Х1амзатов А. Гъ. Гьоркьохъеб школалда авар лексика малъи. Цебераг1и



бет2/4
Дата28.06.2016
өлшемі397 Kb.
#163513
1   2   3   4

Омонимал, Синонимал, Антонимал.

Омонимал малъи.

Цо-цо раг1абазул бук1уна к1иго бат1ия маг1на. Гьезул хъвайги абиги цого бук1уна. Масала, т1ехь, г1уж, наку, нус, ригь, сон, мац1, ва гь.ц. Предложениялда жанир яги раг1ул дандбаязулъ гурони, гьезул мух1канаб цо маг1на загьирлъуларо. Чанго мисал: керчаб т1ехь, историялъул т1ехь; маг1арул мац1, белъараб мац1; лъик1ай нус, рек1араб нус. Сон дун рокъов вук1инч1о. Дир васасе щуго сон бана. Дица г1акдада г1уж бана. Рецарулеб г1уж бук1ана. Зурмихъанас кьурдул наку бачана. Расулил наку унтун буго. Чода нуг1 рек1ун буго. Судалда аслияв нуг1 к1алъана. Их ч1ана. Ц1адал их кутакаб бук1ана. Х1ал щун ватила мун унтарав. Предложениялъул гьаб член ккола бак1лъун бугеб х1ал.

Гьедин ч1ван къот1араб маг1на лъазе ккани, раг1и бук1ана. Х1ал щун ватила мун унтарав. Предложениялъул гьаб член ккола бак1лъун бугеб х1ал.

Гьедин ч1ван къот1араб маг1а лъазе ккани, раг1и бачуна каламалда жанибе яги г1уц1ула раг1абазул дандраял.

Омоназул таблицаги цебе бан, ц1алдохъабаз мисалал ц1алула ва дандкквеялдалъун х1асилалде рач1уна: Омонимал ккола абиялъулъ ва хъваялъулъ релълъарал, амма жидер маг1на бат1иял раг1аби. Цинги т1ехьалдаса 42 параграфги ц1ализаун, омонимазе кьураб баян щулалъизабула. Рицунги хъванги 312, х1алт1аби т1уразарила, 320 х1алт1и рокъоб т1убазе т1адкъала. Гьелдалъун лъуг1ула омонимазулгун лъай-хъвай. Амма морфологияги синтаксисги малъун лъуг1изег1ан, омонимал дандч1ванщинахъе, гьезде к1вар кьезе, гьезул хасиятал рагьулел х1алт1аби (предложениял ургъизе, дидактикиял х1аязда гъорлъе ккезаризе т1орит1изе т1адаб буго. Омонимал малъулеб дарсидаги араб материал щула гьабиялда хурхараб х1алт1и т1обит1изе мустах1икъаб бук1уна. Щуго минуталъе х1исаб гьабурал х1алт1абаздаса санаг1атаб буго т1адкъайгун раг1ул дандраязул диктант т1обит1и. Учителас абун, лъималаз к1иго х1уби гьабун, хъвала раг1ул дандраял: бит1араб маг1наялъул цебехун, хъвалсараб маг1наялъул хадуб, к1иабилеб х1убиялда:

Бит1араб маг1наялъул: Хъвалсараб маг1наялъул:

Щулияб раг1и,

Щулияб къод, Биххулареб къот1и,

Биххулареб си, Бух1улеб рак1,

Бух1улеб ц1ул, Ццидахараб г1ор,

Кьижараб рохь,

Ццидахараб ци, Гьимулеб т1егь.

Кьижараб г1анк1,

Гьимулеб лъимер,

Ц1алдохъабаз ц1алула цин т1оцебесеб х1убиялда, хадуб к1иабилелда ругел раг1ул дандраял. Гъалат1 ккун батани, гьебги бит1изабула.

Амма гьелдалъун иш лъуг1изе тани, бащадабги мурад т1убаларо. Х1ажатаб буго, бицунги хъванги, гьел дандраял гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1изе т1ами. Реццалъе мустах1икълъула сипатиял, бечедал предложениял ургъарал лъимал. Гьеб даражаялдаги калам г1уц1изе ц1алдохъаби т1амич1они, цебесеб т1адкъаялъул мурад г1укълъула, т1адагьлъула. Гьелдаго хадубцун омонималгун предложениял г1уц1изе раг1ул дандраял кьунани, цебесеб х1алт1и жеги бечелъула. Масала, учителас рагьила цебеккунго доскаялда хъварал гьадинал раг1ул дандраял ва т1адкъала гьелгун предложениял г1уц1изе:


К1ург1араб т1ехь, куч1дузул т1ехь,
Кьурдул наку, унтараб наку,

Радал г1уж, г1уж кьуна,

Къаву ч1вараб нус, х1алимай нус,

Ц1ияб ригь, ригь арав чи,

Муг1рул чан, чан гъвет1 ч1араб,

Г1урччинаб мег1ер, мег1ер сунхана,

Анц1го сон, сон вас армиялдаса вач1ана.

Х1алт1и т1убазе бегьула бицунги хъванги. Амма лъик1аб буго, бицунлъиялда т1убалаго, лъик1 ккарал предложениял рит1изариги.

Омонимазда релълъарал рук1уна омоформабиги. Цо пуланаб промматикияб формаялда цо раг1ул абиги хъвайги релълъуна цогидаб калималдаги. Масала; квине абураб глаголалъул лълъугьараб араб заманалъул деепричастие релълъун бач1уна предметияб ц1аралда, акдеккве:

Нису катица кун батана.

К1одоца кун дургъана.

Яги: Чол жал халатаб буго

Гьел жал хъабхъалцин гурищ?

«Жо» абураб ц1арубак1 г1емерлъул формаялъул аслияб падежалда релълъун бач1уна предметияб ц1аралда. Гьединго бат1а абураб наречие г1емерлъул формаялда релълъун бач1уна х1айваналъул рат1аялда:

Нихер гьвел рат1а лъукъун буго.

Г1алица рагъулал лъимал рат1а гьаруна.

Цойги мисал: Гарац1ги гарц1ги г1емерлъул формаялда релълъун рач1уна:

Къурбаница кварида гарц1ал рана.

Харилъ гарц1ал к1анц1елел руго.

Гьединал омоформаби г1емерал руго. Омонимаздаса гьел рат1а гьаризе лъазе ккола лъималаздаги. Гьелъие кумек гьабуна ургъун т1асарищарал х1алт1абаз. Цо грамматикияб формаялда гурони омоформа цогиялда релълъунареблъи лъималазда бич1ч1изабиялъги. Масала: Гъалбац1ил мал керчаб бук1уна. Г1антал жал рицуна тохав инсанас жо, жив, жиб, жай цолъул формаялда, жал- г1емерлъул формаялда. Нижеца хуриб лъелъ бекьана. Ччут1а кидаго лъелъ (лъ) бук1уна. Лъил – жиндилъ падежалда: лъелъ (лъ), лъелъ – цолъул формаялда аслияб падеж.

Омонимазул цо тайпа ккола г1аммал ц1арал арал хасаллъун х1алт1изариялъ бижараб: чакар –Чакар, къебед-Къебед, чанахъан- Чанахъан, гъазияв- Гъазияв, сурат-Сурат, цевехъан-Цевехъан, имам-Имам, варис-Варис, г1азиз-Г1азиз, ч1анк1а-Ч1анк1а, чарал-чарал. Предложениязул маг1наялде балагьун гурони, гьединал г1амалги хасалги ц1арал рат1а гьаризе к1оларо:

Г1алил Гъазияв армиялдаса вуссана.

Лъабго гъазияв гъазаваталда шагьидлъана.

Нижер Чакар тукаде ана чакар босизе.

Чанахъан вуго ц1акъав ахихъан. Цо чанахъан вугоан чундузда хадув унев. Халимай Сурат йиго инсул сурат бахъулей. Сурах1и йигоан лъималазе кеч1 ах1улей . Дару буго ц1орол сурах1иялда жаниб. Ц1акъав вехь вуго нижер Хъиру. Салул гамач1алда хъиру абула. Ц1алдохъабазда т1адкъала щекъер, рукъ, бет1ер, г1анса, кагъат абурал раг1аби омонимал рук1ин ч1езаризе, ай щибаб раг1иялъе бат1и-бат1ияб маг1на кьолеб к1и-к1и предложениял ургъизе. Масала, гьадинал:

1.Гьабигьанасда гьабил щекъер чучун батана.

Нижер Сидратил щекъер унтун буго.

2. Рукъалда г1ерет1ги бан, Аминат лъадаее анна.

Инсуца оцал рукъалда рана.

3. Цидул бет1ер т1ок1к1ун бук1ана.

Х1ажил бет1ер хъах1лъун буго.

4.г1анса г1унт1ун, ана Исай сапаралъ.

Муг1рул г1анса буго г1идра кваналеб.

5.Жакъа армиялда вугев васасул кагъат бач1ана.

Гьаб фабрикаялда кагъат гьабула.

Гьединал т1адкъаял живго учителас г1езег1ан ургъизе бегьула. Т1ад араб заманги зах1матги бец1ула лъималазе к1вараб камилаб лъаялдаги лъугьараб бажариялъги.

Гьанибги гьоркьо-гьоркьоб дидактиял х1аял т1орит1аниги, дарсил интерес ц1ик1к1уна, ц1алдохъабазул гъира бала, Ч1алг1ен лъазе толаро, пайда абуни к1удияб бук1уна. Масала; Салих1ат абураб раг1улъ ругел гьаркьаздасан (х1арпаздасан) хис-хисун лъун, г1аммалги хасалги предметиял ц1арал лъугьинаризе т1адкъала. Лъугьуна гьадинал ц1арал: Салих1, салм, сих1, сах1, х1асил, х1ила, х1ал, х1алм, Асли, талих1, лах1,… Бокьараб раг1иги босун, гьединал х1аял т1орит1иялъул нилъеца цебеккунги бицун бук1ана. Гьеб буго цо форма. Гьеб буго цо форма. Гьебго раг1ул кьуч1алда болъабигун къот1алаби ц1езаризе т1амуни, лъимал лъик1го раг1абазулъ хъирщадизе ккола, г1емерал раг1аби рак1алде щвезаризе ва гьезда гъорлъа х1ажатал рищизе х1ажаталлъун ккола.

Мисалиял раг1аби: а) ц1а, ц1ал, мали, талих1, х1алада, ихтилат:

б) ах, лах1, иццал, х1исаб, ахихъан, таманча.

Рехсарал х1арпаздасан байбихьулел яги гьезда лъуг1улел раг1аби г1емерал рук1уна. Интерес ц1ик1к1уна ц1алдохъабазда ратарал ц1иял раг1аби ц1алулелъул. Х1исаб гьабеха, чан бат1ияб раг1и гьез ургъизе бегьулебали. 2-3 гьаркьил (х1арпалъул) «А»- ялда, «Л»- ялда, ва «И»-ялда лъугьунел раг1аби рехсезин: ц1а,ца, жа,ца (4). Ц1ал, мал, лал, бал, бел, гел, гул, гъал, гъул, г1ел, жал, жул, кьал, къал, к1ал, лол, нал, нил, цул, тел, т1ел, т1ил, т1ул, хъал, хъил, хьил, хьул, х1ал, ц1ул, чал, ч1ел, шал (32). Мали, сали, гали, гьели, гении, къали, къули, кьили, лали, хили, хули,х1ели, х1ули,г1али, чили, цаби, вакъи, вагъи, вугъи, веги, ваки, вакъи, вахьи, вац1и, вежи, вохи, вигьи, вижи, вокьи, вохи, вугьи,вухьи, вух1и, руци, гури, гъади, гъарц1и, гьари, гьури, гьеси, гьуси, гьет1и, гьохьи, гъаци, г1оди, г1ари, г1ери, г1уц1и, дури, жири, жури, ками, кули, ками, кини, кири, кури,къик1и,къук1и, къали, къули, къалъи, къани, къири,кьаби, кьаг1и, кьикьи, кьили, кьури, кьич1и, к1илъи, к1ари, к1уси, к1ут1и, лагьи, лъади, магьи, мих1и, муц1и, нуси, рагъи, ригъи, рагьи, ругьи, раг1и, рег1и, риди, ражи, рижи, ракъи, рукъи, рекьи рикьи, релъи, рахъи,рухъи, рахьи, рихьи, рации, реци, рац1и, речи, рищи, сок1и, сук1и, сали, семи, сири, сурн, тагьи,тари,тири,т1ури, т1ат1и, т1ухьи,хади, хахи, хъег1и, хъуди, хъами, хъури, хъех1и, хьами, хьими, хьури, х1ули, х1ичи, цили, цолъи, цулъи, цури, ц1ики, ц1екъи, ц1али, ц1илъи,ц1улъи,ц1ими,ц1инч, ц1ири, ц1ут1и,чаг1и,чали,чили,чилъи,чини, чури, ч1уди,ч1ири, шагьи, щакъи, шури,шапк вагь.ц. (172). Гьединал ч1ах1иял ресал руго цогидал х1арпазулги. Цох1о мали г1адал «И» - ялда лъуг1улеб ункъо гьаракьалъул нилъеца рехсана 172 раг1и. «Л»-ялда лъуг1улеб лъабго гьаркьил раг1абазул батана 32 калима. Бищунго г1емер дандч1вала 4-7 гьаркьилал раг1аби. Бищунго г1адатаб тадкъай ккола, цо-цо х1алт1иги т1аде жубан, цо слогалъул раг1аби г1уц1изе т1ами. Масала; т1анк1азул бак1алда цебе цо-цо х1арпги лъун, бат1и-бат1иял предметиял ц1арал лъугьинаризе т1амулеб къаг1ида нилъеда лъала. Гьанибги гьелдаса г1ат1идго пайда босизе рес буго. Масала:…ал. Ц1ала заманги. Верлъуна бит1ун ва хехго бегьулелщинал раг1аби лъугьинавурав ц1алдохъан. Лъугьуна гьадинал раг1аби: бал, гъал, жал, зал, кьал, к1ал, лал, мал, пал, хал, х1ал, ц1ал, чал, шал (15 раг1и). Пикру гьабеха гьединал тадкъаял киг1анги г1емер учителас ургъизе бегьиялъул. Гьел ресаздаса пайда босич1ого кинха учитель вук1унев?!

Учителас ц1алдохъаби ругьун гьарула синонимазул щибаб руккалилъа раг1абазул маг1наял кьерал ратизе ва кинал бак1азда гъол х1алт1изаризе колебали лъазе, лъимал т1амила гьадинал раг1абазе синонимал ратизе:

Т1аг1ам (квен, чед, хинк1, карщ, пуршаби, ц1урачадал ва гь.ц. Т1аг1ам ккола кваназе бегьуларебщинаб, кваналелъул мац1алда т1аг1ам лъалебщинаб жо. Гьел киналго рехсон х1алк1оларо, чанго мисал бачани, г1ола). Рехсарал ниг1матазе баян кьезе т1адкъала. Гьеблъиялда цадахъ лъугьун, синонимазул рук1к1алаби данде гьарула квач (ц1орой, ругьел); г1и (чахъу, куй, хух, леман, х1оржо); х1алухъин (ролъ, суг1а, огоб, пурч1ина, гвенег, муч); г1адаллъи (тохлъи, ах1макълъи, х1амамах1лъи, г1акълукълъи, т1адагьлъи);

Гьеблъиялда синонимал данде гьариялъул пайда дагьаб бук1уна, гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе т1амулел гьеч1они, г1емерисеб гьеб х1алт1и т1обит1изе лъик1аб буго бицунлъиялда.

Т1ехьалда кьурал х1алт1аби т1урала 10-15 минуталда жаниб, цо тайпа рокъоб т1убазеги т1акъала.

Дарсида г1емер пайда босизе ккола кицабаздаса щибаб кици т1убараб гьит1инаб хабар бугелъул, жаниб бечедаб маг1наги бук1унелъул, гьезул к1удияб санаг1ат буго синонимазда т1ад х1алт1и гьабизе. Масала, кьела гьадинал кицаби ва т1адкъала гьезул маг1на баян гьабизе, гьенир учителас рихьизарурал раг1абазе синонимал ратизе ва ц1идасан ц1ализе, маг1на хисулищали хал гьабизе.

Барахщарасул къайи къарумасе щолебила. Х1инкъарав къойил холла. Ват1ан хириясе хвел бук1унаро. Г1абдалгун къацандун къ г1адад ч1ваге. Лъугьине бегьула гьадинал предложениял:

Бахиласул къайи кверкъарасе щолебила. Ц1ук1а къойил холла. Ват1ан бокьулесе хвел бук1унаро ах1макъгун бицардун къо г1адад. Дарсида дидактиял х1аязе бак1 батани, лъималазул гъира бахъуна, гъорлъе лъугьине. Х1аяз гьел хадур ц1ала. Омонимазда т1асанги ц1унизе бегьула интересал х1алт1аби. Масала; учителас шарадаби х1адурула, лъималазе ч1вала.гьезги инкар бахъула «бахча»-чараб» раг1и балагьизе, т1атинабизе:

«Ц1» х1арп цебе бугони,

«Г1акъилаб» дир синоним;

Гьеб хисун, «гь» х1арп хъвани,-

«Ч1обогояб» синоним.

(ц1одораб – г1акъилаб, гьодораб- ч1агояб).

Доскаялда «бегуниса» хъвала жидее синонимал ургъизе ругел раг1аби. Нахъасан цебехун ц1алигун, гьел «бит1униса» рахъула. Цинги щибалъе цо-цо синоним батизе ва тетрадазда хъвазе т1амила. Хъвалелъулги цин предметил ц1аразул, хадуб прилагательноязул, глаголалъул, ахиралда наречиязул х1уби гьабила:

Загъа – бачин - езикаб - аделъер -

Бада- бак1илъ - езилиб - оласах -

Ладбаг1 - бачуг - езидорос - бок1са -

Насни – бяуркам - езирит - ададаг1 -

Улса - бакатук - езилазих - ладар –

Ц1алдохъабазе бокьула маг1наго гьеч1ел раг1абазул балъголъи лъазе. Цинги щибалъе синонил батула, хадуб бегьула, гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе.

Мац1алъул ва адабияталъул дарсазда, санаг1ат кканщинахъе, учителас синонимал ратизе т1амун, ц1алдохъабазул мац1 бечед гьабула школа лъуг1изег1ан.


Антонимал малъи.

Т1абиг1ияб законалъул ккола жибаб жоялъул г1аксаб рахъ бук1ин щибаб жо бижула (гьабула), гьеб хвезеги буго. Бижич1ебани, хвезеги бук1инч1о. Вагьалда бугебщинаб жоялъул къимат гьединаб буго: авал бугеб жоялъул ахирги бук1унеб. Гьеб рахъалъ т1олабго лексикаги бикьизе бегьула к1иго рук1к1алиде – цоцазе г1аксаб маг1на кьолеб раг1абазде. Г1аксаб маг1наялъул раг1аби рук1инч1елани г1емерал калимаби рук1инароан, ругониги, гьел рич1ч1илароан. Кваранаб рахъ бук1инч1ебани, квег1аб рахъ кинха бич1ч1изабизе бук1араб бакъ баккул рахъалъул бич1ч1и гьеч1они, бакът1ерхьул рахъ кин бихьизабилеб; къо гьеч1они, сордоялъул кин бицине, къварилъи лъалеб гьеч1они, г1ат1илъи сундалъун борцунеб, ьорхалъи лъаларесе гъварилъиялъул бич1ч1и кин кьелеб? Мугь гьеч1они, чехь бук1унаро. Г1аксаб маг1наялъул раг1аби ккола цого жоялъул нахъисебги цебесебги рахъ г1адал калимаби. Цояб абуни, цояб рак1алде щола: рагъ-рекъел, (рагъ лъуг1ула ракълидалъун, рекъел лъуг1ула рагъалдалъун.) Сордо хисула къоялъ къо хисула сордоялъ, канлъи бец1лъиялъ, бец1лъи канлъуца. Ц1алдохъабазул раг1ул нахърател бечед гьабизе антонимазул буго бищунго ц1ик1к1араб рес. Щуабилеб классалда цо дарсида антонимазул х1акъалъулъ баян кьола. Гьездаса нахъе, кинаб темаялда дарс унеб бугониги, санаг1ат кканщинахъе антонимаздаса пайда босула.

Антонимал баян гьаризе пайда босула таблицаялдаса. Гьелъ рес кьола г1аксаб маг1наялъул раг1аби якъинго цереч1езаризе ва гьел г1емерисел каламалъул бут1абазда рук1ин бихьизабизе: къо-сордо, хераб – бах1араб,бач1ана-ана, гъоркьа-т1аса,гьал-дол, ва гь.ц. таблицаялдасан жалго лъималаз гьабула цолъизе жидер г1аксияб маг1на бугел раг1абазде антонимал абула. Т1ехьалдаса цо х1алт1и т1убала антонимал гъорлъ ругел жеги щула гьабула, хадуб бегьула бат1и-бат1ияб т1адкъаял кьезе х1алт1и т1орит1изе. Масала; хъвазе кьола текст, хъвалаго гъорлъ мухъ ц1арал (ч1ег1ерхъварал) раг1аби антонималлъун хисизе ва предложениялзул маг1на хисараб куц баян гьабизе:
Гьале бач1ана рохараб къо.

Гьале бач1ана пашманаб сордо.

Гьединго квег1аб х1убиялда ругел раг1абазе дандекколел антонимал кваранаб рахъалда ратизе ва, хутал гьарун, хъвазе т1амила:

Кьерхана- роц1ана, ц1орой-хинлъи ва гь.ц.

Чара гьеч1еб жо буго, гьелда лъуг1изе теч1ого, гьел гъорлъе ккезарун,(бицунниги) предложениял г1уц1изе т1ами. Гьеб гьабич1они, калам цебет1езабиялъул иш нухдаго хут1ула. Рачарал мисалазда г1уц1изе бегьула г1адатал т1ирит1ич1елги т1ирит1аралги предложениял:

Зоб кьерхана. Зоб роц1ана. Жакъаги зоб кьерхана. Жакъаги зоб роц1ана.

Ц1орой бач1ана. Хинлъи бач1ана. Тохлъукье лъик1аб ц1орой бач1ана. Тохлъукье лъик1аб хинлъи бач1ана.

Бищунго пайда кьола, классги к1ийиде бикьун, лъималазда гьоркьоб къецги г1уц1ун, х1ай т1обит1ани. Учителас иргадал щу-щу раг1и абила цо кьералъе. Гьелги лъалхъич1ого жавабалъе антонимал абила. Бит1араб жавабалъе цо-цо очко хъвала. Бит1ун абуни, щуго раг1уе щуго очко кьела. Хадуб иргаялда цогидаб цогидаб кьералъеги кьела гьебго щуго раг1и гьениб бугьула гьениб бегьула нусгог1ан раг1и х1аялда гъорлъе бачине.

Цо къоялъ кьураб раг1аби, хадусеб дарсида такрар гьабиларо. Цо ккураб тартиб бук1ине лъик1аб буго. Масала, лексика малъулел дарсазда каламалъул бут1абазул ирга гьабуни, ай цин цин предметиял ц1арал росула, худуб глаголазде, наречиязде рачине бегьула. Малъулеб бугеб каламалъул бут1аялдаса росила антонимал росизе раг1аби. Гьелъул маг1на кколаро, санаг1ат ккараб бак1алда, цогидал каламалъул бут1абаздаса раг1абазе антонимал ратизе т1амизе бегьиларин абураб. Учителасда лъик1 лъала дарсил мурадалда данде колел х1алт1аби т1аса рищизе кколеблъи. Хасго ч1вазе бегьуларо, адабияталъул дарсида сипатиял раг1абазда т1ад х1алт1улелъул. Гьениб лексикияб маг1на кколелъуха раг1ул аслияб рахълъун. Гьединаб х1ай т1обит1иялъе цо мисал. Доскаги к1ийиде бикьун, щибаб кьералъе очкаби хъвазе бак1ги къач1ан, учителас иргада абила:
а) хасел, цебе, т1уцаб, босана,

къо, гъоркь, ч1едераб, билана,

зоб, г1агарда, хъах1аб, къуна,

т1ину, лъик1, кьог1аб, бух1ана,

зарар, бегуниса, гьит1инаб, бакъвана,

б) канлъи, радал, борхатаб, унтана,

ц1одорлъи, чехьат1аде, къваридаб, вегана,

хинлъи, доба, ц1одораб, ц1уна,

мугь, жаниб, керчаб, жубана,

ц1ек1лъи, хъукьго, кьарияб, камуна.

Гьединал х1аязе учителас раг1аби данде гьарула ва, карточкабаздаги хъван, иргадулаб дарсил планалда цадахъ къала. Учителас рачунел х1аязул т1ок1лъилъун ккола х1ажатал раг1аби жинцаго т1асарищулел рук1ин. Амма ц1алдохъабазул гъира ц1ик1к1уна, жидецаго цоцазе антонимал ратизе раг1аби кьолел ругони. Гьединаб х1ай учителас ц1акъго мух1канго бачине ккола. антонимал гьеч1ел, гьел ратизе зах1маталги раг1аби рук1уна. Дандиязда жаваб батич1они, жидецаго раг1ул бет1ергьанас бицине ккола. бит1араб жаваб жиндирго батич1они, гьеб гьелъул очко т1аса бахъула. Очко кьезе ккола гьеб раг1ул антоним гьеч1илан бит1араб жаваб батаразеги. Масала, антонимал ратизе зах1матаб буго гьадинал раг1абазе: ц1ва, ралъад, хьвани, хач1 ва гь. ц.

Цо –цо лъималаз ургъич1ого къвакъун риччала гьединал раг1аби, гьелъ, дарсида хъуй ц1ик1к1ин гурони, гьаниб абизе, пайда кьоларо. Дарсил заманги г1адада уна. Гьединал ц1алдохъабазда лъазабизе ккола жинцаго жаваб ургъич1еб раг1и цогиясе кьогеян. Гьелъ лъимал т1амула ургъун х1алт1изе.

Цо раг1ул гуребги, раг1ул дандраязулги х1атта предложениязулги рук1уна антонимал. Х1уби гьабун, хъваян, т1адги къан, гьел раг1ул дандраязул диктант гьабизе бегьула (6-10 дандраяллъун). Цинги т1адкъала гьезие антонимал ратизе, хадуб, гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1изарила (бицун бук1аниги хъван бук1аниги). Мисал: жаниве вач1а (къват1иве лъугьана; х1алт1уда х1алакълъана, (х1алхьуда кьаралъана); кьерхараб сордо анна (роц1араб къо бач1ана). (учузго бичана). Хираго босана. Г1али релъанхъана. Г1умар г1одана. Гьединго учителас пайда босула шарадабаздаса, къот1алаби, болъал ц1езаризе т1амиялдаса. Мисал:

«Ч1» х1арпгун дун хъванани,

Дир антоним «г1ебаб» буго.

«Г1»-ялъ «Ч1» х1арп хисанани,

Дир антоним «х1инцаб» буго;

Босун дуца «ЛЪ» хъванани,

Антоним дир «ризаб» буго.

(Ч1едераб- г1ебаб, г1едераб- х1инцаб, лъедераб-ризаб). Къот1алаби ц1езариялъеги цо-к1иго мисал: кьураб анкь-анкь къот1е6л бугеб квадрат антонимаздалъун ц1езаризе т1амила.


Х1ажатал раг1аби: ц1орораб, билараб, рихараб,

бахъараб, г1адалаб, рекъарал, рич1арал.


Антонимал хъван болъодул къот1алаби ц1езаризе т1адкъала: сордо, рекъел, т1алъел, г1абдал, гьудул, канлъи, куч1дул, лъугьине ккола гьадинал болъалабазул къот1алаби:

Х1ажатал антонимал: къо, рагъ, т1ину, г1акъил, тушман, бах1арлъи, х1алихьалъи.

Гьадинал болъалаби учителас щибаб дарсиде ургъизе бегьула. Узухъда, гьел х1адурулаго заман бахъила. Амма дарс лъгьина интересаб, рак1 балеб. Гьеб рахъ абуни ц1алдохъабазул лъайборхиялъул кьуч1 буго.

Бищунго г1адатаб ва бигьаяб, г1емерисел учительзабаз кьолеб т1адкъай гьадинаб бук1ина: х1уби гьабун, квег1аб рахъалда кьурал раг1абазе кваранаб рахъалдаса дандекколел антонимал росун, хутал гьарун, хъвазе гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе т1ами. Мисал:

Авал гъоркь

Суал къад

Халатаб бакъвазе

Лъедераб рагъизе

Къазе ризаб

Биччизе къокъаб

Къаси жаваб

Т1ад ахир


Авал бугеб жоялъул ахирги бук1уна. Къасиги къадги х1алт1ана гьал къояз ччуг1ихъаби. Рукъалда нуц1а лъола рагьизеги къазеги. Гьединаб х1алт1уда г1ей гьабизе бегьула г1иц1го щуабилеб классалда, антонимазе баян кьолеб т1оцебесеб дарсида. Хадусел классазда бат1и-бат1иял, дагьалги т1ад ургъизе колел х1алт1аби рук1ине ккела.

Гьоркь-гьоркьоб антонимиял раг1абазул диктанталги т1орит1изе лъик1аб буго. Гьел руго 5-6 минуталда жаниб, учителас абула 10-12 раг1и, лъималаз хъвала гьел антонималгун цадахъ, гьоркьоб тиреги лъун. Масала:

Дег1ен-(ц1ц1е), гьит1инлъи – (к1одолъи), халатаб (къокъаб),ризаб-(лъедераб), г1агарда-(рик1к1ада), канлъи-(бец1лъи), к1алагъоркье-(чехьат1аде), т1ерхьана- (баккана), биччана-(бакъвана), цебе- (нахъа), кьижана- (ворч1ана), дагьаб- (г1емераб).

Баян: скопкабазда жанир кьун руго, лъималаз ургъун хъвазе колел антонимал.

Хадуб цо к1иго ц1алун, хут1араз гъалат1 биччан бугищали хал гьабула, ратарал гъалат1ал рит1изарула. Гьединаб х1алт1ул т1ок1лъиккун ккола г1инзул ц1одорлъи ц1ик1к1инабиялда цадахъ граматикияб т1адкъаялдалъун ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазабизе, калам цебет1езабизе рес бук1ин. Антонималги, синонималги, омонималги такрар гьарула дидактикияб материалалъ рес кьолебщинаб бак1алда. Аслияб темаялда хурхун, гьарулел х1алт1абазда гъорлъ гьезие бак1 батула, тема гъваридго бич1ч1изабиялъе гьелдаса пайдаги босула. Масала: глаголалъул гьеч1олъиялъул форма малъулаго, цого раг1ул антоним лъугьунеб маг1наялда к1вар гьеч1ого кин телеб. Дандеккве: бецич1еб-бецараб, г1орц1ич1о-г1орц1ана, г1орц1ич1еб-г1орц1араб. Бат1айисан раг1улел, г1акса маг1на кьолел мац1абазул гуребги, цого раг1ул бат1и-бат1иял грамматикиял формаби антонималлъун рук1уна: к1удияб-гьит1инаб, к1одолъараб-гьит1инлъараб, к1одолъич1еб-гьит1инлъич1еб.

К1одолъараб-к1одолъич1еб, гьит1инлъараб-гьит1инлъич1еб. Деепричастиеги, причастие г1адин, бугелъиялъул гьеч1елъиялъул формаялда бук1иналъул, гьелъги г1акса маг1на кьола.

Бит1ун-бит1ич1ого, барщун-барщич1ого, гьукъун-гьукъич1ого, гьикъун-гьикъич1ого ва гь.ц.

Кроссворд х1исабалдаги кьезе бегьула лъималазе т1адкъай.

Классалда заман г1олеб гьеч1они, рокъоб ц1езабизе т1адкъала. Масала, бат1и-бат1иял данде колел причастиялги хъван, ц1езаризе ккола гьал къот1алаби:

Рук1ине бегьула гьадинал раг1аби:

Рекъараб, бессараб, раг1арал,

Рахарал, лагьарал, тирарал, рух1арал.

Вариантал г1емерал руго.

Гьезул цо-цоязе антонимал ратизе ва, гьелги гъорлъе рачун, предложениял г1уц1изе т1амиялъги квербакъула калам цебет1езабиялъе: роц1араб-кьерхараб, рагьараб-къараб ва гь.ц. роц1араб къо къанаг1атаб кьерхараб мех бук1ана. Рогьараб горду къана, къараб нуц1а рагьана.

Гьединго цебеккун рехсараб формаялда, цебе цо х1арпги лъун, бегьулелщинал глаголал яги причастиял лъугьинаризе т1амизе бегьула. Гьес гьабула глагол яги причастие малъулел дарсазда, цогидал каламалъул бут1аби малъулелъул, материалги гьезул босула. Такрар гьабиялъул дарсазда раг1аби рук1ине бегьула бат1и-бат1иял малъарал каламалъул бут1аазул. Цо-к1иго мисал:

Глаголал: Причастиял:

…уна (п) …ураб (п)

…уна (гъ) …ураб (гъ)

…уна (г1) …ураб (г1)

…уна (к) …ураб (кв)

…уна (гь) …ураб (гь)

…уна (кь) …ураб (кь)

…уна (къ) …ураб (къ)

…уна (лъ) …ураб (лъ)

…уна (т) …ураб (т)

…уна (хх) …араб (хх)

…уна (хъ) …ураб (хъ)

…уна (ц) …ураб (хъ)

…уна(ц1) …ураб (ц1)

…уна (чч) …ураб (чч)

Кинаб каламалъул бут1а босаниги бат1алъи гьеч1ого, гьеб твайпаялъул х1алт1и гьабизе бегьула щиа раг1уда сверухъ. Росизин цо слогалъул к1иго гьаркьилал предметиял ц1арал: …о – бо, къо, къо, ц1о.

Цо слогалъул лъабго гьаркьилал предметиял ц1арал: …ал-бал, гъал, жал, къал, к1ал, лал, мал, пал, хал, хъал, х1ал, ц1ал, чал, шал. Гьебго формаялъул бат1ияб гьаркьида лъуг1улел: ...аз-заз, к1аз, хъаз.

Гьелъулги бук1уна щуго бат1ияб вариант: ..ез (рез),..из (гьиз),...оз (боз),..уз (жуз, руз). Хадусеб иргаялда гьел раг1абиги гъолъе ккезарун, предложениял г1уц1иялде рач1ине ккола. цинги хабар данде гьабилин ккани, х1ажатал раг1аби кьун, кьеч1ого, сураталда т1асан гьит1инабго сочинение хъвазе т1амила. Гьеблъиялда лексикаялда т1ад гьарулел творческиял х1алт1аби г1емерлъанаг1ан, лъималазул г1акълуги ц1убала, мац1ги бечелъула. Гьеб буго киналго дарсазул г1аммаб мурадги.




Литературияб мац1алъул киназего г1аммал раг1аби.

Рокъобги къват1ибги т1олабго авар милаталъ х1алт1изарулел ва киназдаго рич1ч1улел раг1аби уна г1аммаб лексикаялда гъоолъе. Диолектикиял (бак1алъул), пишачилъиялъул басралъарал, ц1ираккарал раг1абазул гъат гьоркьоса бахъарабго, хут1ула киназего г1аммаб лексика. Гьеб ккола литературияб мац1алъул ц1алдохъабазе баян кьезе зах1матаб жо буго. Лъимал т1амула рокъобги, къват1ибги, школалдаги гаргадулалъул, жидецаго х1алт1изарулел раг1абазе мисалал рачине. Гьез рехсола рукъ, т1ехь, х1алт1и, ц1али, къват1, расанди, нух, ах, квен, къо, сордо ва гь.ц. Хадуб х1асилги гьабула киназего г1аммал раг1аби г1емерал ругин, гьел киналго рехсезе х1ал к1оларилан. Учителас т1аде жубазе бегьула литературиял асаразда жанир ругел киналго раг1абазул 90% г1аммаб лексикалъул кколилан.

Анлъабилеб классалда калам цебет1езабиялъул цо дарс кьола киназего х1алт1изарулел г1аммал раг1абазул бицине. («Авар мац1» 6 класс, 2, гь 8). Ц1алдохъабазда т1адкъала, гъалат1 биччач1ого, 90 секундалде жаниб «Цо х1анч1ил рух1ел» абураб кеч1 ц1ализе. Ц1алун бажарани борхи гуребги, гьелдаса пайда босила рух1ияб тарбия кьеялъеги. Лъимал т1амила, х1анч1ил т1анч1азул бак1алда, жалго ругеллъун х1исаб гьабизе: кинида бущарабги, жеги к1иго гьит1инаб лъимерги, т1аде нуц1аги рахан тун, эбел цо ишалъ къват1ие араб мехалъ, копое бахьикъосалъ минаялде ц1аги лъун, рух1улел лъимал цереч1езаризе, вай эбелилан, гьезул инагьди. Бух1ун мина т1ат1ала ккараб мехалъ, т1аде щварай эбелалъул рух1ел кинабдай бук1инаян пикру гьабизе. Х1анч1ил т1анч1азда ц1а гъезе к1варал лъимал, к1удиял г1ураго, г1адамазул минаби рух1изеги нахъе къаларилан абураб х1исабалде рачина ц1алдохъаби; бижизабила гьезул рек1елъ гурх1алил асар. Гьеб масала т1убан хадуб, т1адкъала коч1олъ ратарал рич1ч1уларел раг1аби рат1аросун хъвазе. Цинги гьезие баян кьун, х1исаб гьабила 172 раг1и бугеб коч1олъ чан калима бич1ч1улареб (лъалареб) бугебали. Лъималаз ц1ехезе бегьула гьадинал раг1аби: гьорол гвенд ( гьит1инаб хъарчигъа), х1ебда рас (х1ули бижиналде, т1анч1азда баккулеб х1еренаб рас, къабукъараб) (араб), т1авагьана (т1ад тирана), щунгъарул (лочнол), мух1ур (рахъу). Гьелги ккола къанаг1атал дандч1валел киназего г1аммаб лексикаялъул раг1аби. Ц1алдохъабаз х1асил гьабула коч1олъ ругел т1олго раг1аби киназго х1алт1изарулел калимаби кколилан. Гьезда гъорлъе уна синонималги, омонималги, антонималги, ц1иял ва басралъарал раг1аби. Г1емерисезда рич1ч1уларел ва гьез х1алт1изарулел раг1аби г1емер ругелъул, киналго рехсезе ва цо тартибалде рачине бажаруларо. Морфологиялда гьеб г1аммаб лексика бикьун6 буго каламалъул бут1абазде. Кинаб каламалъул бут1а малъулеб бугониги, учителас жигар бахъула ц1алдохъабазул раг1ул нахърател бечед гьабизе. Гьелъие ругел ресазул цебеккунги бицана. Гьаниб бихьизабизе ккараб жо буго учительзабаз г1адахъ босич1ого толеб цо рахъ: малъулеб грамматмикияб темаялде машгьурлъун, калам цебет1езабиялде кколеб к1вар кьунгут1и. масала; предметияб ц1ар малъулел дарсазда т1адч1ел гьабула гьеб каламалъул бут1аялъул грамматикиял г1аламатазда. Гьелги лъазе ккола, амма учителасда кидаго к1очене бегьуларо ц1алдохъабазда гъваридго рахьдал мац1 малъизе кколеблъи, ай кинаб тема малъулеб бугониги, дарсида аслияб бак1 кквезе ккола раг1уца, раг1ул дандраялъ, предложениялъ, хабар г1уц1изе малъиялъ. Гьелдаго цадахъ бегьула мац1алъул х1акъалъулъ х1ажатал теориялъулал баянал кьезе ва лъугьараб бич1чи щулалъизабизе.

Раг1ул грамматикиял хасиятал баян гьарулаго, лъик1аб бук1уна гьелъул лексикиял г1аламатаздеги раккани. Масала; ц1ияб маг1наялъул предметияб ц1ар лъугьуна суффиксазул кумекалдалъун: гьабихъан, богогьан, к1одолъи, къент1еро ва гь.ц.

Фонемабазул бечелъиги гьезул раг1аби лъугьинаризе ругел ч1ах1иял ресазулги:

а) …+ах (м+ах,н+ах, с+ах, т+ах). ..+ор (г+ор, гъ+ор, г1+ор, к+ор, къ+ор, к1к1 +ор, лъ+ор, т1+ор, х1+ор, ч1+ор).

б) ..+ли (ва+ли, га+ли,гъу+ли, гьа+ли, гьа+ли, да+ли,х1у+ли,ци+ли, ц1а+ли, ча+ли).

Гьединабго куцалъ босизе бегьула бокьараб слог. Гьелин абуни рахуна 210-ялде. Гьеблъиялда, цо-цо слоги т1аде жубан, г1амазул ц1арал лъугьинаризеги бегьула:

Х1а.. Ма... Г1а… Са… Ща… Ча…

На.. Г1… Ра... Х1ас.. Къу.. Ка..

Цо гьединаб слогалда чанго хасаб ц1ар лъугьинабизе рес буго. Гьединлъидал г1емерал хасал ц1арал рак1алде щвезарула:

Х1а.. (Х1а+жи, Х1а+сан, Х1а+ва, Х1+мид, Х1а+ким, Х1а+пиз,Х1а+биб);

Ма.. (МА+жид, Ма+г1ад, Ма+кка, Ма+нап, Ма+рат, ва гь.ц.).

Глаголалъул темаялде дарсал унел ругони, рес буго интересал дидактиял х1аял т1орит1изе. Масала; ц1алдохъаби т1амизе бегьула, т1анк1азул бак1алда цо-цо х1арпги хъван, бат1и-бат1ияб маг1наялъул глаголал лъугьинаризе, цинги гьелги гъорлъе рачун, предложениял г1уц1изе. Росизин гьадинал раг1аби:

Б ..цана. Б.. цана. Б..цана.

Б ..ц1ц1ана. Б..ц1ц1ана. Б..ц1ц1ана.

Б ..хъана. Б.. хъана. Б..хъана.

Б ..гьана. Б..гъана. Б..гьана.

Б ..ч1ана. Б..ч1ана. Б..ч1ана.

Б ..къана. Б ..къана. Б.. къана.

Б ..хана Б..хана. Б..хана.

Б.. къана. Б..къана. Б.. къана.

Б..ч1ана. Б..къана.
Ц1араб заманалда жаниб глаголалги хъван, щибалъе цо-цо предложение г1уц1изе ва хъвазе т1адкъала. Бегьула бит1унги хехгоги х1алт1и т1убарал ц1алдохъаби, амма, кват1ун кканиги, т1ирит1арал маг1наял предложениял ургъаразеги рецц гьабила. Рук1ине бегьула гьадинал предложениял:

Бекьана. Бикьана. Бокьана.

Г1анк1ие бищунго кваназе ламадур бокьана.

Гьелъ гьеб бекьана к1удиячб хуриб.

Ламадуралъул бач1ин г1анк1аз жидедаго гьоркьоб бикьана.

Гьединалго т1адкъаял кьезе бегьула причастие малъулеб мехалъги:

Б .. гьараб. Б ..гьараб. Б.. гьараб

Б ..цараб. Б..цараб. Б..цараб. Б..цараб.

Б ..ч1араб. Б..ч1араб. Б..ч1араб. Б..ч1араб.

Б ..гьраб. Б..гьараб. Б..гьараб. Б..гьараб.



Достарыңызбен бөлісу:
1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет