Х1амзатов А. Гъ. Гьоркьохъеб школалда авар лексика малъи. Цебераг1и



бет4/4
Дата28.06.2016
өлшемі397 Kb.
#163513
1   2   3   4
Тема: Омонимал.

Дарсил мурад: Маг1на бат1иял цого раг1абазул х1акъалъулъ баян кьей.

Раг1ул мух1канаб цо маг1на каламалда жаниб ( предложениялда) гурони загьирлъунгут1и бич1ч1изаби.

Калам цебет1езаби.



Дарсил ин.

  1. Рокъобе х1алт1ул хал гьабила.

  2. Учителас абун, лъималаз, к1иго х1уби гьабун, хъвала гьал раг1ул дандраял: бит1араб маг1наялъул цо х1убиялда, хъвалсараб маг1наялъул к1иабилелда бит1араб маг1наялъул.

Бит1араб маг1на. Хъвалсараб маг1на.
Щулияб къед.

Щулияб раг1и

Биххулареб си. Биххулареб къот1и.

Бух1улеб ц1ул. Бух1улеб рак1.

Ццидахараб ци. Ццидахараб г1ор.

Кьижараб г1анк1. Кьижараб рохь.

Гьимулеб лъимер. Гьимулеб бакъ.


  1. Т1адехун кьурал раг1ул г1уц1абаздаса к1иго хутги босун, ункъо предложение ургъизе ва тетрадазда хъвазе т1амила. Чангоязул х1алт1ухъ г1енеккила.

  2. Лъимал х1алт1улел рук1аго, учителас доскаялда хъвала раг1ул г1уц1аби: к1ург1араб т1ехь, куч1дузул т1ехь, бурдул наку, унтараб наку. Радал г1уж, г1уж бана (оцода). Кьаву ч1вараб нус, х1алимай нус. Борхатаб мег1ер, унтараб мег1ер. Анц1го сон, сон вач1ана эмен.

Дандекквеялъул нухалдалъун омонимал раг1аби баян гьарила.

  1. Гьелги гъорлъе ккезарун предложениял ургъизе т1амила (бицун).

  2. Кун, мац1, моц1, кагъат, их, нуг1, некь, абурал раг1аби омонимал рук1ин мисалаздалъун ч1езаризе т1адкъала.

Шрт1- предложениязда жанир х1алт1изари. Мисал:

Нису катица кун батана. К1одоца кун дургъана. Маххул къо бана.



  1. Салих1ат. Гьелдасан лъуг1унелщинал хасал ва г1аммал предметиял ц1арал хъвазе т1амила. (Сали, салат, х1асил, х1ила, х1ал, талих1, сих1, сах1, лах1, Салих1, Х1али, Асли,..)

  2. Болъаби ц1езаризе т1амила.

С С


а а

л

л и



и х1

х1 а


а т

т


Классалда заман г1еч1они, рокъобе кьела болъаби ц1езаризе.

Щуабилеб дарс

Тема: Синонимал.

Дарсил мурад: синонимияб маг1наялъул раг1аби рат1а гьаризе лъазаби. Синонимиял раг1абаздасан пайда босизе ругьунлъи. Калам г1уц1изе бажари.

Дарсил ин.


  1. Рокъобе х1алт1и т1убаялъул хал гьабила.

  2. Рак1алде щвезарила цо маг1наялъул ва г1емер маг1наялъул раг1аби, раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на, омонимиял раг1аби (бицун).

  3. Учителас баян кьела цого раг1ул бат1и-бат1иял маг1наби рук1унел г1адин, бат1и-бат1иял раг1абазул цого яги ц1акъго г1агараб маг1на бук1ине бегьулилан. Мисалал рук1ина доскаялда хъван яги таблицаялда.

Бац1-хъумур, тохтир-врач, устар-местер, х1алт1ухъан-зах1матчи, бихьизе-халлъизе, г1енеккизе-г1инт1амизе, сурукъаб-бег1укъаб, лайикъаб, ц1одораб, ц1одорав-г1акъилав, сих1ирав-лумияв.

  1. Чу, чи, квач. Гьал раг1абазе синонимал ратизе т1адкъала. Цоги раг1абаздалъун кин бич1ч1изабилеб гьезул лексикияб маг1на?

Чу (хьвани, г1ала, барти, юргъа, ябу).

Чи (инсан, г1адан, напс).

Квач (ц1орой, ругьел).


  1. ..43. ц1ализе, цинги 324 х1алтт1и бицун т1убазабизе т1амила. Хадуб х1убал гьарун, хъвала.

  2. Щибаб къокъаялъул цо-цо раг1иги босун, т1ибит1 т1орит1арал предложениял г1уц1изе т1адкъала.

  3. Гьал раг1абазе синонимал ратизе ва хъвазе т1амила 6 минутги ц1ан. Лъица хехго ва бит1ун т1убалебали хал гьабила.

Хехго- юкъулев- г1антав-

Х1алухъин- г1и- къаси-



  1. Кицаби ц1ализарила. Синонимал ратизе ва ургъизе т1адкъала:

Барахщарасул къайи къарумасе щолебила. Х1инкъарав къойил холла. Ват1ан хириясе хвел бук1унареб. Г1абдалгун къацандун, къо г1адад ч1ваге.

Рокъобе кьела ..43, х1алт1и 322.



Ункъабилеб дарс.

Тема: Антонимал.

Дарсил мурад: Антонимиял раг1аби рат1арахъизе ругьунлъи. Раг1ул маг1набазул бечелъи лъазаби. Маг1на дандекколел раг1абиги т1асарищун, калам г1уц1изе малъи.

Дарсил ин.

  1. Рокъобе х1алт1ухъ балагьила.

  2. Таблицаялдаса пайдаги босун, антонимазе баян кьела. Таблица гьеч1они, 328 х1алт1и т1убазе ва гьелъул кьуч1алда х1асил гьабизе т1амила: «Раг1аби рук1уна г1акса маг1на бугелги. Гьединазда Антонимал абула».

  3. Х1ай г1уц1ила. Учителас абурал раг1абазе антонимал ратила ц1алдохъабаз. Къец бала кьеразда гьоркьоб.

Хасел ракь гьукъизе бег1ераб

Къо борхалъи квешго гьудул

Кьин зарар хъукьго къварилъи

Бух1и гьуинлъи хехго т1уцаб

Зоб ч1емег1аб унтизе халатаб

Т1ину г1одизе ц1езе ине

Т1ад кьижизе чехь изну

Цебе вегизе бет1ер аваданлъи



  1. Т1адехун кьурал раг1абазда гъорлъа гъокь мухъал ц1аралросун, т1ирит1арал предложениял г1уц1изе т1амила (хъван).

  2. «З» х1арпалда лъуг1улел предметиял ц1арал ургъизе (аслияб падежалда) ва хъвазе ц1ала 6 минут. Бит1ун ва г1емер хъварал бергьуна (заз, к1аз, хъаз, боз, рез, руз, хъарпуз…)

  3. Гьел раг1абазе дандекколел сипатиял раг1аби (прилагательноял) ратизе ва раг1ул дандраял ургъизе т1амила. Цинги гьелги гъорлъе ккезарун предложениялги ургъизе т1адкъала.

Рокъобе кьела гьавуна, гъварилъи, хъач1го, кванараб, т1асияб, бец1аб, бакъвараб, г1емераб абурал раг1аазе антонимал хъван росизе.

Бут1рул

Цебераг1и…

  1. Лексикаялъул х1акъалъулъ баян. Раг1ул маг1на…

  2. Цо маг1наялъул ва г1емер маг1наялъул раг1аби малъи…

  3. Раг1ул бит1араб ва хъвалсараб маг1на…

  4. Омонимал, синонимал, антонимал малъи.

а) Омонимал малъи…

б) Синонимал малъи…

в) Антонимал малъи…

6. Литературияб мац1алъе киназего г1аммал раг1аби…

7. Диалектиял (бак1алъул) ва пишачилъиялъул раг1аби малъи…

8. Ц1иял ва басралъарал раг1аби малъи…

9. Фразеологиял г1уц1аби малъи…

10. Лексика малъулел дарсазда калам цеет1езаби…

11. Лексика малъизе кумекалъул алатал…

12. Лексикаялда хурхараб класстун къват1исеб х1алт1и…

13. Литература
6 класс

Лексика

1дарс.

Тема: Цебесеб классалда малъараб материал такрар гьаби.

Мурад: Цебеккун малъараб материал рак1алде щвезаби ва тартибалде ккезаби. Омонимал, синонимал ва антонимал ратизе в жидерго каламалъулъ гьел х1алт1изаризе лъимал ругьун гьари.

Дарсил ин.


  1. Учителас къокъго такрар гьабила лексикаялъул х1акъалъулъ баян (5 классалда малъараб ва лъараб даражаялда).

  2. Учителас абун, лъималаз тетрадазда хъвала гьел предложениял ва к1к1вана, некь, нус абурал раг1аби омонимал рук1ин ч1езабизе т1амила.

  1. Инсуца мегеж к1к1вана. Эбелалъ г1ат1 к1к1вана.

  2. Устарас нуц1ида некь бана. Лъималаз некь кванана.

  3. Х1ажиясул нус х1еренай г1адан йиго. Х1ажияс нус чархида куна.

  1. Раг1, т1ехь, къвал, мал, нуг1, т1ут1, кьер, бак1, г1уж омонимал ккола. Предложениял ургъун, гьел омонимал рук1ин ч1езабизе т1амила (бицун).

  2. Шарадаялъе жаваб батизе т1адкъала.

  1. «Ц1» цебе бугони», г1акъилаб» дир синоним.

Гьеб хисун, «гь» х1арп хъвани, «ч1агояб» синоним.

(Ц1одораб –г1акъилаб)

(Гьодораб-ч1агояб)


  1. «Ч1» х1арпгун дун хъванани,

Дир антоним «г1ебаб» буго.

«Г1»-ялъ «ч1» х1арп хисани,

Дир антоним «х1инц1аб» буго.

Босун дуца «лъ» хъвани

Антоним дир «ризаб» буго.

(ч1едераб-г1ебаб, г1едераб-х1ицаб, лъедераб-ризаб)



  1. Кьеразда гьоркьоб къец ах1ун, синонимал ургъизе т1адкъала (бицун).

Агъаз макруяб баг1аризе релъедал

Адаб адабияб бакизе ригьда

Аслу гучаб бесизе хасало

Багьадур азараб билизе якъинго.



Антонимал ургъизе.

Гьудул халатаб свине квешго

Авал бит1араб рещт1ине кьог1го

Рокьи ц1ияб ц1ик1к1ине учузго

Къо бакъвараб къазе къаси

Суал борхатаб биччизе г1агарда

рагъ бак1аб батизе жаниб



  1. Гъоркьан мухъ ц1арал раг1абиги гъолъе ккезарун, щибалъе цо-цо предложение хъвазе т1адкъала.

  2. Гьал раг1абаздаса цогидаб маг1наялъул раг1аби лъугьинаре. Мисал: х1ур-рух1.

Мац1, гъир, азбар, торг1о, чахъу, раса, къисас, дерец, дугъ, устар, суал.

  1. Рокъобе х1алт1и кьела ва дарсил х1асил гьабила.

2.Дарс.

Тема: Киназго х1алт1изарулел ва диалектиял (бак1алъулал) раг1аби.

Мурад: Киназего г1аммал ва бак1алъулал (диалектиял) раг1абазе баян кьей. Практикияб къаг1идаялъ киназего г1аммалги бак1алъул раг1абиги рат1 гьаризе малъи. Гьаркьал хисиялдалъун, раг1абазул маг1на хисулеб куц бихьизаби.

Дарсил ин.

  1. Учителас баян гьабила каламалда жанир г1емер х1алт1изарулел ва киналго маг1арулазда маг1на бич1ч1улел раг1аби г1аммал литературиял раг1аби кколилан. Гьелъие рачине мисал:

Лъим, ц1а, ракъ, зоб, х1инч1, г1урччинаб, халатаб, к1алъазе, ургъизе, цо, к1иго, жакъа, мете рва гь.ц.

  1. Лъималазда т1адкъала классалда жанир ва къват1ир, сверухълъиялда ругел т1аг1алабазда, ишазда, лъугьа-бахъиназда, ах1вал-х1алалда ц1арал абизе, ай киназдаго рич1ч1улел ва киназдаго жидер каламалъулъ х1алт1изарулел раг1аби абизе (5-10минут).

  2. Учителас доскаялда хъван рук1ина гьал диалектиял (бак1алъул) раг1аби:

Зоралда (ц1акъ лъик1), чум (жулам), к1анц1 (сурк1а), кудари (г1ерет1), г1уц1 (гьч1о), зайдан (къоно), киртал (к1улал), пул 9г1арац), ажу (т1ажу), баг1али (баг1ли), ух (т1ох), г1имг1им (г1инт1и). Бак1алъул раг1абазе баян кьела ва жидер бак1алда х1алт1изарулел диалектиял раг1аби бян гьарила.

  1. Гьал раг1абаздаса бат1ияб маг1наялъул раг1аби лъугьинаризе т1адкъала.


4 дарс.

Тема: Цо хасаб махщалида- пишачилъиялда хурхарал раг1аби.

Мурад: Махшалилаб лексикаялъе баян кьей. Гьелъул к1вар баян гьаби. Ц1алул бажари борхизаби. Пишачилъиялъул раг1аби рат1арахъизе ругьун гьари. Калам цебет1езаби.

Дарсил ин.

  1. Т1ехьалдаса рокъобе кьураб х1алт1ул т1убаялъухъ халгьабила.

Къимат кьела.

  1. Доскаялда хъвала темаги ва гьеб баян гьабулел мисалалги. Бугони, таблицаги х1алт1изабила.

Медицинаялдаса: укол, шприц, реанимация и т.д.

Халичаби россиялда хурхарал: раца, кира, дум, давагьин, т1анса, турут, салмаг, ц1аха.

Ц1улал устарлъи: харат1, паргав, миц1ирбахъ, г1ебсакъот1, гьохт1иро, гьетнус ва гь.ц.

Щибаб махщел-пишаялда хурхарал, гьеб ишалъул г1адамазда гурони рич1ч1уларел раг1аби ккола махщалилаб лексикаялъун.

3.Т1ехьалдасан ц1ализабила ..(параграфги) мисалалги.

4. Т1ехьалда кьурал х1алт1аби т1уразарила.

5. Шарадаби лъазе т1адкъала.

1) «Ц1» х1арп цебе бугони,

«Г1акъилаб» дир синоним.

Гьеб хисун, «гь» х1арп хъвани,

«Ч1агояб» -синоним.

2) Дун буго г1адатаб маг1арул раг1и:

«Мхщелчи», «гьунарчи» - дир синонимал.

Дир «с» х1арп бортани, лъугьунеб раг1и

«Кули», «мархьу» ккола синоним..
(Устар- устар)
Мац1-ц1ам гъал- саг1ат-

Къабулаб- гъабу- бахча-

Гьабаб- къулг1а- дерец-

Чидакълъи- гьадаб-

4.Шападаялъе жаваб батизе т1адкъала:

«Х»- ялдасан байбихьани,

Хасалил пихъ буго дун;

«З» -ялдасан байбихьани,

Бакънал рачуна дица. (Хурма-зурма)

5.Хъухъанчед абураб раг1улъ 8 х1арп буго. Гьелги хис-хисун лъун, чан предметияб ц1ар лъугьунебали балагье.

(Хъухъ, чан, чахъу, чанхъ, чед, чу, хъанч, чухъа)

Бергьуна 8 раг1и лъугьинабурав ц1алдохъан.

6.Т1анк1азул бак1алда цо-цо х1арпги лъун, бат1и-бат1ияб маг1наялъул глаголал лъугьинаре, ва, гьелги сказуемоялдалъун ккезарун, щибалъе цо-цо предложение ургъе ва хъвай.

Б …цана Б…цана. Б…цана. Б…цана.

7.Рокъобе х1алт1и бихьизабила ва дарсил х1асил раг1изабила.

3 дарс .


Тема: Ц1иял ва басралъарал раг1аби.

Мурад: Мац1алда жанибги хиса-баси кколеблъи, раг1абазул цо тайпа басралъулеб, т1аде ц1ия-ц1иял раг1би раккулел рук1ин ч1агояб мац1алъул низам кколеблъи лъималазда бич1ч1изаби.

Дарсил ин.

1.Учителас рокъобе х1алт1ул хал гьабила в къокъаб баян кьела ц1иял раг1абиги раккулеб куцалъе. Мисалалъе рехсола 1901 соналъ т1оцеве инсан т1адгьаваялде вахиналда бан бижараб космонавт ва жеги абизе к1ал-мац1 ругьунлъич1еб ваучер абурал раг1аби. Жиндир заманалда гьедиги раккарал рук1ана гьадинал раг1абиги: сельсовет, райисполком, субботник, колхоз, пионер ва гь.ц.

2. Учителас абурал раг1аби лъималаз тетрадазда хъвала, к1иго х1уби гьабун, т1оцебеселда рук1ина ц1иял раг1аби, к1иабилелда- басралъарал.

Ашбаз, канцелярия, инкъилаб, бухгалтер, поэт, г1уч1алт1ам, телевизор, муд, сервант, рикьи, холодилник, хазиначи, юкка.



  1. Гьал хадур рехсарал раг1абазе о антонимал ургъизе ва абизе т1адкъала.

Гьудул - халатаб- биччизе- сардилъ-

Т1ину- ц1одораб- кьижизе- ахада-

Рагъ- чучаб- къулизе- доба-


  1. Гьал раг1аби гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе т1амила (бицун).

У. гьал предметиял ц1арал глаголазде руссинаре, х1арпалги хисун лъун, лъугьарал глаголалги сказуемоелъун ккезарун, предложениял ургъизе ва хъвазе т1амила.

Нухъа (хъуна) нуц1а (ц1уна). Накъира (къирана), накку (куна).



  1. Х1арпалги хисун лъун, гьал предметиял ц1араздаса глаголиял ц1арал лъигьинаризе т1адкъала.

Гъира (рагъи, г1ери (раг1и), раг1аби (баг1ари),

Хъиру (рухъи), рущи (щури), х1уби (бух1и),

Изну (зуни), хъуби (бихъи). сарин (расин).

Цаби (баци).



  1. Т1ехьалдаса ? 5 ц1ализабила ва х1алт1аби т1орит1ила.

  2. Рокъобе х1алт1и кьела ва дарсил х1асил гьабила.

У. гъоркьан мухъ ц1арал раг1абиги синонимаздалъун хисун, предложениял хъвай.

Гьеб сордоялъ нижер рокъоб т1убараб берталъ г1адаб рохел бук1ана. Г1ага-божарал рач1ана рик1к1адаса гьоболалда гьикъаризе, лъик1 щвараян гьелъие гьимизе. Ясги г1ажаиблъун йик1ана лъазего лъаларей жиндир аз гьабулеб угеб х1урмат бихьулищан.

Кванан лъуг1ун хадуб, Асиятил хасаб рокъоб т1амуна бусен.

Радал гьей йорч1изаюна ч1ич1идиялда горда рещт1арал х1анч1аз.



  1. Омонималгун цадахъ ругел гьал раг1абазул дандраялги гъорлъе ккезарун, предложениял г1уц1изе т1амила (бицун).

Жулил март1; март1 рик1ине. Рохьил тала; тала гьабизе.

Маржаназул ц1ал; ц1ал гьабизе. Ролъул къо; къо базе.

Г1иял къайи; учузаб къайи.


  1. Рокъобе х1алт1и кьела ва дарсил х1асил гьабила.

5 дарс. Тема: Цогидал мац1аздасан рач1арал раг1аби.

Мурад: Авар мац1алда гъорлъе цогидал мац1алдасан рач1унеб куцалъе баян кьей. Мац1 бечелъиялъул цо рахъ гьеб бук1ин баян гьаби. Бат1ияб мац1алъул раг1аби авар мац1алъул законазе мут1иг1лъулеб куц бич1ч1изаби.



Дарсил ин.

  1. Учителас къокъго баян гьабила бат1и-бат1иял мац1аздаса раг1аби рахьдал мац1алда гъорлъе рач1иналъе г1илла ва гьел къабул гьарулеб къаг1ида. Бицина гьелъул бугеб тайпа пайда ва зарар. Мисалал . г1арабалдаса: баркала, гъалат1, гьав, г1адлу, г1айиб, х1асрат, х1исаб, г1елму, пакъир ва гь.ц.

Перс (Иран) мац1алдаса: хъазан , хъабахъ, гама, багьа, гуч, юргъан,

Г1урусалдаса: стакан, стол, печь, чайник, ведро, артист, вагон, поезд, картошка, конфеты.



  1. Техьалдаса баян ц1ализе т1адкъала.

  2. Техьалдаса кьурал х1алт1аби т1уразе т1адкъала.

  3. Сайгидх1усейнов абураб раг1улъ ругел х1арпаздасан аслияб падежалда ругел г1аммал предметиял ц1арал лъугьинаризе т1адкъала.

Бергьуна ц1ик1к1ун раг1аби хъварал.

  1. «А» х1арпалда лъуг1улел предметиял лъугьинаризе къот1алаби ц1езаризе т1амила.

а

а (Ца, ц1а, ада, хара,рама, чара, ишара, маргьа)



а

а

Рокъоб къват1иб, классалда, сверухъ ругел предметалгун цадахъ (лъугьине бегьулел раг1аби: сон, вас, сах1, си, сасу, гох1, сас, сан, яс, ах1и, х1ос, х1ан, ух1и, дин, индус, х1е, нус, най, сину, нуси, сани, х1адис)



  1. г1урусалдаса рач1арал раг1аби рак1алде щвезаризе т1адкъала.

Классги к1ийиде бикьун, х1ай т1обит1ила: кинаб къокъаялъ ц1ик1к1ун раг1аби абуниги, гьеб къокъа бергьуна.

  1. Цинги учителас баян кьела Ц1адаса Х1амзатица жиндирго асаразулъ 800-ялдаса ц1ик1к1ун г1урус раг1аби х1алт1изарун ругилан.

  2. Рокъобе х1алт1и кьела ва дарсил х1асил гьабила.

6 дарс.

Тема: Раг1абазул риххуларел дандраял.

Мурад: Фрзеологиял г1уц1абазе баян кьей.

Фразеологиял г1уц1абазул хаслъи бихьизаби. Каламалда жаниб гьезул к1варалъул бицине лъазаби.



Дарсил ин.

  1. Учителас хал гьаила рокъобе кьураб х1алт1и т1убаялъухъ.

  2. Ц1ияб темаги гьелъие мисалалги доскаялда хъвала.

Раг1абазул риххулел дандраял.

Хъабчил г1арада гьабизе, г1одоса рас баккизе, гъалдибералъул г1уч1ал халалъизе, к1алдиб печать ч1вазе, рек1еда к1улал разе, мугъ бекизе, квер букаризе, бог1ода мехтизе, хъазан кьолозе, г1ажалалда гъезе, жо гуреб жо.



  1. Т1адехун кьурал мисалазул маг1на баян гьабила. Цинги гьелгун предложениял ургъизе т1амила. Лъик1 ккарал тетрадаздаги хъвазарила.

  2. Т1ехьалдаса х1алт1аби т1уразарила. Риххизе бегьулелги бегьуларелги фразеологиял г1уц1аби рат1аросун, к1иго х1уби гьабун, хъвазарила. Цинги гьелги гъорлъе ккезарун предложениял ургъизе (г1уц1изе) т1адкъал (бицун).

  3. Цере х1ажатал х1арпалги лъун, предметиял ц1аразул хаслъул падежал лъугьинаризе т1амила:

…алъул,(г) …адил, (гь)

…алул, (к1) ..адил, (д)

..алул, (с) … адил, (н)

…алул, (т1

…алул,т (ц1) … адил,(ч).

…алул, (ч1)




  1. Учителас хал гьабила рокъобе кьураб х1алт1и т1убаялъухъ.

  2. Ц1ияб темаги гьелъие мисалалги доскаялда хъвала.

Раг1абазул риххуларел дандраял.

Хъабчил г1арада гьабизе, г1одоса рас баккизе, гъалдибералъул г1уч1ал халалъизе, к1алдиб печать ч1вазе, рек1еда к1улал разе, мугъ бе6кизе, квер букаризе, бог1ода мехтизе, хъазан кьолезе, г1ажалалда гъезе, жо гуреб жо.

  1. Т1адехун кьурал мисалазул маг1на баян гьабила. Цинги гьелгун предложениял ургъизе т1амила. Лъик1 ккарал тетрадаздаги хъвазарила.

  2. Т1ехьалдаса х1алт1аби т1уразарила. Риххизе бегьулелги бегьуларелги бегьуларелги фразеологиял г1уц1аби рат1аросун, к1иго х1уби гьабун, хъвазарила. Цинги гьелги гъорлъе ккезарун предложениял ургъизе (г1уц1изе) т1адкъала (бицун).

  3. Цере х1ажатал х1арпалги лъун, предметиял ц1аразул хаслъул падежал лъугьинаризе т1амила:

… алъул, (г) …адил,(гъ)

… алул, (кь) …адил,(гь)

…алул,(к1) …адил, (д)

…алул,(с) …адил,(н)

…алул,(т1) …адил(ч)

…алул, (ц1)

… алул,(ч1)

  1. Слог т1аде жубан, ц1иял глаголал лъугьинаре. Мисал: ккезе-г1еккезе.

Тана, кьезе, гьана, лъана, гъана, ккана, рака, къана,

  1. Слогал хисун лъун, гьаздаса цоги маг1наялъул раг1аби лъугьинаризе т1адкъала.

  2. Ц1убараб (буц1араб), сук1араб ( к1усараб), бут1араб (т1убараб), бугъараб (гьабураб).

Гьелги гъорлъе ккезарун, предложениял ургъизе т1адкъала (бицун),

  1. Т1анк1азул бак1алда х1арпалги лъун, бат1и-бат1иял глаголал лъугьинаризе т1адкъала. Гьелги сказуемоелъун ккезарун, щибалъе цо-цо ургъизе т1амила.

Б..жана, б…жана, б…жана.

10. рокъобе х1алт1и кьела ва дарсил х1асил гьабила.

6. Слог т1аде жубан, ц1иял глаголал лъугьинари. Мисл: ккезе-г1еккезе.

Тана, кьезе, гьана, лъана, гъана, ккана, рака, къана.



7.Слогал хисун лъун, гьаздаса цоги маг1наялъул раг1аби лъугьинаризе т1адкъала.

Ц1убараб (буц1араб), бук1араб (к1усараб), бут1араб (т1убараб), букъараб (гьабураб).

8.т1анк1азул бак1алда х1арпалги лъун, бат1и-бат1иял глаголал лъугьинаризе т1адкъала. Гьелги сказуемоелъун ккезарун, жибалъе цо-цо ургъизе т1амила.

Б.. жана, б..жана, б..жана.

9.Рокъобе х1алт1и кьела ва дарсил х1асил гьабила.



ЛИТЕРАТУРА

1.М. Г1 Г1абдулаев, М.М Муртазалиев «Авар мац1» 5 кл. 1991

2. А.Гъ. Х1амзатов «Авар мац1» 6-7 кл. 1992

3. «Г1урус – авар словарь» 1952

4. М. С Саидов «Авар-г1урус словарь» 1907

5. М-Р. Х. Х1айбуллаев, А.А.Исаков «Г1урус-авар словарь» 1992

6. Ш.И. Микаилов «Авар мац1алъул бит1унхъваялъул словарь» 1982

7.Г1.Г Казиев «Авар лексика»

8. М-К. М. Гьиматов «Рек1егъеялъул грамматика» 1983

Достарыңызбен бөлісу:
1   2   3   4




©dereksiz.org 2024
әкімшілігінің қараңыз

    Басты бет