Авар ва Дагъистан адабияталъул дарсазул кумекалъул алатал х1алт1изари (5-11кл.)



бет4/4
Дата12.06.2016
өлшемі314.5 Kb.
#129151
1   2   3   4

ШИГ1РИЯБ АСАР ККАНАНИ:

1.диафильм г1уц1ула;

2. х1адурлъула цадохъгоги к1и-к1иккунги рек1ехъе ц1ализе. К1удияб асар / поэма / бугониги, куплетал рикьула командаялда гьоркьоб, ц1акъго к1удияб бугониги, к1вар бугел бак1ал т1асарищула.

ХАБАРНИГИ, КЪИСАЯЛЪУЛ КЕСКАЛНИГИ РУГОНИ:

1.Гьенибги г1уц1ула жидерго диафильм. Командирас яги гьес т1амурав чияс гьел суратазе баян кьола.

2. Г1уц1ула сценкаби ва гьел х1ала къецазда.
ДРАМАЛЪУЛ АСАР БУГОНИГИ:

Цо- цо лъугьа-бахъиналъул суратал рахъула ;

х1адурлъула к1вар бугеб лъугьа-бахъин / пардав / х1азе

Жюриялъ баллаздалъун къимат кьола суратазул выставкабазе.

Суратазе, диафильмабазе баян кьураб къокъабго доклад гьабула командирас, яги гьес т1адкъарав ц1алдохъанас.

Гьелъие баллал лъола.

Семинаралъул сценариялда рекъон, щибаб церерахъиналъухъ ч1езарула хасал баллал.

Кеч1 ах1иялъул, пасих1го / х1оралда, яги цо-цоккун / ц1алиялъул къецал. Гъезиеги хасал баллал ч1езарула.

4.Щибаб командаялъ рихьизарула жидецаго1адурарал сценкаби.

5. Т1орит1ула викторинал. Гьезиеги кьола баллал. Гьелъие: коч1охъа, харбилъа, пьесаялдаса рат1аросун карточкабазда хъвала т1убараб предложение – коч1ол к1ижугьа, хабаралъул ва пьесалъул г1ахьалчаг1азул калам, суал, жаваб, яги пуланав героясе гьабураб сипат-сурат, яги гьесул рукъ-бак1асул сурат цебеч1езарулел раг1аби.

Гьел рук1ине кола, ц1алдохъан рик1к1ун, цо-цо, к1и-к1и. Гьелги

Т1ад хъван, гьарула «белтал». Столалда т1ирит1ула гьел. Муг1алимас, яги семинар бачунес иргадал щибаб командаялдаса билет босизе ва жаваб кьезе ах1ула цо-цоккун ц1алдохъаби. Билет босарас 10- 20 секундалде жаваб кьезе ккола, щив авторасул кинаб асаралдаса росарал раг1аби гьел кколеяли баян гьабун. Авторги асарги лъани – к1иго балл щола, авторасул яги асаралъул ц1ар мекъи ккани, кьола Цо балл. К1иябго лъач1они, хут1ула цониги балл щвеч1ого.

Гьедин иргадал церерахъуна киналго ц1алдохъаби. Ахир лъола командирас.

6. Гьебго формаялда т1орит1ула аслиял раг1абигун цадахъ кьурал эпитетаздалъун авторги асаралги лъаялда т1асан т1орит1улел къецал.

Г1иц1го 8-11 классазул ц1алдохъабаз т1адеги баян кьезе кола гьеб эпитеталъул к1варалъе, щай шаг1ирас гьеб х1алт1изабурабали бицине ккола, ай авторасул мурад рагьизе т1алъула. Гьединлъидал гьел къецазда кьола лъабго балл / т1асияб рахъ/ .

7. Гьебго къаг1идаялъ т1орит1ула бит1араб дополнениегун цадахъ росарал сказуемоздалъун авторги асарги лъаялъул къецал. Гьенибги т1адеги баян кьезе ккола гьеб иш хъат1улеб героязул образ рагьизе гьезул бугеб к1варалъе. Масала, велъана, гьимана, г1аг1адана, яги гъорлъанго хъунхъудана, - ян абуни, гьел раг1абазул щибалъ героясул г1амал хасияталъе къимат кьола.

8. Шиг1риял асразда т1асан семинар т1обит1улеб бугони, интересаб творческияб г1уц1изе бегьула командабазда гьоркьоб.

Цебеккун шиг1рияб калам херхине малъун бугони, бегьула щибаб команда цо-цо коч1ол куплет ургъизе т1амизе. Гьединаб х1адурлъи бук1инч1еб классалда бегьула малъарал, гьединго малъулеб бугеб коч1олъа мухъал нахъе-цере рачал, яги мухъазда жанир раг1аби, нахъецере рачун, наку бекизабурал куплетал рук1алиде къецал г1уц1изе. Гьел куплеталги

«белтазда» хъван рук1ина, щивав ц1алдохъанасе цо-цо кколеб х1исабалда. К1иябго крманда бат1а-бат1аго ч1ела, гьезул членаз цоцазе кумек гьабизеги бегьула.

Авторасул бук1ахъе, куплет рук1алиде бачаразе т1асияб балл чваххиги ц1унун, накуги рекъезабун, амма раг1абазул бак1ал хисизарун хъваразе цо баллалъ къимат г1одобе бачуна.

Куплеталъул цо мухъ рекъезабун батани, цо, к1иго батани, - к1иго, лъабго батани, - лъабго балл кьола. Цониги бит1ун батич1они, команда мах1румлъула щуго баллалдаса.

Драмиял асараздаса « белтаздаса « хъвала цо г1ахьалчияс кьураб суал, жаваб, яги цо героясул каламалдаса т1убараб предложение. Гьелги рук1ина киналго ц1алдохъабазе г1урал. Ц1алдохъабаз иргадал « белтал» росула ва 10 – 15 секундалде жаваб кьезе кола щив герояс лъидехун гьел раг1аби абулел ругеяли, кинаб пьесаялда гьел героял ругелали. Гьел раг1абаз кинав чилъун герой вихьизавулевали баянги кьезе ккола 8 – 11 классазда.

Классгун къват1исеб ц1алула т1асан т1обит1улеб семенаралде х1адурлъизе кьола т1убараб моц. Гьелъие х1адурараб сценария бук1уна адабияталъул кабинеталда. Гьелдаса щибаб командаялъ хъвала жидеда т1аде кколел ишал, рук1ине ругелали.

Бокьараб бак1алде данделъун, х1адурлъизе бегьула щибаб команда.

Амма репетициялъе бат1а-бат1аго рач1уна гьел муг1алимасухъе. Гьесдасан командабазе щвезе ккола х1ажатаб режиссёрлъиялъулаб кумек.

Хабариял асаразда т1асанги т1орит1ула интересал семинарал.

Хабариял асараздаса росула сипат-сурат гьабурал предложениял.

Лъазе ккола гьездасан щив герой гьев кколевали, кинаб асаралдаса босарабали, гьединго героязул калам / суал-жаваб / хъвала карточкабазда /

«белтазда» / . Лъида-лъида гьоркьоб гьеб гара-ч1вари кколебали, ва кинал чаг1игун раг1ул бет1ергьаби гьеб каламалъ рихьизарулелали бицине т1алъула. Гьединго командабаз цоцазе кьезе мант1икъал - «сих1ирал» суалал х1адурула ц1ализе асаразда т1асан; гаргар х1алаб бут1руздаса х1азе сценкаби х1адурула, г1уц1ула диафильм / харбилъ / къисаялда рехсарал предметаздалъун ки нал героязда гьел хъат1улелали, ай асаралда жаниб гьезул бугеб к1вар бицине ккола. Гьелги росула къецазул «белтазде». Гьединго хабариял асаразул героязул махщел-гьунар бихьизабулел алаталгун цере рахъуна цо командаялъул г1ахьалчаг1и, дандияз бицине ккола гьев героясул ц1арги, кинаб ва лъил хабаралдаса / къисаялдаса / гьев кколевалиги. Масала, иргъахъгун вехьасул формаялда цевесан арав чи. Гьединго бихьизабила пантомима / раг1и абич1ого, кверзул, берзул ва гь. ц. ишарабаздалъун цо иш, лъугьа-бахъин цояс, яги 2- 3 – гояс бихьизаби. Гьелъие баян кьезе ккола дандияз. Гьезда лъач1они, командирас бицина кинаб хабаралдаса кинаб иш гьеб кколебали; балалги гьезие жидеего хъвала.

Цо дарсида гьединаб семинар-дарс т1обит1изе бажаруларо.

Гьединлъидал клаатун къват1исеб ц1алуда т1асан семинар гьабула ахираб дарсида, ва гьеб халатбахъуна т1олабго композиция лъуг1изег1ан. Гьел къецазухъ балагьизе рачине / рач1ине / бегьула 5 – 11 классазул ц1алдохъабиги. Гьеб адабияталъул гьит1инаб байрамлъун бук1унелъул, т1обит1изеги лъик1аб буго школалъул клубалда. Цогидал классазул ц1алдохъабаз мисал босизе жо гьениб г1емер бук1уна.

Рехсараб къаг1идаялъ семинар-дарс т1обит1и нилъер муг1алимзабазе ц1ияб жолъун кола. Гьединлъидал ц1акъ к1удияб к1вар буго т1оцебесеб семинар-дарс адабияталъул, гьеб аваданго ва рек1елгъеялъул формаялда иналъул, цогидал классазул лъималазе гьеб кепаб, рак1балеб, интересаб театрлъун лъугьиналъул. Гьеб т1адег1анаб даражаялда иналда бараб бук1уна хадусеб семинар-дарсги.

Семинарал-дарсал т1орит1изе 5 абилеб классалдаго лъимал ругьун гьаруни, хадусел классазда муг1алимасул г1емераб заман эркенлъула. Цинги 8-11 классазда муг1алимасул нухмалъиялда гъоркь х1адурула семинар-дарсазул сценарий хут1анщинаб х1адурлъиялъул х1алт1аби гьарула жалго ц1алдохъабаз. Гьедилъидал байбихьуда семинар-дарсазде ц1алдохъаби х1адур гьарулаго, араб заманалда муг1алим барахщизе кколаро – «зах1мат бихьич1ого, рах1ат щоларелъул».

Жиндир х1алт1ул лъик1ал х1асилал раккизе бокьарав муг1алим заманалдеги зах1маталдаги вач1унев гьеч1олъи бихьула гьезда ратарал методикиял нухаздасан.

Рехсараб къаг1идаялъ классгун къват1исеб ц1алиялъул прпграмма т1убалеб бугони, гьелъ кьолеб к1удияб рух1ияб пайдаялъул бицинего ккеларо.

Муг1алимас щибаб семинар-дарс араб куцалъул х1асилал гьарула, лъугьинч1елги лъик1 ккаразулги номерал хисабалде росула; сценариялда х1ажатал хиса-басиял гьарула, ва хадусел соназде ц1идасан къач1араб сценариял нахъе ц1унула адабиятаялъул кабинеталда: бокьарав муг1алимас ва ц1алдохъабаз пайда босизе бук1ине .

Классалда малъулел асаразда т1асан т1рит1улел г1адатиял гурел дарсаздаги гьебго къаг1ида х1алт1изабула, амма гьениб къецазде босула 45 минуталда жаниб х1азе к1олеб материал.

Классазда т1оби1улеб семинар-дарсил сипат-сурат цебеч1езабизе, камилаб гьеч1ониги, мисалалъе рехсезин Гуни гимназиялъул аврмац1алъул муг1алиб 3 .Б ? Базаевалъ халкъияб к1алзул гьунаралъул асаразда т1асан 5 абилеб классалда рек1елгъеялъул формаялда кьураб дарсил план. Гьале гьеб: / Гьаб планалде рекъон г1уц1араб сценарий к1удияб бугилъул, дарсил гьумер бихьизабун толеб буго /.


Дарсил тема: Халкъияб к1алзул гьунар такрар гьаби.

Дарсил мурад: нилъее умумуз ирсалъе тараб, к1алзул гьунаралъул асарал лъималазда лъай. Гьезул кьуч1алда лъимал лъик1лъиялдехун ц1ай . Лъимал маргьабазулъ ругел анищал , хьулаздалъун бач1унелде божизари. Теория такрар гьаби.

Дарсил алатал : лъималаз рахъарал суратал ( маргьабазул героял ) , шарал, маргьаялъе рукъ, кроссвордал.

Доскаялда хъвай – хъваг1ай: Аралда нилъеца туманк1 реч1ч1ани,

Бач1унелъ нилъеда г1арада реч1ч1ула.

Дарсил план:

  1. Командиралъ суалал

  2. Инсценировка

  3. Бокьараб кеч1 рек1ехъе ц1ализе.

  4. Суратаздасан маргьаялде ц1ар бицин

  5. Кроссвордал.

  6. Капитаназул къец


Дарсил ин:

Класс бикьила к1иго командаялде:

Командаялде ц1арал: «Бег1ераб калам»

«Бах1арзал»

Учителасул цебераг1и:

Лъимал жакъа нилъеца рагьулеб буго к1удияб гъамас, гьаб гъамас лъимал кола г1ажаибаб. Гьаб гъамасалда жаниб буго к1удияб бечелъи нилъер хазина. Гьаб гъамас рагьизе ккани, суалазе жавабги кьун, рич1изе гьаб. Суалал: 1.Халкъияб к1алзул гьунаралъул асаралин кинал асаразде абулел.

2.Кина – кинал халкъиял к1алзул гьунаралъул асарал нужеда лъалел. Учителас рагьила гъамас.

1.Кина- кинал маргьаби нужеда лъалел?

2.Маргьабазе баян кьезе? ( к1иябго командаялъ инсценировка –маргьаби )

3.Кинаб бицен нужеда лъалеб?

4.Биценалъе баян?


  1. Суратаздасан маргьаялде ц1ар бицине.


Кроссвордал:

Г1ЕБЕДЕ:


  1. Вацаз кьурулъ тарав вас.

  2. К1ал гьеч1еб – цаби ругеб

Ч1амулеб къулч1улареб

Г1ОДОБЕ:


  1. Х1асил гьабич1о, цеберехараб бег1ераб пикру, маг1на гъваридаб гвангъараб сипат.

  2. Вехьасул т1ил.

  3. Дагъистаналде к1анц1арав, рекъав тушман.











Г1ЕБЕДЕ:

  1. «Лъабго гьунар гьабурав бах1арчи» гьеб ккола..

  2. Цо кинаб бугониги к1очонареб тарихияб лъугьа – бахъиналъул яги инсанасул бах1арчиялъул х1акъалъулъ бицунеб халкъияб к1алзул гьунаралъул асар.

Г1ОДОБЕ:

  1. Щибги кьун , Г1али вацаз кьурулъе виччарав.

  2. Х1амил цояб к1ерталде ц1ар.

  3. Сунца кумек гьабурав вацаз рехун тарав Г1алие.


КАПИТАНАЗУЛ КЪЕЦ:

Заманги ц1ан, лъималаз кьвагьизаризе ккола шарал ва х1арпазул кумекалдалъун г1уц1изе ккола маргьаялде ц1ар.

К1иябго командаялъ кьела цоцазе лъабго суал.

Дарсил х1асил гьабила.

Лъимал нилъеца жакъа къалеб буго гьаб гъамас, амма дир рак1 ч1ола нуж зама – заманалда гьенире раккилин.
А Д А Б И Я Т А Л Ъ У Л К А Б И Н Е Т

Халуцун техника цебет1олеб гьаб заманалда ц1ик1к1араб ресал руго адабияталъул дарсазда берзул ва г1инзул кумекалъуллал алатаздаса г1ат1идго пайда босизе. Гьелъие бищунго цебе х1ажулъа лъик1го хьезабураб адабияталъул кабинет. Т1адег1анаб даражалда адабияталъул дарс ин бараб батани муг1алимасул творческияб гьунаралда, гьедиг1анго к1удияб к1вар буго гьес х1алт1изарулел кумекалъулал алатазулги. Гьеб рахъалъ адабияталъул кабинеталда ч1езаризе кола г1адатиялги техникиялги кумекалъулал алатал. Гьедин хьезабураб кабинет жакъа росабазул школазда ц1акъго къанаг1атаб жо буго. Мокърукьа г1ебеде я квер, я бер щоларелъуб къадада рарал раг1ул устарзабазул сураталги теориялъул баянал хъварал стендал гурони, гьеб кабинеталда гьабин абизе жо батуларо. Советияб заманалъго рук1арал киноаппараталги пластинкабиги школаздаса т1аг1ун руго, т1аде бач1араб ц1ияб техникаги гьеч1ого, г1емерисел адабияталъул кабинеталин ц1ар лъурал рукъзал ч1орого руго.

«Адабияталъул кабинет – гьеб ккола хасгьабун г1уц1араб, жинца ц1алдохъабазулги муг1алимзабазул зах1мат г1елмияб даражаялда бачунеб, адабият малъиялъул иш г1елмияб т1алабалда т1обит1улеб марказ» - ан хъвалеб буго Л. П. Прессманица.

Г1иц1го адабият хирияв творческияв муг1алимасул зах1маталдалъун г1уц1изе бегьула гьединаб кабинет.

Адабияталъул кабинеталда жаниве ц1алдохъан лъугьуна, сипатиял асаразул ахикье г1адин.

Прессман Л. П. Кабинет литературы; Пособие для учителей – 2-е

изд. ; доп. – М. : Просвещение, 1983, с. - 4

Художествияб асаралде рокьи базаби ккола адабияталъул муг1алимасул зах1матаб, амма ц1акъго х1урматияб х1алт1и.

Ц1алдезе гъира, т1ехьалде рокьи жибго жиндасанго бижулеб жо гуро. А дабияталъул кабинеталда сипатияб раг1уде ц1алдохъанасул рух1ияб т1алаб бижизабиялде буссараб бук1ине ккола кинабго рахъ. Хадубккун ц1алдохъабаз щиб махщел т1асабищаниги, жидер рух1ияб т1алаб т1обит1изе лъик1аб т1ехь г1адаб жо бук1унаро. Т1охьоде рокьи базабизе, гьеб хисулареб рух1ияб т1алаблъун лъугьинабизе муг1алимасда к1вани, г1умруялъго рек1елъе х1асратаб кунч1и бач1уна гьезул, ц1ияб яги къанаг1атаб нек1сияб т1ехь бихьарабго, щиб кьунги, гьеб босизе ва ц1ализе гъира бахъуна.

Гьединаб тарбия кьолеб бак1лъун кабинет лъугьине ккани, гьеб камилго г1уц1изе кола. Кабинет г1уц1и абуни бигьаяб иш гуро: гьелъ г1емераб заманги, зах1матги, ях1бахъиги т1ала гьабула. Живго лъугьун, цох1о муг1алимас гьеб г1уц1улеб ва хьезабиялъ бугони, ц1алдохъабазе тарбия кьеялъул иш бортула ва г1одоб хут1ула. Гьеб абуни муг1алимас аслияб жолъун рик1к1ине ккола. Гьеб бук1ине ккола ц1алдохъабазулги муг1алимасулги цадахъаб х1алт1и. Цадахъ лъугьун кабинет г1уц1иялъ ва гьеб хьезабиялъ ц1алдохъабазе кьола лъайги лъик1аб тарбияги. Т1ахьаздалъун ва х1ажатаб къайиялдалъун кабинет хьезаби школалъул г1умруялда жаниб г1адатлъун лъугьине ккола. Гьединго адабияталъул кабинеталда х1лт1иялъ школаги ц1алдохъабазе жидерго рукълъун лъугьуна. Лъик1аб кабинет лъугьани, - гьеб ц1алдохъабазул роххел, гьезул х1алт1ул х1асил. Жидецаго г1уц1араб кабинеталдаса лъимал ч1ух1ула, гьез гьб ц1унула ва т1адеги бечед гьабула.

Кабинет хьезабизе ккола ургъун, тартибалда; берцин бихьизе, ц1аруе г1оло дарсида жиндаса пайда босулареб жо гьениб лъезе бегьуларо.

Программаялъул т1алабал камилго т1уразе рес кьолел кумекалъулал алататалги, аслияб жо, - классалдаги рокъобги ц1ализе кколел асаралги дандегьари, гьезие санаг1атаб бак1 бати творческияв муг1алимасул х1урматияб иш ккола.

Кабинет хьезаби цо иш буго, гьелдаса муг1алимасги ц1алдохъабазги г1акъилго пайда боси ва босизе лъай ккола аслиял жо. Гьеб иш берцинго инее ккани, кабинеталда данде гьабунщинаб жо бук1ине кола дурусаб тартибалда жинди-жиндир бак1алда: я муг1алимас, я ц1алдохъанас балагьизе кколареб, кьабг1ун т1адеги ун, хапун босулеб куцалда.

Кабинеталда кьолеб дарсида кинабго рахъалъ эстетикияб гьумер ц1алдохъабазе рагьизе санаг1ат бук1уна: гьениб к1ола ц1алдохъабазе рух1ияб асар гьабуледухъ, театр, кино, художниказ рахъарал суратал адабияталда цадахъ лъималазда рич1ч1улеллъун, гьез гьездаса лазат босулелъун лъугьинаризе.

Гьединго кабинеталъ рес кьола сипатиял асаразул, суратазул телевизоралъул, компьютералъул кумекалдалъун раг1ул искусство г1елмияб кьуч1алда малъизе, гьелъул законал ц1алдохъабазе баянго рагьизе, жалго жидедаго ч1ун, ц1алдохъаби х1алт1изаризе, раг1ул балъголъиялда хадур гъезаризе.

Г1акъилго х1алт1изарулел гьеч1они, техникиял кумекалъул алатаз, пайдаялъул бак1алда зарар гьабизеги бегьула: рак1гъеялъул тадбиралде буссине бегьула дарс; к1очене бегьуларо – дарсида аслияб жо сипатияб раг1и кколеблъи.

Камилго техникиял кумекалъулал алатаздасан пайда босизе муг1алимасда лъалеб бугони, адабияталъул кабинет лъугьана творческияб х1алтул лабораториялъул.

Гьедин бугеб мехалъ, кабинеталда цолъула раг1ул устарги, муг1алимги, малъулеб бугеб асаралъе суратал рахъарав художникги, артистги, ц1алдохъабиги.

Гьеб цолъиялъе муг1алимас бажарун нухмалъи бугони, х1асилалги лъик1ал ккола.

Машгьурал муг1алимзабаз ц1акъ ц1одорго дарсида х1алт1изарулел руго кумекалъулал алатал асаралъул тексталда т1ад х1алт1улелъул, гьелъул анализ камиллъизабулеб буго берзул ва г1инзул кумекалъулал алатаздаса пайда босиялъ.

Г1адатлъун лъугьун буго машгьурал раг1ул устарзабазул юбилеязде, гьезул г1умраялъул ва хъвадарухъанлъиялъул х1акъалъулъ газетазда, журналазда адабият бокьулез, раг1уд устарзабаз, критиказ макъалаби рахъулеб. Цо- цояз гьезул адабияб х1аракаталъул х1акъалъулъ т1убарал т1ахьалги хъвала. Гьезда ратула жакъа нилъгун гьеч1ул раг1ул устарзабул асаразул анализ гьабурал очеркал, макъалаби. Муг1алимаз гьезда хадуб халккола, рак1арула ва щивасе тараб папкаялда жанир лъола. Гьезул асаразда т1асан дарсал кьолелъул, г1ат1идго гьездаса пайдаги босула.

Амма г1емерисел школазда адабияталъул кабинет г1уц1иялъул, хьезабиялъул, гьелдаса пайда босиялъул рахъалъан г1езег1ан г1унгут1аби ратула.

Щиб-щибха жакъасеб адабияталъул г1адатаб кабинеталда бук1ине кколеб?


  1. Адабияталда т1асан маг1арул г1алимзабаз хъварал г1елмиял х1алт1аби (т1ахьал), ай Х1ажи Х1амзатовасул, Чакар Юсуповалъул, Сиражудин Х1айбуллаевасул ва г1емерал цогидазулги г1елмиял асарал.

  2. Ахириял соназда рахъарал, ц1алдохъабазда бич1ч1улеб куцалъ хъварал г1елмияб макъалаби газет-журналаздаса къот1ун лъурал папкаби.

  3. Т1адег1анаб даражалда адабияталъул курс бачине, чара гъеч1ого, муг1алимасе х1ажатал методикаялъул т1ахьал, словарал, бак1алъул адабияталъул ц1ех-рех гьабурал х1алт1аби, жибго школалъул х1албиялъул бицунел докладал, ц1алдохъабазул творческиял х1алт1аби: рефератал докладал, инсценировкаби, эркенаб темаялда хъварал сочиненияби, гьезулго куч1дул, харбал.

  4. Раг1ул устарзабул суратал, малъул программиял асаразда т1асан художниказ рахъарал суратал, авар адабияталъул карта, щибаб районалъул ва росдал раг1ул устарзабул, музакантазул, коч1охъабазул, художниказул бок1он.

  5. Берзулгун г1инзул кумнкалъулал алатал / компьютер, телевизор, магнитофон, радиоприемник, мультимедиалияб проектор ва гь. ц. /

  6. Адабияталъул кабинеталда аслияб бак1 ккола классалда малъулелги классгун къват1исеб ц1алиялъеги программаялда рихьизарурал асараз / т1ахьаз /. Цого т1ехь лъаб-лъабниги гьеч1ого г1оларо: хис-хисун ц1алдохъабаз ц1ализе бук1ине.

Жакъа авар адабияталъул кабинеталда рук1ине т1адаб буго, жалго учебникал, хрестоматиял малъич1ого, гьал хадур рехсарал асарал жанир ругел т1ахьал:

«Авар халкъалъул маргьаби», «халкъиял куч1дул», маг1арулазул кицабазул, абиязул, бицанк1абазул т1ахьал, Ц1адаса Х1амзатил асаразул 5 – ябго том, Инхоса Г1алих1ажиясул « Асарал», Расул Х1амзатовасул «Маша», «Лек1и», «Вера Васильевна», «Алазан», « Херал маг1арулал», « Россиялъул солдатал» , « Къункъраби», «Эбелалъ дир киндахъ …» , «Маг1арулал» ,

« Дагъистаналъул рохьал», « Маг1арул къиса « / поэма /, « Маг1арусал Ват1ан», «Эбелалде кеч1», «Батирай» / поэма /. «Авар мац1», «Милъиршаби», «Дир Дагъистан» / т1елъ /, « Инсулгун гара-ч1вари», «Васигат», «Хъулбузул х1акъалъулъ», «Гьудулзаби ц1уне», « Кеч1али щайгурин, щибаб раг1иги…», « Хочбарги ханзабиги « / поэма /, «Лъихъе рокьи бач1ана». «Руччабазул ч1инк1иллъи» / поэма /. « Улбул ц1уне» абурал асарал жанир ругел т1ахьал.

Фазу Г1алиевалъул «Рии т1адбан буго дир т1алъиялда», «Муг1рузул закон», «Ват1аналъул мах1ал», «Дир рахьдал мац1»,

«Эбелалда гьикъе», «18 абилеб их», «Кини» / хабар /, « Кьолбол мугьру «роман». Гьел асарал жанир ругел т1ахьал.

Машидат Гъайирбеговалъул «Вехьасул намус» / пьеса /,

« Эбелалъул рак1», «Эбелалъул кеч1», « Коч1олъ батана дир рух1

«абурал куч1дул ругел т1ахьал.

Ражаб Дин – Мух1амаевасул «Хиянатчи» ва «Т1улакьераб борохь» абурал къисаби.

Г1умарх1ажи Шахтаманоапсул «Халкъалъул ццин»/ поэма /,

«Кьурулъ нух щвеч1еб бис» / къиса /, «Ихдалил чапар», Рач1а, гьудулзаби», «Г1андадерил х1оро» абурал асарал жанир ругел т1ахьал.

Ч1анк1ал « Куч1дул « / т1ехь /,Мах1мудил «Асарал» / т1ехь /. Этил Г1алил, Кьохъа Мух1амадил, Инхелоса Къурбанил т1ахьал.

Муса Мух1амадовасул «Къо-мех лъик1, шагьар», «Гьит1инав гьокочи», «Инсул гьалбал», «Манарша», «Бакъдасел», «Къисас», « Бураналда гъорлъан» абурал къисаби ва романал.

Х1ажи Гъазимирзаевасул «Васасде», « Гьудуласде», « Лъалхъуге, дир барти», абурал куч1дул ругел т1ахьал.

Г1абасил Мах1амадил « Т1асарищарал асарал « / т1ехь /, Элдариласул т1ехь / «Росу берцин», « Жергъен гьартун ккана», « Сибир къот1идал», «Аваданай гьудул»/.

Мух1амад Г1абдух1алимовасул «Инсул мина», «Нилъералго рицине бегьуларо», «Госпиталалъул вас», « Цинги т1анч1иги» абурал асарал ругел т1ахьал.

Багъатарил «Дихъ ралагьун ч1а, муг1рул», « Чадил кесек», «Севералда бугеб дир милъиршо», Ц1адакьа бахчулеб дир анил бурут1 «абурал асарал ругел т1ахьал.

Мух1амад Гунашевасул» Ц1адулал соназул учитель « / поэма / .

Г1арип Расуловасул» Кант1и , « Кьог1ал конфетал» , «Къункърабазул моц1» / т1елъ / , «Хазина» харбал ругеб т1елъ.

Тажудин Таймасхановасул «Лъадал парчи», / поэма /, « К1илк1азе биун т1ураб гула «ва» Хъумуз «абурал харбал ругел т1елъал. Мух1амад Ах1мадовасул «Лирика» т1ехь.

Шиг1риял ва хабариял асараздасан «Гьудуллъи» журналалъ гьарурал антологиял. «Т1ерхьунарел ц1ваби» – антология.

Алфавиталъул тарбиялда карточкаги гьабун, ай щибаб т1охьол бак1, номер, автор, бахъараб сонги бихьизабун, гьел т1ахьал ц1унизе бегьула шкафазда жанир, хант1ан квер бегьун босизе лъалеб тартибалда; цогидал т1ахьал рук41ина школалъул библиотекаялда. Школалъул курсалъгъорлъе рачарал раг1ул устарзабазул г1умруялъул ва адабияб х1аракаталъул х1акъалъулъ хъварал т1ахбал, критикиял макъалал рахъарал газетазулги хасаб бак1он бук1ине т1адаб буго, гьелги алфавиталъул тартибалда папкабазда жанир ц1унула; папкабазда т1адги критикиял макъалабазул ц1аралги, заманги гьезул номералги, авторалги рихьихьизабураб сиях1 бук1ине ккола, бокьараб ц1алдохъанасда хехго батулеб тартибалда. Ц1алдохъабиги ругьунал рук1ине ккола, пайда босун хадуб, жидер бак1азда г ьел макъалабиги, т1ахьалги лъезе. Масала, цо пуланав раг1ул устарасул адабияб х1аракаталъул, яги г1умруялъул лъугьа – бахъиназул х1акъалъулъ доклад гьабизе т1адкъан бугони, гьесие х1ажатал баянал гьев авторасе тараб папкаялда жанир рук1ине ккола. Гьединго авразул ва Россиялъул хъвадарухъабаз нилъел раг1ул устарзабазул х1акъалъулъ хъварал т1ахьал

(г1урус ва авар мац1алда) гьезул юбилеязда гьарурал к1алъаял, журналазда ва газетазда рахъарал макъалабиги, добго тартибалда, адабияталъул кабинетазда ц1унула. Гьездасаги пайда босула муг1алимасги ц1алдохъабазги. Масала, Расул Х1амзатовас нилъерго хъвадарухъабазе кьураб къимат, гьезул т1ахьазе гьес хъварал цебераг1аби. Цогидал раг1ул устарзабаз Расулил х1акъалъулъ хъварал макъалабазул ва к1алъаязул хасал т1ахьал руго. Гьединго нилъер аралги ч1аго ругелги раг1ул устарзабазул юбилеязде «Х1акъикъаталъ» ва «Гьудуллъи» журналалъ басмаялде рахъарал рак1алдещвеязул, жеги лъаларел рук1арал г1умруялъул баяназул к1удияб к1вар бук1уна. Гьединлъидал, газетаздасаги къот1ун, гьел рак1арула киналг1аги адабияталъул муг1алимзабаз, амма гьездаса пайда босиялъулъ, ц1алдохъабазухъе щвеялъулъ г1адлу – низам гьеч1о гьабсаг1ат школазда.

Цох1о муг1алимас гуребги, гьел газетазда ва журналазда рахъарал макъалабаздаса пайда босизе ругьун гьарула ц1алдохъабиги. Гьезул доклад бук1ине ккола гьел макъалабаздаса интересал баянал, хасго т1адег1анал классазул ц1алдохъабазул х1алт1абазулъ. Ц1акъгоквар бугел бак1ал, плакатазда хъван, цере разеги, яги мультимедияб проекторалдасан рихьизаризе бегьула. Гьел плакатал х1адурула ц1алдохъанас ва, жиндирго к1алъаялде гъорлъе рачун, рихьизеги гьарула. Муг1алимасги г1амаб лекциялда газет – журналалъул макъалабаздаса г1ат1идго пайда босула. Гьездаса пайда босизе ц1алдохъабиги ругьун гьарула. Гьеб рахъ муг1алимасул х1алт1улъ х1урмат т1ок1аблъун рик1к1уна. Гьел газетазда, журналазда рахъарал материалазеги къвариг1уна бищунго мух1канаб тартиб. Гьит1инаб бук1а, к1удияб бук1а макъала мух1канаб х1асилалде босула. Щибаб макъалаялда жидерго иргадулаб номерги лъола, ва адфавиталъул тартибалда картотекаги ц1езабула:



  1. Авторасул фамилия ва ц1ар.

  2. Газетазул, журналалъул номер, къват1ибе биччараб къо – моц1, гьумер.

  3. Макъалаялъул ц1ар.

  4. Къокъаб х1асил (сундул х1акъалъулъ бицунеб бугебали).

Гьеб бук1ина катологалъул карточка. Жибго макъалаги бук1ина жиндир карточкаялъул номералда гъоркь щивав хъвадарухъанасе х1исаб гьабураб пакаялда жаниб. Картотекаги бук1ина хъвадарухъабазе тарал папкабазда аск1об. Масала, Г1умарх1ажи Шахтамановасул г1умруялда ва абадияд х1аракаталда т1асан доклад гьабизе т1адкъарав ц1алдохъанас «Ш» х1арпалда х1арпалда шаг1ирасе тараб папка балагьила, аск1обго гьесул х1акъалъулъ хъварал макъалабазе ц1ураб картотекаги батила. Х1ажатаб макъала ц1алдохъанас папкаялда жаниб хехго батула. Номералде балагьун, гьеб хехго балагьула. Пайда босун хадуб, бук1ахъе жиндирго бак1алда лъезеги к1очонаро. К1очаниги, картотека бигъуна. Ц1алдохъанасги гьеб макъалаялдаса жидиего х1ажатал пикраби росила, цинги жиндирго бак1алда лъела. Цитатал абуни, х1арп хисич1ого, малъаз жанибеги бачун, хъвала.

Гьедин гьабич1они, хъвадарухъанасул папкаялдаса ц1алдохъабазе, живго муг1алимасе пайда бук1унаро: г1емераб мех бала х1ажатаб макъала балагьулаго. Гьанже бугеб г1адин, живго муг1алимас бак1а-бахарун, ц1алдохъабазухъе докладазе х1ажатаб материал кьеялъ, гьел мах1рум гьарула г1елмиял баянал ралагьизе ругьунлъиялдаса. Муг1алимасул ц1акъго сурараб, ничаб жо ккола олимпиадаялде, яги «Бук1инеселде гали» абураб г1елмияб конференциялде ц1ализе ц1алдохъанасухъе, жинцаго хъван, доклад кьей г1адаб иш. Муг1алимасул х1алт1ул аслияб рахълъун бук1ине ккола, жалго жидедаго ч1ун, х1ажатаб материал бак1аризе ва гьелда т1асан жидерго пикру гьабизе ц1алдохъаби ругьунлъи. Гьелъие г1оло гурищ адабияталъул кабинет г1уц1улей? Гьенир х1алт1изе ц1алдохъаби ругьун гьарулел? Гьединго авар адабияталъул теориялда хурхарал г1емиял т1ахьазулги цо хасаб бок1он бук1ине ккола. Аслияб къаг1идаялъ гьенир лъезе ккола, г1урус мац1алда ругониги, Дагъистаналъул, хасго авар адабияталъул цех-рех гьабурал г1алимзабазул т1ахьал: Х1амзатил Х1ажиясул, Сиражудин Х1айбуллаевасул, Чакар Юсуповалъул, Мух1амадрасул Усаховасул ва цогидазулги т1ахьал. Авар адабият бижиялъул, цебет1еялъул, аваразул машгьурал раг1ул устарзабазул х1акъалъулъ цогидал миллатазул г1алимзабаз хъварал т1ахьалги рук1ине мустах1икъаб буго. Библиотекалъул тартибалда каталогалдасан бигьаго ратулеб куцалъ, шкафазда жанир, яги стелажазда лъун, ц1унизе ккола. Гьединаб хазина гьабсаг1ат маг1арул районазул школазде данде гьабун гьеч1о. Цо – цо ц1алдохъанас цо-цо т1ехь бачананиги, чанго соналда саламатаб библиотека лъугьуна кабинеталда. А.В.Сухомлинскияс абухъе, «Т1ахьалги муг1алимги вугони, гьеб жо школа ккола» - ян. Гьанже къиматал «Рак1алдещвеял» рахъулел руго нилъер «Х1акъикъат» газеталъ ахиралде арал раг1ул устарзабазул х1акъалъулъ. Рак1алде щвеял гурелги, машгьурал раг1ул устарзабазул х1акъалъулъ къисабиги романалги хъвалел руго. Масала; Мах1мудилги Ч1анк1алги х1акъалъулъ « Кьурулъ нух гьеч1еб бис» абураб къиса хъван Г1умарх1ажи Шахтомановас. Г1умарх1ажил х1акъалъулъ Г1абдулва Дагановас хъвараб «Шаг1ир Шахтаманов» абураб къиса бахъана «Х1акъикъаталда». Гьединал т1ахьалги ц1алун, 8-11 абилеб классазул ц1алдохъабаз классалда г1елмиял докладал хъвалел руго. Гьединаб х1урматияб х1алт1уде муг1алимас к1вар кьуни, зах1мат г1адада холаро. Х1акъикъиял г1адамазул х1акъалъулъ художествияб асар хъвала документалиял материалазул ва х1акъикъиял лъугь-бахъиназул кьуч1алда. Киг1анги интерес бук1инарищ ц1алдохъабазе жегиги балъголъилъун рук1арал, раг1ул устарасул г1умруялда карал лъугь-бахъинал, х1ужаби авторас рагьун ратиялъул, х1акъикъиял х1ужжаби рихьизарун ругеб куцалъул, ай гьеб х1ужаялда т1ад авторас рет1араб рат1лил х1акъалъулъ интересаб бах1с г1уц1ула.



  1. Раг1ул устарасул г1умруялдаса кинал ц1иял х1ужаби, лъугь-бахъинал нужеда лъарал?

  2. Гьаб къисаялда шаг1ирасул кинал г1амалал-хасиятал рагьун ругел?

  3. Хъвадарухъанасул г1умруялда кковухъе, кинал лъугь-бахъинал авторас рихьизарун ругел, кинал х1ужаби хисасверизарун, яги лъугьараб бак1 хисизабун кьун ругел?

  4. Хъвадарухъанасул асаразулъ герояллъун щал-щал рихьизарун ругел гьесул г1агарлъиялда, гьудулзабазда, лъалел-хъвалезда гьоркьоса?

  5. Ц1арал хисизарун кьурал щал-щал колел?

  6. Лъугьа-базхъиналда гъорлъ жидерго авторасул г1ахьаллъи кин бихьизабун бугеб?

  7. Ц1арги хисун, аслияв геройлъун живго раг1ул устар вихьизавураб асар бугищ гьесул?

Гьединал суалазда сверухъ бах1с г1уц1изе бегьула, хъвадарухъанасул х1акъалъулъ хъвараб т1ехь ц1алун хадуб. Раг1ул устарасул г1умруялда карал, жеги лъалел рук1инч1ел лъугьа-бахъинал, ц1ех-рехъалъул х1асилалда, т1атине гьари ва гьел докладалда гъорлъе рачин ккола ц1алдохъанасул г1елмияб байбихьилъун.

Жалго жидедаго ч1ун, лъай босизе лъимал ругьун гьариялъул пайдаялъул бицине ккеларо: гьеб бугелъул муг1алимасул аслияб борч. К1удияб к1вар буго, ц1алдохъабазе т1адкъай кьолелъул, жинда т1асан доклад хъвазе кколеб асаралъул ва гьелъул авторасул х1акъалъулъ хъварал макъалаби ругеб бак1 бихьизабиялъул. Муг1алимасул нухмалъиялда гъорлъ, жалго лъималаз мух1канаб каталог г1уц1ани, гьезда х1ажатаб материал бугеб бак1 бихьизабизе кколаро. Гьениб к1вар кьезе ккараб бак1алъул бицани, гьеб ккола докладал, ц1ех-рехалъул иш ц1алдохъабазда т1адкъалеб бугони, т1ехьалда ругел гурелги, т1адеги баянал ралагьизе, кабинеталда бугеб картотексталдаса пайда босизе кколеблъи мух1канго бич1ч1изаби. Цинги жидерго ц1ех-рехалъул х1асилал клссалда гьалмагъзабазе бицине т1адаб бук1ин.

Г1адатаб кумекалъулаб берзул алатлъун лъугьун руго художниказ рахъарал раг1ул устарзабазул, гьезул гьудул-гьалмагъзабазул, гьединго гьезул асаразул героязул суратал. Гьел х1ажалъула раг1ул устарзабазул г1умруялъул, аск1осел г1адамазул, хасго асаралъе кьоч1ое росарал х1акъикъиял г1адамазул бицунеб мехалъ. Дарсида росарал суратал ц1алдохъабазда рихьизарун теч1ого, гьел «ц1ализе» ккола, ай художествияб асар х1исабалда, суратчияс кина – кинал рахъал загьир гьарун ругелали (сабру, г1одове вмччай, г1арч1ихин, х1инкъи, х1айранлъи, г1акъиллъи, г1антлъи, къамарт1лъи, хашлъи ва гь. ц.) загьир гьаризе кинал кьераздаса, кинал хассаздаса (деталазлдаса) пайда босун бугебали баян гьабизе ккола. Г1емераб жо бицуна героясул сверухълъиялъги (т1аг1ел, алат, рукъ – бак1, рет1ел – кун, гьудул гьалмагълъи). Гьединлъидал, мокърукьцун, кабинетазул къеда рарал суратаз ц1алдохъабазе щибго асар гьабуларо. Ц1алдохъабаз гьел тола кабинет берцинлъизе, гьеб бат1абахъизе лъазе рарал жал ругилан, жалго муг1алимзабиги гьелда разилъун ч1ола. Цониги муг1алимас, къедасаги бахъун, раг1ул устарасул сурат «ц1алуларо». Бугони бук1ине бегьула доскаялда т1адехун бараб цо-к1иго ц1акъго машгьурав классикалъул сурат.

Пайдаяблъун буго кабинеталда к1удиял жилдазда жанир хъвадарухъабазул хасаб картотека г1уц1и. жилдазда т1ад тартибалда иргадулаб номералда рук1ина сураталги гьезул авторазул ц1арал, жанир гьебго низамалда сураталги лъела. Жилдазулги жидерго номерал рук1ина, х1ажатаб сурат, квер бегьун, босулеб къаг1идаялда. Расул Х1амзатов гьавуралдаса 85 сон т1убаялде гьесул ц1аралда бугеб библиотекаялда

( Мах1ачхъала) к1удияб выставка г1уц1ун бук1ана к1удияв шаг1ирасул г1умру, г1агарлъи, аск1осел чаг1и, дунялалдаго машгьурал жамг1иял х1аракатчаг1азулгун рук1арал дандч1ваял рихьизарурал суратазул. Берзул копия бахъун, альбом гьабуни, киг1ан къимат материалха муг1алимасда кодоб бук1инеб?!

Муг1алимзабаз гьединал суратал рак1арулел руго газетаздаса, журналаздаса, амма, гьел папкабазда жанир сок1к1ин гурони, цо ккураб г1адлу- низамалде рачун гьеч1о.

Раг1ул устарасул г1умруялъул, жамг1ияб ва адабияталъул х1аракаталъул х1акъалъулъ бицунелъул, гьел суратазул кумекалдалъун х1акъикъат гвангъун цебеч1езабизе рес кьола. Амма живго муг1алим вук1ине т1адаб буго гьединал берзул кумекалъулал алатал « ц1ализе» лъалев ва гьезул тарих лъалевлъун. 2008 соналда бахъараб к1удияб « Х1акъикъаталда буго Ц1адаса Х1амзатил эбелалъул эмен Алихчил сурат. Гьесул ц1ар лъурав вук1ана Х1амзатил к1иабилев вас Ахилчи. Гьединал къанаг1атал суратазулги гьезул тарихалъулги х1акъикъат лъалеб бугони, Ц1адаса Х1амзатил г1умруялъул х1акъалъулъ г1ат1идго бицине рес щвеларищха? Ц1алдохъабазеги к1удияб интерес бук1инарищ?

Художниказ рахъарал хъвадарухъабазул суратазда пайда босула гьезул г1умруялъул ва адабияб х1аракаталъул бицунел дарсазда. Кин, кида пайда босилеб малъулеб асаразда т1асан рахъарал гьезул героязул ва гьенир колел лъугьа-бахъиназул суратаздаса:

1.цо-цо суратаз рес кьола, асар малъизе байбихьулаго, гьоркьобак1 рекъезабизе, лъун ай лъугьа-бахъин кколеб бак1, заман, ах1вал-х1ал бихьизабизе. Гьез мух1кан гьабула муг1алимасул лекция.

2. Цогидаз кумек гьабула, асаралъул анализ гьабун хадуб, авторас раг1абаздалъун, художниказ релъабаздалъун рахъарал суратал, г1уц1арал образал данде кколищали, текст ц1алулаго, ц1алдохъабазда цебеч1араб образалъул релълъен-хъвай бугищали баян гьабизе.

3. Ахирал (г1амлъиялъул) дарсазда суратаз рес кьола (диафильмаялъ г1адин, лъугьа-бахъиназул тартиб ч1езабизе, героязул г1акълуялъулъ, г1амал-хасияталъулъ карал хиса-басиял рич1ч1изе ва гьезие г1елмияб баян кьезе.

4.Суратал ц1акъго х1ажатал рук1уна адабияб асаралъул баян кьовул ц1алигьабулеб бугони. Авар адабияталъул хрестоматиязда лъурал асаразде рахъарал суратал рук1унарелъул, г1емерисел муг1алимзабаз лъугьа-бахъиназда т1асан диафильм г1уц1изе т1адкъала ц1алдохъабазда.

5.Гьанже творческиял муг1алимаз, рокъобе х1алт1и х1исабалда, ц1алдохъабазе т1адкъай кьола ц1алареб, малъараб асаралда т1асан суратал рахъизе.Масала, 5 абилеб классалда малъулеб Г1абдумажид Хачаловасул «Шахмалаз» абураб маргьаязул героязе- Таргъуялъул Шамхаласе, гьумекдерил ханасеги, хундерил Нуцаласеги рессарал халичабазе суратал рахъизе. Ц1алдохъабаз гьеб т1адкъай гъираялда т1убала. Лъималаз рач1уна лъабго халичаялъул лъабго т1анч1ида рахъарал суратал. Цоялда- х1улх1улараб х1елекоги гьелда цере рарал дагьалго мугьалги; цогиялда-саргъас г1ан к1удияб пахьул капекги бакьулъ бугеб, анц1го маххул рахсица бухьараб, анц1го к1улал рараб, анц1го хъаравулас ц1унараб халичаги, гьелъие, наку ч1ван, как балев Шамхалги. Лъабабилеб халича- лъедераб хъах1аб гьин. Дарсида лъималазул махщалиде къимат кьола. Г1исинал художниказ бицуна щибаб халичаялъ щиб бихьизабизе Шахламазие бокьун бук1арабали. Лъик1 ккарал т1асарищула ва х1асилалъул дарсида рихьизарула. Цинги кабинеталда ц1унула, берзул кумекалъул алат х1исабалда-викториназда пайда босизе, араб материал такрар гьабулеб г1амлъиялъул дарсида х1алт1изаризе. Цинги т1асияб соналъ ц1иял ц1алдохъабазда гьеб маргьа малъулелъул, цере росизе. Суратаздалъун г1уц1арал диафильмабазда цадахъ гьелги кабинеталъул бечелъилъун лъугьуна. Гьел суратал ва диофильмаби ц1унула школазда малъулел асаразе тарал жилдазда жанир.
Магнитафоналдаса пайда боси.

1. Дарсил планалда мух1канго бихьизабула щиб лах1заталда, чан минуталъ магнитафоналъухъ лъимал г1енеккизе ругелали, муг1алимасул кинаб баяналдаса хадуб гьеб биччазе бугебали.

2.Цебеккунго халгьабила гьелда хъвараб жо камилаб бугищали, жибго магнитафон разияб х1алалда х1алт1улеб бугищали. Берцинго х1алт1улеб гьеч1они, гьелъ дарс хвезабиялъул х1инкъи бук1ана.

3.Макъратисалъул чалуялда хъван бук1ине ккола малъулеб темаялда хурхен бугеб раг1ул устарасул гьаракь, машгьурал артистаз ц1алулеб, ах1улеб, х1алеб асаралъул мисалияб кесек.

4. Артистаз махражалда ц1алулеб программияб асаралъухъ г1енекки, т1охьода т1адеги ралагьун, жанисаго гьесда т1адрекъезабун ц1али.

5. Лъималазул ц1али чалуялда хъван, гьелъухъ г1енеккизе ва къимат кьезе жалго т1ами.



Муг1алимас жиндирго ц1али, т1убанго жиндирго дарсил ин чалуялда хъван, цинги кин ккун бугищали жиндихъго г1енекки.

Пайда босараб адабият

  1. Каменский Я.А. Изб.пед, соч., Учпедгиз, 1955, с.302-308

  2. Ушинский К.Д. Соб. Соч.,т.6., Изд АРН РСФСР, с.266.

  3. Акимов Курбан. Диссертация. Развитие устной речи учащихся дагестанской начальной школы с применением ТСО., с.123-124.

  4. Щерба Л.В. фонетика французского языка, М.,1957, с.13.

  5. Микаилов Ш.И. Авар мац1алъул бит1унхъвай. Газета «Маг1арул большевик», 1957 сон.

  6. Прессман Л.П. Кабинет литературы., Пособие для учителей 2-е доп. Изд.-М., Просвещение, 1983, с. 4

Т1ехьалда руго

  1. Цебераг1и с.1-4

  2. ТСО-берзул ва г1инзул кумекалъулал техникиял алатал ва гьел х1алт1изарулеб куц с. 5-54

  3. Адабияталъул дарсазда кумекалъул алатаздаса пайда босиялъул методика 55-63

  4. Семинар-дарсал т1орит1улеб къаг1ида с. 64-79

  5. Адабияталъул кабинет с.80-95

  6. Пайда босараб г1емияб адабият с. 96





Достарыңызбен бөлісу:
1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет