьелъул ц1алдохъабазги рак1арун руго халкъияб к1алзул гьунаралъул асаралги гьенир рахъарал цереселги гьанжиселги раг1ул устарзабазул асрал рак1арун руго. Цо – цо школазда т1убарал жилдазе г1урал асарал данделъун руго. Гьединаб х1алт1и цогидал районазул школаздаги гькабула, амма Салатавиялъул муг1алимзабаз гьеб къиматаб хазина бегун толаро: школалъул ихтияралда ругел саг1таздасан хасаб адабияталъул курсги г1уц1ун, анкьие цо саг1атги кьун, г1ат1идго малъулеб буго жидерго росдалги т1олго районалъул фольклорги раг1ул устарзабазул творчествоги. Рахьдал мац1алъул ва адабияталъул гьедин х1урмат гьабулеб цоги маг1арул район дида лъаларо. Гьеб кинабго районазул школаз г1адахъ босизе мустах1икъаб х1албихьи ккола. «Салатавиялъул ц1ваби», «Литературияб Салатавия» абурал х1арпазда гъоркь х1алт1улел руго гькл спецкурсал. 7 абилеб классалда байбихьулеб гьеб курс бикьулеб буго лъабго бут1аялде – байбихьулеб буго муг1алимзабазул нухмалъиялда гъорлъ ц1алдохъабаз бак1арараб халкъияб к1алзул гьунаралъул асарал малъиялдаса, хадусел классазда – жиде – жидер росабалъ рахъарал цересел ва гьанжисел раг1ул устарзабазул адабияб х1аракаталъул ва гьезул г1умруялъул х1акъалъулъ г1ат1идго бицун, гьезул асаразул анализги гьабун, бачунеб буго гьеб курс. Цинги рач1унел руго т1олго районалъул раг1ул устарзабазул асарал малъиялде. Раг1ул устарзабазул кодоре щварал асразул къадаралде ва жалго авторазул г1емерлъи – данделъиялде балагьун, гьеб курс халат бахъине бегьула 2 абилеб класс лъуг1изег1ан. Гьеб курсалъе г1уц1ун буго щибаб школалда мух1канаб прграмма. Гуни гимназиялъул муг1алим Айтимирова Сидратица г1уц1араб «Литературияб Салатавия» абураб программаялъул цебераг1иялда гьадин хъван буго:

Пояснительная записка.

Художествияб литератураялъ к1иго кумек гьабула кинабго рахъ камилан инсан куцазе, г1агараб халкъалъул рух1ияб бечелъиялъул кьуч1алда г1олилазе тарбия кьезе. «Литературияб Салатавия» абун ц1ар тараб гьаб курсалъул мурадлъул мурадлъун ккола:

.авар ва Дагъистан литературиялъул лъай г1ат1ид ва гъварид гьаби,

.г1агараб ракьалъул раг1ул устарзабазул пагьмуялъулгун лъай – хъвай ккезаби, гьезул рух1иябгун г1амал – хассяталъул рахъ бечед гьаби,

. жидерго росдал ва районалъул т1абиг1аталдехун рокьи бижизаби.

Салатавиялъул адабият малъиялда цереч1арал масъалаби:

. ц1алдохъабазул калам цебет1езаби;

. лъазарулел поэтазул асаразе къимат кьезе ругьун гьари;

. гьезул кьуч1алда асаразулъ рихьизарурал жамг1иял гьоркьолъабаздалъун, г1адамазул г1амал – хасиятаздалъун авторас абизе ва бихьизабизе бокьараб аслияб пикру рагьи;

. ват1ан хиралъиялъул, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, г1агараб халкъалъул, адаб х1урмат гьабиялъул асар ц1алдохъабазулъ куцай.

Салатавиялъул адабият ккола дагъистан адабияталъул бут1а, гьединлъидал гьаб курс малъулаго, х1алт1изаризе ккола литературиялъул дарсазда х1алт1изарулел киналниги методикиял къаг1идаби

. учителасул лекция,

. учителас ва ц1алдохъабаз раг1ун асарал ц1али,

. асаразул тема, идея ва художествиял рахъал баян гьаризелъун

гара – ч1вариял,

. куч1дул рек1ехъе лъазари.

Ц1алдохъабазе кьела т1адкъаял рефератал, докладал, сочинениял хъвазе. Дарсазде х1адурлъулаго пайда босизе ккола Дагъистаналъул ва Салатавиялъул историялъул т1ахьаздаса, районалъул «Чапар» газеталдаса республикаялъул «Х1акъикъат», «Гьудуллъи» г1адаб периодикияб печаталдаса. программаялда бихьизабун буго Салатавиялъул цересел ва гьанжесел раг1ул устарзабазул г1умру ва творчество лъазабизе. Салатавиялъул х1акъалъул к1алзул гьунаралъул асарал лъазаризе. Программа бикьун буго к1иго бут1аялде:

1. Х1Х г1асруялъул Салатавиялъул литература. Салатавиялъул х1акъалъул к1алзул гьунаралъул асарал.

2. ХХ г1асруялда Салатавиялъул литература.

Нижее рес шщвана т1адег1анаб категориялъул муг1алим, рехсарал спецкурсалъул прграммаялъул автор, поэтесса Айтимирова Сидратил творчествоялда т1асан 10 абилеб классалда т1обит1араб гьединаб спецкурсалъул дарсихъ г1енеккизе. Гьеб бук1ана г1адатияб гуреб, аслияб къаг1идаялъ жалго ц1алдохъабаз бачараб интересаб дарс. Гьениб ц1алдохъабаз темаялда рекъараб чанго сценка х1ана, ц1алана к1удияб ват1анияб рагъул фронтаздаса гьанжесел ц1алдохъабазул к1удияб умумуз рит1ун рач1арал кагътал. Сидратицаги бицана жиндирго творчествоялъул х1акъалъулъ, гьелъ ц1алана жиндирго ц1иял куч1дул, цадахъго бихьизабуна телевизоралдаса гьелъул коч1ол кьуч1алда бахъараб Салатавиялъул байбихьи, хадусеб сценария халатаб бугелъул, къокъго дарсил гьумер бихьизабун толеб буго.




Спецкурс:

Литературияб салатавия.

10 класс

Дарсил тема: «Салатавиялъул адабияталда жаниб гуниязул к1алзул гьунаразул асарал».

Дарсил мурад:

  1. Салатавиялъул адабият, ц1ияб курс х1исабалда, ц1алдохъабазе гьелъул х1акъалъулъ щвараб лъай щула гьаби.

  2. Г1агараб росдал к1алзул гьунаразул асаразулгун лъай – хъвай гьаби, жанралъул бечелъи, каламалъул бег1ерлъи. Мац1алъул пасих1лъи ц1алдохъабазда бихьизаби, гьелде гьел жалго рач1инари.

  3. Г1агараб ракьалде, гьелъул тарихалде, гьелъул г1адатазде ва г1адамазде рокьи бижинаби.

Дарсил алатал: видиокассета, росдал фолклоралда т1асан бахъараб росдал фольклоралдасан данде гьабураб альбом, телевизор, видиомагнитафон, З.Ильясовасул «Гуни-Салатавиялъул сси» т1ехь, ц1алдохъабаз жидецаго рак1арарал фольклориял асарал.

Доскаялда хъвай – хъваг1ай.



  1. «Аралда нилъеца туманк1 реч1ч1ани, бач1унелъ нилъеда г1арада реч1ч1ула» Р.Х1амзатов.




  1. «Огь, нуж, гьаб г1умрудул берцинлъи лъач1ел,

Рач1а гуниялде, их щун хадуса

Ч1аго дуниялда алжан бокьарал,

Салатавиялъул муг1рузде раха …! С.Айтемирова.


  1. «Салатавия, мун – гьайбатаб т1алъи,

Гьит1инаб ах1улгох1 буго нилъей гьаб.

Гьаваялда ц1умал дагьалъ лъалхъулел,

Гьезул лебалъиялъ вассал рагъарал,

Васигат нилъее биялъ хъван тараб

Тарих меседилаб гамач1буго гьаб…

Цебехун бицанахъе, гьанже творческиял муг1алимзабаз, заманалъул т1алабазда рекъон, дарсал кьолел ц1ия – ц1иял къаг1идаби х1алт1изарулел руго. Гьал ц1илъабаз бахъулеб заманалде ва зах1маталде рач1инч1ого, рагьараб щиб, г1адатияб гуреб щиб, адабиятгун тарих жубараб щиб, концер – дарсал щиб, дарсазе т1убарал сценариял г1уц1улел руго. Гьезда рекъон, дарсил киногицин бахъулеб буго. Гьел дарсазда г1ат1идго х1алт1изарулел руго г1инзул ва берзул кумекалъулал техникиял алатал: муль тимедияб проектор, телевизор, компьютер, музыкиял касетал вадискал. Мисалияб бугеблъул, т1убанго кьолеб буго Казбек районалъул Гуни гимназиялъул т1адег1анаб категориялъул муг1алим Абусинова Сиянатица кьураб «Муг1алимги мутаг1илги» абураб Ч1анк1алги Мах1мудилги г1умруялъул ва адабияб х1арагаталъул х1акъалъулъ г1амлъизабураб х1асилалъулаб дарсил план-исценировка. Гьелде муг1алимги ц1алдохъабиги лъик1 х1адурлъун руго. Гьале гьеб.



Дарсил тема: «Мутаг1ил ва муг1алим» - Мах1мудил ва Ч1анк1ал г1умру ва адабияб х1аракат.

Дарсил мурад: Мух1амадил ва Тажудинил г1умру ва адабияб х1аракат цебеч1езаби.

Дарсил алат: Мах1мудил, Муил ва Тажудинил суратал;

Мультимедияб проектор, компьютер,халкъиял бакъналгун дискал;

Мах1мудил ва Тажудинил раг1аби хъварал плакатал;

Мах1мудил, Тажудинил т1ахьал, гьезул х1акъалъулъ хъварал т1ахьал, журналал, макъалаби;



Дарсил тайпа: Такрар гьабиялъулгун щула гьабиялъул дарс – инсценировка.

Дунялалъул къоял къварид риччазин,

Къиямасеб къоялъ шапаг1ат щвезе.

Духъ ккараб дир рокьи рукьбалъ ц1унизин.

Бец1аб лах1дуялъуб х1алхьи бук1ине…

Ч1анк1а.

Мультимедияб проекталда бихьула Ч1анк1ал сурат.

Ц1алдохъан: Нужеда бихьулеб гьаб сурат Ч1анк1ал гуро.

III. ц1алдохъан

Ч1вана

- Щив?


- Шаг1ир Мах1муд.

- Лъица?


- Живго гьудулас.

Мах1муд рагъде ун вуго,

рагъал хиралъун гуро.

Мах1муд кьалде щун вуго,

кьалаб рак1 бук1ун гуро.
Рокьуда ватичелъул

тун буго инсул утар;

Гуллида ватизелъун

бухьун буго гьаб сапар.


Тушманасул гуллие

гьасул черх чучуларо;

Чияр хехаб хвалие

гьас бет1ер къулуларо.


Добго билун бук1араб

рокьиялда ватула;

Инкъилабалъ къирараб

къапудахъе ваккула.

Цо панаяб х1ухьелгун

х1асраталде вуссуна;

Х1урияталде хьулгун

Мах1ачихъе вач1уна.


Нек1сияв жаллатихъе

Нажмудинихъе кола;

Гьесул хвалил малъахъа

вахъунги нахъе щола.


Т1олго ч1ег1ераб къуват

къайисит1е буссуна;

Басралъаралъул умат

шаг1ир ч1вазе лъугьуна.


Муи хун рух1ел щварав

Мах1мудие къор гъола.

Магьдилас, рак1 рагьарав

гьудулас, гьав ах1ула.

Г1арцул гвангара рагьун

гьудуласул гуллаялъ

Бусен буго балагьун

меседил г1адалнахулъ.

Гьанжеги ч1вана Мах1муд…

Шаг1ир г1емер ч1ванаг1а

ч1аго вуго хут1изе.

Бидулал т1ерхъанаг1ан

т1егьлъун вуго рагъизе.
Гьединал планалги, конспекталги, адабиябгун музыкалиял композициялги, сценариялги нахъе ц1унизе кола, хадубккун малъараб г1амлъизабулелъулги, х1асилалъул дарсал т1орит1улелъулги, араб материал такрар гьабулелъулги гьездаса г1адит1го пайда босизе – гьеб бугелъул муг1алимасул к1удияб зах1мат, гьесул творчество.

Ц1унич1его тезе бегьула бугин абизе г1ужие хъунт1арал къокъал планал, яги цох1о дарсие х1исаб гьабурал халипаби.

Гьеб кинабго бук1ине кола адабияталъул кабинаталда. Гьеб кколеблъул х1албихьиялъул методикияб марказлъун. Гьединаб кабинеталда рук1ине т1адаб буго:

1. Хасал темаби малъиялъул масалиял планал.

2. Цо темаялда т1асан г1уц1арал г1адатал ва рагьарал дарсазул конспектал.

3. Цо-цо методикиял суалазда т1асан г1уц1арал г1адатал ва рагьарал дарсазул конспектал.

4. Гелмиялгун практикиял конференциязда гьарурал муг1алимзабазул докладал.

5. Адабитаялъул машгьурал бак1азде сапарал гьариялъул ва гьезде х1адурлъиялъул материал.

6. Адабиятазул сардаде х1адурарал сценариязул, гьезул кьуч1алда рахъарал фильмабазул дискал, гьединго ц1алдохъабазкьурал концертал хъварал касетаби.

7. Классалда ва класстун къват1ир ц1ализе колел программиял асаразда т1асан г1уц1арал сценариял. Гьелги каталогалъул тартибалда рук1ине т1алъула.

8. Лъималазе кьолел т1адкъаял хъварал карточкаби классккун, темабиккун, лъай борцине х1адурарал тестал, контролиял т1адкъаял. Гьелги класссккун, тематикмяб тартибалда рук1ине кола.

Гьеб кинабго классккун, темабазда рекъон, папкабазда жаниб тартибалда лъола, жилдазда т1ад бихьизабун бук1ина авторасул ц1арги, жанир ругел материалазул ц1аралги, гьел х1адурараб къоги.

Цебехун бицахъе, бит1ун ц1алиялъул иш берцинго ва мух1канго нухда бачине кола т1оц1ебесеб классалдасаго байбихьун: щибаб фонема /гьаракь/ бихьизабулеб х1арп мух1канго абиялде к1варги кьун. Аслияб къаг1идаялъ геминатазда т1адч1ей гьабула 2абиеб классалда, амма гьелда иш къокъилъизе бегьуларо, аслияб школа лъуг1изег1ан, геминатал гъорлъ ругел раг1аби бит1ун ц1алиялда т1адч1езе кола. Бит1ун ц1алиялда бараб бугелъул бит1унхъвайги.

Гьабсаг1ат г1инзул ва берзул кумекалъулал техникиял алатазул рахъалъ школал хьезариялъул иш расги лъик1 гьеч1олъиялъул цебеккуниги бицана, гьанжеги такрар гьабизе кколеб бугог. Цо-цо къанаг1атал школал хут1изег1ан, г1емерисел ц1алул идарабказда, хасго росабалъ гьеч1о я телевизорал, я компютерал,магнитофонал. Руго рагъул устарбазул сураталги, тах1азе художниказ рахъарал сураталги, гьедингшо малъулел асаразда т1асан жалго муг1алимзабаз г1уц1арал сценариялги, гьезда рекъон т1орит1ал дарсазул рахъарал цо-цо кинофильмалги. Дандч1ваялде гьоболлъухъ ах1ун рач1арал раг1ул устарзабазул фотосураталги, цо-цояз автораз жидерго асарал ц1алдохъабаге ц1алулел лах1затазул кинокамералъ рахъарал кадраби. Пачалихъалъул рахъалъан миллияб адабияталда хурхарал кинофильмаби, касетал, дискал ч1езарулел къоги бач1ине бегьула, гьелъул ургъел бугев х1аким лъайкьеялъул министерствоялде вач1ани.

Г1инзул кумекалъул алатазул цебеккунго дагьаб бицана Адал Шараповасул жигарделъун школазде бач1араб фонохрестоматиялъул микьго касеталъул.

Цо-цо жигарал муг1алимзабаз бахъулеб харжалде рач1инч1о, радиоялъул ва телевидениялъул музыкалиял фоназдаса жидеего хъвазарулел руго машгьурал коч1охъабаз ах1улел программиял куч1дул ва авар театралъ лъурал пьесаби. Дагьал руго гьединал х1аракатчаг1и. Гьединлъидал ц1акъго х1ажатаб буго, х1укуматалъул т1адкъаялда рекъон, гьединал касетаздалъун ва дискабаздалъун школал хьезаризе. Гьеб ах1и х1укуматалъул бут1рузда раг1изабизе ва, хасаб программаялда рекъон, т1убазабизеккун буго.

Макърат1исалъул чалуялдаса пайда босиялъул ишги, г1ат1идго пачалихъалъул программаялда рекъон, т1убазе цебего заман щвана.

Дунял ц1ун, кинокасеталги дискалги, магнитофоналъул касеталги ричун, бечелъиялъ гъанкъулел базаргаби ругеб мехалъ, школазе х1ажатал куч1дул ва бакънал, яги видно миллиял мац1азда кибниги батуларо. Бец1аб сардилъцин кунч1и лъаларел «ц1вабзазул» мимидиялъулва къвакъвадиялъул ц1урал касетал щибаб маг1арухъе унеб ва бач1унеб Газелазда киг1аниги г1емарал руго, амма Ч1анк1ал, Мах1мудил, Ц1адаса Х1амзатил, Расулил ва цогидалги шаг1ирзабазул программиял куч1дул ратурало. Щай бегьулареб, Дакуцаги, Манаршацаги г1адин, щибаб раг1иялда бух1араб х1ухьел реч1ч1изабулел коч1охъабазда ах1изеги гьарун, школазе камилаб фонохрестиоматия х1адуризе пачалихъалъул харжалделъун. Кват1унцин гьеч1ищ нилъ гьелде рач1ине. Кино бахъулел телефонал руго гьанже муг1алимзабазухъги. Гьездаса бегьилаан компютералда ва телевизоралда жанире росизе сураталги киноленталги. Маг1арул мац1ги, адабиятги, мадиниятги ц1унизе ккелилан ах1и балел рук1инч1ого, гьелъие ишалъулаб квербакъи гьабизе заман щвеч1ищ цу1алдохъабазда миллияб адабияталъул гьуинлъи лъабизе.



АДАБИЯТАЛЪУЛ ДАРСАЗДА КУМЕКАЛЪУЛАЛ АЛАТАЛ Х1АЛТ1ИЗАРИ
Дагъистаналъул миллиял мац1азул адабиятазул 5 – 11 классазул т1ахьазда, гьенир малъулел асаразул авторазул гурони, лъугьа-бахъиназул, героязул сипат-сурат цебеч1езабулеб, художникас бахъараб цониги сурат гьеч1о. Гьединлъидал г1емерисел муг1алимзабаз, х1акъикъат гвангъун цебеч1езабизе ресал ратулел руго. Гьездасан цояб, ц1ик1к1ун пайда босулеб лъун буго инсценировка. Жалго ц1алдохъабаз ролалги х1ан, г1адатияб гуреб дарсида бихьизабизе. Гьеб ккола асаралда ч1агояб рух1лъей г1адаб иш. Гьеб дандеккола г1емерисел гьит1инал асаразе. Гьеб формаялъул т1ок1лъинги бук1уна ц1алдохъабазда тексталъул х1асил гъваридго бич1ч1и, дарсида ч1аголъи. Мисалалъе босизин «Ганч1ил вас», абураб маргьаялда т1асан г1уц1араб сценировка.


Достарыңызбен бөлісу:
1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет