Авар ва Дагъистан адабияталъул дарсазул кумекалъул алатал х1алт1изари (5-11кл.)



бет3/4
Дата12.06.2016
өлшемі314.5 Kb.
#129151
1   2   3   4

Г1АХЬАЛЛЪУЛА:

  1. .Автор.

  2. .Рекъав Тимур.

  3. .Ункъго рахъалде рит1арал караваназул бут1ул.

  4. .Г1убайдула – караваназул бут1рузул цояв.

  5. .Гьит1инав вехь.

АВТОР: - Рекъав Тимур, свакараб, къечалъ тату хвараб, рик1к1ен г1емераб жиндирго аскарги бачун, Дагъистаналде вач1ана. Каспий ралъдал раг1алккун вач1унев гьес рещт1ен гьабуна сверухъ цониги ицц, лъар, г1ор, х1ор гьеч1еб байданалда. Гьесул бо къечон бук1ана. Гьелъие гьекъезе лъим босизе гьес ункъабго рахъалде рит1ана к1уди – к1удиял караванал. Лъимги щвеч1ого, гьел т1адруссун рач1анила. Тимурил ццин бахъанила .

ТИМУР: - Караваналъул бут1рул дихъе ах1ея!

(г1одереги къулун, гьесда цереч1ана караваназул бут1рул)



ТИМУР: - Нуж кире щварал? Щиб бихьараб? Щай, лъимги босич1ого рач1арал ?!

ЛЪАБАВГО БЕТ1ЕР:- (цадахъ) Бет1ер ч1ахъав нижер хан, Дагъистаналъул нухал зах1матал ва х1инкъи ц1ик1к1арал руго. Гьаниса киналго г1адамал муг1рузде ун руго.

Г1УБАЙДУЛА:- (цевег1анги къан)

Ва дир к1удияв х1аким, гьадаб цо маг1арда ватана 10 – го чахъугун гьит1инав вехь.


Дун гьесда т1аделъана бищун г1агарда бугеб ицц бихьизабеян .



ТИМУР: - Дуда лъарабищха ицц бугеб бак1?

Г1УБАЙДУЛА: - Лъач1о.

ТИМУР: (хъач1го) Щай лъач1еб?

Г1УБАЙДУЛА: - (х1елун) Гьес абуна бет1ер ч1ахъад: «Ракь г1адин , лъимги гьелъул бет1ерзабазе ххирияб бугилан. Ракь тушманасе кьезе бокьун гьеч1о» - ян. Нижеца лъимги кьеларо» - ян.

ТИМУР: (цидалъ) Кив вугев гьев вас?!

Г1УБАЙДУЛА: _ Гьагъаб чодронив вуго.

ТИМУР: - Вехь дихъе ваче!

АВТОР: - Керчаб буртина рет1арав , гъалараб к1удияб т1агъур лъурав, кодоб иргъахъ ккурав гьит1инав вехь вачун Тимурида цеве ч1езавула.

ТИМУР: - Лъида цеве эхетун вугевали лъалищ дуда?

ВЕХЬ: - (сабурго) Лъала.

ТИМУР: - Гьедин батани, дуца бихьизабе лъим босулеб ицц дир рагъухъабазе гьекьезе лъим къвариг1ун буго.

ВЕХЬ: - Дур боялъе гьекъезе лъим босизег1анасеб гьеч1о гьеб ицц, гьит1инаб буго.

ТИМУР: - огь, дида бихьилеб буго гьеб ицц бихьизабизе дуе бокьун гьеч1еблъи! (вехьасда аск1овег1ан вач1ун) Дица бицинабила дуда гьеб!

ВЕХЬ:- (гъажалдаса буртинаги г1одобе реххулаго) Гьеб бицеян гьанжелъаг1анги г1азаб кьуна.

АВТОР: - Тимурида ва сверухъ ругезда бихьана васасул гужгад т1ут1ун бан, мугъ хъах1илал г1ужаз ц1ун бук1ин.

Г1УБАЙДУЛА: - Дие бокьун бук1ана гьес ицц бугеб бак1 бихьизабизе, амма гьев вехь гамач1 г1адав жо вуго.

ТИМУР: - (рак1 регьун) Гамач1г1адавищ?! Жея гьесул кверал кьурея! Бицинч1они, ц1алаца вухе, т1ут1ун вай!

АВТОР: - Вехьас, г1одове виччан, буртина рет1уна. Тимурил нукарзаби гьесул амру т1убазе рортула. Амма гьел аск1оре щвелалде, киназулго беразда цеве гьит1инав вехь ганч1иде сверула.

ТИМУР: - Дур бит1араб буго, Г1ибайдула, - х1акъикъаталги гьав гамач1 вук1ун вуго.

АВТОР: -Т1ок1алъ лъалхъич1ого, жиндирго боги бачун, Тимур Эльбрусалъул рахъалде валагьун, Дагъистаналдаса уна. Авлахъалда хут1ула вехьасда релълъараб гамач1.

Дарсида бихьизабизе санаг1ат ккеч1они, ц1алдохъабаз гьаб сценка х1азе бегьула адабияталъул сордоялъги халкъиял асаразда т1асан г1амлъиялъул дарс т1обит1улагоги.

Инсценировка хадубго цун, муг1алимзабаз, бицун щиб ?, хъван щиб?, малъулеб асаралъул санаг1аталъухъ балагьун, диафильмаби г1уц1ула. Лъугьа – бахъин тартибалда цебеч1езабула, гьелъги к1удияб кумек гьабула. Гьедин «лъалабго гьунар гьабурав бах1арчи» абураб маргьа малъулелъул, муг1алимас, анализалдаса хадуб, ц1алдохъаби г1ахьаллъун, г1уц1изе бегьула гьаб асаралда т1асан диафильм. Цин бицун, хадуб рокъоб суратал рахъизе т1адкъан. Цинги лъик1 ккарал суратал т1асарищун , кабинеталда ц1унула. Хадуб гьелдаса пайда босила къокъго х1асил бицине т1амулелъулги (гьеб бук1ина к1алзул изложение), г1амлъиялъул дарс т1обит1улагоги. Бук1ине лъик1аб буго гьадинал суратал – кадраби:

1 Ханасул азбаралда гьесул къаданиб ч1вараб меседил зани ч1ик1улеб квас меседил куй.

2 Лълъукъараб куй рахьдал х1ориниса рахь гьекъолеб.


  1. Гьит1инав вацас ч1вараб гьадабго куй г1уруца унеб.

4 К1к1отарав к1удияв вац вахъинавулеб лах1зат.

5 Бат1ияб улкаялъул ханасул вас хабалъе ц1алей йик1арай яс лъутулелъул, гьелъул калош бахъи.



  1. Вас хвасар гьавуралъухъ ханас кьолеб бук1араб ханлъиялдасаги ханасул ясалдасаги инкар гьабулеб лах1зат.

  2. Цойги улка – ракьалда лъел ц1олей иццухъ ятарай ганщил т1ом т1ад ххурай г1адан яти, ва гьелъ т1омол «гурде» рет1иялъе г1илла бицин.

  3. Гамидаги рек1инавун, ханас бах1арчи Аштарханалде т1овит1и.

  4. Гама ралъдалъе ц1алей ясалъул меседил гъал бах1арчияс т1олеб лах1зат.

1. Ханасул азбаралда гьесул къаданиб ч1вараб меседил зани ч1ик1улеб квас меседил куй.

2. Лълъукъараб куй рахьдал х1ориниса рахь гьекъолеб.

3. Гьт1инав вацас ч1вараб гьадабго куй г1уруца унеб.

4. К1к1от1орав к1удияв вац вахъинавулеб лах1зат.

5. Бат1ияб улкаялъул ханасул вас хабалъе ц1алей йик1арай яс лъутулелъул, гьелъул калош бахъи.

6. Вас хвасар гьавуралъухъ ханас кьолеб бук1араб ханлъиялда саги ханасул ясалдасаги инкар гьабулеб лах1зат.

7. Цойги улка-ракьалда лъел ц1олей иццухъ ятарай ганщил т1ом т1ад ххурай г1адан яти, ва гьелъ т1омол «гурде» рет1иялъе г1илла бицин.

8. Гамидаги рек1инавун, ханас бах1арчи Аштарханалде т1овит1и.

10.Ххамил ц1ураб гама ханасда кодобе кьолеб мех

12. Бец1аб рохьоб бугеб хъала гьелда цебе ахикьан чваххулеб щербеталъул, гьац1ул, рахьдал лъарал. Макказул ц1аказулъ лъабго гьайбатай яс гьенир рещт1унеб лах1зат.

Бицунлъиялда г1уц1аниги суратал рахъаниги, гьеб диафильмаялда рекъон, къокъгоги г1ат1идгоги тартибалда маргьаялъул х1асил бицине ц1алдохъабазухъа г1емерго лъик1 бажарула. Маргьаялъул анализалъеги гьелъ к1удияб кумек гьабула щибаб лъугьа-бахъин мух1канго цебеч1езабизе. Гьенир льугьенел г1ажаибал ишал рехсола. Цинги х1асилги гьабула гьеб кколин г1ажаибал маргьабазул цоябилан. Ханзабаз кьолел улка-ракьалги, гьезул гьайбатал ясалги тун, бах1арчи инсул ват1аналде т1адвуссиналъе г1илла ц1ехани, лъималаз маргьаялъул аслияб пикруги рагьула.» Х1амаги Бац1ги» абураб маргьа ц1алун хадуб, анализ гьабулелъул, муг1алимас гьикъула: Х1амаги Бац1ги г1адамазул мац1алъ гаргадулищ? – ан. Гаргадуларин абиларищха лъималаз.

- Щайха халкъиял гьел т1амулел?

-Бац1илги Х1амалги ц1окоялда гъорлъ кина-кинал г1адамал рихьизарун ругел ? \ Рух1бахъун х1алт1улел, маг1ишат гьабулел – Х1ама, хъант1арал чияр гъин кваналел ккола Бац1.

Гьелдаса хадуб, ролазде бикьун, пасих1го ц1али т1обит1ани, вах1щияб Бац1илги х1инкъараб Х1амилги гьаракь-бакъан рекъезабун, ц1ализе ругьун гьаруни, гьеб ч1ола лъик1аб анализалъул бак1алда. Амма гьит1инабго сценка х1адуранани, гьелъул жеги ц1ик1к1араб пайда бук1уна.

5 абилеб классалъул ц1алдохъабаз гъираялда х1ала жидерго ролал. Бац1илги Х1амилги маскаби рук1ина «артистазул» бут1рузда.

1.Цевехъан.

2.Бац1.

3.Х1ама.


ЦЕВЕХЪАН: - Цо нухалъ лъарахъ лъим гьекъолеб бук1аго, Х1амида чинхъи раг1ула. Бет1ер борхун балахьидал: бугилаха Бац1 бач1унеб. Берал ч1варкьанила, т1урт1удилаго Бац1ихъ балагьанила.

БАЦ1: - / хъач1аб гьаракьалъ / Мун гьаб бак1алда щиб гьабулеб бугеб?!

Х1АМА: - / х1елун / Дун гьаниб щибаб къоялъ бук1уна. Хважаинас кидаго кваназе гьанибе гъола.

БАЦ1: - / т1аде-т1аде къалаго / Кидагояли гьаниб церекъад дица ч1вараб Х1маги бук1ун буго. Гьанже гурони, дида гьанир Х1амул рук1унеблъи лъач1ого.

ЦЕВЕХЪАН: - Рух1 щокъробе щвараблъи бич1ч1ун, Х1мица Бац1ие бат1ияб бакъан бачуна.

Х1АМА: - / ц1акъго х1елун / Гьай пакъир Бац1, бакъун батила мун. Х1алт1уца чурхъараб, ччох1оца хвараб, баккизе би гуреб, ч1урх1араб къехь г1адаб дир гьод хъарсунилан, мун г1орц1иларо. Хераб гвадаралдаса дуе гьан гьуинал, рахь рек1арал к1уртулго лъик1. Дир рокъор ругел к1уртул кванай. Дир ункъо к1ерт буго. Эзул цоялда ц1ар Г1ЕБСА, цогиялда ХАЛАСА, лъабабилел – ЛЪАРАБ, ункъабилелда ЛЪАЧ1ЕБ буго. /Къаси бач1а, къанккун дуего бокьараб кьела.

БАЦ1: - Х1АМА ва Х1АМА!

ЦЕВЕХЪАН: - Х1амица жаваб кьоларо.

БАЦ1: - «Г1ебса»

Х1АМА: - Г1ебса х1ос бан буго .

БАЦ!: - «Халаса»!

Х1АМА: - «Халаса къоно т1амун буго.

БАЦ1: - «Лълъараб»!.

Х1АМА : - Лъабабани, лъарахъго ч1валаан дуца дун.

БАЦ!: - «Лъач1елъул гурищха, рокъобеги борч1ун, Х1ама паракъат бугеб.



ЦЕВЕХЪАН: Ццин бахъараб, гьабизе т1аг1араб Бац1 нуц1а бекизе лъугьуна. Х1ама гьаг1дола. Гьалъул гьаркьихъе вахъун вач1арав хважаинас Бац1ги гьородахъ босизабула.

«Кьурулъ хут1арав Г1али» абураб халкъияб коч1ол анализ гьаун хадуб, лъик1аб буго бицунлъиялда гьелда т1асан диафильм г1уц1изе. Тартибалда лъугьине ккола гьадинал суратал.

1.Бакьулъаги вухьун, Г1али вацаз кьурулъе виччалеб лах1зат.

2.Кьурулъ Г1алиги т1ад свердолеб Нухъаги.

3. Г1алил минаялда т1ад свердолеб нухъаги рагъидасан гьелъухъ ялагьарай Г1алил эбелги.

4. Эбелалъ къурт1асан Г1алихъе чакарул таргьаги ч1аг1дал хъабаги реххулеб сурат.

5. Г1алил г1и жидедаго гьоркьоб бикьулел вацалги гьезда цебе Г1алил рукьбузул ц1ураб таргьа реххулей эбелги. Хадуб гьеб щуябго сурат бахъизе рокъобе т1адкъай кьезе бегъула. Лъик1 ккарал т1асарищун, гьел кабинеталда ц1унани, рес бук1уна викториназда, г1амлъиялъул дарсазда, адабиталъуялъул сардазда гьездаса пайда босизе алат х1исабалда.

Ц!адаса Х!амзатил «Гъалбац1ги Г1анк1ги» абураб маргьа-асня малъулелъул, пайда босизе бегьула авар ва г1урус мац1азда лъималазе риччарал т1ахьазе художниказ рахъарал суратаздаса. Гьел т1ахьал росдал яги школалъул библиотеказда, яги живго муг1алимзабазул рокъор ц1унун ратании, гьез дарсие лъик1абго ч1аголъи кьелаан. Гьезда рахъарал суратазда х1айваназул бут1рул гъурал, маг1арул рет1ел рет1арал героял руго. Гьез кумек гьабула «Пилги Ц1унц1раги», «Гъалбац1ги Г1анк1ги» басняби рук1ин ц1алдохъабазда бич1ч1изабизе.

Г1абасил Мах1амадил «Ч1ибирикъ» абураб маргьа малъулелъул, лъик1аб бук1инаан пачалихъалъул амруялдалъун ва суратаздалъун авар мац1алда мультфильм бахъани, гьеб школазде щвезабуни.

Амма гьеб даражаялде Дагъистаналъул т1алъи бахун гьеч1елъул, мультвильм бахъиялъул иш жалго ц1алдохъабазе т1амун тани гурони, нилъер рес гьеч1о. Гьеденлъидал ц1алдохъабазе т1адкъай кьола « Ч1ибирикъил « 5 абилеб бет1ер ц1ализе ва гьениса:

«Ч1ибирикъ ун, ургъел ккарай

Бика, квер ккун, ячун йиго;

Данде к1анц1ун, к1ертги бач1ун,

Рек1ун т1адгун, т1урун руго» - ян

абурал раг1абазда рекъон, сурат бахъун босизе. Кагътида бахъулеб альбомалъул т1анчида.
Муг1алимас лъик1аб х1адурлъигун, макърат1исалъул чалуялда хъвала жинцаго ц1алулеб Ц1адаса Х1амзатил «Г1акдал кеч1 « . Цинги пасих1го гьеб ц1ализе кколеб куц ц1алдохъан бихьизабила. Гьезда гьелъул х1асил бич1ч1ун хадуб, магнитафонги биччан, гьелда т1адрекъон, ц1ализе т1амила, разияб х1ал ккезег1ан. Т1оцебесеб дарсил ахиралда рокъобе кьела коч1ол роцен ч1езабизеги т1оцебесеб 10 – го куплет къиматалъе пасих1го ц1ализе х1адурлъизе. К1иабилеб дарсида т1адкъала гьел куплетал рек1ехъе лъазаризеги, коч1ол маг1наялда рекъон, ц1игьелдерил г1елас г1ака ч1вараб куцалъул сурат бахъизе.

Адал Шараповасул фонохрестоматиялда / гьеб школазде щун буго / гьелда руго Х1амзатилги асарал.Дарсил санаг1атаб заманалъ г1енеккизе бегьула гьезухъги.

«Дир г1умру» абураб Абут1алиб хабар малъилалде, гьунар бугел ц1алдохъабазда т1адкъан, яги жинцаго диафильм г1уц1ани, хабар ц1алулеб, яги бицунеб мехалда, мультимедияб проекторалъ экраналда бихьизабуни, лъималазе к1удияб интерес бук1ина. Тартибалда гьенир рук1ине бегьула гьадинал суратал-кадраби.
Абут1алибил лъимерлъи.

1.Микьго лъимерги эбел-эменги ч1араб батракасул хъизаналъул сурат.

2.Васасул гъоркьа х1ат1идаса, рук1к1еналъ рик1ун, зазал рахъулей эбел.

3.Росдал бачазда вехьлъун вугев вас.

4. Хъап г1адаб чехьалъул, чарлъулеб мегежалъул, баг1арал г1анабазул пахьукъебед Чалабие вас Абут1алиб «вичулев» Г1абдукъапур.

5. Абут1алиб / вас / кьурса гъоркье вортун унаго, къайи- ц1а т1ад къараб чол ч1олорхъоги гарбида жемун, гъеги хадуб ц1ан унаго, гьац1уллъарав вас, х1ет1еги тарун, кьурса гъоркье вортун унаго, чоца ч1олорхъо турк1ун, нухде вахъулеб лах1зат, цере-цере, цояв чот1а, лъабгояв лъелго унел устарзаби.

6. Перелодул г1ер ц1влев Абут1алиб къебеллъухъ.

7. Ч1арбида гурунккун кьижарав васасда Чалабица бух1араб х1ара х1унсулеб лах1зат.

8. Лъик1го г1олохъанлъарав Абут1алиб – г1иявехь муц1идал лъалаби пулев.
«Х1алт1ухъанасул г1умру» абураб Г1азиз Иманагьаевасул кеч1 малъилалде, лъик1араб бук1инаан, жидецаго ц1алдохъабаз гьеб асарги ц1алун,гъизляралъул базаркъот1ноб, къаданир кирпичалги лъун, хъубчузулъ гурунккун, кьидарал х1алт1ухъабазул сурат бахъун, гьеб школалде босун бач1ани. Коч1ол анализ гьабулелъул гьелдаса пайда босизе.

Гьеблъиялда муг1алимзабаз ресал ратулел руго киналго классазда адабияталъул дарсал берзул ва г1инзул алатаздалъун хьезаризе. Гьез г1емер х1алт1изарулел руго:

1.Гаргар х1алал асаразул инсценаровкакаби гьари. Такрарлъиялъулгин г1амлъиялъул дарсазда, ц1алдохъабаз ролалги х1ан, рихьизари.

Къокъал асарал / басняби / дарсидаго, адабияталъул сардазда клубазда х1ай.

Бицун / г1емерисел / суратал рахъун / къанаг1атаб / диафильмаби г1уц1и. Гьелъ рес кьолеб буго асаралда кколел лъугьа-бахъинал якъинго, гвангъун цереч1езаризе, гьел суратазда рекъон, х1асил бицине ругьун гьаризе, гьединго изложениялъул планлъун тезе. Т1олго асаралъул аслияб пикру-маг1на загьир гьабулеб цох1ого цо сурат бугониги, г1амлъиялъул дарсазда гьелъулги г1езег1ан кумек бук1уна: дарсида лъик1аб ч1аголъи лъугьинабула, дарсил заман т1ок1лъизабула. Масала, вацаз кьурулъе виччалев Г1алил, яги вехьасул формаялда авлахъалда эхетарав ганч1ил васасул суратаз, гьединго ч1алдеги бахун, рач1 ги хъорщода гьоркьобе ккун, кара биххараб маймалак.

Цо к1удияб тема малъун хадуб, яги щибаб четверталъул ахиралда такрарлъиялъул ва г1амлъиялъул, дарсал т1орит1изе творческиял муг1алимзабаз т1асарищулел руго рак1гъеялъул формаялда Г1уц1арал г1адаталгурел дарсал. / Гьединазул цояб цадахълъеялда кьун буго/. Щвараб лъай лъугьараб бажари борцине санаг1ат бук1унеб буго: Гьале гьел:



  1. Дарсал-семинаразул.

  2. Дарсал-векторинал.

  3. Дарсал-семинарал.

СЕМИНАР-ДАРСАЛ Т1ОРИТ1УЛЕБ КЪАГ1ИДА.

Семинар-дарсал ккола гьанжесел творческиял муг1алимзабаз ургьарал бат1и-бат1иял тайпабазул г1адатиял гурел дарсазул ц1илъаби гъорлъе рачарал, х1аялъул формаялда т1орит1улел дарсал. Г1аммаб къаг1идаялъ гьезулъ руго «КВНалъул», «Же васал», «Же ясал», «Рек1елгъеялъул», «Адабиябгун музыкалияб композиция» , «Дарс-викторина» г1адал дарсазул г1аммал рахъал. Семинар-дарс ц1акъго данде ккола классгун къват1исеб ц1алиялъул программа т1убазабизе. СССР биххун хадуб, класстун къват1исеб ц1алул т1ахьал къват1ире риччач1о, церего рахъаразулги ц1акъго къанаг1атал жилдал гурони, школазда хут1ун гьеч1о. Программаялда абуни, классгун къват1исеб ц1али бачине хасал саг1талги рихьизарун руго, ц1ализе колел асаразул дурусаб сиях1ги буго. Гьел программиял т1алабал т1уразе ккани, семинаралъул формаялда бачинч1ого муг1алимзабазе рес бук1инч1о: советияб заманалдаго зах1матго бук1ана программиял асарал лъималазда ц1ализаризе. Гьанже абуни, х1ажатал асарал щолел гьеч1о, гьебни бигьаяб ишлъун телаан, ц1алдохъабаз художествиял асарал ц1алиялде т1убанго мугъ реххун гьеч1ебани.

«Щайт1анмат1уялъ» / телевизор / гуккун, гьезда сипатияб каламалъул т1аг1ам лъазе толеб гьеч1о. Цебе, «щант1анмат1у баккилалде, цо кинаб бугониги асаралъул кьуч1алда бахъараб кино бихьарабго, абизин

«Чаран лъадарараб куц», хадубго цун гьеб т1ехь ц1ализе гъира бахъунаан: киноялдаги г1емерал хасса / деталь /, пикраби, мух1канлъаби гьоркьор риччан рук1унелъул, киноялъ гьабураб асар т1охьоца халатбахъинабулеб ва лазат босизе щолеб бук1ана. Гьанже ц1алдохъабазе бокьулеб гьеч1о, ц1алдезе санаг1атаб бак1ги балагьун, интересаб т1ехьалда т1аде къулизе. Къадараб къимат лъелилан х1инкъи кьун, муг1алимас т1адецуй гьабиялъулги пайда бахунеб гьеч1о: т1ахьал ц1алулел лъимал 8-11 классазда къанаг1 гурони, ратулел гьеч1о. Гьединлъидал творческиял муг1алимзабаз ургъулел руго, киг1ан жидерго заманги зах1мах1тги т1ад унеб бугониги, лъималаз жидеего бокьун художествиял асарал ц1алулеб къаг1идаялъ дарсал г1уц1изе. Гьединаб къаг1идалъун лъугьана г1адатиял дарсал г1уц1изе. Гьединаб къаг1идалъун лъугьана г1адатиял гурел, творческиял дарсазде ц1алдохъаби х1адур гьари. Гьел семинар-дарсазул хаслъилъун ккола, школалда к1иго цадахъаб класс бугони, гьезда гьоркьор лъаялъул рахъаралъ къецал т1орит1и. Хасго гьединал дарсаз лъик1ал х1асилал кьолел руго г1амлъиялъул, такрар гьариялъул, х1асилалъул дарсазда. Гьединал рек1елгъеялъул къецазда г1уц1арал дарсазде, х1ажатал асаралги ц1алич1ого, рач1ине ц1алдохъабазул рес бук1унаро: дандияздаса къезе бокьуларелъулха лъиммалазе, рач1инч1ого ч1езеги бегьуларо: т1олабго команда гъоркье реххараб г1вадаб жо кколелъул, г1ахьаллъи гьабизе кколарел къецал рук1унарелъул.

Гьел къецазде х1адурула т1убараб сценарий. Мисалалъе рехсезин / цогидазулалдаса лъик1аб гьеч1ониги / Ачабаева Зайнапица анц1абилеб классалда / Кланинаул / Дагъистаналъул адабиятаялда т1асан х1асилалъул дарс т1обит1араб куц. Гьале гьелъул дарсил план:

Дарсил тема: Т1оцебесеб бащдаб лъаг1алида малъарал асарал лъаялъул халгьаби ва г1амлъиялде бачин.

Дарсил мурад: Авар адабияталъул классиказул асарал малъулаго, ц1алдохъабазе щвараб лъай г1амлъизаби.

Кумекалъулал алатал: Раг1ул устарзабазул суратал, гьезул т1ахьазул выставка,Дагъистаналъул адабияталъул карта, кодоскоп.

Дарсил сценарий: Класс бикьун буго ич1-ич1 чи вугеб к1иго командаялде щибаб командаялъ дандч1ваялда коч1одалъун къецалде ах1ула дандияб:


Ниж руго ц1алдохъаби

Кутакалда ц1одорал,

Кодой щвараб команда

Кверде боссе х1адураб…

Дандиязги жаваб кьоло жал бергьине ругилан…

2 т1адкъай. Командабазе рокъоб «Огь, Г1адамал, г1адамал «абураб хабар х1адуризе ва къецазда ц1ализе.

3.Викторин. Гьал раг1аби лъил х1акъалъулъ абуралали бицине:

1.Гьит1инго гьес инсуе г1оло куч1дул ц1алулаан.

2. «Гьаб дур ват1ан гуро, мун дурго дове а».

3. « Дие кьолораб чу кьолеб бук1ана».

4. Дунял-г1аламалъе г1ищкъул рукъ барав.

5. Жергъен гъартун карав.

6. Г1ок1к1олгун рагъде вахъарав.

7. Къаси рокъоса къват1иве ах1ун арав, араб бак1 лъач1ев.

8. Росулъ хабзалалъ вукъарав, хоб батизе к1оларев.

9. Ханас берал рахъарав ва гь. ц.



  1. Рек1ехъе куч1дул ц1али / анлъ-анлъ куплет /

а/ т1оцебесеб командаялъ Мах1мудил «Марям» коч1олъа.

б/ к1иабилелъ – Элдариласул «Жергъен гьартун ккана» абураб коч1олъа.




  1. Кепал, махсарадал харбал ургъизе вац1ализе.

Гьит1инабго мисал:

-Зазг1али, дурр габур т1еренлъизе кида байбихьараб?

-Дир габур т1еренлъизе байбихьараб х1акимзабазул гарбал риццалъизе байбихьараб мехалъ, - ан абуна гьес.


  1. Кицабазул ахир / х1асил / абизе.

12- го кициялъул цебесеб бащалъа кьун буго. Хадусеб бащалъи абизе ккола иргадал иргадал ирга щвараб командаялъ.

Мисалал: Ургъун раг1и гъваридаб…/ гъвалил т1ат1и биатаб./

«Г1едераб лъим… / ралъдахъе щоларе /

Мац1алда ракьа гъеч1ила… / бокьанщинаб бицунге / ва гь. ц.



  1. Пантомима. Раг1и абич1ого, кверзул ишаназдалъун «Г1онк1к1олги дирги ккараб» бихьизабизе:

а/ т1оцебесеб командаялъ г1унк1к1 кквезе щвезег1ан;

б/ к1иабилелъ –г1унк1к1 ккуралдаса лъуг1изег1ан.



  1. Викторина – 2. Кинаб коч1олъа лъил раг1аби ?

Лачен цебе къот1ун, ц1умал киниги,

Гьалда хадуб буго бортулеб къокъа.

/ Парту Пат1има /.

Рак1алда унге, цолъун гьеч1они,

Кин суал лъуниги, лъалеб т1адагьлъи.

/ « Г1акълудал ралъад « - Г1алих1ажияв./

Лълъурдул меседилаб бисг1оралъул чан.

Чучунищ, эбелхвад / нухлъул раг1алда.

/ « Зигара буго». Г1анхил Марин./

Гьенисаги вилълъана,

Росураг1алде щвана;

Росураг1алда йиго

Ч1ух1ав наибасул яс.

/ «Жергъен гьартун ккана» …Элдарилав.

Дунги, йокьулейги, рокьи балайги

Бицаде хут1ана хал гьабуразе.

/ Мах1муд.» Рек1ел гьаваялъул …»


  1. « Огь г1адамал, г1адамал «абураб темаялда ургъарал харбал ц1али.

  2. Капитаназул къецал.

а/ . Т1оцевесес бицина Батирайил г1умруялъул.

б/. К1иабилев капитанас Мах1мудил г1умруялъул.




  1. Дарсил х1асил данде боси.

Щибаб церерахъиналъе ч1езарурал къиматал / баллал / лъола.

Бергьуна гьел баллал ц1ик1к1ун щвараб команда.

Гьебго къаг1идаялъ т1орит1улел руго классгун къват1исеб ц1алиялъул х1асилалъулал дарсалги.

К1удиб х1адурлъиги гьабун, нилъедаса аразул цебесеб г1агарлъиги ах1ун, ч1аго ругел дарсазда г1ахьал гьарун, анкьие цо-цо саг1атги кьун, семинаразул формаялдат1ори т1орит1улел руго росдал ва районалъул раг1ул устарзабул г1умуялъул ва творчествоялъул х1акъаялъулъ бицунел дарсалги. Гьеб курсалда ц1ар тун буго «Салатавиялъул ц1ваби», Росдал ва районалъул раг1ул устарзаби». Гьединал курсал т1орит1улел руго Салатавиялъул г1емерисел школазда. Гьел саг1талги кьолел руго школалъул ихтияралда ругел саг1таздаса.

Нижее рес щвана Гуни гимназиялда Абусинова Сиянатица 2 абилеб ллассалда т1обит1араб «Росдал фольклор ва поэзия» абураб дарсида г1ахьаллъизе. Дарсиде ах1ун йик1ана гьебго гимназиялъул муг1алим – шаг1ир Сидрат Айтемирова. Гелъ жинцагоги жиндирго классазда гьебго курс г1уц1ун буго гьеб курсалъул г1ат1идаб планги. Гьеб дарс араб куцалъул сурат цебеч1езабивзе гьаниб бихьизабулеб буго гьеб дарсил къокъабго план.


  1. Муг1алимасул цебераг1и.

  2. Росдал фольклоралда т1асан сценкаби х1ай – « Годек1аниб», х1ала васаз. «Гъаст1абак1» -х1ала ясаз.

  3. Халкъиял куч1дул / маг1аби / рик1к1ин, ах1и.

  4. Росдал поэзия. Жакъа гьоболлъухъ йиго Сидрат Айтемирова.

  5. « Гуни – Салатавиялъул сси абураб коч1ол кьуч1алда бахъараб кино бихьизаби телевизоралдасан.

  6. Раг1и кьола шаг1иралъе. Къокъго бицуна ц1алдохъабазе жиндирго шиг1рияб х1аракаталъул, ц1алула гьезие чанго лирикияб кеч1.

  7. Ц1алдохъабаз ах1ула, рик1к1уна гьелъул куч1дул.

  8. Ц1алдохъабаз кьурал суалазе шаг1иралъул жавабал.

  9. Дарсил х1асил гьаби.

Гьединал творческиял дарсазде муг1алимги лъималги лъик1 х1адурлъулел руго, гьелъул сценария цалдохъабазухъе кьола анкьалъ цебе, щивасеги киназегоги бук1уна бикьун ккараб т1адкъай / сценкаби х1азе, куч1дул ах1изе, рек1ехъе рик1к1ине, ай театралъул артистаз г1адин, репетициялги гьарун, х1адурлъула. Гьелъ лъик1ал х1асилалги кьолел руго.

Творческиял муг1алимзабазул х1асибалде босун, бахъараб буго семинаразул формаялда классгун къват1исеб ц1алул программа т1убалеб къаг1ида / методика /. Микьабилеб классалда классгун къват1исеб ц1алуда т1асан т1обит1улеб анкьабго семинар-дарсил сценариял рахъун рук1ана

« Х1акъикъат» газеталдаги.

Аслияб масъала кколелъул прпграммиял асарал киназего ц1али.

Муг1алимасул т1адецуй гьеч1ого, программиял асарал ц1алулеб къаг1идаги батана муг1алимзабазда: гьеб ккана рак1гъеялъул формаялда къецазул кьуч1алда, КВНалъул « мах1» бугел х1аял т1орит1изе ц1алдахъаби х1адур гьари. Гьелъие бищун санаг1атаб форма батана СЕМИНАР - ДАРСАЛ. Гьебги шарт1ияб ц1ар буго. Гьелъ рес кьола малъулеб асаралъул гъварилъуде раккизе, щвараб лъай т1ок1к1инабизе, г1амлъизабизе.

Гьелъ ц1ик1к1унго кумек гьабула хъвадарухъанасул художествияб / сипатияб/ дунялалде каву рагьизе, сипатияб каламалъул т1аг1ам лъазе, жидецаго ролалги х1ан, художествияб образ ч1аго гьабизе.

Семинар-дарс т1обит1изе бегьула бат1и-бат1ияб къаг1идаялъ.

Г1амлъиялъул, х1асилалъул дарсал ругониги, семенарин абич1ого, «Адабияталъул годек1ан», «Шиг1рабазул гъаста», Адабият хириязул гургинаб стол « ва гь. ц. Кинаб ц1аралда гъоркь гьел т1орит1улел ругониги, гьениб аслияб шарт1лъун бук1уна цебеккун гьабураб х1адурлъи. Жибго адабиятги раг1ул устарзабаз г1уц1араб Г1АЖАИБАБ рух1ияб дунял кколелъул, лъималги хинлъизе ккола гьелъул ц1адулъ. Кинха гьеб гьабилеб? Гьелъие х1ажалъула СЕМИНАР-ДАРС адабиятаялъул байрамлъун лъугьинаби. Гьелъие гвангъараб мисаллъун ч1ола авар адабияталъул муг1алималъ Хунзахъ районалъул Бакьайч1иб школалда т1обит1араб жидерго росулъа пасих1ав шаг1ир Гъазимирзаев Х1ажил г1умруялъул ва адабияб х1аракаталъул бицараб, хасаб сценариялда рекъон г1уц1араб Дарс. Гьеб адабиябгун музыкалияб компоцициялда г1ахьаллъулев вуго 19 ц1алдохъан. Иргадал гьезго бачунеб буго гьеб тадбир. Гьезул х1адурлъиялъул ц1алдохъабаз рокъоб бицун лъараб росдал жамаг1аталъ гьарун, гьеб, театр г1адин, бихьизабун буго росдал клубалда. Занк1ун клуб ц1ураб росдал жамаг1аталда цебе кьун буго ДАРС. Руччабазда маг1у кквезе к1веч1ого, г1емерисел г1одулел рук1ун руго. Х1ажил куч1дул абуни байбихьул классаздаса бахъараб лъуг1изег1ан авар адабияталъул курсалдаго программиял асараллъун руго. Гьединал гьеч1ониги, гьелде г1агараб дарсал г1емер кьолел руго. Гьединал гьеч1ониги, гьелде г1агарал дарсал г1емер кьолел руго САЛАТАВИЯЛЪУЛ муг1алимзабаз.

Ц1алдохъабазул гъира бук1уна къецазда г1ахьаллъизе. Ц1ализе кколел асаразда т1асан ургъула дандиязе кьезе «сих1ирал» / мант1икъал / суалал; жигар бахъула щибаб церерахъиналъулъ дандияздаса бергьине. Гьединлъидал цо нухалъ гуреб, чанц1улго т1адруссун ц1алула семинаралде росарал асарал.

Къецаразде росулел яги росизесел асаразул тематикаялде балагьун, семинар-дарсалги рук1ине бегьула бат1и – бат1иял. Амма руго киналго семинар-дарсазе г1аммал рахъалги.

Класс бикьула к1иго командаялде. Щибаб командаялъ вищула жидерго командирги. Команда г1уц1улаго, х1исабалде босула жалго лъималазул мурад : гьудул-гьалмагълъи, рукъалъ г1агарлъухъ рук1инги. Ц1алдохъабазе бокьухъе кома ндаби г1уц1ун бажарич1они, можоро бахъила. Кьуч1аб г1илла гьеч1они, ц1алул сон лъуг1изег1ан, командаби хисиларо. Ц1алдохъабазул къадар, жутал ккун, бащдаб гьеч1они, т1ок1лъарав ц1алдохъан тела муг1алимасул кумекчиялъун, яги жюриялъул членлъун

Киналго ц1алдохъабаз ц1али ккола семинаралде росарал асарал, гурони къецазда г1ахьаллъизе гьезда к1оларо.

Щибаб командаялъе кьола цо -к1иго / к1одолъиялде балагьун / асар.Эркенаб заманалда данделъун, х1алт1ула гьелда т1ад.





Достарыңызбен бөлісу:
1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет