Х1амзатов А. Гъ. Гьоркьохъеб школалда авар лексика малъи. Цебераг1и



бет3/4
Дата28.06.2016
өлшемі397 Kb.
#163513
1   2   3   4

Деепричастие малъулеб мехалъги:

Б..къун. Б..къун. Б..къун. Б..къун.

Б..т1ун. Б..т1ун. Б..т1ун. ва.гь.ц.

Гьоркьоб биччан бук1ине бегьула авалияб гьаракь (х1арп). Гьенибги, бат1и-бат1иял гьаркьал (х1арпал) т1аде журан, лъималаз хал гьабула чан раг1и лъугьунебали:

…амураб (к+амураб, л+амадур, лълъ+амураб, с+амураб, т1+амураб, хъ+амураб, хь+амураб, ч1+амураб);

…урараб (б+урараб, г+урараб, гъ+урараб, г1+урараб, з+урараб, кь+урараб, к1+урараб, лълъ+урараб, с+урараб, т+урараб, т1+урараб, т1+урарав, хъ+урараб, х1+урараб, ц+урараб, ч+урараб, ш+урараб, щ+урараб).

Гьелго раг1аби кьезе бегьула глаголалъул заманиял формабаздаги: бурана, бурула, бурила; гурана, гурула, гурила.

Деепричастиялъул формаби:

Б..урун, ..урун, ..урун, ..урун, ..урун;

(б) урулаго, (г) урулаго, (гъ) урулаго, (д) урулаго, ва гь.ц. Малъулеб темаялда дандеккезабун, т1обит1изе бегьула гьадинал дидактиял х1аязул цояб. Аслияб жо буго киналго классазда, санаг1аталда балагьун, творческиял х1алт1аби т1орит1и.

Дидактиял (бак1алъул) ва пишачилъиялъул раг1аби малъи.

Ш.И. Микаиловасул баяналда рекъон, авар мац1алъул буго 9 диалектги рик1к1ен г1емерал говорал. Абизе бегьула гьелъие г1урхъи ч1вазе зах1матаб бугилан. Щибаб росдал буго жидеего хасаб мац1алъул гогьар, раг1аби абулеб ва ударение лъолеб къаг1ида. Цо росдае хасиятал, цогидал росабалъ рич1ч1уларел раг1аби: баг1али (баг1ли), г1имг1им (г1ин1ти), ох (т1ох), дергело (къохьолъалк1ач), пурсукъ (бакьуч), кудари (г1ерет1), зор (лъик1, ц1акъго лъик1), чум (жулам), к1анц1 (сурк1а), г1абат1 (ц1урачед), оцхер (охцер), ва гь.ц.

Цо рахъалъ бак1алъул раг1аби ккола литературияб мац1алъ мух1канал каламаби т1асарищизе рес кьолеб бечедаб нахърателалъул, цоги рахъалъ, литературиял раг1аби сан гьарич1ого, диолектиял калимаби х1аллъиялъ х1абургъинабула адабияталъул куцараб мац1. Гьединлъидал диолектиял раг1абаздехун ц1одораб бербалагьи бук1ине ккола. раг1ул устарзабаз х1алт1изарурал, литературияб мац1алда гъорлъе рач1арал раг1абаздаса пайда босизеги бак1алъул калимабаздалъун калам х1абургъинабизе бегьунгут1и малъун, учителас ц1алдохъаби ругьун гьарула мух1канаб бечедаб каламалде.

Дарсида гуребги, къват1ибги рокъобги учителас лъимал ц1унула диалектиял гъалат1аздаса.

Классалда х1аял т1орит1ун, жидер росулъ гурони х1алт1изаруларел раг1аби хъвазарун, кружоказдаса, вечеразда гьезда хурхарал х1алт1аби гьарун, ц1алдохъабазда малъула раг1ул гуч борцине, чармах1ал раг1абаздаса рац1ц1алъизе, жидерго к1алзул ва хъвавул калам. Ик (ц1улакьо), курдул (кверал), аргъванаб (т1улакьераб); пещв (сакъис), гьункьал (луваштаби), беркал (ц1урачадал).

Маг1арул мац1алъ к1алъалаго, югалъул диолекталъул г1адамаз (г1емерисез) бахъуларо хъ, лълъ гьаркьал: сурат бахе (бахъе), оцол лъар (лълъар), цо-цо росабалъ «Х»-ялъул бак1алда «Х1»: х1ур (хур), нух1(нух), нах1 (нах). Гъуниб районалъул ругъеждерица «Х» -ялъул ва «Х1» - ялъул бак1алда абула «Гь»: нагь (нах), нугь (нух), нигьа (ниха). Гьебго районалъул г1емерисез «Т1» гьаракь гьоркьоб бичала, хасго раг1ул авалалда: ад (т1ад), ат1и (т1ат1и), аса (т1аса), ино (т1ину), огь, ом, ох1 (т1ох).

Сугъралъ, Нак1к1азухъ, Шит1либ росабазул г1адамаз абула зиба (цебе), зим (ццин), нах1ах (хадуб), лъадала (лъала), лъанаро (лъаларо), гудегьдала (к1алъала), кьороб (гьоркьоб). Цо – цо росабалъ цого раг1и бат1а-бат1айиса абула: ц1урачед- беркал (Сугъралъ), бот1ишал (Бац1ада, Кулла), гергу (Ругъжаб);

Аск1об-уддах (Бац1ада, Кулла, гъодах (Гъуниб), гъуниб (Хьиндахъ, Ругъжаб), хьабал (Х1от1оч1иб) цох (Нак1к1азухъ); унеб буго-карав бу (Ч1охъ), гъен бу (Хьиндахъ), ондала бу (сугъралъ, Нак1к1азухъ), гъванаб бу (Бац1алда, Кулла), онаб бу (Щулани), олеб бу (Гъуниб, К1к1уяда), ий бу (Ругъжаб). Калам камиллъизабизе.

Абухъ, диолектиял раг1аби гурелги цо-цо росабалъ литературиял калимабиги абула, фонетикиял хиса-баиги гьабун: х1акъалда (х1акъалъулъ), вач1де (вач1ине), бук1де (бук1ине), гьайнаро (гьамаро), гьимал (лъимал), гьер (пер), кьулац1о (ц1улакъо), анкьц1али ( лъабкъоялда анц1о), нух1 (нух). Гьединал раг1алаби лъик1аланго ратула росабалъ. Масала, литературияб мац1алда к1алъалелъул, г1андадерида «Х1» вв «Г1» гьаркьал рахъуларо: маарда (маг1арда), от (г1ет1), талигь (талих1), гьатта (х1атта), эмерал (г1емерал), айиб (г1айиб), ва гь.ц.

Югалъул диолектазда г1адин, Хунзахъ Сивухъги «Лъ» гьаракь бахъуларо, гьелъул бак1алда абула «Х1», «Кь»-ялъул бак1алда –«К1К1»: «Хьин к1к1е» (лъим кье). Гьелда релълъаралниги хаслъаби камуларо цогидал росабалъги. Игьали, Ч1иркъат1а г1емерисеб «О»-ялъул бак1алда «у» х1алт1изабула: «Рукьул г1уралъ айяб нусабго лага»… гьединго «н»гьаркьидалъун: «Ула, ула вук1ана». (Унев, унев вук1ана). Хьаогаб районалъул К1ик1уни «О»-ялъул бак1алда «у» абула, «Т1» гьаракь гьоркьо биччала: Ух (т1ох), ажу (т1ажу), амах(т1амах). Гьанже росабалъ жидерго бак1алъул учительзаби руго. Къанаг1ат гурони, къват1иса вач1арав специалист гьеч1о. Гьединлъидал учительзабазул рес буго жиде-жидер бак1алда диалектиял раг1аби рак1аризе, литературиял раг1абазда дандекквезе ва дидактиял х1аязе материал данде гьабизе. Ц1алдохъабазе зах1малъизе бегьула диолектиялги литературиялги раг1аби рат1а рахъизе. Гьединлъидал живго учителас кьурал предложениязда жанир рук1ана литературиял раг1абаз хисизе колел бак1алъул калимаби. Учителас абула, лъималаз хъвала. Хъварабго бак1алъул раг1аби литературияздалъун хисизе т1адкъала. Гьединаб х1алт1уе цо мисал: Цурсукь г1унк1к1ал кквезе ц1акъаб буго.

Лъималаз хъвала: Бакьуч г1унк1к1ал кквезе ц1акъаб буго». Пайдаяб х1алт1и лъугьуна жиде-жидер росулъ х1алт1изарулел диолектиял раг1абазул словарал гьаризе лъималазда малъани ва гьеб ишалде ц1алдохъабазул гъира базабуни. Цо х1уби гьабун, диолектиял раг1аби хъвазе, к1иабилеб х1уби гьабун, диолектиял хаслъабигун абулел литературиял раг1аби рихьизаризе малъун, х1алт1изе т1амуни, к1удияб пайдаяб х1алт1и лъугьуна. Цинги кружоказда яги вечеразда гьезда т1асан дидактиял х1аял т1орит1ани, цинги, киназго рак1арарал раг1абиги данде гьарун, «Нижер росдал диолектиял раг1абазул словарь» абураб мажмуг х1адуризе рес щола. Гьеб х1алт1и раг1алде бахъани, бицун х1алк1олареб пайдаяб иш лъугьуна. Рахьдал мац1алде ц1алдохъабазул интерес бижула, щибаб раг1и ц1адирабазда лъезе ругьунлъула, литературияб мац1 бац1ц1адго ц1унизе лъала.

Гьеб буго клсстун къват1иб гьабулеб тадбир. Дарсида абуни, учителас жинцаго каламалъулъ биччазе бегьуларо диолектиял гъалат1ал. Ц1алдохъаби т1амизе ккола жидехъанго рорч1арал гъалат1ал рит1изаризе. Гьедин гьабулеб гьеч1они учителасул зах1маталда т1егь баларо, т1ад пихъги бижуларо.

Чиркъат1а учителас ц1алдохъабазе кьезе бегьула гьадинаб т1адкъай: гьал предложениязда жанир ругел диолектиял раг1аби ритературияздалъун хисиян.

Мусса, гьекко (хехго) вач1а рокъове.

Х1ажи сон Саг1итгун вагъила вук1ана, (вагъулев)

Садуца нухар (нухда) ратарал ганч1ал нахъе рехана.

Дица рокъоб ц1ул бич1уна (бич1ула), ц1а бакула.

Нижер классалъул лъимал кузек (ч1алк1ут1ан) ч1арала (ч1аралел) рук1ана.

Дун хуриве щущадизе (рак тиризе) уна.

Дица бабал (к1одоэбелалъул) г1ачиги рачуна рохьдохъе гъезе.

Инсуда (инсуца) ц1ул бич1изе толаро дица.

Жакъа дун къулац1о ч1валев вук1ана.

Гъоркьияб Чирюрталъул учителас:

Нижеца ражит1ор ч1вала (ч1вана).

Лъималаз ахикьа баг1али (баг1ли) бак1арана.

Дица рукъалъул мат1абаздаса (гордаздаса, гордазул ц1ородаса) х1ур бац1ц1уна.

Эбелалъ г1анк1аби (г1анк1уял) жанире гъуна..

Гъоба, кьурда гъоркьа, х1айваназе кваназе жо (квеназе) жо щоларо.

Дун ич1гоялде х1алт1ун школалде яч1уна. (дун саг1ат ич1гоялде х1алт1араб мехалъ, школалде яч1уна). Дун уна х1айванал х1елт1изе (хьихьизе). Халкъ ах1ула (ах1улеб) буго клубалде.

Г1умарица г1адамазда бич1ч1изабуна (бич1ч1изабуна) х1акъикъат. Сахалго (киналго, т1олго) лъимал ун ратана рокъоре.

Казбек районалъул Алмахъалда х1алт1улев учителас:

Нок1о (нок1о) хараби лълъуна (лълъуна) гьаниб къо базе. Нужецаго(нужецаго) т1алаб гьабе гьаб чол. Г1УМАРИЛ Х1АКЪАЛДА (Х1АКЪАЛЪУЛЪ) лъик1аб хабар бицана гьоболас. Ниж рокъоре ина (унел) рук1ана. Колоде щвеч1огон (щвеч1ого), росулъе нух бук1инч1о. харил г1арахъ гьабула (гьабулев) вук1арав диде, бокьалъе (бакьулъе) щвейгон (щвейгун) ц1ад бана. Жинхъе (жиндихъе) кьураб т1ехь Г1алица билизабун батана. Сон дица т1ахьидаса (т1ехьалдаса, т1охьодаса) цо кеч1 рек1ехъе лъазабуна.

Хьаргаб районалъул К1ик1унив х1алт1улес.

Г1имг1ималъул чай черхалъе ц1акъ рекъола. Лъел дад (г1ерет1ги) г1ерет1ги ц1ун яс рокъое яч1ана. Исана цудунго амад (т1амах) гъула (гъунеб) буго. Инсуца ухда (т1охда) махх ккулеб (кколеб) буго. Меиер уц (оц) базе бегьула. Лъималаз сунн (сон) щуц1али (к1икъоялда анкьго) гъвет1 ч1ана. Х1асан довахъа щван. (Х1асан дове щвана). Щай нилъер гьалъул (гъолъул) бицула (бицунел) рук1ине. Гьадинал т1адкъаял х1адуризе бегьула, щибаб росдал диолектиял хаслъабиги х1исабалде росун. Гьеб буго к1иго учителасул жигачирлъиялда бараб жо. Пишачилъиялъул лексикаялъулги г1езег1ан бицатаб гъат буго. Гьанжелъаг1ан рахъарал словаразда гьезул къадар дагьаб буго. Гьанире росун руго киназего г1амал, г1емерисез х1алт1изарулел раг1аби. Гьел батила, пишачилъиялда хурхарал г1емерал раг1аби нилъеда лъаларел. Ансадерил ц1улал устарзабазулги бихьич1ел г1адамазда лъаларо « ишан кьаби» щибжояли. Гьеб гуребги, гьезул махщалида хурхарал лъик1аланго раг1абазул маг1наби нилъеда бич1ч1уларо. Щибаб махщалил буго жиндиего хасаб лексика. Г1емерал дарабазул, даруял хурдузул, медициналъул алаталъул ц1арал лъала тохтурасда, нилъеда гьел рич1ч1уларо. Х1атта хьитазул устарзабазулги руго г1емерисезда рич1ч1уларел раг1аби. Гьединал, цо хасаб махщалида-пишачилъиялда хурхарал раг1абазда професионалияб лексикаян абула. Масала, кьик1к1вел, хъалахъ, абурал раг1аби г1адатал жал руго къадахъабазе. Рессарухъабазул мац1алда гё1адатал раг1абилъун ккола кури, раца, махало, г1урдул, ц1ми, ц1ехана раг1абазул маг1на рессарухъабазулгун гьоркьоблъи гьеч1ел г1адамазда. Г1емерисезда лъаларо. Г1ухьбузда аск1ор къоял раки, дуда раг1ила аск1обег1ан чахъу, бихьинаб х1оржо, канаг1аб г1орк1к1ен, х1оргец, багьаб куй, гъвала г1адинал раг1аби. Гьикъани, гьез маг1наги бицина дуе. Гъуниб районалъулшколазул учительзабазеги ц1алдохъабазеги кьезе бегьула бак1алъул (диалектиял) раг1аби литературиял калимабаздалъун хисун, хъвазе ва бит1ун ц1ализе гьадинал предложениял:



СУГЪРАЛЪ:

  1. К1одоца гьуинал беркал гьаруна (ц1урачадал).

  2. Нах1ах дун рокъове уна (хадув).

  3. Ниж школалде радалиса ондола (уна).

  4. Дица Уддах ч1а (аск1ов).

  5. Дица гьев вас лъадараро (лъаларо).

  6. Росдада зиба берцинаб рохь буго (цебе).

Ч1ОХЪ: 1. Гьай кикай яс йиго (гьит1инай).

2. Машина эхе гара у (эхебе унеб буго).

3. Рацал дун г1урухъе ъвама (уна).

4. Эбелалъ бат1ишал гьаруна (ц1урачадал).

5. Дица гьей яс лъамаро (лъаларо).

Ругъжаб: 1. Эмен рохьове йи ву (унев вуго).

2. Гьаб гъвет1 балгьаб те ( жибго те).

3. Дие яцалъ аргъванаб гурде босана ( т1улакьераб).

4.Нижее рокьула к1одоэбелалъул гергуби (ц1урачадал).

5. Жакъасеб кино ах1ул жо бугоан (гьадингояб жо).

6. Васасда дарс гьаяругу бу ( лъаларого буго).

7. Бабум, мун энсуца ц1алин Ю. (Эбел, мун инсуца ах1улей йиго).

Х1от1оч1иб:


  1. Кверал цере гье (лъе).

  2. Эхь ццале (т1ехь ц1але).

  3. Дица мун гьаняро ( лъаларо).

  4. Яцалъ чадида нах1 бах1ана ( нах бахана).

  5. Гьанибнух1 гьеч1о (нух).

  6. Дица бах1арзулъ расани бахана. (дун берталъ кьурдана).

  7. Неер росу гьит1их1аб бу (нижер росу гьит1инаб буго).

БАЦ1АДА:

  1. Дун сон рохьов ун вуг1ар (вук1ана).

  2. Дие ц1ияб гурде щвар (щвана).

  3. Дир ццар Мах1амад ккана (дир ц1ар Мах1амад ккола).

  4. Ццад бан толо буг1ло, ниж нахъ руссар. Ц1ад балеб бук1ун, ниж нахъ руссана.

  5. Лъималазе г1аг1ар ккар (лъималазе кеп щвана).

65-66 продолжение.
Ц1иял ва басралъарал раг1аби малъи.

Учителас ц1иял раг1абазе гьадинаб баян кьезе бегьула:халкъалъул г1умру, культура ва техника цебет1унаг1ан, рукъалъе ва маг1ишаталъе х1ажатаб ц1ияб-ц1иялб къайи, алатал, машинаби ва дунялалъул х1акъалъулъ ц1иял баянал раккула,гьезда хурхарал ц1иял раг1абиги х1ажалъула. Гьедин гьоркьоса къот1ич1ого, мац1 ц1иял раг1абаздалъун бечелъулеб бук1уна. Масала; 1901 соналъ т1олаго инсан т1адгьаваялде (космосалде) вахиналда бан, рижана космонавт абураб ц1ияб раг1и. гьанже гьеб г1адатаб жолъун лъугьун буго. Гьале жеги абизе к1ал-мац1 ругьунлъич1еб ц1ияб раг1и – ваучар. Жиндир заманалда гьедин раккарал рук1ана гьединал раг1абиги: телевизор холодильник, сельсовет, колхоз, пионер ва гь.ц.

Цинги бегьула т1ехьалдаса 5 абилеб параграф ц1ализабизе ва цо-к1иго х1алт1и т1убазе. Тема лъик1го бич1ч1ун бук1ин баянлъарабго, учителас къокъабго баян кьела раг1аби басралъиялъе. Цинги, определнниеги ц1ализабун, учителас абиялда гъоркь, к1иго х1уби гьабун, лъималаз хъвала гьал раг1аби- т1оцебеселда рук1ина ц1иял, к1иабилелда басралъарал.

Ашбаз, канцелярия, инкъилаб, бухгалтер, поэт, г1уч1алт1ам, телевизор, муд, сервант, рикьи, холодильник, ваучер, юкка.

Ц1иял: Басралъарал:

Араб материал такрар гьабизелъун гьадинал раг1абазе антонимал ургъизе ва абизе т1адкъала:

Гьудул халатаб бич1ч1изе сардилъ

Т1ину ц1одораб кьижизе ахала

Рагъ чучаб къулизе доба.

Гьел раг1абигун рпредложениял ургъизе т1амила. Лъик1 ккарал доскаялда ва тетрадазда хъвазаризе бегьула.

Гьединго гьадинал предметиял ц1арал глаголалда руссинаризе (х1арпал хисун лъун), лъугьарал глаголалги сказуемоелъун ккезарун, предложениял г1уц1изе ва хъвазе гьауни пайда к1удияб юбук1уна:

Нуха (хъуна), нуц1а (ц1уна), накъира (къирана),накку (кккуна). Цинги , гьебго къаг1идаялъ х1арпалги хисун лъун, предложениял ц1араздаса глаголиял ц1арал (мадарал) лъугьинаризе т1амила:

Гъира (рагъи), г1ери (рег1и), раг1аби (баг1ари),

Хъиру (рухъи), рущи (щури). х1уби (бух1и),

Изну (зуни), хъуби (бухъи), сарин (расин).

Дарс лъуг1изабизе бегьула т1ехьалдаса 1 х1алт1аби т1убаялдалъун.



Фразеологиял г1уц1аби малъи.

Фразеологиял ккола раг1абазул рихуларел дандраял, риххани гьезул маг1на холла. Г1емерисел фразеологияз цох1о маг1на кьола ва гьел предложениязда жанир цо членлъунги рук1уна. Масала, Г1усман дов херав чиясда гьумер бух1ун к1алъана (хъач1го) к1алъана. Гъалдибералъул г1уч1ал халатав чи дандрелъиялда ч1еч1ого гаргадилев вук1ана.Ч1ух1ухъан данделъиялда ч1еч1ого гаргадилев вук1ана). Гьединал, жал риххани, маг1на холеле раг1абазул дандраял авар мац1алда г1езег1ан руго: хъабчил г1арада гьабизе; Салих1ица жергъен г1адин, рекъезабизе; г1ашилт1а Манташ г1адин, вук1ине; нухде бараб т1ех г1адин, батизе; ц1ц1ани маг1арде рахине, х1арщулъ т1илал кьабизе; мугъ берцин гьабизе; зани бегизабизе ва гь.ц. гьел фразеологиял лъугьараб куц ва гьезул тайпаби бат1и-бат1иял руго. Гьездасан аслияблъун ккола хъвалсараб маг1наялда г1емер х1алт1изабиялдалъун раг1абазул дандраязда хадур цо хасал маг1наби щулалъи. Маг1на гъваридал, сипат камилал рук1иналъ, кицабиги г1адин, фразеологияз каламалда жаниб мустах1икъаб бак1 ккола. гьездаса лъан пайда босулев чиясул к1алъаялъ бат1аго ц1ик1к1араб асар гьабула, гьесухъ г1енеккизе бокьула. Данде кквезин цого маг1наялъул к1иго предложение: «Радалго гьобол ана». Ва

« Радалго гьоболас мугъ бецин гьабуна». Гьениб сипат ц1ик1к1араб буго к1иабилеб, фразеологиягун кьураб предложение. Гьелъул бач1инги буго «Гьоболасул магъ берцинаб жо» -йилан абураб абиялдаса. Гьобол хьихьизе зах1матаб заманалдаса яги къарумасул к1алдисан къват1ибе бач1араб аби батизе ккола гьеб. Гьобол лъик1ав вук1уна вач1инеги лъалев, инеги лъалев. Гьединлъидал жиндир заманалда ин берцинабжолъун рик1к1унеб буго. Цоги мисал: носол балалъ нух бахъи. Лъарат1а, Ц1унт1а г1адал муг1рузул районазда хасало г1азу- ц1ералъ нухал къала. Кьурдасан нухде лъим бец1ц1улел яги чвахулел бак1азда ц1орол укьураби лъугьина. Гьез нухалги къала. Гьенисан ине к1олев чи къанаг1атги вук1унаро, жеги цадахъ г1ащт1иги босула, ц1орги г1анлъун, х1ат1ал ч1езе бак1ал гьаризе. Г1ащт1иги гьеч1они, кодоб бугеб носода, г1ощт1ода г1адин, ц1орол лабаллъудасан х1ат1ал ч1езе бак1ал рахъи ц1акъго зах1матаб ва х1инкъараб х1алт1и бук1ин баянаб буго. Гьединаб, ц1акъго зах1матаб иш т1убаялде г1унт1изабун, хъвалсараб маг1наялда носол балалъ нух малъиги х1алт1изаун лъугьараб буго рехсараб фразеология. Нух гьеч1еб рохьосан, бец1аб сардилъ авлахъалдасан яги нак1к1 лъураб, нухлул сурат гьеч1еб маг1ардасан нух балагьулаго, зах1мат ц1азе ккараз абула носол балалъ бахъани пухилан. Гьединго чиясул гьумер бух1изе бегьула ц1адуда, бакъуда, кислотаялъ. Гьеб буго бит1араб маг1на. Хъвалсараб маг1наялда гьедин абуни; «Ц1ик1к1арав чиясул гьумер бух1ун к1алъаге» - ян. Гьеб ккола фразеология. Ц1ик1к1арав чиясда хъач1го к1алъагеян абулеб бак1алда раг1ула гьеб фразеология. Хъачлъиялда данде ккун, «гьумер бух1иялъул» маг1наги гъваридаб буго, т1аде сипатияб рахъги жубала. Бит1араб маг1наялда ругелги фразеологияллъун х1алт1изаруралги раг1абазул дандраял дандекквезе ва гьезие баян кьезе лъимал т1амуни, цо х1асилалде гьел рачине бигьалъула:


  1. Башир ц1акъав вуго чагъана хъвазе.

Дуца дир чое чагъана хъваге.

  1. Пирас г1и, кьара гьабун, хьихьана.

Т1айгибица ккараб жо кьара гьабун бицана.

  1. Мусаца вас палугьанасул квариде вахинавуна

Муса Г1абид квариде вахинавуна. (Гуккана).

  1. Милъирщодал бусаде ваккулаго, Г1усманил бет1ер мокърукь тункана.

Бет1ер мокърукь тунканиги, толеб гьеч1о гьас гогьдари.

Цо-цо риххуларел дандраязул бит1араб маг1на батизе зах1малъула, хъвалсараб маг1на гьелдаса рик1к1алъиялъ: г1омо борлъизе, ц1ц1ани маг1арде рахине (мехтизе), хъабчил г1арада гьабизе, цилгун гении квине, г1индамес бакъвазабизе, т1омот1а лъезе, х1урудахъ ине, лъим г1адин, лъазе. Хъабчил г1арада гьабиги, г1омо орлъиги, цилгун гвени квинги, г1индамес бакъвазабиги бит1араб маг1наялда абулел ругони, г1акълуялъ росуларо. Гьел г1иц1го хъвалсараб маг1наялда фразеологияллъун къабул гьарула.

Ц1адаса Х1амзатил асаразда гъорлъ г1емер ратула раг1абазул риххуларел дандраял. Гьез коч1ол сипатияб рахъ борхизабун, маг1наяб рахъ гъварид гьабун батула:

1.Аман рек1едаса к1улалги нрич1ун,

Жакъа бокьилаан рокьул бицине.

Мац1алда рахарал кирталги т1ут1ун,

Т1амур анищ гьанже духъе бегьизе.

Яги: Рак1алде рехараб хиял х1орхьидал,

Ав къач1ан ватана къвач1а баччизе.

Гьединго:

Гьаб мискинлъиялда туманк1ги реч1ч1ун,

Тукен лъезе хиял, хур-рукъги бичун.

Бечедалщиназул мугъал ре6кизе,

Кепкал анищ дагьал ашбаз рагьизе.

Гьединал мисалал г1емер руго Х1амзатил асаразулъ. Учителас т1асарищун гьединал фразеологияби ругел куплетал ц1алани ва гьенир ругел раг1абазул риххуларел дандраял ратизе ва гьезул маг1на цо-к1иго раг1удалъун баян гьабизе т1адкъани, дарсида ц1ия рух1 лъола. Фразеологиялъе баян кьезе бихьизабураб цох1ого цо дарсида г1ей гьабун ч1ани, лъимал мах1румлъула калам пасих1 гьабулел ресазул бищунго гучалдаса. Гьединлъидал адабияталъул ва мац1алъул хадусел дарсазда, и рес ккарабщинаб бак1алда, к1вар кьезе ккола фразеологиябазе баян кьезе ва авторас гьездаса пайда босиялъе г1илла рагьизе т1адаб буго. Масала, Расулил коч1олъ батула:

Мадугьаласул рокъой

Бакъ щвейгун, мун вохулищ? (Вохула.)

Щиб маг1наха кьолеб гьеб фразеологиялъ? Сахаватав чи вохула мадугьаласде рохел рещт1араб мехалъ, жах1дачи пашманлъула. Расулица гьикъулеб буго сахаватав (лъик1ав) мадугьал вугищ мунилан. Ватани, мун чи вугилан. Гьединаб х1асил ц1алдохъабаз гьабуни, учитель разилъизе бегьула- гьесул ц1алдохъабазда лъалеб буго сипатияб раг1ул маг1на батизе. Фразеологии баян гьабулеб дарсил конспектги буго ахиралда лъун. Гьебги ккола г1емеразда гьоркьоса цо вариант. Учителас дарс бачине бегьула гьелда рекъонги, гьелда х1ажаталлъун рихьарал хиса-басиял гьарунги, гьединго жиндирго хасаб планалда рекъонги.

Ц1алул т1ехьалда кьураб баянги ва х1алт1абиги г1унги т1ок1ал руго цо дарсие (..6, гь.17). х1алт1абазул цо тайпа классалго т1убазе, цогидал рокъоре кьезе х1исаб гьабураб руго.

Нилъеца бицен гьабулеб буго школа лъуг1изег1ан, лексикаялда т1асан гьаризе бегьулел творческиял х1алт1абазул. Щуго – анлъго минуталъе х1исаб гьабурал т1адкъаял кьолел ругони, пайда, узухъда. Коч1ол, харбилъ яги грамматикаялъул т1ехьалда фразеологиябги дандч1вани, гьабизе кколеб х1алт1ул т1адехун бицина. Гьединго лъималазухъ «Авар г1урус словарал» ругони, жидецаго гьенире ралагьизе, гьеч1они, живго учителас данде гьарун, лъималазда хъвазаризе ва предложениязда жанир х1алт1изаризе малъани, калам цебет1езабиялъул рахъалъ лъик1аб турк1и лъугьуна. Гьеб буго х1албихьиялъ ч1езабураб х1акъикъат.

Гьале «Авар г1урус словаралдаса» чанго мисал: эмехвадил кутак (гучав чи), х1ур бахъинабизе (кутак гьабизе), бакъ ккезе (унтизе), бакъалда тезе (гьоркьов виччазе), носол балагь (х1алица), бер бахъизе (т1адч1ун т1алаб гьабизе), маг1у бахъизе (пашманлъизе, г1одизе), бер т1аса босизе (т1алаб гьабич1ого тезе), бер бухьине (къосинаризе), къо бух1изе (рес къот1изе), т1аде ккараб къо борхизе (борч т1убазе), т1оцебе росдае газа ч1варав (кьуч1 лъурав), гванзухъе инее, гванзул галамахъе ине (т1аг1ине), къелъ гереги реч1ч1арав чи (гучав, къуватав чи), гъваридав чи (г1акъил), г1антав валаги (г1абдал гуро), дуниял дингъун (зирун) роц1ине (зоб бац1ц1алъизе), женазул гьури (хенолеб гьури), зоб гъугъала (тохаб балагь), дир берзул канлъи (хирад), бакъ, моц1 кквезе (бец1лъизе), мац1 кквезе

( к1алъазе к1оларого хут1изе), рак1 къазабизе (рихинабизе), къвавул хур батизе (бигьаго бечелъулеб бак1 лъазе), хъат кьабизе (к1одо гьавизе, разилъизе), х1ур к1ут1изе (кьабизе), лълъаранибе инее (лъуг1ине), малъ къосине (рес лъуг1изе), манзил къокълъизе (х1инкъизе), г1одов реч1изе (кквезе), саяхъ хьвади (цучлъи), тавбуг1аги аллагь (аллагьас ц1унаги), тату бахъинабизе (рах1ат хвезабизе), тах роходе- (т1ину моркъукье), тохаб бак1 (чи гьеч1еб бак1), хурхен т1езабизе (рик1к1алъизе), квер ц1алтине (сахаватлъизе), ц1ар т1амизе (йиччазе), аллагьасул ц1обалде вачаги (хваги), ч1ах1иял чаг1и (хараби), ч1ег1ураб къо ч1езе (балагь ач1ине), рак1 щвезе (урхъизе).

Гьединал мисалал жеги г1емер рачине бегьула. Аслияб жолъун ккола гьелги цогидалги фразеологиябазул т1абиг1ат лъазе ва гьел жидер каламалъулъ х1алт1изаризе ц1алдохъабазда малъи. Гьелъие нухал бат1и-бат1иял руго. Масала, чанго риххуларел дандраялги кьун, гьелгун предложениял г1уц1изе т1ами. Узухъда, лъималазда лъазе ккола гьезул хъвалсараб маг1на.ь учителасул нух малъиялда гъоркь цин клссалъго дандбан, г1уц1ила гьединал предложениял, лъик1 ккарал хъвазарила гьеб т1адкъай т1убазе бажарулеб бук1ин бихьарабго, бегьула, , жалго жидедаго ч1ун, х1алт1изе т1амизе. Гьелъул жавабалда учителас ц1алараб тексталда гъорлъ фразеологиял г1уц1аби ратизе ва хъвазе т1амила. Киналго ц1алдохъабазда гьединал т1адкъаял т1уразе к1вараб мехалъ, чанго риххуларел раг1абазул дандраялги кьун, гьезул хъвалсараб маг1на бицине риччала, цинги бегьула г1адатал раг1абазе маг1на дандекколел фразеологиял ратизе. Гьеб х1алт1иги бегьула хъванги бицунги т1убазе. Хъвазе т1амулел ругони, хисизе кколел раг1аби скобкабазда жире рачу4на, жал т1ад ургъизе кколел калимаби хехго ратизе. Гьениб кумек гьабизеги учителасда гьикъизеги бегьула.

Интересаб х1алт1и лъугьуна классалда бук1а, вечералда бук1а, цо-цо фразеологиял бит1араб маг1наялда суратал рахъизе т1амуни, ай авар мац1алъ к1алъазе ругьунлъулев бат1ияб миллаталъул художникасухъе гьезул маг1на загьирлъулел суратал разхъизе кьуни: х1ур бахъинабизе, бакъ кквезе, мац1 кквезе, бер бахъизе, бер бухьизе, къо бух1изе, тах роходе гьабизе, квер ц1алтине, лълъаранибе инее. Гьезул лъугьуна релъизе бач1унел суратал. Гьелъул г1аксалда, гьединал сураталги рахъун, художникасул ккараб гъалат1алъул бицине т1амуни. Мисал, гьураца ккураб яги бакъги ккун вугев чиясул сурат. Сураталдасан ц1алдохъабазда лъазе ккола хъвалсараб маг1на ва аизе т1алъула – гьурал ккун руго яги гьураз ккун вуго, ай гьуразул унти ккун бугоян, яги бакъул унти ккун бугоян. Чияс бакъ гуреб ккун бугеб, бакъул унти гьесда ккун буго.



Авар мац1алъул вечералдаги баегьула гьадинабги х1ай ургъизе:

Цевеккун х1адурарав ц1алдохъанас бихьизабулеб ишалде дандекколеб фразеологии гьезда гъорлъ батизе ва абизе т1адкъала. Мисал, носол балагь цо жо г1анлъулеблъун бихьизабула. Жаваблъун бук1ина носол балагь нух бахъуле бугилаб абулеб пикру. Яги: цеве вач1ун, цояв рак1хун г1одулевлъун х1ала (маг1у бахъи), рак1 къалеб хвел, къвал балеб куц лълъарал (стаканалъул) т1ину мокърукье буссинаби, мац1алда к1улал разе жувай, к1алдиб печат гьабилин лъугьин, чархил квариде палугьанлъи гьабизе вахине къасд гьаби, г1омо борлъизе т1аделъи, хъабарчаги босун, гьелъул г1арада гьабизе лъугьин ва гь.ц. Гьел цереч1езарурал суратазда т1асан бук1ина фразеологиял ратиялъул гара-ч1вари: маг1у бахъулев вуго, рак1 къан вуго, къвал балев вуго, тах роходе гьабулев вугоян, гьениб т1адкъан бук1ина гьабулеб ишалъе фразеологияздалъун баян кьезе кколилан.

Классалда бугони, т1анк1азул бак1алда данде колел фразеологиялги лъун, предложение г1уц1изе ва ц1ализе т1амила. Гьелъие цо мисал: «Хурибе михъи к1анц1ун, Х1ажил х1алт1и… … (х1урудахъ анна).

Г1емерисел учителазабаз лъималазда т1адкъала, кьураб раг1абазул дандраял иц бит1араб, хадуб хъвалсараб маг1наялда х1алт1изарун, предложениял г1уц1изе. Байбихьуда гьединаб х1алт1ул пайда ц1ик1к1араб бук1уна фразеологиялъул маг1на гъваридго бич1ч1изабизе.

Лексика буго, школа лъуг1изег1ан, бегун ч1ван, к1обок1ун, рекъи гьабулеб хур. Гьединлъидал гьелда хурхарал х1алт1аби гьоркьо-гьоркьор т1орит1изе колел. Цебеккун малъараб жо к1очене теч1ого, такрар гьаби гуребги, х1алк1ун гъваридги г1ат1идги гьабизе кколеблъи учителасда рак1алда бугони, х1асил лъик1аб ккей мух1канаб буго.

Лексикаялъул дарсазда калам цебет1езаби

Авар мац1алъул т1олабго курсалъул аслияб масалалъун ккола калам цебет1езаби. Гьединлъидал кинаб грамматикияб тема малъулеб бугониги, къоч1ое росула раг1аби, гьелги дандран, предложениял г1уц1и, гьездасанги хабар данде гьаби. Гьеб аслияб мурад т1убалаго, цадахъго малъула бит1унхъваялъул къаг1идабиги грамматикиял законалгги. Гьеб рахъ учителасда киданиги к1очонаро.

Программаялда кьун буго калам цебет1езаиялъе т1олго саг1тазул, щуго бут1а гьаун, цо бут1а, ай щибаб щуабилеб дарс бук1ине ккола калам г1уц1иялде буссараб.

Щуабилеб классалдаго прграммаялъ ц1алдохъабаздаса т1алаб гьабулеб буго жиндирго пикру баянго, дурусго бицине ва берцинго хъвазе бажари, х1ажат гьеч1е такрарлъи биччач1ого, каламалъулъ синонимал х1алт1изаризе лъай, дурусго ва къокъго хабариял текстал рицинеги хъвазеги, бат1и-бат1иял грамматикиял формабазда ц1иял раг1абиги лъун, предложениял г1уц1и, суалазул кумекалдалъун предложениял т1ирит1изе гьари, г1агараб т1абиг1аталъул х1акъалъулъ гара-ч1варизе бажари, г1урусалдаса авар мац1алде г1исинал текстал руссинаризе лъай, гьит1инабго тексталъул г1адатаб план г1уц1изе к1вей, хабариял текстаздасан изложение хъвай, сюжеталъулал суратазда т1асан сочинение хъвай, жиндирго рук1а-рахъиналъул, ц1аларал асаразул х1акъалъулъ бицине бажари, рихьарал кинофильмабазул къокъго х1асил баян гьабизе к1вей, жидерго ва хъизаналъул рахъалъан кагъат хъвазе бажари. Гьелъие кьураб цо саг1аталда жаниб гьеб калам цебет1езаиялъул программа т1убазе к1олареблъи якъинаб буго.

Щибха гьабизе кколеб?

Щибаб дарсида 5-6 минуталъул калам цеет1езаиялъул х1алт1аби т1орит1ула. Цо –цо дарсида 10-15 х1атта 20-35 минутги кьезе бегьула, кьурал раг1абиги гъолъе ккезарун, бат1и-бат1иял темабазда т1асан сочинениял хъвазаризе, гьезие планал г1уц1изе, къокъгоги тексталде г1агарунги пуланаб асаралъул х1асил бицинабизе. Гьединлъидал х1адурлъабиги гьарун, бицунги хъванги ц1алдохъабазда т1адкъаял т1убазе к1олеб бук1ин бихьигун, т1убараб саг1атги кьун, т1орит1ула к1алзулги хъвавулги изложениял, сочинениял. Гьеле гьезие кьураб буго доб 12 саг1атги.

Анлъабилеб классалда калам цебет1езабиялъул программа г1ат1илъула ва гъварилъула. Гьениб т1аде бач1уна бит1ун ва чвахун текст ц1ализе бажари, омонимал, фразеологиял каламаллъун хё1алт1изаризе бажари, жубараб план г1уц1и, школалъул газеталде бат1и-бат1иял темабазда макъалаби хъвазе лъай, зах1маталъул темаялда т1асан творческиял сочинениял хъвазе бажари, г1арза ва расписка г1адал ишалъулал кагътал хъвазе ругьунлъи. Гьелъиеги бихьизаун буго 15 саг1ат.

Т1убараб саг1атги кьун, изложение яги сочинение хъваялде, цин цебеккун 4-5 х1адурлъиялъул х1алт1и т1обит1изе ккола. гьелъие кьолеб заманалъул нилъеца бицана т1адехун. Т1адруссун гьеб пикру такрар гьабиялъул мурад буго, кколеб х1адурлъиги гьаич1ого, изложениеял яги сочинениял хъвазе лъимал т1ами г1ададесеб иш бук1ин учительзабазда бич1ч1изаи. Х1адурлъи киб гьабулеб, г1емерисел учительзабаз классалдаги рокъобги хъвазабун батуларо изложениябазул, сочинениябазул ва диктантазул кколеб къадаралъул бащалъигицин ратуларо гьел т1орит1иялъул бат1ияб тартиб- цо моц1ида цониги хъван батуларо калам г1уц1иялъул х1алт1и четверталъул ахиралда т1ат1алаго хъвазарун ратула. Щай бегьулареб щибаб щуабилеб дарс хъвавул х1алт1ул гьабизе, кьурич1ого гьеб тартиб ц1унизе, цебесеб ункъабилеб дарсида 5-6 минуталъул х1адурлъиги гьабизе. Масала, диктант хъвазе бугони, грамматикиял т1адкъаялгун гьит1инабго текст хъвазабизе яги орфограммабигун раг1абазул диктант т1обит1изе. Изложение хъвазе бугони, грамматикиялъул ва литератураялъул дарсазда ц1алараб тексталъул къокъгоги г1ат1идгоги х1асил бицине ругьун гьаризе ккеларищ? Сочинение планалда бугони, гьелъие х1ажатаб материал данде гьабизе, план г1уц1изе, гьелда рекъон хъвазесеб хабаралъул х1асил бицине цоял риччан, цогидаз т1аде жубан, х1адурлъизе т1адаб гьеч1ищ?

Х1адурлъиго гьабич1ого хъвавул х1алт1аби т1орит1иялъ ц1алдохъабазул каламалъул цебет1ей лъугьунаро, цого бак1 мерхьунел хут1ула: кидаго цого къиматал ккола-лъик1 хъварасе лъик1аб, къадарго хъварасе къадараб. Кколеб х1адурлъи гьабуни, щивав ц1алдохъанасул бажариги х1исабалде босани, к1ийилаб щолеб бегьула «3», лъабилаб босулеб бач1уна «4». Ункъабилеб, щуйилаб босулезул сипатлъиги ц1ик1к1уна маг1наги гъварилъула.

Гьеб бук1уна калам цебет1ейлъун.

Калам цебет1еялъул кьуч1 лексика бугелъул, т1оцебесеб иргаялда ц1алдохъабазул раг1ул нахърател бечед гьабизе ккола. гьеб гьабулеб куц учительзабазе баянаб буго. Х1алк1ун ц1иял раг1абиги, гьезул грамматикиял г1аламаталги, лексикияб маг1наги лъай жеги калам цебет1езабилъун бук1унаро, гьелъие х1ажатаб шарт1лъун бук1уна. Раг1абазул дандраязда ва предложениязда жанир гурони, г1емерисел раг1абазул мух1канаб маг1на ч1езабизе к1оларелъул х1ажатаб мурадалда раг1аби дандразе ва предложениял г1уц1изе, гьелги хурхун, хабар данде гьабизе малъи ккола калам цебет1езабиялде иш. Х1алилъи бугел учительзабаз гьеб иш тартибалда гьоркьоса къот1ич1ого бачуна 5 классалдаса бахъараб школа лъуг1изег1ан щибаб раг1и рекъолеб бак1 хехго бати ва мух1канаб калам г1уц1изе бажари к1удияб иш буго. Гьелъие ц1алдохъаби ругьун гьарула т1адч1ун.

Цо-цо учительзабаз калам цебет1езабиялъул программа х1исабалде босунцин батуларо. Рак1алде ккараб мехалъ, цо-цо диктант щиб изложение щиб хъвазабун, т1асабихьизабула. Гьеб буго учителасул х1алт1улъ дандч1валеб бищунго к1удияб г1унгут1и.

Текстал 3-7 (предложение бугел) руссинаризе малъи. Киналго предложениялги тексталги гурел г1урус мац1алдаса руссинаризе к1олел.

Х1атта жалго учительзабицин зах1малъула, т1убан жиндир даражаги ц1унун, г1урусалдаса текст буссинабизе яги авар мац1алдаса г1урусалде буссинабизе яги авар мац1алдаса г1урусалде буссинабизе. К1иябго мац1алъул калам г1уц1улеб къаг1ида цоцазе г1аксияб буго. Г1урус предложение лъуг1улеб бак1алдаса байбихьула авар мац1алде гьеб буссинабизе6. Г1урус мац1алда подлежащее г1емерисеб аслияб падежалда бук1унеб батани, авар мац1алда гьеб бук1ине бегьула ункъго бат1ияб падежияб формаялда:

Г1али базаралде анна.

Али отправился на базар.

Г1алица базаралдаса оц босана.

Али купил на базаре быка.

Г1алие бокьула барщараб ахбазан.

Али любит спелый абрикос.

Г1алида к1ола г1ор къот1изе.

Али умеет переплыт реку.

Масала, г1урусалдаго г1адаб сипатлъиги ц1унун, х1албихье гьаб предложение авар мац1алде буссинабизе: «Под ситцевым платьем угадивалось упругое тело девушки». Яги г1урусалда кин кьелел Г1алих1ажиясул гьал раг1аби:

Зах1мат бихьич1ого, рах1ат бокьарас,

Бекьич1ого лъилъе, нилъ гьеч1ого, хур.

Гьунар т1ок1ав таржумачиясегицин зах1матаб т1адкъай буго гьеб.

Гьединлъидал лъималазе кьезе ккола бигьаго т1уразе к1олел, г1адатиял, авар мац1алда дандеса данде раг1аби ратулел предложениял ва текстал. Масала, «Г1усман рохьове анна». Осман пошел влес».

Дагьаб бигьаяб бук1ана г1урус мац1алда ц1алараб тексталъул, бихьараб киноялъул бич1ч1араб х1асил жидерго раг1абаздалъун бицине кьолеб т1адкъай. Авар мац1алда руссинаризе кьолел текстал, учителас, лъик1го ургъун,руссинаризе санаг1атаб сураталде рач1иналде 5 классалдаго лъимал ругьун гьарула г1адатал предложениял авар мац1алде руссинаризе, цинги темаялда рекъарал грамматикиял т1адкъаял т1уразе. Масала, авар мац1алде буссинабе ва членазде биххе, яги предметиял ц1арал рате, гьезул падежал рихьизаре ва гь.ц. Цо-к1иго мисал:

Вчера был ясный день. (Сон бук1ана роц1араб къо).

Дети работали в саду. (Лъимал ахикь х1алт1ана).

Я люблю уроки аварского языка. (Дие рокьула авар мац1алъул дарсал.

Гьединал х1алт1аби бигьаго т1уразе к1олеблъи бихьараб мехалъ, рач1ине6 бегьула гьит1иналго текстазул таржума гьабиялде.

Малъулеб грамматикияб темаялъ рес кьолеб бугони, жидерго рук1а-рахъиналда, сверухъ бугеб т1абиг1аталда т1асан гара-ч1вари г1уц1изе ругьун гьарила. Гьелъги квербакъула калам цебет1еялъе. Узухъда, учителас цереккунго нара-ч1вариялъе суалал х1адурула, гьезие ц1алдохъабаз кьезе кколел мисалиял жавабалги х1исабалде росула. Мух1канаб жаваб щвезег1ан, кант1иялъул суалал кьунги, лъимал ургъизе т1амула. Гьединал х1алт1аби т1оцебесеб классалдаса нахъе гьарулел ратании, 5 классалде г1ураб х1адурлъи щун бук1уна.

Гьениб егьула, классги к1ийиде бикьун, цоцазе суалал кьеялъулъ къецал г1уц1изе,очкабаздалъун щибаб къокъаялъул бажариги борцине. Гьеб ккола лъималазе бокьулеб, пайдаяб х1алт1и.

Г1исинал хабариял асаразе г1адатаб, (цинги жубараб) план г1уц1изе ва гьелда рекъон х1асил бицине т1амиги буго калам цебет1езабиялъул цо т1ибит1араб форма. Санаг1ат рекъанщинаб бак1алда гьабизе мустах1икъаб х1алт1илъун рик1к1уна гьебги. Т1обит1улеб къаг1ида учительзабазда цебего камильго лъалеб жо буго. Квеш ккараб жо буго учительзабазда гьеб пайдая х1алт1и, къанаг1ат гурони, рак1алде щунгут1и. дарсил план г1уц1улаго, хал гьабизе ккола гьединаб пайдаяб х1алт1и т1обит1изе дидактияб материалалъ рес къолищали, къолеб батани, 5-6 минуталъ гьелда т1ад х1алт1изе бегьула.

Сюжеталъулал суратазда т1асан гьит1иналго харбал данде гьаризе ц1алдохъабазда малъула т1оцебесеб классалдаго. Т1асиял классазда гьеб х1алт1и тартибалда гъваридго ва г1ат1идго т1обит1ула. Сурат «ц1ализе» ругьун гьари ккола, к1иго бат1ияб гьунаралъул асарал дандкквей г1адаб, творческияб х1алт1илъун. Художникас релъабаздалъун бихьизабураб жо ва гьелъул к1вар ц1алдохъабазда лъазе ккола раг1абаздалъун ицине. Сураталъул киг1ан гьит1инабги рахъ, бер щвеч1ого, гьоркьоб биччани, авторас загьир гьабизе бокъараб жоялде кант1уларо, гьелда хадур лъезе к1оларо. Масала, сураталда к1удияб к1вар ук1уна кьеразул. Щай художникас ч1ег1ераб яги баг1араб кьер ц1ик1к1инабураб? Хъах1илаб ва г1урччинаб кьераз балагьарасе кинаб асар гьабулеб. Тарихияб ва лъаг1алил щи заман сураталда бихьизабун бугеб? Щай авторас гьеб заман т1асабищараб? Сураталъ кинаб асар балагьарасе гьабулеб? Сундулъ гьеб ч1езабизе к1олеб? Героял т1ад ругеб т1абиг1аталъул к1вар. Инсанасул рек1ел х1ал ( рохел, пашманлъи, х1инкъи, щаклъи, рокьукълъи, ццин ва гь.ц.) загьир гьабизе художникасда ратарал ресал. Гьеб кинабго «ц1ализе» ккола сураталдасан цо рахъалъ гьединаб х1алт1иялъ лъимал ургъизе, г1иси-бикъиналгицин х1уччазде к1вар кьезе т1амула.

Гьелъ ц1алдохъабазул г1акълу ц1убазабула. Г1акълуги раг1абиги т1ей гьеч1ел ругелъул, гьелъ каламги цебет1езабура. Сурат «ц1алун» хадуб, рач1уна гьелда т1асан сочинение хъваялде. Цогидал темабазда хъвалел изложениязеги сочинениязеги гьабула гьединабго х1адурлъи.

Г1иц1го конторлиял х1алт1аби т1орит1ула т1адаб х1адурлъиги гьабич1ого. Гьезие х1адурлъилъун бук1уна цереккун гьарурал ругьунлъиялъул х1алт1аби. Ругьунлъиялъул х1алт1аби лъик1го т1уразе к1веч1ого, х1асилалъул х1алт1аби кьезе ккеларо.

Лексика малъизе кумекалъул алатал.

Ц1ияб раг1ул лексикияб маг1на биччизабизе пайда босула бищунго цебе берзул алатаздаса. Предметияб ц1арлъун кколеб раг1и бугони, рес рекъон жибго предмет бихьизабула ва гьелда мух1канго ц1арги абула, базар гьеб предметалъул сурат босизе, цебе ккола, лъик1 хал гьабизе т1адкъала, цин учителасда цадахъги, хадуб жидецагоги ц1алдохъабаз чанц1улго гьеб раг1и такрар гьабуна. Методистаз рик1к1уна ц1ияб раг1и лъараблъун тезе бегьулин гьелъул сурат анц1ул бихьани, заман гьоркьоб биччан, анц1ул бит1ун гьеб ц1ар абуни, анц1го нухалъ бит1ун хъвананиян. Гьединлъидал ц1ияб раг1ул маг1на лъазе, чанц1улго абизе ва бит1ун хъвазеги ккола.

Классалде босизе к1олареб, яги щолареб предмет бугони, гьелъул сурат бихбизабула. Гьеб буго школалда бищун т1ибит1араб къаг1ида. Цинги гьелда ц1ар абула. Гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1ула. Жалго кодоре росизе рес гьеч1ел, сурат бахъизеги куц мохъ гьеч1ел предметазда лъурал ц1арал, синонимазул, антонимаздалъун баян кьун, рич1ч1изарула. Гьезулги санаг1ат кколеб гьеч1они, г1ат1идго бицина щибжо гьебали. Масала, ц1одорлъи абураб ц1аралъул предметияб куц-мохъ гьеч1о, гьединлъидал сурат бахъизеги гьеб раг1ул кьуч1алда бажаруларо. Гьединлъидал синонимаздалъун (г1акъиллъи) антонимаздалъун (г1адаллъи) маг1на бич1ч1изабула; гьебги гьеч1они, гьелъие г1ат1идаб баян кьела. Гьедин бич1ч1изабула; гьебги гьеч1они, гьелъие г1ат1идаб баян кьела. Гьедин гьабула маг1на бицунел словараздаги.

Глаголал ругони, ишалдалъун (ц1ул бич1и, торг1о х1ай, хъещт1ей ва гь.ц.) бихьизабила суратаздалъунги. Масала,бекерулеб г1анк1ил, балеб ц1адал, кьижараб катил суратал рихьизарила ва гьениб лъугьунеб ишалъе баян кьела. Суалал кьела:-

-Щиб г1анк1ица гьабулеб бугеб?

- Лъел, ц1адал щиб х1ал бугеб?

Ч1езабиялде. Гьеб раг1игун цадахъ т1оцебесеб х1убиялъул раг1аби ц1ализарила, гьезул щибалъул маг1на к1иабилеб х1убиялда батизе т1адкъала.

Гьебго къаг1идаялъ дандекквела гъуна, вахъана абурал раг1абазул маг1на.



Хадуб х1асил гьабила раг1аби рук1инин цо маг1наялъулги, хъвалсараб маг1наялъулги, г1емер маг1наялъулги.

Анц1аилеб номералъул таблицаялда кьун руго синонимал, антонимал, омонимал. Гьезие баян кьолаго, гьаб таблица цебе бани, учителасул бигьаго к1ола жалго ц1алдохъаби х1асилалде рачине. Учителасул нухмалъиялда гъоркь лъималаз синонимазул т1елазул раг1аби дандеккола ва ч1езабула раг1аби бат1и-бат1иял рукин, маг1на цогояб яги ц1акъго г1агараб бук1ин. Хадуб гьикъула:

- Синонимал кинал раг1абазда абулел?

Жаваб мух1кан гьабула, цинги, т1ехьалда кьураб определениеги ц1алун, нахъойги гьеб такрар гьабула.

Гьебго къаг1идаялъ кьола антонимазеги омонимазеги.

Таблицаялъул кумекалдалъун лъимал т1амула х1асил жидецаго гьабизе.

Анц1ила цоабиле таблицаялда кьун руго раг1ул лексикияб разбор анализ гьабизе т1алъула. Цо раг1ул ч1ванкъот1араб маг1на каламалда, ай предложениялда жаниб гурони мух1канлъулаго гьединлъидал разборалъе раг1иги босула предложениялда жаниса ва загьир гьабула гьени бугеб ч1ванкъот1араб маг1на: цо маг1наялъулищ гьеб кколеб яги г1емер маг1наялъулищ, яги ит1араб маг1наялдайищ яги хъвалсараб маг1наялдайищ гьеб х1алт1изабун бугебали. Цинги хал гьабизе ккола раг1ул хасиятал рахъазул: киназдаго бич1ч1улеб, г1аммаб литературияб раг1ийщ, яги диолектияб (бак1алъул) раг1ийщ гьеб бугебали. Ахирги хал гьабула гьеб басралъараб, къанаг1ат х1алт1изабулеб раг1ийищ кколеб яги ц1ибаккараб каламищ гьеали.

Гьелдаса хадуб рач1уна чияр мац1алдаса бач1арабищ раг1и бугеб яги г1одосанго аваразул батарабищали хал гьабиялде.

Каламалъул культура борхизе рес гьеч1о, щибаб раг1и мух1канго ва баянго предложениялда жаниб рекъезабизе малъич1ого, жидер пикру камилго загьир гьабизе, гьелъие рекъолел раг1аби т1асарищизе ва якъинаб калам г1уц1изе.

Масала, «Дида дарс лъала» абурал предложениялда росарал раг1абазул лексикияб разбор бук1ина гьадинаб:


  1. Дида – байбихьул форма –дун. Гьаб буго бит1араб, г1емер, ай г1аммаб маг1наялъул раг1и (дунилан абизе бегьула дуниялалда бугебщинаб напсалъ), киналго аваразе г1аммаб, г1одосанго аваразул батараб.

  2. Дарс – гьаб буго г1емер маг1наялъул раг1и ( махсараде кквейги-дарс, рагъда къейги – дарс, божут1а рек1к1 гьабиги – дарс, лъайкьейги – дарс, г1аммаб литературияб раг1и, чияр мац1алдаса (Песиялдаса) бач1араб.

  3. Лъала – гьабги буго г1емер маг1наялда х1алт1изабулеб, г1аммаб литературияб раг1и, г1одосанго аваразул батараб. Гемер маг1наялда х1алт1изаиялъе мисалал:

Дарс лъала. Мун лъала. Адрес лъала. Ах1изе лъала.

Гьеб къаг1идаялъ гьабила цогидал раг1абазулги лексикияб разбор. Цересел таблицаби лексикиял маг1на кьолел дарсазда х1алт1изарун толел ратани, гьаб ахираб, разборалъул таблица кидаго учителасул кверзулъ бук1ине ва, разбор гьабулелъул, т1адег1анал классаздаги х1алт1изабизе мустах1икъаб буго. Гьелъ рес рекъола 8 минуталда жаниб лексикаялда хурхарал бак1ал такрар гьари к1вараб лъай, к1очене теч1ого, т1ок1к1инабизе, раг1ул нахърател бечед гьабизе.

Цебеккун рехсараб къаг1идаялъ маг1на баян гьаизе бажарулел г1емерал раг1аби руго. Масала, ччуг1а абураб г1аммаб раг1удалъун нилъеца баян кьола ралъдалъ (лъелъ) рук1унел рик1к1ен г1емерал бат1и-бат1иял ччуг1буз. Гьезул щибалъул жиндирго тайпаялъул ц1ар буго. Гьединго рохьор гъут1буздаги харилъ т1угьдуздаги руго жидерго ц1арал. Киназдаго лъалел г1аммал раг1аби гурони, г1емерав чиясда лъаларо гьединал х1анч1азда, гъут1бузда т1угьдузда, ва гь.ц. ц1арал. Гьединлъидалин словарал г1уц1улел. Гьел рук1ине ккола учителасулги ц1алдохъабазулги аслиял кумекалъулал алаталлъун. Лъаларел раг1и дандч1варабго, яги раг1ул мух1канаб маг1нва лъазе х1ажалъарабго, раккизе ккола словаразде. Лъималги ругьун гьарула гьездаса пайда босизе. Гьабсаг1ат руго «Г1урус-авар», «Авар-г1урус», бит1унхъваялъул, гьединго «Авар-г1урус-немец мац1азул фразеологиял» словарал. Г1акъилав директорас 20-30 словарь школалда ч1езабила. Гьел х1ажатал руго аза-азар т1ахьаздаса. Дагьаб цебег1ан Дагъучпедгизалъ къват1ие биччана 10 азарго экземляргун школазе х1исаб гьабураб «Г1урус-авар словарь».
Лексикаялда хурхарал класстун къват1исел х1алт1и.

Грамматикаялъул кинаб тема босун, балагьаниги, байбихьи лексикаялъул бук1уна. Дир х1исабалде босула раг1иги гьелъул лексикияб маг1наги. цинги рач1уна гьелъул грамматикиял г1аламатазул хал гьабиялде. Гьедин бугелъул, мац1алъул ва адабияталъул темабазда класстун къват1ибехун кина тадбир т1обит1улеб бугониги, гьеб ккола аслияб къаг1идаялъ лексикаялда хурхараб х1алт1и.

Лексикаялъул щибаб темаялъул бицунаго, цебехун рехсон рук1ана классалдаги къват1ирги гьаризе бегьулел дидактиял х1аязул.

Гьениб къокъго рехсезин гьелги, жеги т1аде т1орит1изе бегьулел х1алт1абиги. Гьел т1орит1изе бегьулел х1алт1абиги. Гьел т1орит1изе бегьулел кружоказда, вечеразда ва гь. ц

Раг1абазул болъаби ц1езари.

Кьурал раг1абазул болъаби гьаризе бегьула цебесан нахъехун, нахъасан цебехун. Росизиен предметиял ц1арал. Гьелги рук1ине ккола цолъул яги г1емерлъул формаялъул аслияб падежалда. Гьале цо раг1и: накъира. Цебесан нахъехун рук1ине бегьулел раг1аби: ах, агь, къец,

Нахъасан цебехун: ца, ц1а, гьа, жа, т1а, бакъ, х1акъ, рукъ, сали, хили, мали, риди, милъир, цедер, т1агъур, цагъур, агьана, макъала, дангъва ва гь.ц.

2. Х1арп т1аде жубан, ц1иял раг1аби лъугьинари.

Ц1а-ц1а+л, ракь- ракь+а, маг1-маг1+у;

Би- а+би, бел-э+бел, ургу-с+ургу.

3.Ахиралда яги авалалдаса цо-цо х1арп бортизабун, ц1иял раг1аби лъугьинари.

Къисас – къиса, гъалу-гъал, ачу-чу, мах1у-мах1,

магьи- магь, раса-рас, нилъу-нилъ, рагь-агь,

дада-ада, салат-алат, бараб-араб, хисана-исана.

4.кьурал х1арпаздасан к1иго раг1и лъугьинаби.

Масала, кьун буго 12 х1арп. Гьездаса цоцазе антонималлъун кколеб к1иго прилагательное лъугьинабизе (г1уц1изе) ккола:

Бхарионроац1б (хинал, ц1орораб)

Яги кьун буго 11 х1арп, гьездасан лъугьинабизе ккола к1иго раг1и, цояб районалда ц1ар, цогидаб гьебго районалъул центрлъун кколеб росдал ц1ар:

Мкиазлибедк (Казбек, Дилим)

Гьединго районалъул ва районалъул идараби руге росдал ц1арал ц1ализе ккола гьал х1арпаздасаги:

ц1уимлавдгъа

ч1баираудц1а

5.Х1арпал хисун лъун, ц1иял раг1аи лъугьинари.

Х1ур-рух1, ц1ам-мац1, саг1ат-г1анса, гъабу-бугъа, чидакълъи-чадикълъи ва гь.ц.

6.Ахир яги авал цого х1арпаздалъун байбихьулел яги лъуг1улел раг1аби ургъи.

Авфавиталда ругелщинал х1арпаздаса байбихьизе ва лъуг1изе бегьулел раг1аби ургъизе т1амиялъ раг1ул нахърател бечед гьабула.

Пуланаб гьаркьида (х1арпалда) лъуг1улел раг1аби рук1ине бегьула цо гьижаялъул, к1иго гьижаялъул, лъабгоги ц1ик1к1унги. Гьединлъидал цин бегьула цо гьижаялъул (к1иго-лъабго гьаркьул) раг1аби ургъизе. Масала (кь) гьаркьида лъуг1улел: анкь, бакъ, бокь, г1оркь, некь, ракъ, рукъ ва гь.ц.

Гьединго (кь) гьаркьидаса байбихьулел раг1аби ургъиялъул х1ай т1обит1изе бегьула: къал, къо кьуч1, кьинчч, кьаби, кьери, кьури, кьуру, кьег1ер, кьог1лъи, кьужна, кьижа, кьили, кьан, кьин, кьер, кьвари, кьвахи, кьерхен, кьохорхо, кьохарабжо, кьуч1, кьищни ва гь.ц



  1. Цо раг1ул х1арпаздаса бегьулелщинал бат1и-бат1иял раг1аби лъугьинари.

  2. Аслияб къаг1идаялъ кьола предметияб ц1ар. Масала, хъухъанчед. Къец бан, лъимал т1амула гьеб раг1улъ бугеб микьго х1арпалдасан чанго бат1ияб предметияб ц1ар лъугьинабизе. Бергьуна ц1араб болжалалда (абизин 5 минуталде) бижун г1емерал раг1аби лъугьинавурав ц1алдохъан. Гьелдаса лъугьуна гьединал раг1аби: хъухъ, чан, чахъу, чанхъ, чед, чу, хъанч, Панухъ ва гь.ц.

Яги: Сакинат –сан, кап, танк, сани, си, сак, на, киса, катан, аас, такси,

Гьел х1аязда лъимал гъираялда г1ахьаллъула. Пайда абуни к1удия буго.

8.цого х1арпаздасан байбихьулел яги цого х1арпалда лъуг1улел предметиял ц1аразул болъал ц1езари.

А) Раг1аби: их, итни, ицико, итарк1о, ихтилат.

Б) Раг1аби: ци, рии, сали, канлъи, рукъари.

«Ч1» х1арп цебе хъванани,

«Х1акъа» дие антоним.

Гьеб хисун «ь» лъунани,

Лъй: «т1ехьаб» дир антоним.


  1. «Къ» цебе г1унц1анани ,

«Г1ат1идаб» дир антоним.

«Къ» хисун «Гъ» т1амуни,

«Т1адгояб» дир антоним.


  1. «Ц1» х1арп цебе бугони,

«Г1акъилаб» дир синоним.

Гьеб хисун, «Гь» х1арп хъвани,

«Ч1агояб» - синоним.


  1. «Ц1» х1арпалъ байбихьани,

«Къвач1араб» дир синоним.

Гьеб хисун, «ГЬ» лъунани,

«Унтараб дир синоним.


  1. «Хъ»- ялда байбихьани,

«Вац1» буго дир синоним.

«Хъ» хисун, «Ц1» х1арп лъуни,

Дарсиде ах1улеб жо.


  1. «Г1»- ялдаса байбихьани,

Рохь къот1улеб т1аг1елги дун;

Гьебги хисун, «Хъ» хъванани,

«Хъваг1ай» ккола дир синоним.


  1. «Къ»- ялдаса байбихьани,

«Сордо» буго дир антоним.

«Къ» хисун, «Б» абунани,

«Аскар» ккола дир синоним.

Гьебги хисун, «Ц1» хъванан6и,

Ц1акъ беэнаб рахь ккола дун.

«Ц1» хисун, «Ц» босанани,

Байбихьулеб рик1к1енги дун;

«Б» хисун, «Кь» ц1аланани,

Ц1ар лъала г1урул рачлил.

I I. Синонимал ургъи.

Т1ибитё1араб дидактияб х1ай ккола синонимал ургъи:

Х1аракат (жигар), имг1ал (даци), лъуг1ел (ахир), г1абдал (ах1макъ); макруяб (х1иллияб), ничаб (намусаб), рокьукъаб (рихараб), гучаб (кутакаб), т1адагьаб(т1ут1аб), аваданаб (разияб),

Баг1аризе (бух1изе), билизе (т1аг1ине), тиризе (сверизе), бокьизе (хиралъизе), х1еккине (тамахлъизе), т1епизе (к1усизе), релъедал (сардилъ), якъинго (мух1канго), радал (къад), нагагь (тохлъукье), аск1об (г1агарда), хасало (кьиндал).

12. Антонимал ургъи.

Авал (ахир), суал (жаваб), зоб (ракь), рагъ (рекъел), къо (сордо).

Халатаб (къокъаб), ц1ияб (басрияб), бакъвараб (биччараб), бохатаб(т1уцаб), бак1аб (т1адагьаб) г1ебаб (ч1едера), к1удияб (гьит1инаб), берцинаб (сурукъаб).

Свине(рек1ине), къазе (рагьизе), бичизе (босизе), билизе (батизе), биччизе (бакъвазе), вегизе (вахъине), квачазе (хинлъизе), къулизе (ворхизе), вакъизе (г1оц1изе).

Квешго (лъик1го), кьог1го (гьуинго), хираго (учузго), г1емерго (дагьго), къаси (къад), г1агарда (рик1к1ада), гъоркь (т1ад), жаниб (къват1иб), нахъа (цебе), доба (гьаниб).

13. Цо-цо х1арпги цебе лъун, предметиял ц1аразул хаслъул падеж лъугьинаби.

(г).. алул, (къ).. алул, (к1)..алул, (с)..алул, (ч1)..алул, (т1)..алул, (ц1)..алул;

(гь)..адил, (гь)..адил, (д).. адил, (н)..адил, (ч)..адил.

14. Цо-цо х1арпги т1аде жубан, цо глаголалдаса цойги бат1ияб глагол лъугьинаби.

Абизе –гь+абизе, кь+абизе; алхине-гъ+алхине, ч1+алхине; ине-гъ+инее, къ+инее, х1+инее, св+инее, хх+инее.

15. Цо глаголалдаса, х1арпал хисун лъун, цойги бат1ияб глагол лъугьинаби.

Абизе–баизе, багъизе-гьабизе, рекьизе-кьеризе, к1усизе-бук1изе,лагьизе-гьализе, ратизе-таризе, рикъизе-къиризе, рач1ана-ч1арана, ва гь.ц.



16. Предметияб ц1ар глаголалде буссинаби.

Нухъа-хуна, нуц1а-ц1уна, накъира-къирана, накку-ккуна.



17. Слог т1аде жубан, ц1иял глаголал лъугьинари.

Гьана-бе+гьана, ба+гьана, бу+гьана, ла+гьана, лъ+гьана, ре+гьана, ру+гьана, ро+гьана, ри+гьана, т1е+гьана;

Гъана-Ба+гъана, бу+гъана, би+гьана;

Рана- бу+рана, бе+рана, бо+рана, га+рана, гу+рана,ги+рана, гъа+рана, гъу+рана, гъи+рана, гъе+рана, гьа+рана, г1у+рана, ку+рана, к1а+рана, к1у+рана, лъу+рана, ро+рана, су+рана, та+рана, т1у+рана, т1и+рана, т1е+рана, ха+рана, хъу+рана, х1а+рана, х1у+рана, чи+рана, че+рана, ч1а+рана, щу+рана ва гь. ц.



18.Предметиял ц1араздаса, х1арпал хис-хисун лъун, глаголиял ц1арал (масдарал) лъугьинари.

Гъира-рагъи, изну-зуни, г1ари-раг1и,сарин-расин, цаби-баци, хъиру-рухъи, х1уби-бух1и, раг1аби-баг1ари, г1ери-рег1и.

19. Раг1ул цого бак1алда рагьараб гшьаракь (х1арп) хисизабун,

Ц1иял раг1аби лъугьинари.

Б ..къараб, б..къараб, б..къараб, б..къараб.

Б ..цараб, б..цараб, б..цараб, б..цараб.

Б ..ч1араб, б..ч1араб, б..ч1араб, б..ч1араб.

Б ..хараб, р..хараб, р..хараб, р..хараб.

Цинги гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе т1амула.

Гьединал т1адкъаялгун, вечеразда х1аял г1уц1ани, ц1алдохъабазда лъала раг1и –гьеб х1икмат бук1ин, щибаб фонемаялъ маг1на хисизабулеблъи; мац1алъул балъголъабазда гъорлъе ккола, калам бечелъула, г1акълу ц1убала, рахьдал мац1алде рокьи бижула.

Хадусеб иргаялда, раг1аби дандран, калам г1уц1иялде рала.

Гьелъулги руго г1езег1ан интересал рахъал. Гье6лги рокьизе ккола ц1алдохъабазе. Масала, щибаб раг1и «бегуниса» бахъун, къола ва гьедин кьураб предложение ц1ализе т1адкъала лъималазда:

Ацилусар ч1ек, анах1а. (Расулица кеч1 ах1ана). Гьениб щибаб раг1и нахъасан цебехун ц1ализе ккола. Гьеблъиялда:

Жид абуни уч анасеб.

Асум кужикь огув.

Ацич1иах1 несус анубагь.

Лъимал т1амула гьел бит1униса хъвазе ва грамматикиял т1адкъаял т1уразе. (Членазде риххизе, предметиял ц1арал ратизе ва гьезул падеж баян гьабизе ва гь.ц)

Формаялъулъ ва жинсалъулъ, падежазулъ рекъезарун, предоложение дандбазе т1адкъала. Гьоркьор лъурал запятаялги нахъе рехун, раг1абазул предложение г1уц1ула. Масала:

Ниж, гьобол, бак1, сордо, базе. (Нижеца гьоболасул бак1алда сордо бана.) Дун, эмен, ц1ияб, велосипед, босизе. (Дие инсуца ц1ияб велосипед босана.) Щаклъи колел зах1матал раг1аби ругони, гьезда хадур, скобкабазда жанире рачун, суалалги лъола:

Дун (лъица?) Расул (лъица?) росу (кибе) нух, бихьизабизе. (Дица Расулида росулъе нух бихьизабуна.)

Интересаб х1алт1и бук1ана суалазул кумекалдалъун предложениял т1орит1изе т1ами. Гьелъги лъималазул пагьну-гьунар бохула. Гьеб х1алт1и байбихьул классаздаго гьабулеб, ругьунаб иш буго. Зах1матаб творчествоялде гали т1амулеб х1алт1и буго риххизарун кьурал коч1ол мухъал рук1иналде ккезари. Цо к1иго мисал:

Рач1азул, квасул, хъах1ал, г1адал, сурдул

Бахъана, бихьинкету, чанай, к1тго;

Гьабизе, жо, бащад, щвараб, к1иялъего,

Щулияб, лъугьана, къват1ир, къот1игун.

Гьаниб щибаб мухъги куплетги ц1унун буго, г1иц1го мухъил раг1аби руго нахъе-цере ккезарун. Гьел рач1ине ккола рук1алиде. Цинги лъугьуна:

Квасул сурдул г1адал хъах1ал рач1азул

К1иго бихьинкету чанай бахъана.

Щвараб жо к1иялъго бащад гьабизе,

Щулияб къот1игун къват1ир лъугьана.



Гьединго:

Гох1ил, каранда, г1ужалъ, бакъ, баккулеб,

Карт1ил, цер, цо, батана, к1усун, к1алт1а.

Бакъул,паркъулеб, салам, нуралде, кьун,

Бегун бугоан, балагьун, къанщ-къанщун.

Гьебги:

Бакъ баккулеб г1ужалъ гох1ил каранда,

Карт1ил калт1а к1усун, цо цер батана.

Салам кьун паркъолеб бакъул нуралде,

Къанщ-къанщун балагьун, бегун бугоан.

Мвац1алъул ва адабияталъул вечеразде рак1аризе бегьула жидерго росулъ т1ирит1арал абиял, кицаби, бицанк1аби, г1акъилал раг1аби, кепал харбал. Гьезул альбомал х1адурани, жидерго х1аракаталъул х1асилазул бицине цере рахъани, пайдаяб иш лъугьуна.

Бак1алъул (диолектиял) раг1абазул словарал гьаруни, гьел литературиял раг1абазда данднкквезе т1амуни, гьелъулищ зарар ук1инеб?

Коч1одалъун яги харбидалъун жидерго художест1вияб раг1и абизе лъимал ругьун гьариялъул пайда ц1акъго к1удияб бук1уна.

Жеги гьединал ц1алдохъабаз хъварал г1исинал куч1дузул, харбазул квералъ хъварал т1ахьал риччани ва киназего ц1ализе адабияталъул кабинеталда ц1унани, бугогури гьелъулги пайда. Палх1асил, учителасеги ц1алдохъабазеги бокьани, рахьдал мац1алда т1асан г1емерал интересал х1алт1аби т1орит1изе бегьула. Гьездаго гьоркьор машгьурал раг1ул устарзабазул юбилеялде х1адурлъиги бук1уна.

«Адабияталъул ват1ан» абун, яги мустах1икъа ц1арги батун, жидерго росдал, районалъул раг1ул устарзабазул х1акъалъулъ материал х1адуриги, стендал гьариги, вечерал т1орит1иги х1урматияб иш гьеч1ищ?!

Ях1- намус чилъиги куцулел гьезул асаразул кьуч1алда вечерал г1уц1ани, гьелъулги буго к1удияб рух1ияб пайда. Поэтал ва хъвадарухъаби школалде ах1ун, гьезулгун х1адурараб дандч1вай гьабуни, лъималазда гьеб г1емераб мехалъ к1очонаро. Жалго лъималазул творчествоялъул вечер т1обит1изе рес бугони, гьебги бук1ине ккола к1удияб рохеллъун.

Литературияб край лъазабиялъул ишги цадахъ къани, учителасул зах1мат г1адада холаро.


Лексика абураб темаялъул дарсазул конспектал

Т1оцебесеб дарс.

Дарсил тема: лексикаялъул х1акъалъулъ авалияб баян. Цо маг1наялъул ва г1емер маг1наялъул раг1аби. (..8-10)

Х1акъалъулъ бич1ч1и кьей. Практикияб куцалъ бихьизабизе раг1аби цо маг1на кьолелги г1емер маг1на бугелги рук1ин. Лъималазул калам цебет1езаби.

Кумекалъул алатал: словарал («Г1уорус-авар», «Авар-г1урус»), бит1унхъваялъул, фразеологазул. омонимазул, синонимазул, антонимазул маг1на рагьулел таблицаби.

Дарсил ин


  1. Учителасул церераг1аби. 5 минуталда жаниб авар лексикялде баян кьела. Бихьизарила словарал. Бицина гьезда жанибги авар мац1алъул г1емерал раг1аби гьеч1илан. Цинги доскаялда хъвараб яги т1ехьалдаса чанц1улго классалъго такрар гьабила лексикаялъе кьураб баянги («Мац1алъул ругел киналго раг1абазда абула словарияб г1уц1иян яги лексикаян» (Х1амзатил Расулил раг1абиги) «Раг1и – гьеб уго маг1на, наг1ана, барки, пикру, унти, сурат, берцинлъи, бакъан, гьаракь. Раг1и- гьеб буго т1ехь»).

  2. Г1еч, гении, г1азу, квар, г1ерет1, х1арп, чакар, хер, рохь, росу, ицц, квербац1ц1, пер, помидор, килищ, гъал, гъеду, гъвет1 абурал раг1абазул маг1на баян гьарулел суратал рахъизе к1олищилан ц1ехела.

Х1асил гьабила: гьел раг1абазул маг1на загьир гьаризе к1олел суратал рахъизе бажарулилан ва гьез лексикияб маг1наги бич1ч1изабулилан. Кинаб угониги маг1на гьеч1еб раг1и мац1алда жаниб бук1унарилан.

Гьал раг1абазул маг1на кин лъималазда бич1ч1улебали ц1ехола:

Огь, вабабай, узухъда, бекана, лъабго, хъах1аб, ризаб, х1алица, бортун.


  1. 238 х1алт1и гьабизе т1амила. Хадуб х1асил гьабила:

Раг1ул маг1на баян гьабула к1иго къаг1идаялъ:

а) гьединабго маг1наялъул цоги раг1удалъун;

б) раг1уе г1ат1идаб баян ккун.

Мисал: хъумур абураб раг1уе баян кьола бац1 абураб раг1удалъун.

Хъухъадиро –гьеб ккола т1ад лълъулълъазабун ц1ул къот1улеб алат.


  1. Мах1ачхъала абураб раг1уда гъорлъ ругел х1арпаздасан бат1и-бат1иял г1аммал ва хасал предметиял ц1арал лъугьинаризе т1амила.

Мисал: мах1, Мах1ач, хъала, хъал, х1ама, х1ал, мал, чал, чахъма..

  1. Лъимал х1алт1улел рук1аго, учителас доскаялда хъвала:

Г1акдал чехьалда бачил к1ал гъоге.

Инсуца ч1алул к1ал хъухъана.

Эбелалъ таргьил к1ал бухъана.

Мусал бер сахлъана.

Асмаца горду бер бац1ц1ана.

Ункъабилеб х1алт1ул халги гьабун, хадуб предложениял ц1ализарила ва гъоркьан мухъ ц1арал раг1абазул маг1наби дандкквезе т1адкъала.

Ч1езабила к1ал ва бер абурал раг1абазул бат1и-бат1иял раг1аби маг1наби рук1ин.

Х1асил гьабила: Раг1аби рук1уна цо маг1наялъулги г1емер маг1наялъулги.



  1. Ц1ализабила ..40. Хал гьабила гъвет1, мина, къват1, г1ор, гъабу, ц1ибил, хъарпуз, саг1ан, мич1, акъ, сордо, рии абурал раг1абазул чан маг1на бугебали. Х1асил: цо маг1наялъул раг1аби руго. Цинги ч1вана абураб раг1ул г1емерлъиялде к1вар буссинабила.

Щибаб раг1ул дандбаялъул ч1вана абура раг1и цоги раг1удалъун

Хисизе т1амила: хинк1 ч1вана, ц1улакъо ч1вана, чан ч1вана, квас ч1вана, хеч ч1вана, ц1ар ч1вана, мугьру ч1вана, хъат ч1вана, маг1 ч1вана, анищ ч1вана, мах1 ч1вана.

Хадуб бат1и-бат1ияб маг1наялда бачине абураб раг1и х1алт1изабизе т1амила:

Мисал: Машина ачине, квер бачине, бакъан бачине, михир бачине, лаила бачине, лъим бачине, дарс бачине. Гьелги гъолъе ккезарун предложениял ургъизе т1адкъала (бицун).



  1. Кьибил, мац1, моц1, бет1ер абурал раг1аби ат1и-бат1ияб маг1наялда х1алт1изарун, предложениял ургъизе ва хъвазе т1амила.

  2. Учителас абун. Ц1алдохъабаз тетрадазда хъвала: г1емер маг1наялъул таманал раг1аби руго. Гьезул ч1ванкъот1араб цо маг1на предложениялда жаниб гурони загьирлъуларо.

  3. Заман г1олеб бугони, классалда, г1еч1они, рокъобе кьела, щибаб рокъоб цо-цо х1арпги хъван, аслия падежалда предметиял ц1арал лъугьинаризе маг1арулав абураб раг1ул щибаб х1арпалдаса байбихьулеб ва щибаб х1арпалдалъун лъуг1улеб тартибалда.

М

а



г1

а

р



у

л

а



в
К1иабилеб дарс.

Дарсил тема: Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на.

Малъиялъул мурад: практикияб къаг1идаялъ раг1ул бит1арабги хъвалсарабги маг1на бат1абахъизе лъазе ругьун гьари.

Сипатияб рахъ борцине хъвалсараб маг1наялъул к1вар баян гьаби. Калам г1уц1изе малъи.



Дарсил ин:

1.Рокъобе кьураб т1адкъай т1убаялъухъ хал гьабила. Ц1ехела гьал раг1аби кин рич1ч1улел ругелали:

Бет1ер кьвагьулеб буго.

Дир рак1бакъван буго.

Ццин бахъиналдаса дир рак1 бух1ана.

2.Цо х1арпги нахъалъун, предметиял лъугьинаризе т1амила:

Ра..(гъ) ра..(с) ра..(г1)

Ра..(хъ) ра..(к) ра..(хь)

Ва..(к1) ра..(кь) ра..(ч1ч1)


  1. Цебе цо х1арпги лъун, предметиял ц1арал ургъизе т1адкъала:

(з)..ар (лъ)..ли (лълъ)..ар

(ц)..ар (ц1)..ар (ч1)..ар

(ц1)..ар


  1. Цо слог лъу, раг1аби лъугьинаризе т1адкъала.

(ба)..ли (ма)..ли (къа)..ли

(ча)..ли (хи)..ли (ц1а)..ли

(га)..ли (гье)..ли (къу)..ли



  1. Доскаялда хъван рук1ина гьал раг1ул г1уц1аби.

Бит1араб маг1на. Хъвалсараб маг1на.

Чармил хвалчен, чармил рак1,

меседил баргъич, меседил кверал,

баг1араб хеч, бег1ераб раг1и

оцол бох, бак1ил бох.

Учителас баян гьабила бит1араб маг1наялдеги хъвалсараб маг1наялдеги гьоркьоб бугеб бат1алъи. Гьел раг1ул дандраялги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе т1амила (бицун).

Цинги тетрадазда хъвазабила:

Цо предметалъул форма, иш яги хасият цогидаб предметалъе кьеялдалъун лъугьуна раг1ул хъвалсараб маг1на.



  1. 313 х1алт1и бицун т1убазабила. Хадуб т1адкъала хъач1аб раг1и, роц1араб гьаракь, г1ат1идаб квер абурал раг1ул дандраялги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе ва тетрадазда хъвазе. Чанго ц1алдохъанасухъ г1енеккила.

  2. Х1ай т1обит1ила. «Сордо-къо» х1ала. Хъвалсараб маг1наялъул раг1ул г1уц1и абурабго рорхила т1аде. «Кьижун» хут1арав- мекъи карав. Ирга гьабун, «кьижила».

Меседил маг1дан, меседил к1илк1ал,

Меседил курхьен, меседил гъутухъ,

Меседил гъалал, меседил нур,

Къваридаб рукъ, къваридаб карат1,

Къваридаб къват1, къваридаб рагьу,

Къваридаб заман, къваридаб рак1,

Ц1орораб хасел, ц1орараб лъим,

Ц1орораб рукъ, ц1орораб раг1и,

Хъач1аб хур, хъач1аб мегь,

Хъач1аб ракь, хъач1аб калам,

Сог1ав чи, сог1аб г1ор,

Роц1ара зоб, роц1араб гьаракб,

Бакъвараб хер, акъвараб ц1ул,

Бакъвара курак, бакъвараб жаваб.



  1. 315,316 х1алт1абазда ругел куч1дул ц1ализарила цадахъгоги кьералккунги. Х1адурлъизе заманги кьела. Бит1ун ва ч1вахун ц1ализе бажарараб мехалъ, учител учителас баян гьабила: «Рух1 бугеб ч1аголъиялъул хасият г1амал ру1 г ьеч1еб т1абиг1аталъе кьейги ккола хъвалсараб мац1алда раги х1алт1изабилъун:

Кьижун буго росу. Гъут1би гъацулъун руго. Кьижула ва гъапуллъула рух1ч1аголъаби: г1адамал х1айванал ва гь.ц. Гьединал бак1ал коч1олъ ратизе ва ц1ализе т1амила. К1вар кьела гьадинал раг1ул г1уц1абазде: балагьун ч1ола, боржине лъугьуна, ццидахун кьабула, квер бала, къокъунеб, гочунеб, тун бач1уна.

  1. Суратазда т1асан предложениял г1уц1изе ва хъвазе т1амила. Ц1ализарила, мустах1икъал реццила, хасго хъвалсараб маг1наялда раг1аби х1алт1изарурал ц1алдохъаби.

  2. Рокъобе кьела Ч1 ц1ализе ва, хъвалсараб маг1наялда раг1аби х1алт1изарун, ункъо предложение хъвазе.

К1иабилеб дарсил к1иабилеб вариант.

Темаги мурадги добго.



Дарсил ин.

  1. Доскаялда хъварал предложениязул маг1на дандекквезе гьабила ва бит1арабги хъвалсарабги маг1на баян гьабила (гъоркьан х1учч ц1арал раг1абазул).

Устарзабаз кьуру кьвагьулеб буго

Унтиялъ бет1ер кьвагьулеб буго.

Рет1ел бакъвана. Дир рак1 бакъвана.

Мусал буго чармил хвалчен.

Мусал буго чармил рак1.

Оцол бох унтун буго. Бак1ил бох бекун буго.



  1. Гьал раг1ул дандраял гъолъе ккезарун, предложениял ургъизе ва лъик1 ккарал доскаялдаги тетрадаздаги хъвазе т1амила.

Меседил баргъич, меседил кверал. Ц1орараб лъим, ц1орараб дандч1вай, къваридаб къват1, къваридаб заман. хъач1аб хур, хъач1аб г1амал.

  1. Цадахъгоги кьералккунги х1. Гъазимирзаевасул ва Мух1амад Т1агьирил куч1дул ц1ализарила, г1ураб хехлъи ва пасих1лъи лъугьинег1ан.

(гь.110). цинги хъвалсараб маг1наялда х1алт1изарурал раг1аби ратизе ва бат1аросун хъвазе т1амила.

  1. Щуго минутги ц1ан, аслияб падежалда хъ х1арпалдалъун лъуг1улел г1аммал предметиял ц1арал тетрадазда хъвазе. Бергьуна ц1ик1к1ун раг1аби хъварав.

(Хъудухъ, рахъ, хъабахъ, пихъ, мухъ, сухъмахъ, чарухъ, чирахъ, байрахъ, гъутухъ, авлахъ, алмахъ, буюрухъ, хъалахъ, михъ, гьохъ).

  1. Мах1ачхъала абураб раг1удаса, бат1ияб х1арпги т1аде жубач1ого, предметиял ц1арал лъугьинаризе т1адкъала (г1аммалги хасалги).

(мах1, Мах1ач, хъал, хъала, х1ал, х1ама, лах1, мал, Ах1мад, чахъма, чалма)

  1. Гьал раг1абазул дандраялги гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1изе т1адкъала:

Кьижараб лъимерю. Кьижараб росу. Бакъвараб ц1ул. Бакъвараб жаваб.

Роц1араб къо. Роц1араб гьаракь.

Болъаби ц1езаризе т1амила:

Р Л


А А
С М

У А


Л Д

У

Р




  1. Классалда лъуг1ич1они, рокъобе кьела лъуг1изабизе.



Лексика.

Лъабабилеб дарс.



Достарыңызбен бөлісу:
1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет